Авторизация

КIалдиб речIчIараб гулла, чIамун, къватIибе тулел

ГIабдулрашид СагIадулаев ГIабдулрашид СагIадулаев – Олимпиадаялъул меседил медаль щварав анцIила цоабилев магIарулав.

Араб анкьалда лъугIана Бразилиялъул Рио-де-Жанейро шагьаралда тIоритIарал XXXI роолал Олимпиялъул хIаял. Гьел хIаязде кIвар буссун букIана дунялалъулго. 86 килограммалда Олимпиадаялда магIарулас бергьенлъи босун букIинчIо, 1996 соналда СШАялъул Атлантаялда бакълъулазул Ингишоса ХIажимурад МухIамадовасе чIел щваралдаса ( цIайиялъул макъамал хисун, 82-ялдаса 86-ялда бахъун буго гьеб категория). Гьале 2016 соналъул 20 августалда Рио-де-Жанейро шагьаралда 86 цIайиялда Олимпиялъул чемпионлъун вахъана «танк» абун жиндие цIар щварав ЧIарада мухъалъул Гьилиб росулъа ГIадбулрашид СагIадулаев.


ГIабдулрашид СагIадулаев жеги къей лъаларев, 20 соналъул ригьалда дунялалъул кIицIул чемпионлъун ва Олимпиадаялъул чемпионлъун вахъарав цого цо спортсмен кколевлъи эркенаб гугариялда хадуб хъаравуллъи кколел гIадамазда лъала. Цоги нухалъ ГIабдулрашид СагIадулаевасда, гьесул гIага-божаразда, тренеразда, киналго магIарулазда ва тIолабго улкаялдаги баркулаго, бокьун буго гьесул ва «мазгар» щварав жеги ункъо магIаруласул бергьенлъабазда сверухъ загьирлъарал цо-цо политикиял шура-хъуриязул бицен гьабизе.

ГIабдулрашид СагIадулаевасул гьунаралъул ва бергьенлъаразул хIакъалъулъ «Фейсбукалда» ва цогидал жамгIиял сурсатазда дица хъвазе лъугьиндал, гъалгъаязул (ингушазул) ва чачаназул цо-цо блогераз гьел цIиял харбазда гъоркь хъулухъ гьечIел жал хъвазе байбихьана. Гьезул цояс, жахIдаялъул кутакалъ, жиндирго блогалда «баркала кьолеб» бугоан, СагIадулаевасул ццин бахъине ва, гъалатIал гьарун, гьев къезавизе кIоларищан бихьизе, эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионалда Кубаялъул спортсмен Салас Рейнерисица нилъер «танкалда» гьурмалъ хъат кьабуралъухъ. Гьев кубаялъулав, анцIго баллги гьоркьоб лъун, квешго къезавуна гьенив СагIадулаевас. Нилъер спортсмен вагъизе лъугьун вукIаравани, къецаздаса нахъе гьавизе вукIана. Сабру хIажатаб бакI гIемер букIуна. СагIадулаевас ургуялда бихьизабуна Рейнерисида жиндир бакI.


ГIабдулрашид СагIадулаев Ингушазул блогеразул хъвай-хъвагIай цIалидал, халлъана: магIарулазде ( дагъистаниязде) «сули» абун хъвадарулел ругоан гьел. МагIарулал хIачIого абулеб жо буго гьез гьеб «сули» абураб рагIи. МагIарулазул даражаялде жал рахунареблъи лъаялъ, илбисалъ течIого, гьарулел хIаял ккола гьел. Вайнахазул бичIчIи бугел вакилзабаз кидаго абула жидее цебетIей Дагъистаналдасан бачIараб бугилан. Масала, Чачанлъиялъул

Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Канта Ибрагьимовас абуна, жидее бакъ даим Дагъистаналдасан баккулилан, цебетIейги гьанисан щванилан.


Гьанже Чачанлъиялъул бетIер Рамзан Къадировасул зурмихъе кьурдулев вугев ва политика хIалев гугурахъан  Бувайсар Сайтиевги вуго Хасавюрталъул речIчIухъанлъиялъул школалъ гIезавурав чи. МахIач МуртазагIалиев абурав магIарулав гьесие къезе чIун вукIинчIевани, Пекиналъул Олимпиадаялдеги Сайтиев ворчIулароан. Бразилиялда тIобитIараб Олимпиадаялъул хIасилал гьарулаго, магIарулазде бугеб рокьукълъи бахчизе кIвечIо Бувайсар Сайтиевасда. ГIабдулрашид СагIадулаев, живгун цадахъ чIараб сурат бахъизе кIваригIун, векерахъдулев вукIанилан, гIахьучIал рицине лъугьана Россиялъул каналаздасан Сайтиев.


ГIабдулрашид СагIадулаев Гьединаб куцалда «чачаназул гугарухъаби» реццулев Бувайсар Сайтиев вукIаго, Олимпиада къалеб хадусеб къоялъ, исана 21 августалда, Россиялъе гIоло цеве вахъарав чачанав Анзор Болкутаев къуна. Цереккун къун рукIана греказулгун румазул гугариялъул спортсмен Ислам-бек Альбиевги ( ЦIоралъул магIарулав Расул Чунаевасдаса) боксер Адлан ГIабдурашидовги. Бразилиялда тIоритIарал Олимпиялъул хIаязул хIасилал гьарурабго, бихьула цониги чачанав гьел къецазда бергьинчIолъи.


БатIияб пачалихъалъул, Турциялъул, цIаралда Россиялда данде гугарулев вукIаниги, ингушав Залимхан ( Калой) Картоевасул ( Турциялъул тIалабазда рекъон, гьезул гражданинлъун вахъине ккани, цIар хисизабун буго гьесда – Селим Яшар) рахъккун кIалъана Ингушетиялъул бетIер Юнус-бек Евкуров ( гьеб хIужа какулеб гьечIо, цогидазе жидерго миллатцоязул бугеб хиралъи бихьизе, хъвалеб буго гьаниб). Рио-де-Жанейро шагьаралда ГIабдулрашид СагIадулаевас финалалда цIидасанги къезавуна Залимхан Картоев ( 5-0).


Гьале, «Миллаталъул» гьаб номер басмаханаялде кьолеб 2016 соналъул 25 августалда гьев Залимхан Картоев тIаде къабул гьавуна Юнус-бек Евкуровас ва спортсменасе ва гьесул тренер Адам Барахоевасе ( Берекет) «Тойота Камри» машинабиги Ингушетиялъул тахшагьар Магасалда квартирабиги кьуна. Таджикистаналъе гIоло цеве вахъун, Пекиналъул Олимпиадаялда гIарцулав призерлъун вахъарав Болъихъ мухъалдаса АнсалтIаса Юсуп ГIабдулсаламовасе Дагъистаналда гьединаб дандчIвайги хIурматги гьабичIо. Ингушазул блогераз хъвалеб буго, тарихалда жаниб ункъо ингушасе щванин Олимпиялъул меседил медалалилан.


РачIаха магIарулазул бачIинги ракIалде щвезабилин: 1. МустIапа Дагъистанли ( эркенаб гугари, Мельбурн -1956, Рим-1960; гьев ккола Гъуниб мухъалъул Гьонода росулъа Турциялде гочарал мугьажирзабазул ирсилав); 2. Загъалав ГIабдулабеков ( эркенаб гугари, Мюнхен, 1972 сон); 3. ХIажимурад МухIамадов ( эркенаб гугари, Атланта, 1996 сон); 4. Мурад ГIумаханов ( эркенаб гугари, Сидней, 2000 с.) ; 5. Сайгид МуртазагIалиев ( эркенаб гугари, Сидней, 2000 с.); 6. Мавлет Батиров ( эркенаб гугари, Афины-2004, Пекин-2008); 7. ХIайдарбег ХIайдарбегов ( бокс, Афины-2004); 8. Шарип Шарипов ( эркенаб гугари, Лондон-2012). 9. ТIагьир ХIайбулаев ( дзюдо, Лондон-2012); 10. Мансур ГIисаев (дзюдо, Лондон-2012) 11. ГIабдулрашид СагIадулаев ( эркенаб гугари, Рио-де-Жанейро-2016).


ГIабдулрашид СагIадулаев ГIарцул ва мазгарул медалал щварал магIарулалги гIемер руго. Исанасеб Олимпиадаялда цIохIо ЧIарада районалдаса лъабго спортсменас росана Олимпиадаялъул мазгарул медалал: Шарип Шарипов (ЧIарада мухъалъул Гьунухъ росулъа, Азербажаналъул тIаса бищараб команда), Ибрагьим СагIидов (ЧIарада мухъалъул Могъроб росулъа, Белоруссиялъул тIаса бищараб команда), МухIамад Ибрагьимов ( ЧIарада мухъалъул ГIириб росулъа, Узбекистаналъул тIаса бищараб команда).


Исана Олимпиадаялда магIарулаз цо меседил ва ункъо мазгарул медалал росун руго (Азербажаналъул байрахъалда гъоркь гугарарав ЦIоралъул магIарулав Расул Чунаевги (классикияб гугари) гъорлъе вачун). Гьеб хIасил буго жидерго пачалихъал ругел чанги халкъазе насиблъичIеб бергьенлъи.


Исана Россиялъул чемпионаталда ккараб гIала-хъважа ва Виктор Лебедевасда сверухъ багъарараб «алмазазул сихIру» гуребани, Олимпиадаялда бегьарал магIарулазул къадар жеги цIикIкIине рес букIана.

МагIарул халкъалъул хасият-гIамал бихьизабулел асаразда хъван буго «кIалдиб речIчIараб гулла, чIамун, къватIибе тулел» гIадамал ругин магIарулалилан. Гьединаб тIадегIанаб яхIалъул ва рухIалъул миллаталъул мацIги, цIарги, цIаги цIунизе тавпикъ кьеги нилъее. Исана Бразилиялда магIарулаз гьединаб, нилъер халкъалъе мустахIикъаб, хасият бихьизабуна. Баркула цоги нухалъ! Хадур гIемерлъаги! Баракат лъеги!


26.08.2016 с.

Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +342
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook