Авторизация

Дунялалъ аваразе хъат чIварал бергьенлъаби


(Силдиса ХIабибилги ТIадмагъилъа Забитилги хIакъалъулъ)  



Улкаялда жанир къварид гьаруниги, къватIиб дунялалъ магIарулазе хъат чIвараб ва нилъер цIар дунялалъул спорталъул тарихалда хъвараб анкь букIана цебехун араб. 



7 апрелалъул радал (доба сардилъ букIана гьеб) рикIкIадаб Америкаялъул Лас-Вегас шагьаралъул рингалда тIобитIана дунялалъул спорт бокьулез жинда хадуб хал ккун букIана спортивияб тадбир. Гьениб 70 кг цIайиялда гьоркьоб лъун букIана бищунго дунялалда къимат тIадегIанаблъун рикIкIунеб UFC версиялъул чемпионасул рачел. Гьелъие гIоло къеркьана ЦIумада районалъул Силди росулъа, жеги къей лъачIев рагъухъан ва бахIарчи ХIабиб НурмухIамадов ва дандиялги мерхьун, ракIчIараб бергьенлъи босана.

ХIабиб ккола Россиялдаса ва тIубараб СНГялдаса тIоцебе UFC ялъул чемпионасул рачел щварав багьадур. ХутIарал чемпионазе 10 – 15 дандчIвайги гьабун щун батани чемпионасул рачел, ХIабиб гьелъие гIоло 25 нухалъ цеве вахъине ккана.


26 абилев дандияв, американав Эл Яквинтаги мерхьун, гьесие кинабгIаги дандечIеялъе ресго течIого, ракIчIараб бергьенлъиги босун вахъана ХIабиб чемпионлъун. Рагъ тIобитIилелда цебе анкьида жанив хисана гьесул ункъго дандияв - цояв бох унтун бугин лъутана, кIиабилесда жиндир чорхол цIайи рекъезабизе кIвечIо, лъабабилес жинда макьилъцин бихьулареб гIарац тIалаб гьабуна промоутераздаса.

Ахир, рагъ тIобитIизе цо къо хутIараб мехалда дандиявги вищун тIобитIараб дандчIваялъул хIасилалда вахъана ХIабиб чемпионлъун. Гьесие чемпионасул рачелалъухъ щвана 32 миллион гъурущ гIарцул, (гьеб буго гIага-шагарго Олимпиялъул щуго-анлъго чемпионасе щвараб гIарцуда бащадаб къадар), жакъаялдаса нахъе рукIине ккола гьесул кIудиял гонорарал щолел дандчIваял. Чемпионасул рачлил бетIергьан живго вугеб мехалда гонораразул къадарги гIемерго цIикIкIуна.

ХIабибида бергьенлъи баркана Исламияб дунялалъул гIемерал церехъабаца. Социалиял сетаздаса щварал баяназда рекъон, гьесда бергьенлъи баркун буго ва ралъдал рагIалда ХIабибие дача сайгъат гьабулеб рагIула Турказул президент Ражаб Эрдогъаница.

ХIабиб гьоболлъухъ ахIун рагIула БахIрейналъул къиралас ва баркун рагIула рикIкIен тун гIемерал машгьурал чагIаз, дунялалалъул спорталъул цIваби Рональдодаса рахъарал Россиялъул политиказде, регионазул бутIрузде ва Думаялъул депутатазде гIунтIун.

Цебехун Дагъистаналда кьун букIараб пресс-конференциялда ХIабибил эмен ва тренер ГIабдулманап НурмухIамадовас абун букIана нагагь чемпионлъун вахъани, Лас-Вегасалъул рингалда ХIабибица ингилис мацIалда Расул ХIамзатовасул кечI цIализе бугин.

Васас жеги берцинаб ва гIакъилаб жаваб кьун роххизарун рукIана данделъарал: «Лъица дие квал-квал гьабилеб Расул ингилисалъ гурев, авар мацIалда цIализе Америкаялда?» абун.


Балагьараб мехалда, чемпионасул гьел хIисабал хисизаруна гьесул гьудул, партнер ва ракьцояв, «Сумма» компаниялъул хважаин Зиявудин МухIамадов туснахъалъув лъеялъ. Чанго минуталъ халат бахъараб кIалъай дунялалъе ингилис мацIалдаги гьабун, гIурус мацIалда Россиялъул президент Владимир Путиниде хитIаб гьабуна НурмухIамадовас Зиявудинил иш жиндирго хъаравуллъиялде босейин ва ритIухълъи чIезабеян. Гьелъ повесткаялдаса ана авар мацIалда цIализе букIараб Расул ХIамзатовасул кечIги.


Кин бугониги, ХIабиб НурмухIамадовасул цIар хъвана гьеб сордоялъ дунялалъул спорталъул тарихалда. Гьев вуго къанагIатаб гьунаралъул, гIунги тIокIаб бихьинчилъиялъул, лъикIаб, камилаб, роцIцIараб бетIералъул гIолохъанчи. Гьел киналго рахъал цохIо чиясухъ къанагIат гурони рукIунаро, ХIабиб НурмухIамадовасулъ абуни руго.

Руго гьелго рахъал гьесул инсухъ, Россиялъул мустахIикъав тренер, квер жубараб рагъул къоло анлъго дунялалъул чемпион гIезавурав ГIабдулманап НурмухIамадовасулъги. Дица рикIкIуна кигIан тIабигIаталъ кьураб гьунар ХIабибил бугониги, гьесул чемпионлъиялъулъ аслияб бутIа эмен - ГIабдулманапил бугин, гьев гьечIого щолароан гьеб борхалъи. Кинабго буго битIун бищараб тактикаялда ва стратегиялда бараб.


Гьебго сордоялъ цIакъ захIматал шартIазда, бахараб температураги, бекараб кверги бугониги, унго-унгояв магIарул бахIарчиясул хасиятги бихьизабун, дандиясда тIад бергьенлъи босана нилъер миллатцояв, ГIахьвахъ районалъул ТIадмагъилъа Забит МухIамадшариповас



Гьесие берцинаб рагъухъ хасаб призги кьуна гьеб сордоялъ. Забитица UFC ялда босараб лъабабилеб бергьенлъи ккола гьеб.

Гьев рикIкIунев вуго кIудияб букIинисеб бугев, хIатта чемпионасул рачелалъе гIоло вагъизе рес бугев спортсменлъун. Аллагьас гьеб борхалъи босараб къоги бихьизе хъван батайги магIарулазда, икъбал ва бегьенлъаби кьейги ХIабибие ва Забитие.


Лас-Вегасалда магIарул гIолохъабаца росарал бергьенлъабазда цадахъ цойги саламатаб ва роххизе гIураб лъугьа-бахъин ккана Россиялдаги араб анкьалъ. Президент Владимир Путинил указалда рекъон, Москваялда Россиялъул ЦIех-Рехалъул комитеталъул кIудияв следователасул хъулухъалда тIамуна нилъер ракьцояв Буртунай росулъа Улади Уладиев. Гьев рикIкIунев вуго гъваридго профессионалияб лъайги щварав, кIудияб букIинисеб бугев гIолохъанчилъун. Аллагьас жеги кIудиял рорхалъаби росизе хъван батайги гьесие. Улади Уладиев ккола машгьурав политикияв ва жамгIияв хIаракатчи Сулайман Уладиевасул вас. Гьениб гIажаиблъи гьабизе жо гьечIо, генетика абураб гIелму тасдикъ гьабиялъул гIаламат загьирлъи гурони. Живго Сулайман Уладиевги вуго лъай бугев чи. Гьединал рукIана, магIарулал, араб анкьил харбал.


РукIана кьерххарал, гIемер санагIат нилъее гьечIел бакIалги, камулел гьечIо ракьцояздаса чIухIизе бачIунел лъикIал харбалги. Аллагьас лъикIал харбал камун хутIугеги нилъ.


Автор: МухIамад БисавгIалиев

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +3
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook