Авторизация

Мух1амад Ах1мадов

  2023 соналъул 21 февралалда нилъедаса ват1алъана Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир Хъвадараухъабазул Союзалъул Правлениялъул нухмалъулев Гьонода росулъа Мух1амад Ах1мадов. Гьесул х1акъалъулъ нилъеца жеги г1емер хъвала , иншааллагь.  2001 соналъ дицаго гьесухъе хъвараб кеч1 лъун толеб буго.

ЩУАБИЛЕБ АПРЕЛЬ

(х1ежалдаса вуссунаго хъвараб)

Мух1амад Ах1мадовасе

Жакъа Табукалде ц1ад бана дагьаб, —

Дагъистан кин бугеб ихдалил г1ужалъ.

Г1араб авлахъалде нак1к1 лъолеб бугин,

– Бокьулеб Шурабе щенолеб бугищ?

Щиб х1алалда вугев, дир лъик1ав гьудул,

Лъимал г1олел ругищ, г1умру кин бугеб,

Гъурбаталда ругел гьудулзабазул,

Гьабуларищ пикру, кин ругояли?

Кинаб асар бугеб авар шаг1ир дур,

Рик1к1адаса щварал нижей ц1ализе,

Ц1ияб г1асруялде нек1сияб сарин,

 Босиларищ цадахъ намус кинигин?...

Квеш гьеч1о дунгоги. Квешаб жо буго,

Лъик1ал лъугьиналде гьаб г1умру лъуг1и.

Ралъдалъе т1инк1араб къат1ра кинигин,

Кидаяли нилъги т1аг1ине рук1ин.

Азалалда хъвараб къадаралдаса,

Къуркьизе бак1 гьеч1о махлукъаталъе,

Лъаларо щибниги, гьудул Ах1мадов,

Жакъа Табукалде ц1ад бана дагьаб.

2001 с.


оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook