Лъабго къо буго МухIамад ХIамзаевасул кучIдуз дие гIакъуба кьолеб бугелдаса… Воре, цIалуге! ЦIалани, нужедаги рекIуна эл. Дидани эб лъалаан, лъаниги кIвечIо чIезе.
Дун кIудияв гIезе гIедегIарав куц,
ГIелалде каранда бакараб хIасрат… - илан тIокIалъ чIечIого сверула бетIералда жаниб. Гьа, батIияб жоялъул пикруги гьабун къинабилин лъугьуна…
ХъахIилаб зоб къотIун унел къункъраби,
Расул къаникь лъурав лъалищ нужеда? – илан зодое ялагьун ятула гьанжеги.
ШигIрабазде регIунищха дун йигей, хъвазе гIарщ гIанасеб лъагIалил отчетги тунилан, къулула кагътазде…
Кин ругел, магIарулал,
МагIуялъ тарих хъварал,
МагIна рагIул гъваридал,
МегIер гIищкъул борхатал… - илан чIухIун ялагьун ятула аскIор хIалтIулезухъ.
- Йооо, хъвалаха МухIамад ХIамзаевас гьединал, ахIулеб кечI гIадин рекIелъе лъугьунел кучIдул, хIалтIуде юсса, - йилан мекъдарула гIакълу…
Макьидаса йорчIарай,
ЙорчIами, магIарулай… - илан ваккун вачIуна гьанжеги ХIамзаев.
ЛъагIалица гьабунщинаб хIалтIи данде босигун, я кодоб кквезе гIоркь, я гIодоб лъезе тIину гуреб жо эбги батун, гьаб чIандаялде юссунищха цойги лъагIел арабилан йикIаго…
Щиб хутIараб херлъизе,
ХIадуб хъваяб дуниял! – илан вачIун ХIамзаевас лъола хIехь гIанасеб тIанкI.
Сундасан аб гизма байбихьарабали лъалищ? ХIамзаевасул 50 сон тIубаялда хурхун данделъи бугилан ругьел щвейгун, радал яхъун, жамгIиял гьиназдасан, авар мацIалъул учительзабазе цIалана МухIамад ХIамзаевасул кучIдул. Сахъадерица абухъе, аниб гьадинаб кутак гьабураб мехалъ, доба гьабураб асар лъаларо… Дун гьале жеги гьеб асаралда гъоркь йиго. Баркала, МухIамад.
Щванаха шигIрабазул Театралде юбилеялда хурхун гьабулеб данделъиялде. Киналго лъикIал чагIи данделъун ратана. Гьадаб сценаялде ваханщинав чияс абуна МухIамад ХIамзаев кутакалда лъикIав чи вугилан. Гьелдаса кIудияб къимат гьаб дунялалъул рокъоб гIадамасе щибха букIинеб.
Къоялъ МухIамадил кучIдул цIалулей дун йикIин, дихъ ралагьаралгойищ азда бичIчIарабали, танкан кьуна дий рагIи. Цо чирахъги бадиб речIчIизабун, киналго пикраби тIуризаруниги, авар мацIалъул учительзабиги, ХIамзаевасул кучIдулги рагъаричIо ботIрода жаниса. Дун цее яхъиналдего анцIгониги чияс кутакалда лъикIав чи вугин МухIамадилан бицунги бугелъул, гIемер халат гьабичIого, учительзабазулги диргоги рахъалълъан баркизеги баркун, биччана киназего ХIамзаевасул кочIол музыка:
ХъахIилаб зоб къотIун унел къункъраби,
Расул къаникь лъурав лъалищ нужеда?
Ихдал ВатIаналде руссунел хIанчIчIи,
ХIамзатов гьечIого чIирчIидилищ нуж?
Ракьул гьумералда гьечIо, Дагъистан,
Гьиндустаналдаса мун цебе ккурав,
Гъогъолъ тIупун вуго, некIсияб Гъуниб,
Мун Парижалдаса берцин бихьарав.
Щив дуниялалда гьанжеялдаса
Дагъистан, дур бицун цеве вахъинев?
Вай, дир Кавказилан, квералги рорхун,
Кинав шагIирас мун машгьур гьабилеб?
Лъица эбелалъул горда лъун тараб,
Чирахъул канлъухъе кучIдул гьарилел?
Лъида миллаталъул батилеб ургъел,
Ургъелал гIемерав цо дуда гIадин.
Дуниял хIайранав ХIамзатил Расул,
Дур асараз асир гьабуна гIалам.
Мун, Роберт Бернс гIадин, гIодоблъиялда
МагIарухъ ракIги тун рикIкIад сверулев.
Цинги Союзалъул Верховный Совет,
Президиумалда магIарул къалал,
Къоло щуго соналъ сессиябазда,
Гьаниб талихI гьечIин бачIараб дур тел.
Мун доб ООНалда улбул цIунейин,
ЦIада росуялъул васият гьебин.
Цинги Азиялъул азбука лъачIеб,
Лъавукъаб халкъалъе ракълил бицунев.
Мун Америкалда, Африкаялда,
Яги Кубаялда Кастрогун цадахъ,
Цингиги къваридаб Япониялда
Къункъраби къотIулей ясги къвалакь ккун.
Дунялалъул рокъоб ракълил комитет,
Ракъаразул рахъ ккун хъвалеб дур сарин.
Огь, пачалихъалъул бутIрузда гьоркьоб
БетIер аварасул чанцIул паркъараб.
Ракьалда рагIарав магIарул синьор,
МугIрул дунялалда лъазе гьавурав,
Мун гьечIого гьанже чIобого бугеб,
ЧIалгIун ватила мун Дагъистаналъухъ.
ГIазу биинаро дур мугIрул тIогьиб,
ТIугьдул речIаларо дур кочIол ахикь.
ХъахIаб ретIел ретIун тIовитIарав мун
ХъахIал къункърабазда гьоркьов хутIила.
Цодагьал квешалги чагIиги рачIун рукIаралани гьеб кочIол сордоялде, гьелги гьенисан лъикIал чагIилъун лъугьун инаан. ГьедигIан МухIамад ХIамзаевасда релъараб, гIодобе биччараб, пикраби гьаризе квал-квал гьечIеб, цодагьаб нечараб гIадаб, гIажаибго хинаб данделъи букIана гьениб. Баркала, Х1амзаев.
Цо дуда хIал кIолелъул,
ЦIуне, Аллагь, Дагъистан!...
Гьале толаро аз дун…
Автор: Баху Мух1идинова
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала