Авторизация

Мух1амад Сулейманов рак1алде щвеялъе

Сулейманов Мух1амадица 70 сон т1убаялде

Ч1ван хвейги г1ид буго г1олохъабазе

                                                                      Г1алам бахилаб ц1ар нахъе бугони..

Инхоса Г1алих1ажи

    Исана 3 апрелалда 70 сон т1убалаан х1ал алжаналда батаяв гьайбатав инсан, гьунар бугев тохтур, Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутат, унго-унгояв маг1арулав Шамил районалъул Бакълъухъа Сулейманов Мух1амад гьавуралдаса. Гьев нилъедаса ват1алъаралдаса 31 сон баниги, гьев  лъалев вук1араз, гьесда цадахъ х1алт1араз жакъаги г1емер бицуна Мух1амадил г1аданлъиялъулги, г1адатлъиялъулги, г1акълу-лъаялъулги бажариялъулги х1акъалъулъ.

      Дагъистаналъул пачалихъалъул медицинаялъул институт лъуг1ун хадуса Мух1амад 6 соналъ х1алт1ана Калуга областалъул Медин шагьаралъул больницаялда. Дагъистаналде т1адвуссиндал, 1981 соналдаса байбихьун х1алт1ана «Талги»  ва «Каспий» санаториязда,  Мах1ачхъалаялъул бак1ал ралел чаг1азул поликлиникаялда. 1986-1989 соназ Сулейманов х1алт1ана ДАССРалъул сахлъи ц1униялъул министерствоялъул санитарияб лъай кьеялъул рукъалъул бет1ерав тохтурлъун. Кив х1алт1улев вугониги, Мух1амадида сверун рак1арулаан унтарал, гьесул раг1иялъцин жал сах гьарулилан. Жин­дихъе вачIанщинав чиясда разияб гьи­ми­гун дандч1вазе вахъунаан Мух1амад, г1ажаибго унтарасул ракI батизабулеб раг1и абизе лъалаан гьесда. Дарабаз г1адин раг1абазги г1адан сах гьавизе к1оларев чи тохтур кколарилан абулаан гьес.

       1989 соналъ конкурсалъул х1асилалда Сулейманов т1амуна Шималияб Кавказалда т1оцебе Мах1ачхъалаялда рагьараб Диагностикияб централъул бет1ерав тохтурлъун. Мух1амадица ц1акъ жигар бахъана централъе доб мехалъ бищун цебе т1ураб унтаразул хал гьабулеб оборудование балагьизе ва гьелда х1алт1изе тохтурзаби ругьун гьаризе. Щивав унтарасда рекъараб раг1и бицине ва гьезул зигара-г1арзалъухъ к1вар кьун г1енеккизе ругьун гьарун рук1ана гьес диагностикияб централъул киналго х1алт1ухъаби. Къокъаб заманалда жаниб гьесул жигаралдалъун Диагностикияб  центр лъугьун бук1ана Шималияб Кавказалдаго бищун церет1урал медицинаялъул учреждениязул цояблъун.

Кидаго г1адамазе кумекалъе х1адурав тохтур, кидаго рак1 разияв инсан Сулейманов Мух1амад, ракьцояз божилъиги гьабун, 1990 соналъ Верховный Советалде депутатлъун вищана. Доб бук1ана к1удияб пачалихъги (СССР) бихх-биххун унеб, щибаб республикаялъухъе жиндирго законал рахъизеги бук1инисеб т1асабищизеги  ихияр кьураб заман. Т1алабго улкаялда байбихьун бук1ана пачалихъалъулаб буголъи бикь-бикьизе, хъулухъ-пишаялда вугевщинас  халкъ  бетIергьанаб мал жидедего буссинабизе.  Гьелдаса ц1акъ рази гьеч1ого халкъги бук1ана.  

      Дагъистаналъул парламенталда г1елму-лъай бугел, х1акъикъаталдаги республикаялъул бук1инеселъул ургъел батарал депутатаз «Цолъи» абураб ц1аралда гъоркь г1уц1ун бук1ана къокъа. Гьеб къокъаялъул церехъабазул цояв вук1ана г1олохъанав депутат Сулейманов Мух1амад. Верховный Советалъул щибаб данделъиялда гьев цеве вахъунаан халкъалъул мурад ц1унун, республикаялда ругел г1унгут1абазулги, Москваялдаса республикаялъе биччараб г1арац харж гьабиялда хадуб хъаравуллъи кквезе х1ажат бук1иналъулги  бицун к1алъазе. Кидаго Мух1амадица рорхулаан Дагъистан цебет1еялъе кIвар  бугел, щивав дагъистаниясул рах1ат хвезабулел суалал. Г1емераб мехалъ партиялъул хъулухъалда рук1арал, советияб къаг1идаялъ х1алт1ун ругьунал г1адамазухъа ц1игьабун г1уц1иялъул заманалъ республика цебет1езабулеб сиясат бачине бажаруларин,  Дагъистаналъул х1укумат миллаталъулги тухумчилъиялъулги лъа-хъваялъулги кьуч1алда гуреб, щивасул г1акълу-лъаялда ва бажариялда рекъон ц1идасан бищизе кколин баян гьабулаан гьес. Халкъалъ жинде божилъи гьабулареб х1укуматалъул х1алт1и раг1алде бахъине рес гьеч1илан абулаан гьес. Х1акъикъаталда гьедин бук1инеги бук1ана. Гьеб бук1ана дол соназ Дагъистаналъул къисматалъул пикру гьабулевщинав чияс рокъобги къват1ибги бицунеб хабар.

      Доб мехалъ Мух1амадица бачунеб бук1ана телевидениялда «Дагъистаналъул медицина» абураб передача. Гьев вук1ана Дагъистаналъул медицинаялъул бицунеб сахлъи ц1униялъул министертствоялъул казияталъул бет1ерав редакторлъун. Сулеймановасул кабинеталда ч1ах1ахалъ хъван бук1ана «Щивас жиндилъго вугев лагъ вачахъе», - ян абураб ах1и. Гьелъул маг1на бук1ана нилъ кналго нилъер умумулъ г1одосанго батараб узденлъиялде т1адруссине ккей.

     Республикаялъул Диагностикияб централъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1улев вук1аниги, Мух1амадил х1укуматалъ кьураб квартира гурони, щибго бечелъи бук1инч1о. Гьев бечедав вук1ана г1аданлъиялъул рахъалъ, махщел-лъаялъул рахъалъ, гьудул-гьалмагъзабазул рахъалъ. Мух1амадил щибаб хIалтIул къо бай­бихьулаан жиндихъе рачIарал гIадамазул мурадал тIу­раялдалъун. Т1оцеве вихьулев чиясдаги г1умруялъ лъалев чиясда г1адин рак1 рагьун к1алъаан гьев. Жинда лъалел, лъаларелилан Мух1амадица киданиги унтарал чаг1и рат1а гьарулароан. Жиндирго машинаги бачун, унаан гьев унтаралгун цадахъ больницабазде, гьезул мурад т1убан гурони, т1адвуссунароан. Щивав унтарасул рекIел пашманлъиги ур­гъел­ги гIахьал гьабизеги, гьеб жин­даго тIаде босизеги бажарулев, сахаватаб ракIалъул инсан вук1ана гьев. Мух1амадил г1адат бук1ана мискинав вугог1ан чиясде кумек гьабиялде ц1ик1ун к1вар кьолеб. Гьес абулаан бечедав чиясул т1алаб гьабизе нусго чи вук1уна, мискинав чиясул щивго вук1унарилан

    Верховный Советалъул депутатлъунги  централъул бет1ерав тохтурлъунги вук1аниги, жинца тохтурлъиялъул махщел хвезе толарилан абун, Мух1амад ахираб къоялде щвезег1ан хьвадулаан республикаялъул хехаб кумекалъул (Скорый помощалъул) больницаялде сардил дежурство гьабизе. Жакъа пикру гьабеха Дагъистаналда цониги  вугодай сардил дежурствабазде хьвадулев бет1ерав тохтур яги халкъияв депутат-тохтур? Дица бищун г1ажаиблъи гьабулеб бук1араб жо буго, дежурствоялдаса хадув радал микьгоялде х1алт1уде ине рет1ел хисизе вач1унев Мух1амадил рукъалъул подъездалда цебе кьер бук1унан маг1арухъа рач1арал унтарал чаг1азул. Цин иргаялда гьезул къвариг1ел т1убан гурони, Мух1амад жиндирго х1алт1уде унароаан.  Г1агараб росулъе вач1анщинахъе гьев, росу сверун, херал, унтарал гIадамазухъе ваккизе унаан, гьезие жиндирго г1арцухъ росарал дараби рикьулаан.

         Верховный Советалъул сессияздаги, халкъиял депутатазул мажлисаз­да­ги Сулейманов кидаго к1алъалан сонисел т1акъсирчаг1и т1адег1анал хъулухъазда теялда, тухумчилъиялда, Дагъистаналда г1адат билълъараб х1алалъ щивав х1акимчияс ирсалъе лъималазухъе хъулухъал кьеялда данде. Гьес абулаан щивав х1укуматалъул халт1уда толев чи, гьесул бажариги лъайги х1исабалде босун гурев, миллаталъухъ, тухумалъухъ, рищваталъухъ балагьун толев вугони, Дагъистан киданиги цебе т1езе гьеч1илан. Рит1ухълъи ц1униялъе г1оло тавакалги т1амун к1алъазе цеве вахъунаан Мух1амад. К1удиял хъулухъалги гьениса хъамизе щолеб г1аммаб малги кодоса иналда х1инкъарал цо-цо ц1огьолал х1акимзабаз х1аракат бахъулеб бук1ана г1олохъанал депутатал, цоязе хъулухъал кьун, цогидал х1инкъизарун руц1ц1ун ч1езаризе. Верховный Совета­лъул председателасул заместителасул хъулухъ кьолеб бук1аниги, Мух1амадица гьелдаса инкар гьабуна, милициялъ тIаде г1адамал риччалареб х1алт1и жиндие хIажат гьечIилан. Цинги зама-заманалдасан телефоналъ лъаларел номераздасан Мух1амадихъе ах1дезе байбихьана.  «Бит1арабщинаб бицун дуе щай? Мун бищун г1акъилавищ? Дуе вуц1ц1ун ч1ани лъик1аб бук1ине буго», - ян. Чанц1ул  ах1аниги, мун бихьинчи ватани, дида аск1ове вач1а к1алъазеян жаваб кьун гурони, рит1ухълъи ц1униялъе г1оло таваккал т1амурав Мух1амадида щибго х1инкъи-къай лъач1о. Жидерго чвантилги чохьолги гурони ургъел гьеч1ел, нахъег1анал гъачагъазда ва г1орц1и гьеч1ел ц1огьазда маг1арул бах1арчиясул  гьеб узденаб г1амал х1ехьезе к1веч1о.

      1992 соналъул 13 февралалда къаси х1алт1удаса рокъове унев вук1арав Мух1амадил машинаялде, гъоркьч1елги гьабун, нахъасан гулбузул ц1ад базабуна рахчарал ц1ук1абаз. Гьедин шагьидлъана жеги г1умруялъул 39 сон т1убач1ев г1олохъанав депутат, г1умруялъулги махщел-лъаялъулги завалалда вугев тохтур Сулейманов Мух1амад. Гьеб бук1ана Дагъистаналда ккараб т1оцебесеб ч1вай-хъвей. Х1акъаб жо буго х1инкъизавизе яги вичун восизе к1варавани, гьев ч1вазе вук1инч1о. Дагъистаналъе, хасго маг1арул халкъалъе камуна намус бацIцIадав, лъай-гIакълуги, бажа­риги, таваккалги бугев рит1ухъав цевехъан.

        Сулейманов Мух1амад шагьидлъун хадуса «ХIакъикъат» казияталда къойилго г1адин рахъулел рук1ана гьесда хадуб рак1 унтарал маг1арул халкъалъул вакилзабаз хъварал нус-нус кагъталги шиг1рабиги. Сулемановасде куч1дул хъвана машгьурал шаг1ирзаби мунагьал чураял Мух1амад Ах1мадовас, Мух1амад Г1исаевас, Жабраил Х1асановас, Г1абдула Сулеймановас ва цогидазги. Жакъа къоялъги Сулеймановасул бицен гьабидал, додинав чи цоги вук1унарилан бадиб маг1у ххулула гьесда  цадахъ Диагностикияб централда х1алт1улел рук1арал тохтурзабазулги х1алт1ухъабазулги. Тохтурги депутатги кинав вук1ине кколевали мисалалъе вижарав г1адав чи вук1анилан абула ракьцояз гьесул х1акъалъулъ. Сулейманов МухIа­ма­дил цIар кьун буго Бакълъухъ росдал гьор­кьо­хъеб школалъе. Къокъго абуни, Сулейманов Мух1амадил бах1арчилъиги, гьунарги таваккалги хадусел г1елазе мисаллъун хут1ана. Ахиралда  рехсезе бокьун буго доб мехалъ Мух1амадил х1акъалъулъ хъвараб коч1ол раг1аби:

«Мун г1адав депутатги Дагъистаналъ вищич1о,

Дунялалъул боц1и кьун, ц1огьаз кверде восич1ев.

Ват1аналъул ц1умазулъ ц1ар раг1арав бах1арчи,

Х1алихьалъи бергьана мун гьеч1еб шагьаралда…», - ян.

Мух1амад Х1амзаев


Автор: Мух1амад Х1амзаев

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


25.08.2023 14:45
Авар мац1  
24.07.2023 18:50
КАК  
15.07.2023 16:50
Г1умарх1ажие  
08.06.2023 11:27
Шамилиде  
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook