Дун йик1ана, гьав гъарим учитель маг1ишаталъул ургъел гьабизе т1амич1ого, х1алт1изе толарогоян къварилъахъдилей…Ал дагьалги сих1ирлъана.
Маг1ишаталъул ургъалидего рег1ич1ого рук1ине, нахъаса къот1и гьеч1ел тадбирал гьаризе т1амуна учительзаби… нагагь лъик1 ккани, доб харжиде данде гьабураб маг1ишаталде т1аде к1иго-лъабго гъурущ т1инк1изе рес бугиланги бич1а-бикъизабун.
Гьабурабг1аги г1олебани, къулгьудехъуд, эб тадбир! Тадбиралдасаги кьарияб, берцинго къач1араб, кунч1улел, звангъолел, чвархъолел жалги рараб, кутакалда ч1ух1араб отчет бук1ине ккола. Эб отчеталъул къач1а-к1ат1айги, ч1ух1а-къулиги бихьарабго, тадбиралъулцин куц хола. Отчетлъидал аслияб жо. Жиндир бет1ер ч1ахъаяб отчетлъидал, учителас гуребги, завучасги, директорасги, лъай-кьялъул управлениялъги, цойгидалщинал х1акимзабазги, дов бищун т1ад вугев х1акимасда цебе кквезе бугеб аслияб х1ужжа, гьавгощинав чияс гьабураб х1алт1уе нуг1лъун ч1олеб кагъат.
Бищун гъоркь вугев г1адатияв учителас жиндир бугеб рух1-жан, лъай-г1акълу, чвантинир ругел кепкал, рокъор рос-лъимал, лъалел-хъвалел, ц1алдохъаби х1алт1изарун, гьабула цо кинаб бук1аниги тадбир. Свакан холаго, дарсиде хъвазе кколел планалги жалго тун, сордо борч1ун хъвала отчет. К1вараб х1алалъ, бат1и-бат1иял кьеразул щакъи х1алт1изабун, суратал седон, цо-цо х1арпал ч1ах1аго хъван, цойгидал регизарун-рахъинарун кьола завучасухъе. Дос цойги дах1алги ран кьола директорасухъе, досги цо щиб бук1аниги хурххинабун бит1ула управлениялде, дозги гьорозабун бит1ула т1адехун… Х1асил-калам: бищун т1ад вугесул остолалда бегула лъабго чияс кодобе босун бажарулареб куцберцин - отчет.
Гьеб мехалъ бищун т1аса вугес, нижер идараялъ гьабуна гьадинаб кутакалда к1вар бугеб тадбирилан, лъола оц г1анасеб галочкаги, т1езабула гьедиг1анасебго г1ацул бут1аги, эсда гъоркь вугес куй г1анасеб галочкаги, элдаго релъараб г1арцул бут1аги, дагьавги гъоркь вугес, г1анк1у г1анасеб галочкаги, эдиналго гъурщалги, дагьавги гъоркь хоно г1анасеб галочкаги, эдиналго г1арцалги, учителасе щола доб ханида жаниб батараб рук1к1ен г1адаб галочкаги, дол т1адехун ругезда берцин бихьани, цодагьалго кепкалги. Жиндирго чвантиниса ун рук1арал кепкалг1аги т1ад руссани, Алх1амдулиллагьилан, кьурун бац1ц1ун к1алгун, хадусеб тадбиралде т1аделъула учитель. Гьадин ругоха.
Алх1амдулиллагь!
Автор: Баху Мух1идинова
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала