Расул Х1амзатов рак1алде щвеялъе
Исана 100 сон т1убала нилъер дунялалдаго машгьурав шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса. Дирги талих1 ккана гьесул г1умруялъул ахираб анц1ила щуго соналда жаниб гьевгун дандч1вазеги, гьесул шиг1риял ва г1умрудул насих1атазухъ г1енеккизеги щвей. Гьит1инаб къоялдаса нахъе Расулил т1ахьал ц1алулев, казият-журналазда рахъарал гьесул куч1дул рокьулев чи вук1ана дун. Дицаго куч1дул хъвазе байбихьараб, школалда ц1алулеб мехалъ дир анищ бук1унаан к1удияв шаг1ир вихьизе.
Мах1ачхъалаялда ц1алулеб мехалъ нижер г1олохъанал шаг1ирзабазул цолъи бук1ана «Родник» абун ц1ар бугеб. Моц1ида жаниб цо нухалъ данделъулаан ниж цоцазе куч1дул ц1ализе. «Родникалъул» нухмалъулей Аминат Г1абдурашидовалда нижеца кидаго абулаан Расул Х1амзатов гьоболлъухъ ах1еян. 1986 соналъул декабралда Мух1амад Х1ажиевасул ц1аралда бугеб къот1ноб кафеялда данделъун рук1ана ниж. Циндаго кафеялъул нуц1ихъан Расул Х1амзатов ваккун вач1индал, ниж риххун хут1ана. Вач1инахъего Расулица махсаро гьабуна, гьалгощинал г1олохъабаз куч1дул хъвалел ругони, жинца хъвазе жого хут1иладайилан. Нижеда гьоркьов г1одовги ч1ун, г1елбащадав чи г1адин, махсароялда вук1ана к1удияв шаг1ир. Рахьдал мац1алда хъвадарулел чаг1и ругищилан ц1ехана Расулица. Дагьаб кепги нижее гьабун, г1емер мехго бач1ого Расул нахъе аниги, гьевгун дандч1вай нижее к1удияб лъугьа-бахъинлъун бук1ана.
Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъ 1987 соналъул риидал т1обит1ана респубикаялъул г1олохъанал хъвадарухъабазул совещание. Маг1арул мац1алда куч1дул хъвалел г1олохъанал шаг1ирзабазул анц1ила щугог1ан чи вук1ана: «Мух1амад Патах1ов, Тубх1ат Зургьалова, Г1айшат Малачиева, Г1айшат Г1алиева, Гъазимух1амад Гъалбац1ов, Г1исах1ажи Тажудинов, Г1ибранил Х1ажияв, Зулайпат Г1алиева, Сабрият Х1айбулаева ва цогидалги. Аллагьас киналго хваразул мунагьал чураги. Ниж маг1арул мац1алда хъвадарулел Расулил кабинеталде рачана данделъи гьабизе. Маг1арул хъвадарухъабазул секциялъул нухмалъулев Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса Мух1амадовас ниж иргадал куч1дул ц1ализе т1амуна. Расул Х1амзатов т1аде вач1индал, ниж киналго т1аде рахъана. Г1одор ч1а, жив нужехъ г1енеккизе вач1ун вугилан абуна Расулица. Нижер куч1дузухъги г1енеккун, Расулица цо-цоязда ц1арги росуги ц1ехана. К1удияв шаг1ирас киса-щивилан гьикъаразда гьоркьове ккедал, анкьабилеб зодове вахараб х1исаб дирги бук1ана. Цинги Расулица ц1алана жиндирго ц1иял куч1дул. Рак1алда буго к1удияв шаг1ирасул куч1дуз, гьес гьел ц1алулеб къаг1идаялъ ниж асир гьарураб куц. Цо г1олохъанв шаг1ирас гьесда абуна, «Гьагъай г1адан ана къаси росасе..» абураб кеч1 к1иабизеги ц1ализе бегьиларищилан. Бегьилин, нужеда гьоркьов вугеб мехалъ жинда живго г1олохъанав поэтилан кколеб бугилан, к1иабилеб нухалъги ц1алана Расулица гьеб кеч1. Гьелдаса нахъе дица байбихьана маг1арул хъвадарухъабазул секциялъул данделъиялде хъвадарухъабазул Союзалде хьвадизе.
Доб советияб заманалъ бук1араб х1укуматалъул басмаханаялъ т1ахьал рахъулеб, СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членаллъун росулеб къаг1ида г1олохъанал нижее рек1ее г1олароан. Т1ехь бахъизе, яги «Гьудуллъи» журналалда куч1дул рахъизе ккани, Союзалъул членлъун вук1ине кколаан. Членлъун вахъине ккани, цониги т1ехь бахъанищан ц1ехолаан. Нижер пикруялда, басмаханаялъ т1ахьалги рахъулел, гьезухъ г1езег1ан гонорарги щолезда гьоркьор рук1ана чанги щибго гьунар гьеч1ел чаг1и.
Цинги, 1990 соналъ Гъазимух1амад Гъалбац1овасги Набигула Жаватхановасги дицаги байбихьана «Сабаб» абураб чияда бач1еб литературияб журнал биччазе. Нижеца «Сабабалъул» т1оцебесеб номералдаго байбихьана доб советияб заманалъул т1ахьал рахъулеб къаг1идаялде ва хъвадарухъабазул Союзалъул х1алт1уде цо-цо гъегъ базе. Гъалбац1овас хъван бук1ана доб мехалъ т1обит1араб Дагъистаналъул хъвадарухъабазул съездалда т1асан «Репортаж г1адаб жо» ва «Риччай цо» абурал макъалаби. Дица Расул Х1амзатовасул куч1дузде пародиял хъван рук1ана. Рак1алда буго хъвадарухъабазул нуц1да гьабураб хъвай-хъваг1ай:
«Х1ел-х1елчилъиялъул хъулухъ бокьарал
Хъвадарич1ониги, рач1а гьанире.
Вижараб ракьалда ц1ар бокьанщинас
Ц1огьазулгун гьабе гьуинаб гаргар…»
«Сабаб» журналалда какулел рук1ана Расулида аск1ове чи къазе гьукъун, сверун ч1арал, гьесие х1елх1едулел цо-цо маг1арул хъвадарухъаби. Киг1ан гьунар бугев г1олохъанав хъвадарухъан вач1аниги, г1умруялъул сонал арал щибго пайда гьеч1ел т1ахьал хъвалел чаг1и цере рук1аго, гьезие нух биччалеб гьеч1илан бук1ана г1олохъабазул аслияб г1арз. Гьанже пикру гьабураб мехалъ ниж цо дагьалъ т1асанкколел рук1ун руго. Ч1ах1ияб г1елалъул хъвадарухъаби нижеде рагъана, гьедин г1амал к1одого хъвадаризе ккани нуж щалин, Расулица бихьилин нужее гьабулеб жойилан. Маг1арул шаг1ирзабазул цо-цояз ниж рагъизецин ах1ана.
Г1олохъанал хъвадарухъабаз «Сабаб» абун ц1арги лъун, ц1ияб журналги биччан бугин, хъвадарухъабазул Союзги какулеб бугилан бицун буго Расулида. Гьес журналги ц1алун, ниж жиндихъего ах1улел ругилан хабар бач1ана. Азарго бат1ияб пикруги гьабун, ана ниж лъабавго Расул Х1амзатовасул кабинеталде. Гьес ниж лъик1 къабул гьаруна. Байбихьудаго Расулица абуна, ц1ияб пикру, ц1ияб чваххи адабияталда жаниб ц1акъ к1вар ц1ик1к1араб жо бугин, нужеца г1езег1ан лъик1аб х1алт1и гьабун бугилан. Амма цо-цо бак1алда зани бегизе гьабун бугилан т1адеги жубана. Цинги ц1ехана к1удияв шаг1ирас нужер кабинет киб бугебилан. Кабинет киса нижер бук1унеб, г1одор ч1езе бак1цин гьеч1илан абидал, Расулица абуна жинца нужее хъвадарухъабазул союзалда цо рукъ кьелилан. Ниж асир гьаруна Расулил к1одолъиялъги, г1адатлъиялъги, г1акъиллъиялъги. Нижедаса к1удияб г1ажаиблъи гьабун рук1ана гъол нижеде рагъулел рук1арал ч1ах1ияб г1елалъул къаламцоялги. Доб мехалъ хъвадарухъабазул Союзалда нижее кабинет кьей бук1ана роол бух1араб къоялъ гьури-г1азу багъари г1адаб жо. Гьелдаса нахъе щибаб къойил г1адин вихьулаан Расул Х1амзатов. К1удияв шаг1ирас цо-цо нухалъ ниж жиндихъего хабар-к1алалъе ах1улаан, яги живго ваккулаан нижер кабинеталде.
Доб мехалъ к1удияв шаг1ирас дие сайгъат гьабураб кеч1цин хъван бук1ана «Г1олохъанав пародист Х1амзаевасе» абураб ц1аралда гъоркь:
«Х1амзаев, Х1амзатовас кьолеб буго дуе т1ехь,
Цо-цо пародиялъе гьанибги батила кеч1…
Цо-цо Х1амзаевазул Х1амзатовал лъугьуна,
Цо-цо Х1амзатовазул Х1амзаевал лъугьуна…»
1991 соналъ нижеца, «сабабалъулаз» дандеги гьабун, нижерго г1арацги кьун, биччан бук1ана Бакьайч1иса Ч1анк1ал куч1дузул т1ехь. Щвана гьебги босун Расулил рокъоре. Гьев ц1акъ вохана нижеца Ч1анк1ал т1ехь бахъун батидал. Хасго Расулие асар гьабуна гьелъул жилдалда т1ад хъварал Ч1анк1ал гьадинал раг1абаз:
«Дунялалъул къоял къварид риччазин,
Къиямасеб къоялъ шапаг1ат щвезе.
Духъ ккараб дир рокьи рукьбалъ ц1унизин,
Бец1аб лах1дуялъуб х1алхьи бук1ине...".
Цинги, Расулица цогидаб рокъой йик1арай Пат1имат ах1ана, цо Ч1анк1ал раг1абазухъ г1енеккизе яч1аян ва, киназдаго раг1ун, гьелъие гьал мухъал ц1алана, лъик1ал раг1аби гьеч1ищилан. Гьелдаса нахъе Мух1амад Ах1мадовасда цадахъ зама-заманалдасан щолаан Расулихъе ваккизе. Щибаб нухалъ гьес гьикъулаан хъвадарулев вугищилан, Жабраг1ил Х1асановасул щиб х1ал бугебиланги ц1ехолаан.
*** ***
Дир гьудулас цо басриябго жигули босараб заман бук1ана. Чанги бак1алда лажбарги бахараб, ч1араб бак1алдаса тункун гурони баккизе к1олареб жо бук1аниги, ниж гьебги бачун, шагьаралде унаан тира-сверизе. Цо къоялъ Советская къот1носан эхе унаго, Чернышевскиясул къот1ноб бугеб жиндирго минаялда цеве дове-гьаниве хьвадулев вихьана Расул Х1амзатов. Расул рек1инавизе вугилан дица абидал, сверизеги гьабун, машина гьесда цебе ч1езабуна: «Расул, г1одов ч1а, нижеца щвезавила», - ян. Гьев дида к1алъач1еб мехалъ, лъач1ого ватилин ккун, нахъаса ваккун дица абуна: «Расул щиб х1ал бугеб? Дун Х1амзаев вуго», - ян. «Г1ай, хъарчигъа, мун кив вук1арав? - абун гьикъана Расулица. Цинги Буйнаскиясул къот1ноб хъвадарухъабаул Союзалъул минаялда цебе машинаги ч1езабун, дица Расулие нуц1а рагьана. Машинаялдаса къват1ивеги вахъун, Расул лъик1го цин дихъ, цинги басрияб машинаялъухъ валагьана. «Союз писателялъ Х1амзаевасе цо ц1ияб машинаг1аги босизе ккела», - ян махсароги гьабун, Расул хъвадарухъабазул союзалде ана.
Цинги дун Москваялде ана ц1ализе. Расул Москваялде вач1анщинахъе цо-цо салам кьезе щолаан гьесул Тверская къот1ноб бугеб квартираялде. Киве ц1ализе лъугьаравилан гьикъана Расулица, МИДалъул Дипломатазул академиялде лъугьанилан абидал, жив дур бак1алда вук1аравани, Литературияб институталъул т1адег1анал курсазде инаанилан абуна. Телефоналъ к1алъанщинахъе к1удияв шаг1ирас абулаан цо хабар-к1алалъе жиндихъе ваккеян. Рак1 гъоларого вук1унаан гьев рокъов живго хут1идал. Т1оцебесеб суал Расулил кидаго бук1ана хъвадарулев вугищилан. Вугилан абуни, жиндие ц1алеян абулаан. Цинги жинцаго ц1алулаан ц1иял куч1дул. Жинда аск1ове щваравщинахъе нахъе лъутизе гурони, дуе къвариг1араб жо бук1унарилан абулаан гьес дида.
Дица бищун г1ажаиблъи гьабулеб бук1араб жо: гьагъадиг1ан дунялалда машгьурав, к1удияв шаг1ирилан киналго мук1урав Расулица, жиндирго кеч1ги ц1алун, г1олохъанав дида гьикъулаан: «Бегьулеб жо бугищ, кинаб кеч1 бугеб, т1убанго рак1 рекъоларого буго», - ян. Жинцаго хъварал куч1дуздаса рази гьеч1ого, цо-цо бак1алда т1асан мухъал ц1ан, ц1иял мухъал т1аде журалев вук1унаан гьев. Дир х1исабалда, гьеб буго жакъасеб къоялъ маг1арул мац1алда хъвадарулел шаг1ирзабазе бищунго г1олареб рахъ.
Цо нухалъ Москваялда Расулил рокъове щведал, дица ц1алана «Кида маг1арухъе нахъруссунел нилъ..» абураб кеч1. Нахъойги ц1алеян абуна Расулица, ц1алана к1иабизеги. «Ц1акъ лъик1аб кеч1 буго, росу цебеч1езабулеб буго, маг1арул шаг1ирасул коч1олъ кидаго росу бук1ине ккола. Ахир хисизабуни, лъик1аб бук1ина», - ян абуна Расулица. Кин хисизабилебан гьикъидал, гьес абуна коч1ол ахиралда: «Кидал маг1арухъе нахъруссунел нилъ» абураб мухъалъул бак1алда «Кидал маг1аруллъи нахъбуссинеб мун» - абун хъвайилан. Балагьеха, цох1о раг1ул суффикс хисиялдалъун, к1удияв шаг1ирас гьеб коч1ол маг1на хисизабураб куц.
*** ***
1999 соналъул к1албичанкъоялъ гьалмагъзабигун цадахъ щвана Москваялда Расулил рокъоре к1ал къабул гьабизе. Столалда нахъа г1одор ч1едал, Расулица дурцасда абуна, жиндие бегьич1ониги, гьалбадериениги дагьаб жо гьабизе бегьуларищилан. Гьебсаг1ат т1адеги вахъун дурцас столалда цо к1удияб шиша лъуна. Цо заманалдасан яккун яч1ана Пат1имат. Хапураб квералъ столалдаса шишаги нахъе босун, гьелъ абуна: «Лъица гьаб шиша гьаниб лъураб, жакъа буго г1идалъул къо. Жакъа гьаб рокъоб лъицаго гьекъоларо». - ян. Цинги дихъги ялагьун, Пат1иматица абуна, дуца динияв чияс, мунго вугеб бак1алда гьекъолеб жоялъул бицине тезе бегьилищан
Москваялда ц1али лъуг1ун хадуса щвана Мах1ачхъалаялда Расулихъе гьоболлъухъ, бицана гьадинги гьадинги Г1иракъалде х1алт1изе унев вугилан. Гьебсаг1ат Расулица абуна: «Г1адамалги маг1арухъе ах1ун, мунго г1арабиялъе унев чи кинав вук1унев?» - абун. Цинги т1аде жубана Садам Х1усен вихьани, жиндир рахъалъ салам бицеян. Цинги Расулица бицана: «1974 соналъ Г1иракъалде унеб СССРалъул делегациялъул бет1ерлъун вук1ана дун. Примаков вук1ана дир кумекчиги таржамачиги. Садамгун дандч1вайдал, г1емераб мехалъ хабаралда рук1ана ниж. Дица гьесда абуна: «Дагъистаниязулги г1арабазулги г1емерисеб г1амал-хасиятги релълъараб буго, динги цо буго. Амма нилъер цо бат1алъиги буго; нижер к1икъого миллатги цо республикаги буго, г1арабазул абуни, цо миллатги к1икъого республикаги буго», - ян. Саддамица бет1ер гьанк1ана, дуца ц1акъ бит1араб абунилан.
*** ***
Цоги нухалъ Мах1ачхъалаялда Расулил рокъор гьоболлъухъ рук1ана ниж. Гьит1инаб магнитофонги кодоб ккун, т1аде вач1ана мадугьалихъ рукъалъ вук1арав академик Шамил Г1алиев, цо-к1иго жинда сири базабураб кеч1 Расулие биччазе вилъанилан. Т1оцебесеб кеч1ни жиндир бугин, к1иабилеб лъил бугеяли лъаларин абуна Расулица. Гьеб бук1ана Мух1амад Г1абасовас ах1улеб «Цо т1амур хъваларищ, Хъах1абросулъев…», - абураб дир кеч1. Аск1ов вук1арав дица абуна, гьел раг1аби нилъер ругилан. Расулица хант1ан дир квер босана: «Бихьинаб х1ара – Х1амзатил Расулил гьудул», - абун.
*** ***
Цоги къоялъ дица Расулие ц1алана «Бакълъадерил хараби» абураб дирго кеч1. Кидаго г1адин, к1абилеб нухалъ ц1ализеги т1амун, к1удияв шаг1ирас абуна: «Росдал хараби, гьезул г1умру-яшав цере ч1езарулеб лъик1аб кеч1 лъугьун буго»,- ян. Цинги т1аде жубана, гьаб г1умруги хехго унеб жо бук1унин, мун цо-цо г1олохъанахъги валагьеян.
*** ***
Хъвадарухъабазул Союзалда Расулил кабинеталда данделъун рук1ана маг1арул хъвадарухъаби. Цо гьунарго гьеч1ев маг1арул шаг1ирасул куч1дузул т1ехьги бач1ун, гьелъул бицунел рук1ана. Гьунаралъ гьоркьов тарав чи вугин гьевилан нижеца абуниги, цояс шаг1ир ц1акъго веццулев вук1ана, гьесул чанги лъик1 лъугьараб кеч1 бугилан. Расулица, гьевги гьоркьов къот1изавун, абуна: «Те, ч1у, - жиндирго гьац1улъ гъанкъун хвараб на буго», - ян.
*** ***
Г1адало Г1алиев туркалъе гочараб, киназго гьев рехсолеб заман бук1ана. Расулил кабинеталда, кидаго г1адин, данделъарал маг1арул хъвадарухъаби къаламцояв Г1адалол къисматалъул бицунел рук1ана. Г1емерисез гьесул рахъ ккуниги, цо-цо г1олохъанал шаг1ирзабаз гьесде балеб бук1ана Ват1аналде т1аде к1анц1арал хъачагъазул рахъ ккунилан. Расулица цин абуна, кинав ватаниги, гьев шаг1ир вугин, хабар тейилан. Амма къаламцоял гьесул бицун къацандизе лъугьиндал, Расулица, гьаракьги бахъинабун, стол бухана: «Дица абуна гурищ, гьев шаг1ир вуго, живго те», - ян.
*** **
Расулица дун кидаго динияв чийилан толаан. Гьес дие сайгъат гьабураб т1ехьалдаги хъван бук1ана: «Киналго Мух1амадазулъ бищунго нилъер Мух1амад аварагасде г1агарав, Мух1амадие. Киналго маг1арул коч1охъабалъ бищунго кеч1 какалде г1агар гьабулев гьудуласе к1алалъ гуро, рак1алъ кьолеб буго», - ян. Гьоркьо-гьоркьоб гьес гьикъулаан диниял чаг1и щиб гьабулел ругелилан. Саг1ид Афандиясул бицен ккарабго, Расулица абулаан гьесул Аварагасул г1адаб гьумер бугилан. Жиндирго яс Пат1иматица жив т1адч1ун какал разе т1амулев вугин, унго Аварагасул Пат1иматг1ай гьадиг1ан кьварарай йик1анадайилан махсароги гьабулаан гьес.
Пат1имат хун хадуса, гьелъул хабада къулгьу гьабизеги ах1улаан Расулица дун. Рузманкъоялъ гьабулеб жо батич1они, жинда цадахъ вилъинарищилан абулаан. Расулида цадахъ ине щвараб мехалъ дие щибха бук1инеб? Цо къоялъ радалго щвана Расулихъе гьесда цадахъ Пат1иматил хабаде инеян. Рокъоса къват1ире рахъунаго, гьесул кумекчи Мух1амад Насрулаевас абуна: «Расул Х1амзатович, духъе къвариг1елалъ росулъа цо херав чи вач1ун вуго, х1алт1уда духъ валагьун ч1ун вугин ах1ана», - ян. Цин хъвадарухъабазул Союзалде рилъайилан, Расулица гьенире рачана. Гьоболгун хабар-к1алалда Расул вук1аго, гьесул кумекчияс сейфалъуса чагъиралъул шишаги бахъун, гьезие т1езе г1амал гьабуна. Жакъа рузманкъо бугин, гьекъон хабаде ине бегьуларилан дица абидал, кумекчияс дун гьоркьов къот1изавуна, цогиязе бегьич1ониги, Расулие бегьулилан. Дун т1аде вахъана: «Расулие скидка гьабураб бак1 исламалда гьеч1о, нужеца гьекъолеб бугони, дун нужеда цадахъ хабаде вилъунаро», - ян. Гьеб раг1идал, Расулица кумекчиясде ишара гьабуна: «Жакъа ас абураб гьабилин, шиша бук1аралъуб лъе», - ян.
2000 абилеб сон бук1анилан ккола. Дицаго гьарурал Г1умар Хаямил рубаг1иятазул таржамаги босун щвана Расулихъе. Ц1акъ асар гьабуна гьесие маг1арул мац1алде руссинарурал рубаг1иятаз. Цо-цо куплетал т1адвуссун ц1ализеги т1амуна гьес, ц1акъ лъик1 лъугьун ругилан. Цо къоялъ машрикъалъул шаг1ирзабаузл бицен ккарабго, Расулица абуна, жиндир жах1да кколеб жо дуца руссинарурал Хаямил куч1дул гурони гьеч1илан. Жинца х1албихьун бук1анин церег1анго соназ гьел руссинаризе, жиндир лъугьинч1илан Расулица абидал, дихъа борч1ун ана дуца Есенин г1езег1ан лъик1 вуссинавунилан. Гьебсаг1ат Расулица абуна: «Щиб, дун Есенинда релълъарав вугин абулеб жойищ дур гьеб?», - абун.
2000 абилел соназ Бисавг1алиев Мух1амадгун цадахъ г1емер щолаан Расулихъе. Гьев Расулил кумекчилъун х1алт1улеб заман бук1ана. Жиндир нуц1ида к1ут1ич1ого т1аде рач1аян абуразда гьоркьор рук1ана Бисавг1алиевги, Г1абдурах1ман Г1абурик1овги дунги. Г1олохъанал нижеда аск1об рак1гъей бук1унаан гьесие, тира-сверизе, кафеялде рилълъайилан абулаан. Жиндирго куч1дул нижеца рак1алдасан ц1алидал, лъимер г1адин вохулаан гьев. Расулица г1емер абулаан, бищун лъик1ав х1акимчиясдасаги жиндие бищун гьунар гьеч1ев шаг1ирго вокьулилан. Ц1акъ рак1 гъурав, рак1 г1ат1идав, г1ажаибго ц1одораб г1акълуялъул, сундаго нахъг1унт1улеб пикруялъул чи вук1ана гьев. Куч1дул хъвазеги ц1ализеги бат1ияб гъира-шавкъ бук1унаан Расулие ц1ализе щвеялдалъун.
Цоги нухалъ Расул Москваялда Кремлиялъул больницаялда вегун вук1ана. Москва шагьаралъул хъвадарухъабазул Союзалъул бет1ер Владимир Бояриновги вачун, щвана гьесухъе ваккизе. Жеги Расулгун цадахъ г1одов ч1езе щварав чи гурин живилан, рази-ракиго вук1ана Бояринов. Расулилгун лъай-хъвай гьабун хадуса Бояриновас абуна, жинца Кавказалъул, хасго Дагъистаналъул шаг1ирзабазул г1емерал асарал г1урус мац1алде руссинарунин, цо кеч1ниги дур буссинабизе щвани, гьеб жиндие к1удияб талих1лъун бук1инилан. Ц1акъ лъик1аб х1алт1и гьабун бугин, гьелъул бициналде цо дагьаб Дагъистаналъул коньяк биччан лъик1 гурищилан абуна Расулица. Жинца гьекъоларилан Бояриновас абидал, Расул, г1ажаиблъи гьабун, дихъ валагьана: «К1икъоялда анц1го соналъ Москваялда дида ватич1ев гьекъоларев г1урусазул поэт, дуда кив ватарав?» - абун. Гьел раг1аби г1урус мац1алде руссинаридал, ц1акъ кеп щвана Бояриновасе, ва: «Расул во всем велик», - ян абуна. Нахъе унаго, Расулица Бояриновасе махсаро гьабуна, хадусеб нухалъ жив дандч1вайдал, лъалареб ххвел гьабугеян.
2003 соналъул августалда щвана Расулихъе, гьесда т1аде щолеб 80 сон баялъул юбилейги баркун, «Ислам» абураб журналалъе гара-ч1вари гьабизе. Жакъа г1адин рак1алда руго доб къоялъ Расулица абурал раг1аби: «Юбилеялда инсан г1адамаз ц1акъго к1одо гьавула. Дида г1адин лъик1 г1адамазда дун лъалев вук1аравани, гьез дун гьадиг1ан веццилароан. Диргун г1елбащадал, г1олохъанлъи лъалелдего, рагъул байданалда къанщана. Ункъого сон ракьалда бай – гьеб инсанасул талих1 буго. Амма гьабгощинаб балагь-къварилъиги сверухъ бук1аго, кинаб талих1ха шаг1ирасул бук1инеб? Дир бищунго рак1бух1араб жо буго: хъвач1ониги г1олеб чанги асар дицаго хъван бати, хъвач1ого г1олареб асар хъвач1ого хут1и», -ян. Дуе щварал шапакъатазул бищун к1удияб щиб бугебилан гьикъидал, Расулица абуна, Ц1адаса Х1амзатил вас вук1ин бугилан.
Автор: Мух1амад Х1амзаев
Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала