Авторизация

ХIамида кьилиги кьарияв чиясда рачелги кутакалда рекъон букIунила…

Бокьараб жо тIаде бачIине бегьулеб дунял буго аб.  «Инкъилабаз кьураб къиматаб»  Совет хIукуматалъги чанги цIиял жал рачIана магIарулазе.  Парахат, жидерго гIадат-гIамалгун, рукIа-рахъингун, къайи-сверигун, суркIа-щурунгун, щвата-хьитгун, партал-магIалгун, магIишатгун рукIарал магIарулазда тIаде бачIана КУЛТУРАйилан цо жо. 

Къиса

Бихьарабго бичIчIана магIарулазда гьеб култура расги лъикIаб, жидерго маданияталда аскIоб лъелеб гIадаб жо гьеб гьечIеблъи. ГIурусасда ханжаргIанги рекъечIо магIарулазда култура. РекъечIогойилан сайгъаталдаса инкар гьабизеги рекъон гьечIилан дагь-дагьккун културни чагIилъун лъугьана  цо-цо магIарулал. Берцин бихьизе лъугьана. Цо-цо тIубарал росабиго лъугьана културни. Ругьунлъун, бокьизецин лъугьана магIарулазе култура. ЦIакъго гьеб бокьарал магIарулал, жалго културниги лъугьун, нуж културни гьечIилан, жидерго маданиятги хьихьун ругел магIарулазда  рекъоларого лъугьана. 

Киналго гуроха эдин лъугьарал. Уъ, гьеб култура ЧIахъадерие тейилан, жидерго маданиятги къан ккун чIана гIемерисел.

ЦIакъ санагIалъи гьечIел жал рукIуна гьал тIад къан кьолел сайгъатал.  ЦIцIикулел, кенчIолел, кигIан цIакъаб жодай жиб бугебилан ккезабун бажарулел, тIаса ричIизарунги бажаруларел. Гьединан гьаб култураялъ гIемерал магIарулал махсароде ккуна. 

Жидерго ракIалъул хIалимлъиялъ кIвечIо магIарулазда култураялъе инкар гьабизе ва заманалдасан бичIчIизе лъугьана цо-цоязда гьеб кисаялиго бачIараб култураялъ нилъерго маданияталъул щекъер ккун букIин…

Гьаб къисаялъул ахир дида лъаларо. Нужеда лъалеб батани, дала кьегийин, хъван битIе дихъе.

Къисаялъе гIила

Къиса ракIалде щвеялъеги букIана гьадинаб гIила. Гьадаб Данияловасул къотIносан Авартеатралдехун сверулеб бакIалда цололъ чIун ятана цо цеегосей гьалмагъ. Гьикъана-бакъана…

Авартеатралде цо къваригIелалъ иней йигилан дица бициндал, некIогоялдаса инчIила гьениейилан абуна Узлипатица. ЦIакъ бокьулеб бакIги букIанила жидее гьеб, якьадалъеги бокьулаанила тиатир-концерталде яхъине, амма, гьадал цо ихдал къватIире риччарал бугьун бачал гIадал артистал рихьаралдаса нахъе, бокьилиланго ккечIила жидеда гьенире щвезе.

- Йо, букIунеб букIине бегьулеб жойищха, йо гьадаб бугеб…. МагIарулалъ магIарул кечI ахIулеб буго гIурус пормаги ретIун. ГIурсалдаса таржама гьабураб жойищ доб кечIги букIарабали, магIарулаз рагIун абулел гIадал рагIабиго рукIинчIо кочIолъ. Якьадалъени дица ракI-макI гьабуна, гьаяли гIурусай йигин, йихьуларогойищ дуда йигей, нилъеда берцин йихьизе магIарулалъ кечI ахIизе яхъунилан. Гьа, гьедин батани, гIезего гIела гьай пакъиралъе гьаб кечI-бакъаниланги абун тана гьелъги.  

Йигоха кIиабилейги ячIиней нижер ГIалимирзал хIелеко гIадин къачIа-кIатIан. Доб хIелкил рачI гIадаб жоги буго тIоноцIиб гьабун,  гьурщун биччан катIариги буго, бакI-бакIалъан чIалхараб гордеги буго, гарбида далун халаааатаб, бицццааааатаб рахасги буго, лазаталда ахIулеб магIарул халкъияб кечIги буго. Мун божилароха, Баху, гьеб бакIалда хIунсанаха, яц, рекIелъ… гьале жеги-жеги рукIалиде кколарого йиго. Дой тIоцеесей гIурусалда рекъонцин букIун батана, гьай нилъерайищ дозулайищали лъазе кIоларей матушкIадаса гьеб гьари-кванай. 

Лъабабилев цо бихьинав жо сценаялде вачIаравго, гьасгIаги ахIилин цо рекIеда гьури балеб гIадаб, унго-унгояб магIарул кечIилан хьулалъ, гьумер-кIалалда кверги бахъун, берал жалги цIцIацIцIазарун, рахIаталда гIенеккизе хIадурана. Бахъанаха цо кутакаб хъуй!... Лъица бахъинабулеб жоялиги бичIчIуларо, яц. Я зурмихъан гуро, я къолохъан гуро, пандур-тIамур кодоб ккурав чиясдаги берго чIваларо… Вугоха, къайбухIад, ячIайила, киеялиго ячIайила, йокьулила, йокьулила, йокьичIого кинила йикIиней мун гIадай яс. Йо! Гьададин цо ахIарайго рекерун рачIине хIадурун рукIунел жалищ, яц, ясал рукIунел??? Валлагь ячIанаха еке-екерун! Пугь – гьай! Гьанже бицун пайда щиб… гьелъул ретIа-къай бихьарабго дун гIодана… Гьале гьанжеги щакъраххуней йиго, кIа-кIалъ-лъанцин бажаруларого лъугь-гьуней йиго.

- Йо, Узлипат, гьедигIан рекIелъе биччагежиха дуцаги. ГIодилей йикIинчIого, гьаб щиб нужеца бихьизабулеб жо, лъие бихьизабулеб жо, щиб пайда дие гьалдаса щвезе кколебилан гьикъизе цо микрафонгIаги щай кодобе босичIеб? Лъица хъвараб кечIилан щай гьикъичIеб? ЧIалхарал гурдал рукъулей юкъарухъаналъул номер щай цIехечIеб? Кинаб ахIаниги кечIалъеги, катнил букIаниги ратIлиеги хъатги чIван ралагьарал рокъоре унел ругони, кутакалда лъикIин жидер концерт арабилан келарищ жи дозда?

- Вай, лъалароооо, лъаларо, гьеб концерталдаса хадуб дида ракIалде ккана хIамида кьилиги кьарияв чиясда рачелги кутакалда рекъон букIунилан.



Автор: Баху МухIидинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook