Гъолода
(поэмаялъул кесек)
ЦIад щенолеб буго ЦIоралда жакъа,
КъатIрабаз бачуна пашманаб бакъан.
Паналъун ккун руго кьураби, сиртал,
Дандеруссун руго магIарул нартал.
НакIкIулъан рачIунел руго бахIарзал, –
Зоб-ракь гьаргьадулеб чуязул хIихIи.
Чабхилъан къокъунел руго игитал,
Тушман гьазул хунжруз къотIула кIихIи.
…НекIсияб Гъолода, ссияб Гъолода,
Персазул цIа рекIун бихьула дуда:
Дуниял мерхьараб шагьасул аскар, –
Наку чIвазе дуца гьабуна инкар.
Нус-нус сонал рараб магIарул хъала,
ГIелмудулгун кьалул кьучI гучаб шагьар,
Дур чIвадназда гьанже гьури кьурдула,
Гьениб рагIуларо зикругун гаргар.
…Буго батIияб къо жакъа Гъолода,
Дандеруссин буго гьалъул сверуда.
НекIсиял наслаби ракIарун руго:
– РухIал кьун цIунараб ЦIор киндай бугеб?
2012
Автор: ГIизудинил ХIамзат
Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала