Авторизация

ГIолилазул гьунаргун бажари рагьулеб дандчIвай

Къуръаналъул аятал цIалиялдалъун рагьараб гьеб тадбир нухда бачана АОО «Ас-Патриоты» гIуцIиялъул председатель ГIабдулхIамид ХIажиевас.

ГIолилазе бичIчIи кьеялъул ва баркала загьир гьабиялъул кIалъаялгун кIалъазе рахъана Дагъистаналъул динияб комитеталъул вакил ГъазимухIамад МухIумагъазиев, ДРялъул лъайкьеялъул министерствоялъул вакил МухIамад ГIабдулаев, районалъул бетIер МухIамад ХIасанов, районалъул имам МухIаммад ХIамзатов ва цоги жамгIиял гIуцIабазулъ жигараб хIаракатчилъи бихьизабулел нилъер гIолилазул церехъаби.

ГIолилазе жиндирго разилъиги загьир гьабун, районалъул бетIер МухIамад ХIасановас тIадчIей гьабуна цIалулъ, спорталъулъ ва цоги батIи-батIиял бутIабазда нилъер гьез рихьизарулел лъикIал хIасилазда. ЛъикIаб пикругун пайдаяб иш гьабулел гIолилазе, районалъул нухмалъулезул рахъалдасан, кидагосеб квербакъиги букIине бугин абуна гьес.

Гьеб данделъиялда районалъул нухмалъулел ва цогидал хIурматиял гIадамал гIахьаллъиялъул бугеб кIваралъулги бицун гьезие баркала кьун кIалъай гьабуна «Шамил районалъул гIолилал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев МухIаммад Дибировас.

Гьенирго къиматал шапакъатал ва сайгъатал кьун кIодогьаруна спорталъулъ, цIалулъ ва цогидал рахъазда районалъул къадру борхунеб цебетIей бихьизабулел гIолилал.

Данделъиялъул ахиралда  районалъул бетIер МухIамад ХIасановас абуна гьединаб тартибалда ва магIнаялда гIуцIарал дандчIваяз рес кьезе бугин гьунарги бажариги бугел гIолилал тIатинаризе. Гьенибго гьес жаваб кьуна данделъаразул суалазеги.


Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook