Авторизация

МагIарул мацIалда «Дербенд - Наме», 2 бутIа

Китабу таварих фатхI ад-Дагъистан 

 

Бисмиллагьи ррахIмани ррахIими

Щибаб рецц Аллагьасе буго тIолабго гIалам жинца бижарав.

Хадуб салат  салам лъейги хирияв МухIамад (с.т.гI.в) аварагасда,  гьесул агьлуялда ва асхIабзабазда.

Гьелда хадуб.

Гьаб буго Дербенд шагьаралъул аслуялъулги Дагъистан вилаяталъул агьлабазулги баян жиндилъ бугеб тIехь.

ТIоцебе нилъеца баян гьабила Къубад-шагьасулги[1] Хакъан-шагьасулги[2]  ахIвалал. Къубад-шагь Дербендалда чIола. Хакъан Идил[3] абураб шагьаралда чIола. Дербендалъулги цогияб гIажамиязулги[4] хан Къубад-шагь вукIана. Эвги Абу Ануширван[5] абулев чи вуго. Хазаразул, турказул, москавуялъул тахулаталъул[6], киналго гIурусазул хан Хакъан-шагь вукIана. Эв кIиявго вагъулев вукIана, цинги кIиясдаго гьоркьоб маслигIат гьабун  рекъел ккана.  Къубадица Хакъанил ясги ячана[7]. Цинги Къубадица Хакъанихъе чи витIана, дие бокьун бугин нилъеда гьоркьоб цо сангар гьабизе абун. Хакъанги элда разилъана. Эс сангар гьабиялъе сабаб эсда тарихалъул тIахьада бихьана[8] (гь. 1). Искандарида[9] Жибрилас[10]  абунилан абуна «Гьаб бакI баркат бугеб бакI буго. Дуца гьаниб буцур гьабейилан», - абун. Зулкъарнайицаги эб буцур гьабунила,  гьанже тIаде ракь ун бахчун бугила. Гьемехалъ Къубад-шагьас, миччирги нахъе хъван эб буцур загьир гьабуна. Элъул хун батараб бакIги къачIана. Гьеб соналъ азарго чиги гьенив жанив вукIун, нусазарго чиясдаги гьеб шагьар бахъизе кIолареб куцалда Табасаралъул[11] рахъалдехун рагьабиги лъуна. Элда сверунги къиблаялъул рахъалъ сангарги гьабуна анкьго моцIалъ[12]. Гьеб кинабго буцур лъугIараб мехалъ Къубад  божана жиндие Хакъанил рахъалдаса зарар гьечIолъиялда. Хазаразул капурзабада[13], эл гурездаги Эрмениязул[14], Азербайджаназул[15], Ширваналъул вилаятазе зарар гьабизе кIвечIо.

Гьемехалъ, Къубадица Хакъанил яс, аскIовцин вегичIого нахъе йитIана. Элдасан лъимер лъугьун жиндирго ханлъи жубачIого букIине.

Дербенд шагьаралъул кIиго рагьу букIана цIакъаб, щулатаб. Жиб кIиялдасанго рагъ гьабизе кIолареб хIалалъ [къараб] (гь. 2).  Эб рагьдухъ вукIана кIиго хъаравул. Эб шагьар шулат гьабун хадуб Къубад ана Шеки абураб вилаяталде[16]  ва ГIиракъалдеги[17]. Хакъан ана жиндирго вилаяталде  Дешти шагьаралде ва Къибчахалде[18], ва Таргъуялде[19], ва Анжиялде[20], ва Андириялде[21], ва Игьраналде[22], ва Гелбахъалде[23], ва Гичи Маджиралде, ва Уллу Маджиралде[24] (Маджар), ва Къизларалде. Татаразул шагьраби [шагьарал]  Хакъанида кодо рукIана.

Эзул кIудияв чIола  Игьраналда. Татаразул шагьар[25]  чIунтун хадуб дол татарал ана Гъирим[26] абураб вилаяталде. Гьениб букIана пахьул магIдан, Андирий шагьаралдаги Игьраналдаги[27].  Меседил магIдан букIана Терек шагьаралда. Эб кIиябго магIдан букIана Хакъанида кодоб. Хакъаница  Игьраналъул хIакимасе кьуна гьал магIданазул ихтияр кверщел[28] (гь.3).

Парисазул[29] вилаяталда ханлъун вугев чиясул гIадат букIана, жинца цIи гьабулеб Дербендалъул буцур. Ануширван (эвги Къубадил вас вуго) жиндир тахида чIун хадуб, жинца рана Дербендалъул вилаяталда гIемерал хъулби, Румазул[30] вилаяталде щвезегIан. Гьединго цIи гьабуна Дербендалъул буцур Ануширванида цебе цо чияс, жинда цIар абулев Багьрам К(Г)авуз Угъли шагь абун[31].

Ануширваница  бачIана парисазул вилаяталдасан гIемераб халкъ.  Жинцаги рана гIемерал росаби.  Гьагъаб вилаяталда жинца бана тIоцебесеб Алпун абулеб шагьар. Цинги бана лъабнусиялда лъабкъого шагьар Дербендалде щвезегIан[32]. Гьагъадинго бана Алпун (Алпан)[33] абулеб шагьарги, гьалда цебе (гь.4) [вукIарав] чияс. Жинда цIар абулев Асгъандияр-шагь абун. Ануширван вукIана энив Алпуналда чIолев. Ануширваница бана, жиндир эмен Къубадил изнуялдалъун цо шагьар, жинда абулеб Шагьбарам[34] абун. Нахъеги бана шагьар Каркар[35] абулеб. Нахъеги бана Абад[36] абулеб шагьар. Нахъеги Маскуралъул(37]  ракьалда Касир абулеб шагьар, жинца энибги чIезе гьабуна гIемераб халкъ. Нахъеги бана шагьар Сун(Сул)[38] абун цIар бугеб. Жинца энибги гьабуна халатаб буцур. Нахъеги жинца рана кинабго бакIалда шагьраби Агьраналде щвезегIан. Доб Агьран букIана Гелбахъазул хан чIолеб бакI.

Нахъеги бана Самандар (Семендер)[39], элда цIар Таргъу[40] буго. Нахъеги бана (гь.5) Анжи хъала.  Эсие пайда гьал шагьарал раялдасан – Дербенд цIуни буго хазаразул капурзабаздасан. Нахъеги бана Гъумекдерил шагьраби[41]. Энивги чIезе гьавуна хIаким жиндирго рукъалъул агьлуялдаса. Алпун шагьаралда гьоркьобги Гелбахъалда гьоркьобги букIана анкьго икълим[42].

Ануширваница гьал шагьраби мухIкан гьарун тун нахъа, живги жиндирго гIадлуялда вугеб мехалъ, авараг (с.т.гI.в) гьавуна. Исламалъул нурги тIибитIана. Кисра[43] - Парисги гьалаглъана, эзул ханлъиги ана. Хазаразул капурзабиги рахъине гьаруна жудор ракьалдаса[44]. Ислам бергьана аварагасул тарих букIун хадуб  кIикъого соналъ[45] (гь.6). 

Киналго асхIабзабаца къасд гьабуна рахъине Дербендалде гъазаваталъ хазаразул капурзабигун, щай абуни жал рукIиналъе гIоло, дол асхIабзаби,  жудода рагIун аварагасдасан: «Дербенд баракат бугеб бакI буго. Щив вугониги жинца гъазават гьабун элъулъ,  эсул мунагьал чурилин абун», - аврагасул хIадис. Кинниги эзул иттипакъ[46] ккана Салман витIизе ва РабигIги витIизе[47]. Гъов кIиявгоги вахъана [къватIиве] ункъазарго чигун цадахъ гIарабиязул бахIарзадасан. Эв кIиявгоги чIана Дербендалда.  Гьемехалъ Хакъанида рагIана эв кIиявго энире рачIин. Эв Хакъан вахъана [къватIиве] лъабнусазарго чигун цадахъ. Эвги чIана Дербендалда гIагарда, вагъизе къасдалда. Жудоца  чадралги чIвана (гь.7). 

Дов Хакъан вукIана, жинда рагIун дозул рагъ, дозул бахIарчилъиги. Досул рекIелъе хIинкъиги ккун букIана. Жинцаги абулеб букIана «дун доздехун вагъиларо абун». Жиндие [Хакъание] лъутизе бокьун букIана.  Эв нахъе чIвана эб лъутиялдасан  жиндир вазирзабаца, ничалдасан хIинкъун. Гъоз абуна: «Нилъ лъутани гъоздаса, нилъ рукIина гIодорегIаналъун халкъалда гьоркьор  къиямисеб къо чIезегIан». Хакъаница абуна: «Гьаб халкъ [буго] жудое зарар гьабулареб ярагъалъ, жалги къотIуларо хвалчабаца. Гьел рачIана гIарабиязул вилаяталдаса гьанире, нилъер вилаяталде, шагьраби[ги] рахъун капурзабадехунги  рагъун.  Жудоеги щвечIого  зарар (гь.8). Гьелъие гIоло дун хIинкъула эздаса».

Капурзабадасан цо чияс абуна «Дица хIал бихьила дозул», - абун. Эв чи ана къаси чIорбутIги босун чIорги босун. Живги чIана вахчун лъеде гIагараб бакIалда. Сордо рогьараб мехалъ цо бусурманчи вачIана гъоб лъетIе. Гъов капирас рехана доб чIор. Жинца гъов  бусурманчи чIвана. Жинцаги къотIана гъосул бетIер, живги вуссана Хакъанихъе. Жинцаги лъуна бетIер Хакъанида цебе. Жинцаги абуна Хакъанида: «Мун вукIанин доздаса хIинкъун, дуцаги абулеб букIанин гъозие ярагъалъ зарар гьабуларилан, гъолги хвалчаца къотIуларилан.  Дицаги чIвана гъоздаса чи. Дица эсул бетIерги къотIана. Эб бетIер босун дун духъеги вачIана», - абун[48]. ГьелтIалъун капурзаби рохана (гь.9), жалги рахъана рагъизе.

Капурзабаца байбихьана рагъизе. Бусургьабаца жудоцаги рагъда байбихьана лаила-такбиралдалъун, бакъанил гIуж щвезегIан. Хакъан вуссана жиндир чадрахъе. Бусурбабиги руссана жудорго чIолеб бакIалде. Хакъаница хIисаб гьабуна чан чи чIварав жиндир бодуляли. Къоазарго чи чIван ватана.

КIиабилеб къоялъги жудоца рагъизе байбихьана рогьаралдаса. Гъоз рагъ гьабуна гъалбацIада релъун. Капурзабазул аскар тIаде кIанцIана. Бусурбабиги лъугьана гъозда гъорлъе. Жудоцаги чIвана капурзабадасан гIемерав чи. Азарго капурчиясда вихьараб мехалъ цо бусурбанчи, гьев цо чиясдаса хIинкъун лъутулел рукIунаан. Бусурбаби лъутулароан. Жудоца [бусурбабаз] (гь.10) какил гIуж щвараб мехалъ, бащдаб аскаралъ как балаан, бащдаб аскар багъилеб букIунаан. Гьанже как барал рагъулаан, бащдаца как базегIан.

Лъабабилеб къоялъ бусурбабаца кьабуна къалал, зурмабиги пуна. Жудоцаги гьаруна жудор мугъал рохьалде. Капурзабиги чIвана ракь цIезегIан жудор чурхдуца. Гьеб къоялъ анцIазарго капурасда вихьарав мехалъ цо бусурбанчи, гъосдаса лъутулел рукIунаан. Цинги капурзабаца, доб бояца мугъ рехун букIараб рохь бухIана. Бусурбабиги гIажизлъана. Жудоца цоцаде мугъал рехана, жал рагъана  маркIачIул мех [щвезегIан] (гь.11).

Ункъабилеб къоялъ капурзабаз байбихьана рагъизе. Бусурбабаца чIвана гIемерал капурзаби. Цо бусурманчияс чIвана лъабнусго капир. Гьеб къоялъ шагьидлъана<[49] бусурбабадасан гIемерал чи. Капурзабазулги чIвана гьеб къоялъ лъеберазарго чи. Хакъан пашманлъана элда.[50] Щуабилеб къоялъ Хакъаница амру гьабуна гIакIа ахIулев чиясда - ахIеян. Гьез рагъул къалалги кьабуна, зурмабиги пуна. Хакъан жиндирго капурзабазул богун ана бусурбабада тIаде рагъ гьабизе. Рагъул авлахъ,  чIварал капурзабазул чурхдуз цIун букIана. Гьезул бутIрулги рортулел рукIана гIурул ханал гIадин. Гьезул биги букIана чвахулеб щвараб их гIадин. Гьеб къоялъ рагъ дагьабги гьалаглъана. Гьеб мехалъ Хакъанида ракIалде ккана лъутизе, амма гьесул чу лъабохиде биччана.  Гьеб къоялъ чIваралщинал  капурзабазул къадар рикIкIун хIалкIолареб букIана.

Анлъабилеб къоялъ бусурбаби ана капурзабаде жудое бокьун, шагьидлъиялъул хвел. Хакъаница абуна: «Дица гьал бусурбабада тамашалъи гьабула, гьазул къуват кин тIагIунареб. Гьазда рагъизе хIал кин кIолеб?». Хакъаница мугъ бана.  Бусурбаби (гь.12) тIаде кIанцIана Хакъанил ботIе. Бусурбабаца рагъ гьабуна капурзабада жудорго цоял цояда  рихьулареб куцалъ. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул ункъоялда анцIазарго чи. Салманги шагьидлъана ва РабигIги шагьидлъана кIикъого бусурманчигун цадахъ[51]. МалгIун Хакъан ХIамраялъул[52] рахъалде ун вукIана.

Цинги хабар ана Хакъанихъе бусурбаби чIванилан абун капурзабаца. Хакъан вуссана жиндирго аскаралъухъе. Жинда ватичIо жиндир вазирзабазул цониги чи. Жив  пашманлъана. Цинги Дербенд шагьаралда тана лъабазарго чи. Жив, дов Хакъан, ана Анжи шагьаралде (гь.13).

ГIемераб заман ун хадуб, гьал заманабадаса, Валид[53] вукIана ГIабдулмаликил вас Мадинаялда Халипалъун. Жинда рагIана, дов Валидида, аварагасдасан (с.т.гI.в): «Дербенд баркат бугеб бакI буго. Щив чи вугониги жинца гъазават гьабун эниб, Аллагьас  эсул мунагьал рахчулилан абун». Цо къоялъ Валидица абунила жиндир вац Муслимида[54]: «Мун айилан Шамалде, дуцаги къачIай кIикъоазарго чи эзул бахIарзабадасан». Жинцаги бицинчIо эл кире унелали. Жив [Муслим] ана эниве. Жинцаги хIадур гьавуна кIикъоазарго чи, киналго ярагъ цIакъал. Жинцаги  витIана [Муслимица] дов Валидихъе цо чи, жинца досда бицине (гь.14) бо хIадур гьаби. Жиндихъе витIарав чи  щвараб мехалъ, Валидица абуна Асадида Запирил вас: «Мун айилан дир вац Муслимихъе, Шамалда вугев, дуца эсдаги абе жив айилан эб богун цадахъ Дербендалде. Дуца квалквалги гьабе Дербенд бахъизе хазаразул капурзабада кодоса. Дуца бицани гьаб хабар дир вац гурев чиясда, дица дур мацI къотIилиланги абуна». Гьев Асад вачIана Муслимихъе живги кIалъана гъовгун цадахъ.  Муслимги разилъана Валидица абураб жоялда. Жив [Валид] вахъана  богун цадахъ Дербендалъул рахъалде. Жинцаги амру гьабуна къалал кьабейилан, зурмабиги пуйилан (гь.15).

Эзул  нухда букIана кIиго шагьар - Жавлан[55] абун цо ва Лагьжан[56] абун цойги. Гъоб кIиябго бахъана хIалица, гучалтIалъун. Цинги жив вачIана Ширваналде[57] ва Маскуялдеги. Гъоб кIиябгоги бахъана.  Жудоцаги чIезе гьавуна гъоб кIиялдаго хIаким.

Цинги жал рачIана Дербендалде. Жалги рештIана шагьаралда сверун. Жудода хIал кIвечIо шагьар бахъизе. Гъоб шагьаралда вукIана лъабазарго чи[58]. Гъоз  гъоб [Дербенд] сверун куна, хIал кIвечIо гъоб бахъизе гучалтIалъун. Гъоз къасд гьабуна нахъруссине, тIаде бачIунеб рогьалил гIужалъ.

Гьеб сордоялъ цо чи вачIана[59] Дербендалдасан, балъго, гъосги абуна: «Дица нуж лъугьине гьарила Дербенд шагьаралде (гь.16), дие кьеялъул шартIалда гIемераб боцIи, гъоб бахъун хадуб».

Муслимица къотIи гьабуна гъосулгун цадахъ. Жинцаги къабул гьабуна гъосул рагIи.  Жинцаги хIадур гьаруна, Муслимица, жиндир бодул чIахIиял чи, жинцаги абуна: «Щив вугониги, жинца Аллагьасде иман лъолевлъун, эсул кириялдеги хьул лъолевлъун гьав чигун цадахъ Дербендалде лъугьа, эбги бахъейилан». Щивниги чияс жаваб гьабичIо. ГIабдулгIазиз вахъана жиндир кIиявго васгун цадахъ, гъозги абуна: «Ниж лъугьина гьевгун цадахъ Дербендалде, дуца нижее кьунани давла, хумус[60] бахъун хадуб». Муслимица къабул гьабуна эсул рагIи. ГIабдулгIазизицаги хIадур гьаруна аскаралдасан (гь.17) анлъазарго чи, киналгоги ярагъ цIакъал.

Цинги жалги ана гьев чигун цадахъ.  Дов чиги ана мугIрул рахъалде. Энисан букIана балъгояб  рагьу. Эв чиясги жинца лъугьине гьабуна аскар гьеб рагьудухъан [жанибе]. Капурзабазда лъачIо эл [жанире] лъугьин. Сордо бащалъараб мехалъ бусурбабаца байбихьана рагъде капурзабигун. Капурзабиги хIайранлъана, эзул гIакълоги босана. Дол хъалаялда сверухъ рукIарал бусурбабиги рачIана радакье лаила-такбиралдалъун кIудияб рагьухъе.  Жудоцаги  чIвана доб рагьу цIунарал капурзаби (гь.18). Киналго бусурбаби лъугьана шагьаралда жанире. Жудоца капурзабиги чIвана. Эзул щивниги чи нахъе течIо. Бусурбабаца данде гьабуна давла цохIо бакIалде. Жудоца хумусги  бахъана, нахъе хутIарабги кьуна ГIабдулгIазизида кодобе. ГIабдулгIазизица бикьана гьеб давла жиндирго боде. Жинцаги кьуна дов шагьаралде балъго нух малъизе вачIарав чиясе гIемераб боцIи.

Гъоз [бусурбабаз] мушаввара[61]  гьабуна Дербенд чIунтизе гьабиялде.  Муслимица абуна: «Нилъеца аскар танани гьаб шагьаралда, капурзабаца эзие къварилъи гьабила. Дида гьеб чIунтизе гьаби лъикI бихьулилан» (гь.19). ГIабдулгIазизица гьаб рагIи къабул гьабичIо. Гъосги [абуна]: «Нилъеца цIуничIони гьаб хъала,  капурзабаца энир чIчIезе гьарила гIемерал аскарал. Цинги элги бергьина ирминиядасаги азарбайджанадасаги».

Муслимицаги эсул рагIи къабул гьабичIо. Жинцаги чIунтизе гьабуна эб хъала[62]. ГIабдулгIазизги тана хIакимлъун Ширваназул вилаяталда.

Муслим ана жиндирго богун цадахъ ватIаналде. Жив щун хадуб,  дов Муслим,  жиндирго ватIаналде, капурзаби рукIана жал рачIунел ирминазул вилаяталде ва азербайжаназулги вилаяталдеги. Жудоца  гIадамадехун рагъги гьабулеб букIана (гь.20). Жудоца боцIиги босулеб букIана, жудоца руччаб-лъималги кколел рукIана. Гьеб хабар щвана Муслимихъе. Дов вачIана кIиабизеги, жинцаги гIунцIана Дербенд хъала. Жинцаги  чIчIезе гьабуна эниб гIемераб бо бусубабазул[63]. Жинцаги рехана ГIабдулгIазиз Ширваназул вилаяталдаса. Жинца эзиеги чIчIезе гьавуна ГIабдуллагь хIакимлъун. Халипалъи хутIана Валидие ичIго соналъ.

ГIемераб заман ун хадуб гьал жал ккаралдаса, ГIабдулмаликица витIана ГIубайдуллагь ЖарахIил вас Дербенд шагьаралде, (100-абилеб соналъ),  (гь.21) гъазават гьабизе капурзабазулгун.

Хакъанги хун вукIана гьеб заманаялъ. Эзул ханги  Хакъанил вас вукIана. Эвги Башанк[64] вуго. ГIубайдуллагь вачIараб мехалъ Ширваналъул вилаяталде, Башанкида рагIана  гъов вачIин. Гъов ГIубайдуллагьил къасд букIана капурзабаде гъара гьаби. Гъов ГIубайдуллагьица абуна: «Дун ина гъол капурзабаде тIаде, дица гъоздехун рагъги гьабила».  Боцаги къабул гьабуна гъосул рагIи. Сордо бащалъараб мехалъ жинца [ГIубайдуллагьица] данде гьабуна жиндир бо. Къалалги кьабуна, цIаги баккана нухал (гь. 22) гвангъизе. Жалги [щвана] бакIалде  Чаба-къабун[65] абун жинда абулеб. Жинцаги битIана жиндир бодул цо багIаз[66] Табасаралде, цо багIаз Хайдакъалде гъара гьабизе. Жинца [ГIабдуллагьица] гъозие хIинкъиги кьуна, жинцаги абуна: «Нуж щвечIони дида аскIоре бакъ баккараб мехалде метер, дица нужое гIазаб гьабичIого теларо, жинца унтизе гьабулеб»[67]. Живго ГIубайдуллагь ана Дирбакъ[68] абулеб шагьаралде. Башанкида лъана ГIубайдуллагь вачIунев вукIин. Башанк-хан вахъана боялгун цадахъ вагъизе. КIиябго бо данде чIвана (гь.23).  Зурмабиги пуна, къалалги кьабуна. ГIубайдуллагь рештIана чодаса жинцаги абуна: «Ва, Шамалъул агьло! Нужода ракIалде ккоге, нилъ лъутани гьаб бакIалдаса, нилъ щвелин нилъер ватIаналде. Нилъер ватIанал рикIкIад руго. Аллагьас нилъее ризкъилъун кьуни шагьидлъи, нилъ алжаналде лъугьина. Гьаб дуниялги панаяб[69] жо буго, ялъуни Аллагьас нилъее кьела гIемераб давла».   Гьемехалъ, Хайдакъалде битIун букIараб аскар бачIана (гь.24) анцIила кIиазарго чиги ккун, эзул боцIиги хъамун. Гьемехалъ Табасаралде битIун букIараб боги бачIана кIикъоазарго чиги ккун[70]. Давлаби рикьун хадуб, жидер боязе, ГIубайдуллагь ана жиндир богун капурзабада тIаде ва рагъда байбихьана. Васияталги гьарун, жал рагъана цIакъбахъун. Капурзаби лъутана. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул рикIкIун хIал кIоларел чи. Башанк-хан лъутана жиндирго нахъе хутIараб богун цадахъ (гь. 25) Анжи хъалаялде. ГIабдуллагьица бикьун хадуб давла, жиндир боязе, эв ана Самандаралде. Элда цIарги гьанже Таргъу буго. Гъоз рагъ гьабичIо, жудое бокьана маслихIат. Эб [маслихIат] гьабуна.

Цинги ГIабдуллагь ана Анжи хъалаялде. Анжиялъул хIакимас рагъ гьабуна элгун гIемерал къояца. Бусурбабаца чадрал чIвана. Эзда [бусурбабазда] хIал кIвечIо эб (гь. 26) Анжи бахъизе. Жудор квенги дагьлъана. Бусурбабаца къасд гьабуна нахъруссине. Цинги ГIубайдуллагь вахъана, Ибрагьимги вахъана, жив кIиясго абуна: «Ва, бусурбабазул жамагIат! Щив вугониги  жинца бичулевлъун жиндир рухI Аллагьасе гIололъун, нижгун вачIайила гьадаб шагьаралде». Гьемехалда, эв кIиясдего данделъана лъеберазарго чи, Аллагьасе гIоло (гь.27). Эл ургъана эб [Анжи] бахъизе хIиллаялъулъ. Эл рекъана жудоцаги  гьабиялда анцIила кIиго гьоко[71]. Жудоцаги кьабуна эзда тIад рицатал хъарщал. Жудоца гъол гиризе гьаруна хъаладул рагьудухъе. Шагьарги  бахъана гучалдалъун. Эб Анжиялъул хIаким лъутана батIаяб рагьудухъан  Нариналде[72].   Жудоца рагъ гьабуна маркIачIул гIуж щвезегIан (гь. 28).

Ислам къабул гьабурав чи боржелалъулъ гьавуна. Ислам къабул гьабичIев чи чIвана. Жудоцаги данде гьабуна эзул боцIи, эзул ккурал чиги. Жудоцаги бикьана гьеб давла боязе. Жудоцаги чIунтизе гьабуна эб Анжи шагьар. Гьаб хIалтIи жиб ккана 114 соналъ[73] (гь. 29).


[1] Къубад – Ираналъул бетIер(488-531),  Сасанидазул наслуялъул  чи.

[2] Хакъанилан абураб рагIул  магIна "Дербенд намеялда" бихьизабулеб буго «бодул цевехъан» абун . Амма Ибн Рустицаги цогидал авторазги рикIкIунеб  буго,  гьеб рагIул кIиго магIна бугилан. АнцIабилеб гIасруялде щвезегIан гьелъул магIна кколеб буго «тIадегIанав хан» абураб. Амма хIакъикъияв гьезул ханасда абулеб  букIун буго Ишаяйилан. Гьелъул хIакъалъулъ цIализе бегьула гьадинал тIахьазда: Ibn Rosteh. Kitab. С.140; История Дагестана. Т.1. С.130; Шихсаидов. Ислам..., С. 68; Григорьев. О двойственности,… С. 279-295; Артамонов. История,… С. 146. (Полные названия ссылок см. на с. 52-56).

[3] Хакъан-шагьасул пачалихъалъул тахшагьар Идил [Адил] букIана гьанжесеб Волга гIурул рагIалда.

[4] Персия, Иран.

[5] Хосров тIоцевесев Ануширван, жинда тIокIцIарги ГIадилав абун бугев, Къубад тIоцевесесул вас - Ираналъул шагь (531-578 сс.), Сасанидазул наслуялъул чи. 

[6] Тахулат – гьаб рагIиялъул магIна лъазе кIвечIо.

[7] ИчIабилеб гIасруялъул автор ал-Баладзурицаги цогиял тарихчагIазги хъвалеб буго гьез цоцазда гьоркьоб гIагарлъи гьабиялъул хIакъалъулъ (Хакъанидаги Хосров тIоцевесев Ануширванидаги)  (бал.: Beladsori. Liber,… С. 195-196).

[8] Гьаниб, нижер хIисабалда, бицен гьабулеб буго Дербенталда рарал цIуниялъулал щулалъабазул.  

[9] Искандар Зулкъарнай — Зулкъарнай авараг. Къуръаналъул XVIII-абилеб сураялда рехсон буго гьеб тIокIцIар  Зу-л-Къарнайн абун. ГIараб мацIалдаса буссинабуни, гьелъул магIна ккола КIилълъарилав  абураб. Бакъбаккул рахъалъул хъвадарухъабаз Искандар Зулкъарнайица бараблъун бихьизабулеб буго, хъамалчагIаздаса жалго цIуниялъе гIоло,  цо кинабалиго «халатаб буцур». Кавказалдаги Закавказиялдаги билъанхъун ун букIана Дербендалъул буцур гьес бараб бугилан абурал батIи-батIиял биценал. (бал.: Кудрявцев. Дербенд исторический. С.77-78;  Ган. Путешествие,.  С.53). Бакъбаккул рахъалъул гIадамаз Искандар Зулкъарнай релълъинавулев вуго, тарихиял хъвай-хъвагIаяздаса нилъеда лъалев, Александр Македонскиясда (356-323 cc. нилъер гIасрабазде щвелалде). ТIадехун рехсараб асаралъул баяназда   рекъон, Александр Македонский (гьаниб: Искандар Зулкъарнай)  Дербендалде вачIун вукIинги вихьизавулев вуго. Гьес дагьабги тIаде бараблъунги рикIунеб буго Дербендалъул буцур. Гьев гьениве вачIине вукIинги лъалеб букIун буго Къавад тIоцевесесда церегосел тIахьаздасаги, биценаздасаги. (бал.: Костюкин. Александр Македонский). Ва амма гьев (Александр Македонский) Кавказалде вачIун вукIанин абун бихьизабулеб цониги тарихияб кьучIчIаб  хIужа гьечIо. 

  • ГIараб мацIалъ хъвараб, Румянцевас таржим гьабураб  "Дербент наме" асаралда  рекъон, Кавказалъул, ялъуни МугIрузул буцур (Дагъбары) абулеб  щулалъи Искандар Зуркъарнайил буцур бугин абураб пикру лъугьун букIин бихьизабулеб буго. Гьелда хурхарал дагьалги мухIканал цIех-рехал нилъее кьолел руго гьоркьохъел гIасрабазул гIарабазул тарихчагIазги. (бал.: Оразаев. Эпизод,. С.175-176).

[10] ЖабрагIил малаик

[11] Гьанжесеб Табасаран районалъул ракь, Рубас гIурулмухъ.

[12] Югалъул рахъалдехун  ругел Дербеталъул буцуразул биценазул хIакъалъулъ (бал.: Минорский. История,. С.120).

[13] Кафир (гIараб.) — "капурчи", бусурманав гурев чи. Нилъер тарихияб асаралда гьедин абулеб буго хазаразда. Щай гьедин абулеб бугебали бичIчIизеги  захIмат буго. Нилъер тарихияб асаралда бицен гьабулеб буго жеги бусурбаби рачIинелде цебе  букIараб заманаялъул.

[14] Арминийа (Эрмения), гIарабазулги персазулги гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул баяназда рекъон, Эрмения абураб бакIалда гьоркьоре унел руго: тарихияб Арран, шималияб Азербайджаналъул цо бутIа, Гуржиял, Дагъистан (Дербендги, ал-Лакзги) ва гьанжесеб Армениялъул ракьги. Гьеб ракьалъул хIакъалъулъ бицунел гIемерал хъвай-хъвагIаялги руго: (Jakubi. Kitab, с.364; Ibn Khordadhbeh. Kitab, с.122; Ibn al-Fakih. Kitab, сс.286-287; Kodama. Kitab, с.246; гьединго бал: Шихсаидов. Ислам, с.200; Тер-Гевондян. Армения, с. 151-160).

[15] Гьаниб бихьизабулеб буго гьанжесеб Ираназулаб Азербайджан абулеб ракьги ва гьанжесеб Азербайджан пачалихъалъул  цо бутIаги. Гьоркьохъел гIасрабазда Азербайджаназул ракьазул биценазул хIакъалъулъ балагье: (Ibn al-Fakih. Kitab, с.284-286; Kodama. Kitab, с.244).

[16] Вилаят (гIараб, вилайат) – провинция, пачалихъалъул  нухмалъиялда гъоркь бугеб цо бутIа.

[17] ГIиракъ (гьоркьохъел гIасрабазул географиялда рекъон) — гьоркьохъеб  бакъбаккул рахъалдехуниса географаз гьелъие кьолеб буго кIиго батIаяб магIна: ГIарабазулаб ГIиракъ — гьеб ккола Месопотамия (гьанжесеб ГIиракъ пачалихъалъул ракь); Персазулаб ГIиракъ — гьеб ккола  Кухистан абураб бакI (гьанжесеб Иран пачалихъалъул бакьулъ бакI).

[18] Къибчах, Дешт-и Къыпчак (тюрк.) – Къипчакъазул авлахъ — XI-XV-абилеб гIасрабаз, гIарабазулги персазулги хъвай-хъвагIаязул лъазабиязда рекъон, гьеб буго авлахъалда цIар, Сырдарья гIурул ахадаса бахъараб, Балхаш хIоргун цадахъ, Дунай гIор ралъдалъе жубалеб бакIалде щвезегIан бугеб авлахъ. ГIурус хъвай-хъвагIаязул лъазабиязда  рекъон, бакътIерхьул къипчакъазул ракьал лъалаан  Половецазул ракьал абун. (Бал.: Кудряшов. Половецкая степь). Нилъер тарихияб асаралда гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго VI-абилеб гIасруялда ккарал  лъугьа-бахъиназе гIоло, ва амма къипчакъал абулел чагIи гьеб заманалъ гьенир рукIинецин рукIинчIо. 

[19] Гьанжесеб пос. Тарки (лъарагI  Таргъу) -  МахIачхъала шагьаралъул ракьазда гьоркьобе  жибги унеб.

[20] Гьоркьохъел гIасрабазул шагьар-хъала. Гьеб букIана Семендералдаса гIемер рикIкIад гьечIеб бакIалда. Анжи буго некIсияб цIар, амма гьеб гьанжеги Дагъистаналъул халкъаз хIалтIизабула (магIарулаз, лъарагIаз, тумаз, даргияз) гьанжесеб МахIачхъала [21] Андирей [Эндирей] – лъарагIазул росу, гьанжесеб  Хасавюрт районалда жиб бугеб. 1990-абилеб соналде щвезегIан гьелда цIар букIана Андрейаул абун. Гьеб ккола  Шималияб Къавкъазалдаго некIсиял  росабазул цояб. Гьелъул хIакъалъулъ бицунел гIемерал тарихиял хIужабиги руго.

[22] Игьран — нилъер асаралда рекъон гьеб ракь Шималияб Къавкъазалда бугеб хазаразул ракь кколеб буго (букIине бегьула гьеб гьанжесеб Дагъистаналъул ракьцин). Гьелда сверухъ руго батIи-батIиял баянкьеялги, амма цонигияб кьучIаблъунги, жиб къабул гьабураблъунги гьечIо.

[23] Гелбахъ (къагIидаби: Килбах, Гюлбах, Гилбах и др.) – нилъер асаралда  гьеб кьолеб буго хъалаялъул цIар хIисабалда. Цебе  заманалда гьеб гьедин букIун батизеги рес буго. Амма жакъасеб Гелбахъалда ТIасияб Чирюрт абула, (гьанжесеб Гъизилюрт район).

[24] Гичи Маджар, Уллу Маджар (тюрк.) – гьитIинабги кIудиябги Маджар. Гьаниб бицен гьабулеб буго нилъеда лъикI лъалеб Шималияб  Къавкъазалда бугеб  Мажар шагьаралъул. Гьеб шагьарги, гьоркьохъел гIасрабаз Кума гIурул кваранаб рагIалда букIана. 

[25] Цойгидал тарихиял асаразда ва хъвай-хъвагIаязда  рекъон, гьелда цIар букIине рес буго Шехр-и-Татар  абун. Жеги лъикI гьеб лъала ТIасияб Жулат абун яги Татартуп абунги. Гьеб шагьар буго Терек гIурул квегIаб рагIалда, гьанжесеб Змейская абулеб станицаялда аскIоб, Шималияб Осетиязул республикаялда.

[26] Гъирим – гьанже гьелда  гIурус  къагIидаялъ Крымилан абула.

[27] ГIараб мацIалда хъварал тарихиял асаразазул  цонигиялда бицен гьечIо гьениб пахьул магIдан  бахъулеб бакI  букIанин абураб.

[28] Терек гIурул рагIалда гIарцул магIдан бахъиялъул  хIакъалъулъ: (Бал.: Долгов. Географический очерк, с. 163-164; Малачиханов. К вопросу, с. 197; Кабардино-русские отношения, т. 1, сс. 111-127).

[29] Парисал – Ираналъул югалъулаб рахъалдехун  бугеб тарихияб ракь. Гьеб цIаралдаса бачIараблъун бихьизабулеб  буго Персия абураб некIсияб цIарги.

[30] Рум – гьоркьохъел гIасрабазул бусурбабазул тарихиял хъвай-хъвагIаязда рекъон, гьедин абулеб букIун буго  Византия пачалихъалда. 

[31] Къубад-шагь вачIинегIан Искандар Зулкъарнайил буцур ракьалдаса бацIцIад гьабун буго Багьрам Гурил вас Йездиджерд абурав падишагьас. Гьевги вуго персазул шагь  Варахрана щуабилев (421-438) абун тIокIцIар жинда бугев, Сасанидазул кьибилалъул чи. Турказул географ Эвлия Челебица гьесда абулеб буго Искандаридаги Ануширванидаги хадуб,  лъабабизе Дербент цIигьабурав чи абунги,. (Эвлия Челеби. Книга, вып. 3, с. 173).

[32] Нилъер тарихияб асаралда жаниб Дербент шагьар бараб заман ва тарих  мухIканго бихьизабун гьечIо. Гьоркьохъел гIасрабазул киналго тарихчагIаз, Баб ал-абваб (Дербент) шагьар бай гIунтIизабулеб буго Ануширваниде. Гьезул хъвай-хъвагIаяздаги буго гьеб шагьаралъул хIакъалъулъ бицен. (бал.: Ibn Khordadhbeh. Kitab, с. 123-125; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 288; Ibn Rosteh. Kitab, с.148; Ибн Асам. Книга, с. 14). 

[33]  Шималияб Азербайджаналда бугеб Къуба шагьаралда аскIоб бугеб росу. Цогиги,  Агъулазул районалда Буркихан абураб росдада аскIоб нахъе хутIун руго Алпан (Алпанах) росдал чIунтарал къадал. (Магомедов. Дагестан. С. 30).  Гьеб кIиябго росдал киналъул бицен гьабулеб бугебали гьаб асаралда якъинго лъазе кIолеб гьечIо, амма дир хIисабалда гьеб букIине ккола тIоцебесеб.

[34] Шагьбарам - Шабран — Ширваналда бугеб шагьар. Гьелъул бетIергьабиги тIоцере рукIун руго лезгиязул ханзаби, цинги  гьезда абулеб букIана ширваншагьал. (Бал.: Минорский. История. С. 89, 108-109). НекIсиял хъвай-хъвагIаяз бицунеб буго Къавад I-сес  банин  Шабиран абураб шагьар; Ануширваница банин  Нашава абураб шагьар (Ibn al-Fakih. Kitab, с. 288).  Нашава шагьар букIана некIсияб Армениялъул тахшагьарлъунги (Kodama. Kitab, с.244).

[35] Къаркъар – Каркар (Гаргар).  Ираналъулаб  Азербайджаналда бугеб шагьар; Ибн Хордадбехацаги  ва цогидал тарихчагIазул лъазабиязда рекъонги  Керкар шагьар Ануширванил цIаралда хурхинабулеб буго, гьеб гьес бараблъунги чIезабулеб буго. (Ibn Khordadhbeh. Kitab, с.123; Ibn al-Fakih. Kitab, с.288). 

[36] Абад – гьеб щиб шагьарали лъазе кIвечIо. Персазул мацIалдаса  бачIараб рагIи буго, гьелъул магIнаги  буго шагьар абураб.

[37] Маскур – Мускур абулеб бакIги, Мушкур//Мюшкюр абулеб бакIги цохIого бакIлъун бихьизабулеб буго. Гьеб буго гьанжесеб Азербайджан пачалихъалъул ракьалда. (Бал.: Тарихи Дербенд-наме, с.41-42; Шихсаидов. Ислам, с.212). В.Ф.Минорскияс гьеб Мускур релълъинабулеб буго гьоркьохъел гIасрабазул Маскут//Маскат абураб бакIалда. (Минорский. История. С.64, 108-115 ва гь.ц.). Румянцевас таржим гьабураб "Дербент-наме" асаралда  абуни, Мускур абулеб бакIалъулги,  Маскат абулеб бакIалъулги бицунеб буго. Амма гьес  гьел рихьизарулел руго цоцадеги  аскIор  ругел батIи-батIиял бакIаллъун.

[38] ГIемерисел тарихчагIаз бихьизабухъе, Сул абураб бакI букIине кколеб буго Дербенталда аскIоб. Сулалъул  хIакъалъулъ цIализе бегьула: (Тарихи Дербенд-наме. С.31; Минорский. История. С.52; Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме"… С.40-41; Ибн Асам. Книга. С.83. ТIадежубай 115).

[39] Гьеб буго Къавкъазалъул Северияб Бакъбаккул рахъалада бищун цебесеб, нилъеда лъалеб (гIага-шагарго 723с.) хазаразул къагьанаталъул тахшагьарлъун букIараб бакI.  Бакъбаккул рахъалъул тарихчагIазулги, персазул ва гIарабазул тарихчагIазулги  баяназда рекъон, Семендер шагьар тIоцебе бан буго Ануширваница. Гьелъул хIакъалъулъ балагье: (Артамонов. История, с. 10  ва цогидал; Минорский. История, с. 128, 143, 192-194; Саидов, Шихсаидов. «Дербенд наме», с.41-45; Магомедов. Образование, с. 46-60.)

[40] Семендерги Таргъуги батIиял бакIал руго, гьаниб гъалатI гьабун  цохIого бакI гIадин бихьизабулеб буго.

[41] Гъумек - гьанжесеб Лак районалъул Кумух росу (лак. Гьумучи; лъарагI Къумукъ/Къазикъумукъ). Ибн Рустал  баяназда  рекъон, Алал ва Гъумикъ хъулби рахъизе цIакъ захIматал щулалъаби рукIун руго, жалги Ануширваница Сариразул ханасухъе кьурал.  (Ibn Rosteh. Kitab, с. 148; бал. гьединго Ибн Асам. Книга, с.53, 81).

[42] Икълим (гIараб.) - район, область.

[43] Кисра - персазул шагьасул тухумалда абулеб букIараб хIурматияб тIокIцIар.

[44] ГIарабаздаги хазараздаги гьоркьор VII-VIII гIасрабаз ккарал рагъазул хIакъалъулъ мухIканго цIализе бегьула: (Артамонов. История, с. 202-232; Буниятов. Азербайджан, с. 107-116).

[45] Гьаб тарихияб асаралда  гьелда хурхун  мухIканлъи чIчIезабун гьечIо. ГIарабазул гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул лъазабиязда рекъон, тIоцебе гIарабаз Дагъистаналде чабхъен гьабураб заманлъун  бихьизабулеб буго 22/642-43,  яги 40/660-61 сс.; ат-Табарил баяназда рекъон тIоцебе ал-Баба (Дербенд) бахъараб заман кколеб буго 22/642-43 с. (Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 71-74).  Амма М. И. Артамоновас гьеб тарих гьедин букIине рес гьечIеб  жолъунги чIчIезабулеб буго.  (Артамонов. История, с. 179).

[46] Иттипакъ - къасд, анищ.

[47] ГIараб мацIалда хъварал "Дербенд-наме" асаралда гьединго буго - Салман ва РабигIа (бал.: Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме", с.31-32). Ал-Балазурицаги, ал-Йакъубицаги ва цогидазги Дагъистаналде витIарав   цо чи вукIиналда чIезабулеб буго. ЦIарги гьесда  Салман ибн РабигIа ал-Бахили буго. (бал.: Beladsori. Liber, с. 198; Баладзори. Книга, с. 8, 13; Якуби. История, с. 5; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 293; Ибн Асам. Книга, с. 9; Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 75);     Ибн Асам ал-Куфицаги бицунеб буго гIарабазул цевехъанасда цIар букIанин  Муслим ибн РабигIа абун. Гьевги витIун вукIун вуго ГIусман (гI.с) Халипил амруялда рекъон, 10-азарго рагъухъангун «Арменазул пачалихъалде».  Гьевги хун вуго хазаралгун вагъулаго Баланджаралда аскIоб бугеб  авлахъалда. (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с. 93-97). Салманида хурхарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ, (бал.: Генко. Арабский язык, с. 100-101; Саидов, Шихсаидов. "Дербенд-наме", с. 48-49).

[48] Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ бицунеб буго ат-Табарил, Баламил ва Ибн Асама ал-Куфил хIалтIабазда (бал.: Ибн Асам. Книга, с. 10; Дорн. Известия о хазарах, с. 14-15, 96).

[49] Шагьид (гIараб, шагьид) — дин-исламалъе гIоло рухI кьурав чи.

[50] Гьаб  тарихияб асаралда  щуабилеб къоялъ ккарал лъугьабахъинал гьоркьор риччан руго. Гьеб хъвалев чиясул,  ялъуни хъваралдаса хъварав  чиясул гIайибалдалъун батизеги рес буго. Гьединго сурат (копия) бахъулаго гьоркьоб хутIун батизеги бегьула.  Гьединлъидал,  щуабилеб къоялъ гьарурал  рагъазул хIакъалъул гIарабалъ хъвараб «Дербент наме» асаралдасаги  босун нижецаго таржимги гьабун кьолеб буго цо гьитIинабго бутIа.

[51] Гьоркьохъел гIасрабазул тарихчагIазул баяналда рекъон, Салман ибн РабигIа ал-Бахили 32/652-53с. вагъулев вукIана хазаразда данде Баланджар шагьаралда аскIов. Гьев бусурбабазул ункъазарго чи вугеб  богун цадахъ  чIвана Баланджар гIурул рагIалда. (Beladsori. Liber, с. 203-204; Ibn al-Fakih. Kitab, с. 293; Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 74-79).

[52] ХIамрачай (Химрачай) гьанже гьеб гIоралда цIар буго «Гамриозень» абун. Гьеб чвахулеб буго Избербаш ва Дербенд шагьаразда гьоркьосан,  Сергохъала ва Гъаякент районазул ракьалдаса Каспий ралъдалъе. 

[53] ГIамеядазул Халип  ал-Валид I-сев ибн ГIабдалмалик ибн Марваница бетIерлъи гьабулеб букIана  86-96/705-715 соназ.  

[54] Тарихалда жаниб гIарабазул цевехъанасда хIакъикъияб цIар буго Маслама ибн ГIабдалмалик абун. Гьев вукIана Халипалъун жал рукIарал ал-Валид тIоцевесесулги  Хишамилги вац, ва  Халип ГIабдалмалик ибн Марванил вас (65-86/685-705).

[55] Жавлан -  гьаб щиб шагьарали мухIкан гьабизе кIвечIо.

[56] Тарихалдаго батараб Ширваналъул ракь. (бал: Минорский. История, с. 32-33, 107).

[57] Ширван — тарихияб Азербайджаналъул шималияб бакъбаккул рахъалдехун бугеб ракь. 

[58] Ибн ГIасамил лъазабиялда рекъон, ал-Бабалда (Дербендалда) доб заманалъ рукIана 80-азаргоялдаса цIикIкIун хазарал, амма хадусеб, Масламал чабхъеназул  заманаялъ хутIун рукIана гIицIго азаргогIанасеб хъизан. (Ибн Асам. Книга, гь. 14, 47).

[59] Ибн ГIасамил лъазабиялда рекъон, гьев чиги вукIун вуго хазаразул рагъухъан, живги исламги, бусурбабиги  рокьун вачIарав. «Книга завоеваний» абураб тIехьалда гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ  бицун буго кIицIул. (бал.: Ибн ГIасам. Книга, гь. 14-15, 47). 

[60] Хумус (араб.,  хумс) – щуйил бут1а. Рагъул давлаялдаса пачалихъалъе кьолеб щуйил бутIа. 

[61] Мушаввара - гIакълу дандбай, къасд гьаби.

[62] Гьеб лъугьа-бахъин Ибн ГIасамица битIизабулеб буго гьадин: "Масламаца амру гьабуна кваранаб рахъалъан буцуралъул цо бутIа бихейин абун… " (Ибн Асам. Книга, с. 15).

[63]  ЦIигьабун бараб Дербенталда Масламаца чIезавун вуго щуазарго рагъухъан, живгоги Шамалдехун ун вуго аварагас гьижра гьабуралдаса 70-абилел соназ (689-90с – 1289-90сс.)

[64] М И. Артамоновасул баяназда рекъон, хазаразул бетIерлъун вукIана Барджиль абурав чи. Гьевги вукIана Къагьанил вас. Гьесул пикруялда рекъон, Барджиль абураб цIар Башенк, Пашенк, Пашех ва гь.ц.  абурал къагIидабазде сверун инеги бегьулел руго. Гьеб цойги букIинеги бегьулеб буго, гьесул жиндирго цIар гуребги, хIурматияб цIарлъунги, жибги гIараб мацIалде буссинабулаго лъалареб хIалалъ хисун ккараб.  (Артамонов. История, с. 206, 212, 217).  Байламица бихьизабулеб буго,  Б. Дорница гьеб цIар цIалулеб букIин — Бардженк абун. (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с. 22); З. М. Буниятовас тIадехун рехсараб цIар— Барсбек абунги цIалулеб буго. (бал. - Ибн Асам. Книга, с. 18, 22, 24, 28, 29, 32, 34-37).

Ат-Табарил баяназда рекъон, Хакъанил вас чIван вуго 113/731-32сс. -  Маслама ибн ГIабдалмаликил рагъухъабаз.  (бал.: Шихсаидов. Книга ат-Табари, с. 79).

[65] Гьеб щиб бакIали лъазабизе кIвечIо. Гьеб батизе рес буго Чубин-гъапу (перс., тюрк., "цIулал каву") абураб бакI. Гьебги Дербендалъул югалъул рахъалда ругел гъапуязул цоялда цIар буго.

[66]  БагIаз(гIараб.) - бутIа, тIел.

[67] Баламица гьелъие гьадинаб баян кьолеб буго; ЖаррахIица жиндирго кIиабилев бодул цевехъан витIанила  «Дарези (къагIидаби - Медарези, Бедарези ?) абулеб пачалихъалде  ва Дервакалде». Гьелдаса хадуб живгоги хутIараб боги бачун анила «Нарван пачалихъалде, жибги анлъго мил нухлулги бугеб Баб ал-абвабалдаса», - абун;  (бал.: Дорн. Известия о хазарах, с.21-22).
[68]  Дирбакъ (Дарваг)  - гьанжесеб Табасаран районалда бугеб Дарвагъ росу.

[69] . Панаяб – (гIараб. - фана) – тIаса унеб, нахъе хутIи гьечIеб абураб магIна.

[70]  Гьединго Табасараналдаса бачIун буго: кIикъоазарго чу, гIиялъажал ва цоги батIи-батIияб къайи,  хурисан бачIунеб кинабго хIалухъинги ва гьелдаго цадахъ кIиазарго асирги.

[71]  Ибн ГIасамил баяназда рекъон, хазараз (гIарабаз гуро) данде гьарунила Баланджаралда 300-ялдасаги цIикIкIун гьакал (Ибн Асам. Книга, гь.19). Баламил баяназда рекъон, Баланджар шагьаралъул гIадамаз «Гьаруна 3 азаргоялдасаги цIикIкIараб къадар гьаказул, цоцалъги рухьун лъуна шагьаралда сверун».  Шагьар сверун кквезе ана нусгоялде гIагарун чи. (бал.. Дорн. Известия о хазарах, гь.23). Ат-Табарица баян  гьабулеб буго гIарабаз Баланджар шагьаралда сверун лъунила чIахIиялги гIисиналги ганчIал рехулел (кьвагьулел) машинаби. (Tabari. Annales, ser.I, гь.2889-2890; Шихсаидов. Книга ат-Табари, гь.75-76).

[72] Нарын-хъала – Анжи шагьаралъул къадазда жаниб гьабураб кутакаб щулалъи.  Нарын-хъалайилан Дербент хъалаялдаги абула. 

[73] 114 сон – гьеб ккола гьижра гьабун хадуса 114-абилеб сон. Жакъасеб календаралде сверизабуни,  гьеб кколеб буго 732 сон. Гьебги  буго гIарабаз Анжи шагьар бахъараб заман.


Автор: Маркъо Шунилазул

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook