Авторизация

Сверун къужрузги ккун, къварид буго ЦIор


Миллатцоял


Сверун къужрузги ккун, къварид буго ЦIор


2012 соналъул 5-7 октябралда Ереваналда тIобитIана Бакъбаккул Кавказалъул рикьизарурал халкъазул бицараб конференция


Къого пачалихъалдаса 70 гIалимчи гIахьаллъараб халкъазда гьоркьосеб конференция тIобитIана исана 5-7 октябралда Армениялъул тахшагьар Ереваналда. 


«Кавказалъулгун Каспиялъул регионалъул кьолболал халкъал» абураб цIар кьураб гьеб данделъиялда Дагъистаналъул рахъалдасан гIахьаллъана тарихчагIи, цIех-рехчагIи, журналистал ва жамгIиял хIаракатчагIи: тарихиял гIелмабазул кандидат Тимур Айтберов,  Аваразул миллиябгун культурияб автономиялъул (АНКА) нухмалъулев, «Новое дело» басмаялъул бетIерав редактор Маркъо ШагIбанов, Грузиялда ругел магIарулазул вакил, гочине ккарал аваразул «Тодос» гIуцIиялъул бетIер Бадрудин Ибрагьимов, Лезгиязул федералияб миллиябгун культурияб автономиялъул (ФЛНКА) вакил Вагиф Керимов, журналист Руслан Гереев, цIигьабулеб бугеб «Садвалалъул» цевехъан Альберт Эседов ва хъвадарухъан Файзудин Нагъиев. Ахираб къого соналда жаниб Закатала мухъалда лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасан кIалъай гьабуна гьал мухъазул авторасги.


Ереваналъул пачалихъияб университеталъул (ЕГУ) Бакъбаккул рахъ лъазабулеб факультеталъул иранистикаялъул кафедраялъ ва эрмениязул халкъазда гьоркьосеб «Модус Вивенди» централъ гIуцIана гьеб гIелмияб данделъи.


«МагIарулал загIипал чагIи гуро»


Конференциялъул тIоцебесеб къоялъ делегациязул нухмалъулез хъваш-башалъулал кIалъаял гьаруна. Дагъистаниязул рахъалдасан калам гьабуна машгьурав тарихчи Тимур Айтберовас:


 «ХIурматиял пишацоял ва пикруцоял! Дагъистаналъул делегациялъул цIаралдасан салам кьолеб буго нужее! МагIарулазул ва лезгиязул салам буго нужеде. Нижер халкъал рикьизаруна большевиказ. Гьез гIинбалеб букIана Берлиналда ва Стамбулалда чIарал бечедал жидерго «хважаинзабазухъ». Гьелъул хIасилалда нижер миллатцоял советияб Азербайжаналда гъорлъе ккезаруна.


Армяназул халкъ, нужер нухмалъулел ва интеллигенция кидаго церерахъана ва жакъаги рахъунел руго Бакъбаккул Кавказалъул кьолболал халкъазул маданият, мацIал ва миллиял мурадал цIунун. КIудияв Месроп Маштоцица ва гьесул цIалдохъабаз  нижер халкъазе хасаб алфавит гIуцIана (Кавказалъул Албаниялъул алфавит, - ГI. ХI.). Грузиялъул ва БакътIерхьул улкабазул гIалимзабазул хIаракаталдалъун гьеб алфавит дунялалъул гIелмияб хазинаялъулъе бачана ва лъазабулеб буго.


Хрущевасул «хинлъи чIварал» соназда армяназул вац-яц Епископосяназ Азербайжаналда гъорлъе ккарал дагъистаниязул ихтиярал цIунизелъун СССРалъул КПССалъул ЦКялде рагьараб кагъат хъвана. АЗССРалда миллиял дагъистаниязул мацIал лъазарулел гьечIилан хъван букIана гьеб хитIабалда. Гьеб кагъат битIи ккола унго-унгояб гьунар, бахIарчияб иш. Коммунистиял интернационалистазул ретIелги ретIун, дагъистанязе зулму гьабулел Бакуялъул пантюркистал къватIир чIвазаруна гьеб хитIабалъ. Гьанир залалъур гIодор чIарал студентазда тIубан бичIчIичIого букIине бегьула Епископосяназул гьунаралъул къимат. Гьеб хитIабалъул цIех-рех гьабулеб букIана жийго Фурцевалъул бетIерлъиялда гъоркь. Кагътида рехсарал хIужаби ритIухълъичIони, армяназул яц-вацазул къисмат квешаб ккезе рес букIана. Ленинилгун Сталинил чIвадариялъул ва туснахъ гьариялъул сиясат жеги чIезе тун букIинчIо дол соназдаги. Гьанжеги Азербайжаналда гъорлъе ккарал дагъистаниязул гIузрабазде ва къварилъабазде кIвар кьолеб буго Армениялъ, нужер гIелмуялъ, ЕГУялъул профессор Гарник Асатряница ва гьесул пишацояз, гьединго Армениялъул прессаялъ, хасго Левон Мелик-Шахназаряница ва гьесул «Восканапат» сайталъ.


Гьелдаго цадахъ абизе бокьун буго рикьизарурал Дагъистаналъул халкъал загIипал чагIи кколарилан. Масала, исана Лондоналда тIобитIараб Олимпиадаялда лъабго магIаруласе меседил медалал щвана. (Залалъуб чIвалеб хъатил хъуй бахъана, -  ГI. ХI.)


АбичIого гIоларо Россиялъ магIарулазул къимат гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъги. Азербайжаналда магIарулав толеб бищун кIудияб хъулухъ школалъул директорасул тах батани, Россиялъ аваразул хIаракатчагIазе церетIезе квалквал гьабулеб гьечIо. Масала, Владивостокалда тIобитIараб АТЭСалъул халкъазда гьоркьосеб дандчIваялда Россиялъул делегациялъул нухмалъулев вукIана аварав Зиявудин МухIамадов.

Баркала нужее, Армениялдаса ритIухъал гьудулзаби, Кавказалъулгун Каспиялъул кьолболал халкъазул рахъкколеб бугелъухъ!»


ЦIоралъе автономия хIажат буго


Конференциялъул тIоцебесеб къоялъго гьаруна Дагъистаналъул вакилзабаз докладал. ЦIоралъул магIарулазул тарих ва жакъасеб хIакъикъат якъинго цебечIезабулел, гIемерал соназ цIех-рехал гьарун данде ракIарарал хIужаби рехсана Тимур Айтберовас ва Маркъо ШагIбановас. Араб гIасруялъул 90-абилел соназдаго ЧIаралъул аваразул тарих рагьараб гIелмияб хIалтIи къватIибе биччана Айтберовас. Гьев гIемер щвана ЦIоралде, гьаруна рагIа-ракьанде щварал цIех-рехал.


КIалъаялда Тимурица бицана персазул шагь Надирида данде ЦIоралъул магIарулаз гьабураб кутакаб къеркьеялъул, гьесул вац Ибрагьим, аскарги гъурун, гьенив чIваялъул.


ЧIарлъиялда бугеб гьанжесеб хIалалъул гьадин бицана Айтберовас: «Азербайжаналъе эркенлъи щваралдаса, Бакуялъ  жидер пачалихъалда гъорлъе ккаралщинал халкъал азербайжаналлъун лъугьинаризе жигар бахъулеб буго. Нус-нус соназ чияда бачIеб аваразул пачалихъ букIараб ЧIарлъиялда гьабсагIат нухмалъулезул 80 % къажарал руго.  Нижеца ЦIоралъе автономия кьей тIалаб гьабулеб буго . Гьениб магIарул мацI рагIизабизе ккола кIиабилеб пачалихъияб мацIлъун, игIланазда хъвай-хъвагIаялги гьаризе ккола авар лугъаталда. Гьединго рилълъанхъизаризе ккола цогидал миллиял ихтияралги».


Авар мацI ва КIудияб Армения


Маркъо ШагIбановасул доклад букIана ЦIоралда магIарул мацI малъиялъул масъала борхараб. «Ххвалиего авар мацIалъул дарсал кьолел руго ЦIоралъул магIарулазул 23 школалда, 70 школалда гьеб малъулеб гьечIо, «тIахьалги учительзабиги гIолел гьечIилан багьанаги бачун», - илан абуна ШагIбановас.


Конференциялъул лъабабилеб къоялъ Левон Мелик-Шахназаряница трибунаялдасан гьадинаб рагIи рехана: «Щай Азербайжаналда гъорлъ ругел миллиял дагъистаниял жакъаги Армениялда данде рагъулел ругел? Азербайжаналъул къануналда рекъон, Армениялъулгун гIорхъи цIунизе аскаралде ахIула гIорхъодаса нусго километраялъул манзилалда гIумру гьабун ругел гIолилал. Гьеб нусго километралда руго магIарулалги, лезгиялги, талышалги. БетIергьабаз буюрухъ кьуни, лагъзал гIадин гьезие мутIигIлъизе кколищ нуж? Армяназ гIадин, яргъил кумекалдалъун бахъизе ккола эркенлъи».


Гьесие жаваб кьуна магIарулазул делегациялъул вакилзабаз. Бадрудин Ибрагьимовас абуна, араб гIасруялъул 90-абилел соназда Армениялъ Россиялъул кумекалдалъун кверде босанин МугIрузулаб Гъарабагъ. МагIарулазе ва лезгиязе гьединал санагIатал шартIал рукIинчIилан.

Дагъистаниял киданиги лагъзал рукIинчIин, умумузул ракьал нахъе тIалаб гьаризе кIолеб батани, нужецаго КIудияб Армения (гьелда гъорлъе унаан гьанжесел Турциялъул, Шамалъул, ГIиракъалъул, Ираналъул ва гь. ц. ракьал, - ГI. ХI) щайин цIигьабуларебан абуна Шахназарянида магIарулазул вакилзабаз. Нужеда квеш бихьараб калам борчIун батани, тIаса лъугьаян жаваб гьабуна Шахназаряница. Гьев ккола кIицIул къажаразул асирлъудаги вукIарав, МугIрузулаб Гъарабагъ бахъиялъулъ кIудияб гIахьалъиги гьабурав чи.


Къажаразул инжитаб кверщаликье ккарал ЦIоралъул магIарулазул ва цогидал миллиял дагъистаниязул суалал халкъазда гьоркьосеб, тIолгодунялалъул даражаялда рорхизе кIудияб хIалтIи гьабулеб буго Армениялъ. Гьелъие гIиллабиги киназего якъинал руго. МагIарулазги эрмениязги гьудуллъи гьабизе бегьула, амма нилъер жиде-жидер хасал мурадал руго.


Аваразул кьалул кучIдузулъ, магIарулазулги къажаразулги рагъазул бицунаго, гIемер дандчIвала гьал мухъал: «Гьадин ругин абун, лъикI гьечIин абун, сверун къужрузги ккун, къварид ругилан». Нилъер умумул гьаб ахIухъе ЦIоралде щолаан ва тушман щущазавулаан. МугIруз жакъа бутIрул къулун ругел щай?


2012 сон



Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +107
  • Нравится
Оставить комментарий
Эрмениязе гьедин гаргадизе бигьаго буго,жинда нахъе пачалихъги бук1аго,дуниялалда бищун бечедаздасан цояб диаспораги бук1аго)


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook