Авторизация

МагIарул гIораз кьолеб канлъи киб бугеб?


ГЭСал цIикIкIанагIан, дагьлъулеб канлъи…


МагIарул гIораз кьолеб канлъи киб бугеб?


КъватIисел улкабазе бичизе гIураб Дагъистаналъул электроэнергия нилъеего щай щолареб?


Дагъистаналъул телеканалаздасан къойилго бихьизабулеб буго нилъер республикаялъул цебетIеялъул бицунеб документалияб фильм. «Дагъистан» РГВКялда гIемер паркъула гьеб. Республикаялда гьаризе ругел хIалтIаби рехсолаго, гьеб фильмалда абулеб буго, нилъер гIоразул гучалъул 20-30 проценталдаса гурони, гьабсагIат пайда босулеб гьечIилан, ГЭСазул рахсал гьарун, магIаруллъиго лъел станциязги хьухьун, гьеб процент борхизабизе кколилан. Рехсараб программа гIумруялде бахъиналъ магIаралазул яшав лъикIлъилилан абизе кIоларо. Цо бугони, гьанжелъизегIан рарал ГЭСаз ккурал росабазул жамагIатазе рекъон кколеб рецIел кьечIо пачалихъалъ. КIиабизе бугони, гьедин щвараб токалъухъ щибгIаги бигьалъи, льгота гьечIо, электроэнергиялъул багьа цIикIкIинаби гурони. Лъабабизе бугони, экология холеб буго (гьаб сон пачалихъалда экологиялъул сониланги лъазабун буго – гьеб рахъалъ гьабизе кколеб таманаб хIалтIи буго улкаялда).


Хьиндаллъиялда тIаде тIалкъен цIалулеб программа


Кьиндал хутIун, цоги заманалда сверухъ ругел регионазе ва хIатта къватIисел пачалихъазе бичизе гIураб электроэнергия чIезабула Дагъистаналда Сулахъалъул, ГIанди ва Авар гIорул лъеда рарал ГЭСазул читIиралъ. Гьединаб нигIмат улкаялъе щвезе къурбан гьаруна магIарулаз биги гIетIги тIун, аза-азар соназ цIунарал ва тIад хIалтIи гьабурал росаби, ахал, хурзал, харибакIал… Гьел къурбанал гIеларила, жеги ГЭСалги ралъадалги хIажат ругила МагIарухъ ва пихъал гьарзаял киналго гIодорлъаби  гъанкъизаризе кколилан абураб проект бихьула цо-цо энергетиказул.


БитIараб бицани, бокьилароан тIолабго Авария гьедин Атлантидалъун лъугьине. ХIамзатил Расулица жиндирго машгьураб асаралда некIсияб ЧIикIаб росу релълъинабун буго авар Атлантидаялда, магIарулазул хьиндалъиго гьединаб тIупаналъ бахчизе бокьилароан.

Ток чIезабулел идарабаздаса гIарзал камуларо гIадамазул хасго хасалил заманалда. Масала, Гумбет районалъул Гъоркь Инхо, ЧIикь, Килалъ, Гъоркьа Гьарадирихъ, Бакьулъ Гьарадирихъ, ТIаса Гьарадирихъ росабалъ анкьида жаниб чанцIулго сардилъ ток свинабулеб бугилан гIарзаби хъвана гIадамаз. Сакъаталги, хералги, гIисиналги цIорораб хасало канлъиги хинлъиги гьечIого толел ругила токалъул хъулухъчагIаз. Киналго гражданазе ток букIинабизе тIалъула гьел идарабазда.


220 вольт букIунаро ва ток свинабула


Гъоркь Инхо росулъа АхIмад ХIасанхIажиевас гьадин бицана: «Токалъул гIураб къуват букIунаро, 220 вольт гIолеб гьечIо. Гьелда тIадеги, анкьида жаниб чанцIулго ток свинабула. ГIадатиял гIадамазул ургъел гьабулеб гьечIо. Цо-цоязе ток бикъизе тун буго, хадуб гьедин ккараб налъи, канлъи свинабун, цогидазда тIаде рехун, лъугIизабизе жигар бахъула токалъул хIалтIухъабаз, МахIачхъалаялде кьолел жидерго хIисабал лъикIлъизе ва планал тIуразе. Росабалъ трансформаторал дагь руго, хIубал турун руго, кварал басралъун руго. Гьел суалазде кIвар кьезе ккола энергетиказ, гIадамазе гIакъуба кьолел рукIинчIого».


Гъоркь Инхо росдал бегавул МухIамад Ибрагьимовасухъе 40-50 гIарза бачIана, гьединаб ахIвал-хIалалда рази гьечIел росуцоязул. Гьеб масъала тIубазе тIадал идарабазде хитIабал щвезарун руго Ибрагьимовас. Гьединго ресал ралагьулел руго, росулъ цIияб трансформатор лъезе.


Халкъалъул тIалаб тIобитIулаго…


РакIалдаго гьечIого ва гIадамазда цебеккунго лъазабичIого ток свинабиялъ гражданазул магIишаталъе зарал гьабула, холодильникал ва цоги алатал рухIула, даран-базаралъеги рукIа-рахъиналъеги зиян гьабула. Гьединлъидал, Дагъистаналъул энергосбыталъул ва цоги компаниязул хIалтIухъабаз халкъалда бичIчIизабизе ккола щибаб ток свин кинаб гIиллаялъ кколеб бугебали ва къокъаб заманалда жаниб гьединаб хIужа тIагIинабизе ккола, гIадамазе канлъиги хинлъиги букIинабизе тIадаб буго гьезда.

Токалда хурхарал ва цогидал суалалгун редакциялде кIалъала, кагътал хъвала гIадамаз. Гьеб буго гьезие законалъ кьураб ихтияр. Халкъалъги иш тIаде кколел идарабазги къимат кьезе ва хIалтIи гьабизе, гIадамаз рорхарал масъалаби къватIире кьола ва кьезеги руго (иншаАллагь) информациялъул алатаздасан. Аваразул адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажиясго хъван гьечIищха: «Абе дуца хIакъаб жо, хIинкъичIого, квешабги», - абун.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +122
  • Нравится
Оставить комментарий
Валлагь лъаларо ,Х1амзат щиб ц1ик1ун бугеб эл маг1арухъ ругел гэсазулъ пайдайищ ,квещлъиищ маг1арулазе,дида кинабниги пайда бихьулароха (,намус сун унеблъиялда цадахъ(
eldar suguri,

ЦIакъго гIемер лъел станциял раялъ, ракь багъариялъул хIужабиги цIикIкIинаризе рес буго. ГIемер лъадахъ ани, гIеретI бекулилан кици буго магIарулазул. Нилъер тарихияб ВатIан, тIупан тIун, лъадал тIинда бихьизе бокьарал камулел гьечIо.

Hamzatavari,Гьелъ дида раялъего пайдаго бихьуларо,нилъерго ракь жагъал гьаби гурони,йа г1адамазе,токалдалдалъун ругел скидкаби гуро,йа гьениб х1алт1и гуро!
МагIарулаздаги цIехечIого, рана нилъер ракьалда гьел ГЭСалги, гьаруна чIахIиял хIоралги. Гьеб мекъи букIана. Гьанже гIадамазул пикру гьикъулеб гIуцIи бугин пачалихъалдаян абулелъул, тIадчагIи гIенеккизе ккелаха халкъалъухъги. Гурони, батIияб сиясаталъ лъикIалде рачунаро.
Hamzatavari,Г1урусазул аби буго "Анкьц1ул борци,цин къот1и абун",т1оцебесеб иргаялда, росабалъ ругез суал кьезе кколаха жидеего,щибизе эл гэсал жидеян,кинаб хайир элъ кьелеб дие,росдае ,т1абиг1аталъе,х1акимзабазул абиязе божич1ого)
Был у нас как-то работник, который все время хотел закись азота купить Москва круглосуточно 24x7 без посредников.
Но все равно не нашел и купил диплом о высшем образовании, а писать-то грамотно не умел и работал у нас дворником на 0,5 ставки.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook