Авторизация

Дие шагьаральул щибго к1варич1о

Г1айшат Ибрагьимова.  Игьалиб росу

Дихъа Кавказалъул муг1рул рахъуге,

Гьаб Дагъистанальул т1охал дие те.

Дун гьал кьурабазуль кьуч1 бугей бика,

Дирго гьал муг1рузда г1умро арай яс.

 Дир дирго мац1 буго дирго ц1ар буго,

Дирго ват1ан буго дир росу буго.

Дие рахьгун щвараб г1умру жибго те,

Эбелалъ дилъ лъураб намус хъамуге.

Дун дирго муг1рузда буртинадукь те,

Дие шагьаральул щибго к1варич1о.

Дун муг1рулгун г1уна, кьураби лъала,

Кьеларо дирго мац, хисиларо ц1ар.

***

Уней йиго цее нух гьеч1елъуе,

Кьурудай батила к1к1алдай  батила.

Лъолеб буго гали бералги къанщун,

Йортундай дун ина талих1дай кьела.

Лъалеб гьеч1о дида метер къояльул,

Къисмат кин балагьун дихъ бугебали.

Амма уней йиго т1ад юссинч1ого,

Т1езеги бегьулеб кварил нухдасан.

Дун ч1ч1езе гьаюлей гьеч1о къояца,

Дир заманги бикъун къокъун гурони.

Нух бит1агийилан рег1ула сардаз,

Сог1аб лах1дуялъул т1инде щвезег1ан.

***

Уней, уней йиго анищаз ячун,

Ракьалда билараб талих1 ц1ехезе.

Хиялазги йиго цее тункулей,

Аск1оса т1урараб рокьуда хадуй.

***

Гьанжегийищ тарай хадуй ялагьун,

Хиялазул къавулъ къасдазул гъасда.

Къимат гьабич1ого, рокьи ккеч1ого,

Ракьалда керен цун хадуй г1одулей.

***

Рокьул ц1ураб дир рак1 рагьун аниги,

Рагьде лъвине к1веч1о дир гьудуласда.

Г1ищкъуялъул хъала бахъун кьуниги,

Нахъехун хъурщана рек1ел хазина.

***

Ихдал х1инч1ч1аль г1адин х1ал бихьаниги,

Х1ули лъезе теч1о Дур бусеналда.

Х1асратальул т1угьдуз т1ох бекьаниги,

Т1амич1о диде бер дойги к1очон тун.

***

Х1ат1икье ц1ц1ваби хьан ц1ана аск1ое

Ц1орон мун иналъе г1илла щиб ккараб?

Г1азулъан векерун лъугьана хадув,

Хинлъидал ц1ер ч1валеб рак1ищ бук1унеб?

****

Гьадаб хъах1ил зобалъ хъат кьабуниги,

Цо рехун танани юссинаро т1ад.

Т1ад гьаваялдасан гьарананиги,

Гьудуллъи биххани, хвеларо мунин.

***

Дир росу тезег1ан Г1анди г1урулъе,

Г1одараб дир маг1ил ралъад г1ун буго.

Г1ащикълъи ц1ц1ик1к1индал угьараб х1охьел,

Бакълъулазул к1к1алахъ, нак1к1лъун ч1ч1ун буго


Автор: Г1айшат Ибрагьимова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


25.08.2023 14:45
Авар мац1  
24.07.2023 18:50
КАК  
15.07.2023 16:50
Г1умарх1ажие  
08.06.2023 11:27
Шамилиде  
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook