Авторизация

Машгьуралги машгьурлъиялъе мустахIикъалги…

ЦIалана «ХIакъикъат» газеталда «I00 ва цIикIкIун машгьурал магIарулал» абураб сияхI. ЦIалунго букIинчIебани. Цо машгьурасда тIад кIиго машгьурав гьечIевги къан кьураб гIадаб сияхI буго гьаб.


Гьадин гьабулеб бугони, гьаб сияхIалда цIар букIине ккола, «ГIалил, ГIумарил яги Къурмангъизил хIисабалда, гьав 100 чи вуго машгьурав магIарулав» - илан. Амма, Бахул, ХIамидил яги ХIуризадал хIисабалда гьел рукIине бегьула тIубанго батIиял чагIи.


Гьедин ккечIого букIине, цин кьезе ккола чIван-къотIараб баян, щив кколев машгьурав магIарулав. ЦIар рагIаравго бокьарав чиясда лъалевищ яги улкаялъе пайдаял ишал гьаруравищ, яги тарихалда лъалкI таравищ? Заралиял ишал гьаруралги бегьула гурищ машгьурлъизе. Пайдаго гьечIелги рукIине бегьула машгьурал. Кутакалда пайда бугел гIемерисел, жедерго намусаб гIамалалъ, гIадамаздаго рагIичIогоги уна гьоркьор.


Чан магIаруласда лъалев Хандиев МухIамад, кигIан кутакав гIалимчи вукIарав ватаниги? Хандиев МухIамад лъалел чагIазда МухIамадов МухIамадги лъала, цойги МухIамадов МухIамадги лъала, МуртазгIалиев АхIмадги лъала, Вакилов ХIайбулаги лъала… «ВахI, ал щайха гьечIел» - илан кьучIчIаб суалги бачIуна. Цо машгьурал, цо машгьурал гьечIелищ гIалимзаби рукIунел? Цо лъалев чиясда, киналго лъала, машгьуралги рукIуна.


Гьикъеха магIарулазда щив Пакъалов ГIумарилан… яги ХIажимухIамадов Салманилан… Лъаларо. ХъазангIалипов МуртазгIалиги лъаларо. Лъалелги рукIина, гIемерисезда лъаларо. ЛъангутIи кутакалда квешги буго.


Исламов Ислам машгьурав чи вугищ? Щивха гьев? Гьев вуго пайдаял ишаздалъун тарихалда лъалкI тарав ЧIохъ росдал колхозалъул пирсидател. Машгьурав чи гуроха. Гьединал председателал гIемер рукIана нилъер. Раджабов Дударгицин гIемерав чиясда лъалев ватилин ккола дида Исламидаса. Дударие пачалихъалъ орден Ленина, орден Трудового Красного знамени, орден Трудовой славы шапакъатал кьуна, СССРалъул Верховный Советалъул депутатлъунги вищана. Вугищха гьабсагIат гьев машгьурав? ГьечIо. Гьедин ватилаха сияхIалдаги гьечIев.

Нилъер руго кигIан бокьаниги республикаялъеги улкаялъеги пайдаял ишал гьарулал, тарихалда лъалкIги тарал, пачалихъалъул шапакъаталги щварал, амма машгьурал гурел гIадамал.


Нилъер руго кигIан бокьаниги республикаялъеги улкаялъеги пайдаял ишал гьарулал амма лъиданиги лъаларел, лъазаризе нахъа чагIи рукIинчIел магIарулалги.


Улкаялъ шапакъатаздалъун гогьдаризаричIел, амма тарихалда кIудияб лъалкI тарал машгьурал магIарулалги руго.

Киназул сияхI гьабали, макьу тун, квен тун  ургъаниги, дида лъачIо. Гьаб буго дов гьардухъанасул гIатI гIадаб сияхI, чемпионастIе щайихги жуван, тIадеги шагIирги рехун, тIаса председательгун партизанги вахъун.


Нуж машгьурал гIадамазул сияхI гьабулел ругел ратани: Баху-Меседу Расулова ХIажи Гъазимирзаевасдаса машгьурай йигин абураб жоялда дун божуларо. ГIабдулмажид Хачалов Салимханов Юрийидаса машгьурав вукIин дида ракI чIчIун лъала. Балакиши ГIалибег лъаларел чагIаздацин лъалев ватула ХIажи. ГъалбацIов ГъазимухIамад лъаларев чи магIарулазда гьоркьов ватизе захIматаб жо буго. Гьевги унев ватичIони машгьурал магIарулазул сияхIалде гъорлъе… Дида лъалароха.


Гьабулеб бугони гьадинаб хIалтIи гьабизе ккола рагIа-ракьанде щун, чи тIад кIалъалареб хIалалъ. Дун гIадинал гIадатиял магIарулаздацин, тIасан кIалъазе гуреб бакI батулареб жойищ букIунеб машгьурал магIарулазул сияхI.

МахIач ДахIадаевги ХIоцоса Нажмудинги цого сияхIалда рукIунел кинаб гIаламат?

КIиго гурони Устар вукIинчIищ нилъер? ХIасан Устар гьечIищ машгьурав магIарулав?


Дир хIисабалда машгьурал чагIазул сияхI гьабулеб бугони, гьеб букIине ккола цIакъго машгьурал чагIазул, киналго магIарулазда лъалел чагIазул. Нусго чиги гьенив гIоларо. Жинда-жинда лъалел рукIина, амма киназдаго лъалеб машгьурлъиялъул чагIи гIемер рукIунаро.

Машгьурал чагIазул сияхIалда, битIун гьеб гьабулеб бугони, рукIуна гIемерисел политикал, кочIохъаби ва артистал. Телевизоралдасан рихьизарулел, школалда лъималазда малъулел, цо-цогIаги юбилеял гьарун кIодо гьарулел шагIирзаби, хъвадарухъаби. ТIокIав чи нилъер машгьурав гьечIо. Бицеха лъалел ратани машгьурал гIалимзаби, учительзаби, врачал, къадахъаби, гIухьби,

Республикаялъеги улкаялъеги пайдаял ишал гьарулал, тарихалда лъалкIги тарал  магIарулазул сияхI гьабулеб бугони, гьеб букIине ккела батIа-батIаго гьабураб. ГIалимзаби батIаго, жамгIиял хIаракатчагIи батIаго, политикал батIаго, диниял гIалимзаби устарзаби батIаго, колхозалъул председателал батIаго, кавказалъул рагъул бахIарзал батIаго, профессорал батIаго, спортсменал батIаго… ХIасил калам: партизанал батIаго - бандал батIаго.


Кутакалда лъикIаб  хIалтIи буго, лъикI гьабунани. Дагьабги кутакаб жавабчилъиги буго. Гьелдасаги кутакаб, кIудияб хIалтIиги буго. Гьеб гьабулеб комиссиялда гъорлъе жиб-жиб росдал тарихги машгьурал гIадамал лъалел чагIиги рачине ккела. Киналго росабазул бажарулеб гьечIони, районалъулгIагиха. «Ле, бахIарчи, гьав нилъер ЛъикIасул Къурбан щай, вац, гьаб сияхIалда гьечIев», - илан гьикъизе чигIаги вукIинеха.


Амма, магIарулазда цIакъ лъикI лъала Муса МухIамадов Дагъистаналъул халкъияв шагIир гурев хъвадарухъан вукIин.

                                                                                                                             ЛъикIаб нигатгун Баху МухIидинова


Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +7
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook