Сапаралъул очерк
Грузиялъул гражданаз – 10 лари, цогидаз – 20 лари
Туризмалъ хьихьараб улка
Исана 17 августалда «Миллаталъул» вакилас сапар бухьана Югалъулаб Кавказалде, Грузиялде. Радал 09.30 заманалда МахIачхъалаялдаса къватIиве вахъарав чи къасиялде Тбилисиялде щвана. БачIинахъего Россиялъул «цIулал» гъурщал гуржиязул лариязде хисана, 2017 соналъул августалда цо лари ккола 25-30 гъурущ. Дунялалдасаго туристал рачIуна Грузиялде. Туризмалъ кIудияб бакI ккола гьеб пачалихъалъул бюджеталда. Азербайжаналъул тIалъиялъул вакилас абуна (араб декабралда гьенибе гьабураб сапаралъул заманалда) Грузиялъул экономикаялъул 60-70 процент Азербайжаналъул инвестицияз кколилан. Грузиялда гIемераб чIегIернарт гьечIо, гьединлъидал, гьез ричула нигIматал ва цебетIезабулеб буго туризм.
Европаялде гочунел руго
Киналха ругел гIадатиял гуржиязул пикраби, ургъелал, хIисабал? Хабар-кIалалда гуржиязул цо-цо вакилзабаз бицуна Михаил Саакашвили Грузиялъул президентлъун вугеб заманалда гIадлу букIанилан, гьес «къануниял цIогьал» жанир тIамунилан, гьанже такъсирал цIикIкIунел ругилан ва кколезе кколеб тамихI гьечIилан. Гьанже Грузиялда ругел нухмалъулел олигарх Бидзина Иванишвилил чагIи кколел руго. Гьесул сиясат дагьаб Россиялъе данде кколеб гIадаб буго. Гьев олигархас тIад квер лъун бугила сундаго. Нино Бурджанадзеги жиндирго пикру гьечIей, къватIисел къуватаз ячуней политик йигилан абула Грузиялъул гражданазул цо бутIаялъ.
Эркенлъи ва чияда бачIолъи щваралдаса, Грузиялда аслияб кIвар кьолеб буго, гIурус гуреб, ингилис мацI лъазабиялде. Гьеб мацIги лъазабун, гIемерал гIолилал гочунел руго Европаялде ва Америкаялде. Масала, БакътIехьул Грузиялъул ва Абхазиялъул пачалихъалъул тахшагьарлъун букIараб, цебесеб эраялдаго кьучI лъураб Кутаиси шагьаралъул халкъ ахираб 20-25 соналда жаниб кIинусазаргоялдаса 150-азаргоялде ккун буго. ГIаммго босани, 2017 соналда Грузиялда гIумру гьабун вуго 3,7 млн чи. Дагъистаналда бугелдаса гIемер цIикIкIараб халкъ бихьуларо гьениб.
Петр ТIоцевесев гуржияв вукIанадай?
Тбилисиялда накъит гьабурал гуржиязул батIи-батIиял къокъабаз чанги гIажаибаб жо бицана. Шамил имам гуржияс кверде восанилан абуна. Гиназ Барятинский Бараташвилиязул чи вукIанила. 1783 соналъул 24 июлалда Георгиялъул къотIи хъвана Россиялъул империялъги Грузиялъги. Гьеб къотIиялда рекъон, Россиялъул империялъ Грузиялъе къайимлъи гьабизе букIун буго, гьел улкаби цоцаз цIунизе тIадеги босун буго. Амма Россиялъ Грузия къулчIун реханилан абула гуржиязул цо-цо вакилзабаз, жидер ихтияралго хутIичIила, сахалщинал махщалилал империялъ рачун анила, гьединлъидал, Россиялъул империялъе хъулухъалда гIемерал гуржи халкъалъул аскариялги рукIанилан.
Гьоркьо-моркьоб гуржиязул годекIаниб абуна Петр ТIоцевесевги гуржияв вукIанилан, гьеб жо мухIканаб баян бугилан, амма гъалмагъ Иосип Сталиница гьукъун бугила гьеб хабар тIибитIизабизе. Газета цIалулезда гьарула гIайиб гьабугеян, гьев императорасул геназул цIех-рех гьабизе «Миллаталъул» санагIалъи ккечIо.
ЦIоралъул аваразул цIар араб тарих
Тарихалъул цоги рахъазул бицани, гуржиязе цIакъ хириял гуро Давид-БакIал ралев чи ва Тамара абурал церехъаби. Килиса бихьарабщинахъе килщаз хъанчил гIаламатги гьабула жамгIияб транспорталда жанибцин цо-цо цIакъго дин бихьизабизе бокьараз. Гьедин гьабуларел цIикIкIун руго. Дагъистаналдаги гуржияз насранияб дин тIибитIизабун букIанила, рачIун гIарабаз хIал гьабун ислам билълъанхъизабунилан бицунеб букIана цо гуржияс. Хъанчил чабхъеназул тарихалъул щай гьес рехсечIебали лъаларо. Гьел хъанчилаз гурищ кутакал вахIшилъаби гьарурал бусурбабазул пачалихъазда.
Мадугьалихъ ругел пачалихъазда, хIатта росабазда ва шагьаразда, гьоркьорцин рагъгун рекъел гIемер ккана инсанияталъул тарихалда жаниб. Гьедин букIана магIарулазда ва гуржиязда гьоркьобги. Гьеб буго инсанияталъего гIаммаб гIамал-хасият. Закаталагун Белоканги жидер ракьлъун рикIкIунел гуржиялги дандчIвана. СССР гIуцIун хадуб, гьалмагъ Иосип Сталиница Азербайжаналъе «сайгъат гьабунила» Закаталаялъул округ. Лъалеб букIахъе, гьеб ккола ЦIоралъул магIарулазул, нилъер миллатцоязул, ракь. Биялда ва гIетIалда барахщичIого, авараз цIунараб, Надир-шагьасул вац Ибрагьим-хан чIвараб ва гьесул бо гъурараб, бергьараб бахIарчилъиялъул ва чилъиялъул свери.
Прометейил нохъоги лариязул зваргъиги
Тбилисиялдаса Кутаисиялде микроавтобусалда бухьараб сапар цо чиясе чIола 10 лариялде (250-300 гъ.). Кутаиси ккола некIсиял греказул маданиял ва тарихиял хIаракатчагIаз жиндир хIакъалъулъ гIемер хъвараб, цо заманалда Грузиялъулго тахшагьарлъун букIараб шагьар. Колхидаянги абулаан некIсиял греказ гьеб мухъалде. Кутаисиялда аскIоб 1983 соналда, жанибе гIака бортиялдалъун, батун буго бергьун кIудияб карсталъул нохъо. Гьелда цIар лъун буго Прометейил нохъойилан ва туристазе рагьун буго гьелъул цо бутIа.
2017 соналъул 22 августалда гьеб Прометейил нохъоде жаниве лъугьана «Миллаталъул» вакилги. Щибаб къоялъ аза-азар турист вачIунев вуго гьеб тIабигIияб памятник бихьизе. Халатал иргаби рукIуна нохъодул кIалтIа. Цин баян букIана нохъода жаниб экскурсоводгун цадахъ гьабураб сапаралъухъ 10 лари босулилан, гьенире щведал, чиясдаса 20 лари (500-600 гъ.) кьезе кколилан чIана. Русбуздаги рекIун, нохъода жанир чвахулел лъаразда лъедезе бокьарас кьезе кколеб буго 35 лари (850 -1050 гъ.). ХIисаб гьабурабго, гIага-шагарго миллион гъурущ щолеб буго нохъодул «бетIергьабазе» цо къоялда жаниб. Гьедин бигьаго, тIабигIаталъухъ ралагьаралъухъ гIарац гьабизе лъан буго Грузиялда. Гьедин хайир гьабулеб буго дунялалда щибаб улкаялъ. Дагъистаналдайин абуни туристал гIемерисеб мехалъ гьалбаллъун рагIизарула ва чIобого къабул гьарула.
Гьеб Прометейил нохъодул кIалтIа цоги «аммаги» загьирлъана. Грузиялъул гражданаз нохъоде сапаралъухъ 10 лари кьезе кколила, цогидаз 20 лари кьеян лъазабуна. Цо-цо гуржиялги рукIана, гьеб къагIида мекъи бугилан, амма хIакъикъат гьединаб буго. Япониялъул тIадчагIаз Китаялъул шагьарал рахъидал, цо-цо парказда ва бакIазда хъвалеб букIун буго «Гьабзазе ва китаялъулазе нух къан буго», – абун. Лъаларо, Грузиялда туризмалъул рахъалъ гьабулеб политика гьелда релълъараб бугищали, амма, гьединаб сиясат бугоан.
Грузия буго берцинаб ракьалъул, бечедаб тарихалъул, гIуцIа-къараб гIумруялъул улка. Амма Грузия магIишатияб рахъалъ мискинго буго, советияб заманалда рагьаралщинал заводалгун фабрикал къан руго, цIиял рагьизеги рес гьечIо.
Автор: ГIизудинил ХIамзат, МахIачхъала – Тбилиси – Кутаиси
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала