Авторизация

«Жакъасеб масъала - нилъер ракьалдаса питна тIагIинаби..»

Исламалъул цIаралда нахъги рахчун питна бекьулелгьел чагIи щалали нилъер халкъалда бичIчIун буго. Гьедин бугониги нилъерхIалтIи гьоркьоб къотIизе бегьуларо.


Дагъистаналъул АТКялъул мугIрузул районазда вугев вакил Сайпудин Сайповги гIахьаллъун районалъул антитерроралъул комиссиялъул иргадулаб гуреб данделъи тIобитIана араб рузманкъоялъ райадминистрациялда.

Районалъул бетIерасул заместитель МахIач МахIачевас нухда бачараб антитерроралъул комиссиялъул данделъиялда гIахьаллъана районалъул прокурор И.ИсмагIилов, РОВДялъул нухмалъулев И.ГIалиев, районалъул диниял церехъаби, росабазул бегавулзаби.


Полициялъ, районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъ ва бакIалъулаб муниципалитеталъ гьабулеб цадахъаб хIалтIул хIасилалда жакъа къоялда районалда гIодобиччараб, хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал буго,-ян абуна данделъиялъул байбихьуда кIалъазе вахъарав районалъул бетIерасул заместитель ГIабдуразакъ Рамазановас. - Районалъул бетIерас жамгIиял гьундуздасан ракълилаб гIумруялде тIадруссайилан хитIаб гьабуниги, АТКялъул комиссиялъ гIагарлъиялъулгун бичIчIи кьеялъул хIалтIи гьабуниги, кодоб ярагъгун рохьазда ругел нилъер районцояз гьеб гIадахъ босичIо. Гьал къоязда ТIелекь росулъ лъазабураб  КТОялъул хIасилалда гьел боевикал чIвана.


Жакъа къоялдаги районалъул АТКялъул комиссиялъул хитIаб буго районцоязде, боевиказе квербакъи жидеца гьабун щив чи ватаниги, живго рекIекълъун, гьеб хIужжа бицине полициялде вачIани, гьев чи законалда рекъон тамихIалде цIазе гьечIо.

Нагагьлъун, полициялъул ва цогидалги цIех-рехалъул органаз гьединаблъун бугеб хIужжа жидецаго тIатинабуни, «За пособничество терроризму» абун статьяги бихьизабун тамихIалде цIазе вуго, кигIан гIемер заман гьоркьоб ун батаниги. 

Хадувго кIалъарав районалъул прокурор И. ИсмагIиловас бицана районалъул школазда, ясли-ахазда хIинкъи гьечIолъи цIуниялъе гьарулел тадбиразулъ бича-бихъан букIине  бегьуларин. Росабазул бутIрузул жавабчилъиги бичIчIизабун, прокурорас абуна росабалъ гIолилазе, жамагIаталъе бичIчIи кьеялъулаб, терроризмалде ва экстремизмалде данде къеркьеялъе гьабулеб  хIалтIуде гьез цIикIкIун кIвар кьезе ккелин.


Кин бицаниги гьезда бичIчIичIо, гьабураб профилактикияб хIалтIиялъ хIасилги кьечIо- ян абуна, чIварал вацал Мирзоевазул  инсулгун жинцаго гьабураб кIалъаялъулги бицунаго РОВДялъул нухмалъулев И.ГIалиевас.- Росдал гIолилазе бичIчIи кьеялъулаб хIалтIуе жалго росабазул жамагIатаз, бегавулзабаз квербакъичIони, цохIо полициялъ гьабун хIалтIи цебе билълъунаро. ХIажат буго цадахъ рекъараб хIалтIи.

 

 Жидер росдада хъинтIараб гьеб терроризмалъул балагь жакъа тIолабго жамгIияталъего гIаммаб балагь бугин абуна ТIелекь росдал бегавул ГIалиасхIаб Юсуповас. -РакIчIун абизе кIола нижер росулъа гьел питначагIи тIагIанин. Росулъ хIалтIулел мадрасабиги мажгиталги руго, гIолилазда гьоркьоб гьабулеб бичIчIи кьеялъулаб хIалтIиги буго.

ТIекьадерил къадруял гIадамалги ракIалде щвезарун, жакъасеб къоялъ гIолилазда гьоркьоб бичIчIи кьеялъулаб хIалтIи гьабиялъе кIудияб бутIа росдал херазул Советалъги лъолилан абуна гьениб ТIелекь росдал херазул Советалъул нухмалъулев Шамсудин МухIамадовас.


Терроризмалъулгун исламалъул щибго хурхен гьечIолъиялъул ва кодоб ярагъгун рохьахъ рахчун гIадамал чIвалезде исламалъул бугеб бербалагьиялъул бицана МочIолъ мадрасаялъул нухмалъулев МухIума ХIажиевас жиндирго кIалъаялда.

Ахиралда кIалъана  Дагъистаналъул АТКялъул мугIрузул районазда вугев вакил Сайпудин Сайповги.

Гьес абуна боевикал чIванин абун росабалъ гIолилазда гьоркьоб гьабулеб  хIалтIи чучлъизе тезе бегьуларилан.


Ахиралде щолеб буго  боевиказда данде Сириялда гьабулеб рагъ. Гьенир рагъизе арал нилъер боевикал кирего инчIого, тIадруссун нилъерго рохьахъе рачIине руго. Исламалъул цIаралда нахъги рахчун питна бекьулел гьел чагIи щалали нилъер халкъалда бичIчIун буго. Гьедин бугониги нилъер хIалтIи гьоркьоб къотIизе бегьуларо. Жеги руго гьел террористазухъ ракI бухIаралги, гьезие квербакъулелги. Гьеб питна тIубанго нилъер ракьалдаса тIагIинабизе цадахъаб хIалтIи жеги цIикIкIинабизе хIажат буго.



Автор: М. АсхIабов

Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook