Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир Мух1амад Х1амзаев
Дир гьудул, Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир
Мух1амад Ах1мадов рак1алде щвеялъе
Киве арав АхIмадов
АхIун жаваб кьоларев,
Кьин индал магIарухъе
Рахъинилан вукIарав.
МагIарул шагIирасул
Щай гьаракь рагIулареб,
ШигIру бугин гIодулеб
РагIабаз магIуги тIун.
Лъукъараб чанил гIадаб
Чиякъаб гьесул рекIелъ,
БукIанщинаб гIаданлъи
ГIаламалъе бикьулеб.
Кьурабазул иццазда
Бицанищ кьогIаб хабар,
Гьезухъ къечон вукIарас
Къанщанин даим берал.
Гьонода росдал зобал,
ЗигирдичIищ нуж гьесухъ,
Гьев нужехъ зигардулеб
Заман гIемер букIанин.
Бице, дий КьилимегIер
Лъихъе кьелеб гьанже квер,
Кверкьовуда хутIараб
Хирияб миллаталъул?
Каспий ралъдал рагIалда
Кинан т1ок1алъ сверилев,
Сонал цадахъ тIамурав,
ТIаде ракь дудеги хъван.
Чанги цIияб кечI буго
ЦIализе чи щвечIого,
ЧIалгIараб цо ругьелалъ
Гьудул вуго цIехолев.
ГьечIо тIокIалъ АхIмадов
АхIун ана Аллагьас,
АхIи балеб буго цIар
ЦIорораб заниялда!
Автор: Мух1амад Х1амзаев