Авторизация

МагIарухъ. Кинидахъ кечI. БацIида кIалдиса цIигьан бахъарав

Нусазарго сонги бан, цоги бай магIарулаз!

БацIида кIалдиса цIигьан бахъарав…

МагIаруласул хасияталъул хIакъалъулъ пикраби


Ассаламу гIалайкум, магIарулал!

Дунялалда цIакъго машгьуралъана БакътIерхьул рахъалъул маданият. Гьелъие ккарал сабабаздаса ва гIиллабаздаса цоял ккола доба хъвадариялде, киноялде, газет-журналазде, маданияталъулги адабияталъулги бутIаялде цIикIкIун кIвар кьей. «Голливудалъ» БакътIерхьул рахъалъул тарихалъул ва маданияталъул нагагьабги хIужа тун гьечIо, дунялалдаго тIибитIизабун, гьелъул хIакъалъулъ фильм бахъичIеб. Гьеб буго мисал босизе бегьулеб хIаракат.

Гьединаб куцалда кибго машгьурлъана некIсиял греказул маданиятги. НекIсияб Спарта абураб шагьаралъул  халкъалъул рукIа-рахъин, къо хIехьей, кьвари, бахIарчилъи рагIичIев чи къанагIат ватила. Гьел киналго хасиятазул ва цоги гьунаразул рахъалъ гьездаса нахъе ккарал гьечIо магIарул халкъ ва авар тарих.

Гьадинал кинидахъ кучIдуз куцалаан магIарул чи:

…БацIида кIалдиса
ЦIигьан бахъарав,
ЦIиркъида бадиса
МагIу бикъарав.
Борхьил чохьонисан
Чол нух бахъарав,
Чабхъада гьунарал
ГIемер росарав.

Гьединал бахIарчиял мисалазда, «тIаде бачIараб къо лъимлъун къулчIулел» наслаби гIезарулел, лъадарулел рукIана магIарулаз. МагIарул халкъиял асаразулъ, фольклоралда, эпосалда гIемерал батIи-батIиял, ракI тIаде цIалел, кIочон толарел, миллаталъул рухI загьир гьабулел сипатал гьарун руго магIарулазе. Цо асаралда «тушбабазда речIчIулеб чIорлъун вахъагиян»  ахIулеб буго кинидахъ кочIолъ.

Гьале цоги жугьаби:

КIанцIун чоде вахарав,
ЧIухIун ярагъ борчарав,
Бехе унеб хехаб гIор,
Жанив кIанцIун, бахарав;
Харилъ бугеб аздагьо,
КIихIи къотIун, рехарав,
Лъабнухида хъала бан,
Тушбабигун вагъарав.

МагIарулазул хъвадарухъаби, шагIирзаби, цогидал маданиял хIаракатчагIи асир гьаруна халкъалъул фольклоралъ. БатIайиса ккезе ресги букIинчIо. Фольклор ккола миллияб хазина. Расул ХIамзатовасе цIакъ хириял рукIана « Ва хIатуту, хIатуту», «Дингир-дангарчу» ва цогидалги магIарул халкъиял асарал. ХIакъикъаталдаги жидеда жаниб кIудияб магIнаги бугел, тарихияб хIужалъун кколел асарал руго гьел. Гьедин букIинчIебани, нус-нус наслабазул ракIазулъан, жакъа XXI гIасруялда ругел нилъехъе щвелароан гьел назмаби. Кинидахъ ахIулеб «Ва хIатуту, хIатуту» абураб асар лъугIулеб буго гьал рагIабаздалъун:

…Зодор ругел цIцIаназе,
ХIорде рачун, цIам кьурав,
ЦIорор ругел ритIучIал,
Чагъана хъван, кьурдарав,
Чол кьолонив кьурдарав,
Кьибилалда нур барав,
…БогIол цагъур кIудияв,
ЧIалда мохмох биццатав…

Халкъалъул фольклоралда ва эпосалда тIасан гIелмиял хIалтIаби хъвала. Гьанир херхарал мухъал ккола нилъ, магIарулал, нилъедаго щалали кIоченчIого букIине (нагагь гьединаб гIузру баккун батани), ракIалде щвезарулел рагIаби. Гьанир рехсарал гIадал халкъиял асарал XXI къарнуялъул магIарулазул кинидахъ, нагагь гурони, ахIулел гьечIо. Гьеб буго квешаб хIакъикъат. Аза-азар соназ анкьумумуз нилъехъе кьураб рухIияб бечелъи тIагIине, билизе тани, гьелдаса кIудияб ничги, рогьоги, нахъегIанлъиги кинаб букIинеб.
Халкъиял асаразул нухдасан, магIарул рухIияб дунялалъул гIорхъабиги гIатIид гьарулаго, церехун галаби росана батIи-батIиял гIасрабазда рахъарал магIарул рагIул устарзабаз. XIX къарнуялда загьирлъарав гIакъил, шагIир, гIалим, философ, авар адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажияс гIадада гуро хъвараб:

Чан пайдаяб иш бугеб, жиндаса чи тIурулеб,
Чан заралаб жо бугеб, жиб тун, чи вукIунареб, - абун.

Халкъалъе пайдаяб ккун, заралаб рехун тун, нилъерго хаслъиги хатIги цIунун, гIумру гьабизе магIарулазе рес буго, нилъго нилъецаго загIиплъизаричIони, нилъеца нилъеего зиян гьабичIони.

МагIарул миллияб хасият бихьизабулел асарал руго гьунар бугевщинав магIарул хъвадарухъанасул. «Нилъ бараб ахIулъги ахIараб болъги бахIарчилъиялда хIалтIизе ккола», - абун хъвана ЦIадаса ХIамзатица. МагIарул чиясул ритIухъаб ва гIажаибго щвалде щвараб сипат гьабун буго Расул ХIамзатовас «МагIарулал» абураб машгьураб кочIолъ:

Релъи-хъуй гьечIого, рохизе лъалел,
МагIу чвахичIого, гIодизе лъалел…
БакIал къваридалъур ракIал гIатIидал,
Рукъ мискинлъаниги, намус бечедал…
ТIаде бачIараб къо лъимлъун къулчIулел…
КъваригIаралъуб рухI «майилан» кьолел…
РикIкIен дагьлъаниги, гьунар гIемерал,
ГIурда тIегь бижизе чорхол би тIолел…

МагIарул миллияб маданияб автономиялъ гIуцIараб МагIарулазул басмабазул цолъиялъул сайталъе кинидахъ кечIалда релълъараб цеберагIи хъвазе хIалбихьулеб макъала буго гьаб.

РакIалде ккола магIарул миллаталъул милат гьабулевщинав магIарулас нилъер Маданияб автономиялъул ва МагIарул басмабазул цолъиялъул хIаракаталъе квербакъи гьабилилан. Гьединго божарав вуго нилъер гьаб цIияб  «МагIарухъ» сайталъе нух битIиялда, щайгурелъул, гьалда цадахъ нухлулаллъун, къайицадахъаллъун, ракьцояллъун ва ракIцояллъун  къватIире рахъунел руго нилъ – магIарул мацIги цIарги, рухIги яхIги хириял миллатцоял.
Нилъее нухал ритIаги!

Автор: ГIизудинил ХIамзат

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +561
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркала Х1амзат лъик1аб цебераг1и хъваралъухъ,жигар бахъилаха цадахъ х1алт1и гьабизе!
БатIияб мацI гъорлъ жубачIеб, бацIцIадаб магIарул мацIалда хIалтIулеб сайт буго гьаб.

Гьединабго сайт буго «Эркенлъи» радиоялъулги. Гьеб информациялъул алат къайги лъикIаб хабар гуро. Радио тIокIаб хIалтIулеб гьечIониги, гьелъул сайт цIунун буго. ГьебгIаги мадар буго. Гьай-гьай, цо-цо загIипго гурони мацI лъаларел модератораз гIезегIан гъалатIалги риччан руго гьеб алаталда. Амма, гIаммго босани, пайдаяб годикIан букIана.

 «МагIарухъ» сайт буго нилъецаго гIуцIараб, квегIанаб, халкъалъул масъалаби, тарих, гIумруялъул тIолалго рахъал рихьизаризе рес бугеб, саламатаб къебелъи. «МагIарухъ» сайт цIализе ва цебетIезабизе тавпикъ кьеги нилъее.
Hamzatavari,
Амин!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook