Авторизация

50 сон Авартеатралъе кьурав режиссер

  • 15.12.2016 14:12
  • ---
  • 1 393
  • 0

« Нилъеда тIадаб буго инсанасе тарбия кьеялъул алатлъун бугеб тарих нилъерги чIаголъиялъ бечед гьабизе». «Тарих – гьеб буго аза-азар соназде кьалбал риччараб, нус-нус гIасруялъул гIумрудул лъалкI, гIадамазул ишазул нугI». (ХIайбула ГI.)      

Салам, Авар гIурул кочIохъ гIенеккун, 

Кьурда цIумлъун чIараб, дир Ракьуб росу.   (ХI.ГI.)

 

50 СОН АВАР ТЕАТРАЛЪЕ КЬУРАВ РЕЖИССЕР Буйнакскиялъул историко-краеведческий музей, А.Тахо-Годил цIаралда бугеб филиал ДГОМ ва «АДАБИЯТ» Дагъистаналъул регионалиябгун жамгIияб учреждение, Литературиябгун театралияб обществоялъул хIаракаталдалъун, 2I ноябралда Буйнакскиялда тIобитIана ХIайбула ГIабдулгъапуровас 50 сон сценаялда баялде творческияб вечер. 

Дирго тIоцебесеб кучIдузул тIехь къватIибе биччазе пикругун йигей дун, 2007 соналъ ячIана ХIайбула ГIабдулгъапуровасухъе. Гьадинаб хиял бугин дир, нилъер росулъа хъвадарулел чагIиги нагагьги гьечIин, киндай дир, чIужугIаданалъул, кочIолал асарал росдал гIадамаз къабул гьарилаян абураб суалалдасан байбихьана дица хабарги. ХIайбула расги хIикмалъичIо, кидадай мун гьеб суалгун жиндихъе ячIинаян валагьун вукIанин живан абуна.  Цинги тIадеги жубана: « Дур асарал рахъана нилъер «Цолъиялда», «ХIакъикъаталда», « Гьудуллъиялда», мун гIахьаллъана чанги гIолохъанал хъвадарухъабазул совещаниязда. Мун тарихалде жание ана. Дуе нух гьечIо нахъехун, дур ихтияр гьечIо гьанже нахъехун юссине».

Жакъа, ХI.ГIабдулгъапуровасул вечералдаса хадуб, гьаб макъала хъвалаго, дида ракIалде щвана ХIайбулал рагIаби. Гьоркьохъеб, цо чиясул гIумру гIанаб ригь гьес жиндир гIумруялъул кьуна Авар театралъе. Гьеб буго тарих хъвазе гIураб заман. Гьеб тарихалде жанивеги гьев ина гьунар тIокIав режиссерлъун. Бащдаб гIасру гIанасеб заман кьураб театралъул хIалтIудасан ахираб соналъ вичIун вугониги, гьесул ракIги пикруги гъоба хIалтIулеб букIин лъала.  Росдал, районалъул, республика ва улкаялъул тарихалдеги гьев цевего ана. Тарих нахъе хъвагIан унареб жо бугелъул , ХIайбулал цIарги, творческияб нухги хутIила даимлъуй, гьес жинцаго абухъе, нахъехун буссин гьечIо тарихалъе, абадиялъ чIаго букIин гуреб.

70-аб.соназдаса нахъе ХIайбула ГIабдулгъапуров ккола нилъер республикаялъул бетIерав режиссер. ХIайбула ГIабдулович – чанги гьунар кодосев махщелчи ккола.: артист, литератор, историк. Амма Дагъистаналъул маданияталъул тарихалде гьев ина,жиндир гIужда, искусствоялъе гIемераб хIалтIи гьабизе бажарарав режиссерлъун,тIоцеве, театралияв режиссер хIисабалда. ХIайбулаца тIубараб гIумруго кьуна гьеб, жамгIияталъе кIвар бугеб, жиндирго гIамаллъун гIумруялда ккураб пишаялъе хъулухъалда. Жакъа ХI.ГIалдулгъапуров ккола жиндир гьунар цIубан камиллъарав махщелчи. Гьесул спектакляз квербакъула балагьаразе рухIияб тарбия кьеялъе, гьединго гьудуллъи, вацлъиялда рукIиналъеги малъи гьабула. Режиссерасул гIумру ва творчество ккола Дагъистаналъул рухIияб маданияталда лъураб гIураб къадар бугеб, къиматаб кIвар бугеб бутIалъун.

ХI.ГIабдулгъапуров гьавуна 1942 соналъул 22 апрелалда, гьанжесеб Шамиль районалъул Ракьуб росулъ. Байбихьул лъай гьесие щвана  гIагараб росдал школалда, хадуб Ругъелда анкьго классги лъугIизабуна. ГьитIинго камуна гьесие эмен. 12 сон букIана гьесул, ВатIанияб рагъул ветеран, эмен холеб мехалде.  Гьоркьохъеб школа гьес лъугIизабуна КъахIиб. ЦIализе лъугьана Дагъистаналъул Университеталъул историялъул факультеталде. Амма гьесул пикру ккана, тIоцебе магIарулазе Гуржиялъ рагьараб, Шота Руставелил цIаралда бегеб артистазул махщел щолеб, Гуржиязул Театралияб Институталъул студиялде ине. I964  соналъ тIокIлъигун лъугIизабуна ХIайбулаца гьеб. Гьенив цIалулагоги ХIайбулае щолаан, гьеб заманалда цIар рагIарав режиссер Котэ Марджанишвилил цIаралда кьолеб (именная) стипендия. ХIайбула вукIана Институталъул ГIелмияб Советалъул членлъун, гьенир жиндирго гIелмиял докладазухъ  гьесие чанцIулго щвана грамотаби ва конкурсазда премиял. ЦIали лъугIун хадуб, I964 соналъ, Буйнакск шагьаралда гьев махщалида цеве вахъунев вукIана дипломниял спектаклязда, бетIерал ролазда. Гьединго республикаялъул цогидал шагьарал ва районаздаги. Хадув Авар театралда артистлъун хIалтIана.

Республикаялъул нухмалъиялъ гьев витIула режиссерлъиялъе цIализе. Ана сонал… 

1967 соналъ, рехсараб театралда, режиссер-постановщикасул  махщел щвеялъул диплом кодобгун  вуссарав ГIабдулгъапуровас лъуна, тIубараб театралъул коллектив гIахьаллъараб, «МагIарулал»  кIудияб спектакль. Нахъа гьелъухъ, Октябралъ 50 сон тIубаялде гIуцIараб ТIолгороссиялъулаб спектаклязул конкурсалда щвана премия ва Диплом Первой степени. 

ТIадеялдаса тIаде, цоялда хадур цоял махщел камиллъиялъе квербакъулел курсаздаги цIалун, ХI.ГIабдулгъапуров лъугьана магIарулазда гьоркьов тIоцевесев профессионалияв театралияв режиссерлъун. МустахIикълъана чанги тIадегIанал цIаразеги, реццалъеги. ХIайбулал творческияб нухалъул бицине ккани, газета гурин, цо тIехь гIеларо. Гьелъ гьанир цIакъго къокъал баянал кьун толелги руго.                                                                                                                        

Баркула ХIайбулада, росдал ва школалъул коллективалъул цIаралдасанги, гьесул юбилеялъулаб вечер тIобитIиги, гьарула гьесие щулияб сахлъи.  

Россиялъул хъвадарухъабазул союзалъул член   Рабият Къурбанова


***  


Расул ХIамзатов

Гьаб нилъер рек1ел цla накIкIукь свинаро

ХIайбула, цlap кинаб драмаялда 

Гьаб дуниялалъе хIадур гьабулеб?

Гьаб цо балагьазул репетиция,

Боржун унеб буго божи накIкIикье.

КIалдир килщалги лъун пештIолеб шигIру,

Зал ц1ани щобазде щварал гIоркьилал.

Долларахъ хисулел гъурщал кинигин

Гъаримлъулеб чIухIи чIвалеб намус-яхI.

... Амма букIаниги, ГIабдулгъапуров

Гьаб нилъер рек1ел цla накIкIукь свинаро

Арендалъе кьураб гьечIо нилъее

Гьаб тIабигIаталъул кидагосеб тIабгI.

Бокьараз бокьараб бицеян абе, -

Нилъер алмазалда рекIинаро гъиз.

Гъора гъварилъуда гъулгъулел иццаз

Ахирги ралъдахъе балагьила нух.

                   


оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook