Авторизация

Инхоса ГIали-хIажи – магIарулазул хIикмат


Инхоса ГIали-хIажияс 175 сон тIубаялде


Инхоса ГIали-хIажи – магIарулазул хIикмат


Авар мацIалъул эмен, миллат ккураб цо хIуби


2020 соналда магIарулазул машгьурал рагIул устарзабазул юбилеял руго. ШагIир, гIалим, гIакъил, аваразул ва Дагъистаналъул адабияталъул классик Инхоса ГIали-хIажияс 175 сон тIубала исана.


Мадинатул наби, нур бараб шагьар…


Инхоса ГIали-хIажи ккола магIарул халкъалъул гIаламатазул цояв, унго-унголъунги халкъияв, нилъер миллаталда жиндир асарал рекIехъе лъалев шагIирги гIалимги. Кинидахъ рагIана тIоцере ГIали-хIажиясул мухъал. Гьел назмаби ракIалдасан ахIулаан жиндир хIал алжаналъуб батаяй кIодоца, СагIадуллагьил ПатIиматица.


Мадинатул наби, нур бараб шагьар,

Щвезе гIагарлъидал, гIамал хисана.

Хирав ХIабиб вугеб ХIарамалъул ракь,

Дуда хIетIе чIедал, дун хIайранлъана.


Гьел ва цогидалги ГIали-хIажиясул асаразул мухъал гьитIинго риун тIуна рекIелъе ва ботIролъе.

Гьедин халкъалъул хазиналъул, миллаталъул рухIияб бечелъилъун лъугьиналдаса кIудияб даража кинаб букIинеб шагIирасе.


Рагъул дангъва чIвараб Дагъистаналъул

Салам бугин абе имамасдехун


Гьанир тIадехун рехсана Инхоса ГIали-хIажияс мукъадисаб Мадина шагьаралда хъварал мухъал. Гьединабго камилаб мацIалда ва гъваридаб пикругун къалмиде босараб къасидат ккола «Макка бахъиялъул туркиги». Шамил имамасул ва цогидал магIарулазул бахIарзазул хIакъалъулъ хъварал гьесул асарал ккола Дагъистаналъул адабияталъул борхалъи, хасаб лъугьа-бахъин.


Гьаб заманалдагицин жинда бугьтанал лъолел цо-цо руккелал камичIев, Кавказалъул миллияв чIухIилъун ва диналъул багьадурлъун кколев Генуса Шамил имамасул сипат рагIа-ракьанде щун бахъун буго Инхоса ГIали-хIажияс. Гьеб поэмаялъул байбихьудасанго КIудияб Кавказалъул рагъги гьелъул гIахьалчагIазул бахIарчилъиги цере лъун рихьизарулел руго шагIирас:


Гьаб Дагъистаналъул гъажалда лъурал

Рагъул чинал руго, чидай щоларел.

Чанги магIна бугев магIаруласул

МугIрузде биччараб чIухIи бихьулищ?

ЧIван хвейги гIид буго гIолохъабазе,

ГIалам урхъараб цIар нахъе бугони.

Берал къанщунилан, къадру холаро,

Халкъ бахилаб гьунар бицаде тани.

Балагьалъул къояз къирарал цаби

Къалмаллъун рахъуна нахъе ругезе.

Рагъда гьунар тIокIал гьудулзабаца

Гьал мугIрузда чIвана чIухIун байрахъал…


Тушбабазул рагъаз ругънал гьарураб

Дагъистан къачIазе къотIи босана


Хадуб ГIали-хIажияс бахъулеб буго аваразул нартасул – Шамил имамасул сипат-сурат:


Рагъда къо хIехьолев, хIалхьи лъаларев,

ХIал-зулму рихарав, хвалчен лебалав,

Гьал шурутIал чIарав щулияб кьуру –

Шамил имам тезе тасдикъ гьабуна.

Тушбабазул рагъаз ругънал гьарураб

Дагъистан къачIазе къотIи босана…

ВатIан гьитIинасе, гьунар тIокIасе

ТIолго улкабазул баркала щвана,

Шавкат кутакасе, кумек дагьасе

Дандиял къулулел къиматал щвана.

МагIарул чияли чанги вагъарав,

Чол кьолода жаниб жемун мусругун.

Чанги бахIарзаца рухIал ричарал,

Чорокаб къавмалда дандеги рагъун.


Тарихиял поэмабазул жанр, щвалде щун, заман, бакI, гIадамал ва рукIа-рахъин рагьун, цебе лъолеб куцалда кьун буго ГIали-хIажияс.


ХIижаз гIарабиязул кIиго кьибил букIараб,

Цояб – бану бакрулал, цинги – хазагIатилал.

КIиябго кьибилалда цо-цо гьудул вукIарав,

Цоцазде, мех-мех бихьун, хьвади гIадатлъун ккарал.


Гьединаб къагIидаялда цIалдолезда некIсияб гIасруялда гIараб ракьалда букIараб ахIвал-хIал цебе чIезабулеб буго шагIирас. Гьеб кIиябго кьибилалда гьоркьоб кьал ккеялъулги хадуб Маккаялда ислам тIибитIизабиялъулги мухIканго, рехсолел лъугьа-бахъиназда гъорлъ гIахьаллъарав чияс гIадин, хъван буго Инхоса ГIали-хIажияс.


ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарас…


Инхоса ГIали-хIажиясул ва гьесул рухIияб ирсалъул хIакъалъулъ хъвана тIахьал, гIелмиял хIалтIаби, художественниял асарал. ШагIирасул рухIияб нахърател бакIариялъе кIудияб хIалтIи гьабуна Инхоса ГIусман-хIажи МухIамадовас. ТIоцебе ГIали-хIажиясул тIехь къватIибе бахъана Дагъистаналъул халкъияв шагIир, драматург, прозаик ГIабасил МухIамадица. Диниял асарал гьукъараб советияб заманалда гьеб мажмугI биччай букIана ГIабасиласул гьунар, бихьинчияб иш, республикаялъул адабияталда цебе гьес борхараб цоги тIадегIанаб борч.

ГIали-хIажиясул ва гьесул асаразул асир ккола Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, халкъияв шагIир МухIамад АхIмадовги. Гьес классикасул хIакъалъулъ хъварал асарал рахъана батIи-батIиял тIахьазда, таржамаби гьарун, къватIисел улкабаздагицин басмаялда кьабуна гьел.


Дагъистаналъул Муфтияталъул хIаракаталдалъун щуазарго экземпляргун къватIибе биччана ГIали-хIажиясул асарал рахъараб ва гьесул гIумрудул бицунеб тIехь. Гьединго «Гумбет» басмаялъул жигаралдалъун, федералияб Геннадий Тимченкол цIаралда бугеб грантги бергьун, цIалдолезухъе щвана МухIамад АхIмадовас хъвараб «ГIакълудул ралъад» абураб мажмугI.


Филологиял гIелмабазул доктор Чакар Юсуповалъ басмаялда бахъана «Инхоса ГIали-хIажи. ГIумру ва асарал» абураб тIехь. ШагIирасул щибаб юбилеялде тадбирал гьаруна гьесул гIураб росулъ, районалда ва МахIачхъалаялда. Инхоса ГIали-хIажиясул цIар кьун буго Бакълъулазул районалъул аслияб библиотекаялъе, Хасавюрт шагьаралъул къватIалъе, ТIад Инхо росдал гьоркьохъеб школалъе.

ГIали-хIажи мустахIикъав вуго жеги цIикIкIараб хIурматалъе ва адабалъе. Гьесул кицабиял алпазал цIакъ рокьула магIарулазе. Лъида лъаларел гьесул машгьурал рагIаби:


ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарас,

БекьичIого, лъилъе, нилъ гьечIого, хур.


ГIажаибаб къисматалъул, къадруяб хасияталъул, гъваридаб пикруялъул, бацIцIадаб гIамалалъул, камилаб иманалъул инсан вукIана Инхоса ГIали-хIажи. Нилъее киназего тавпикъ кьеги гьесул асарал цIализе ва гьезул магIна босизе. Амин.


Инхоса ГIали-хIажиясул дарсал


Инхоса ГIали-хIажи – магIарулазул хIикмат

Инхоса ГIали-хIажи – магIарулазул хIикмат,

ГурхIулев БетIергьанас халкъалъе кьураб нигIмат,

ГIелмудулги кочIолги кунчIи лъугIулареб бакъ,

Бакълъулазул рахъалъул байрахъги, рухIги, яхIги.

МухIаммад расуласул ирс босарав дагIватчи,

РагIул багьадуразул багьа бергьарав игит,

Авар мацIалъул эмен, миллат ккураб цо хIуби,

ХIакъаб къваригIаразе къарнабаз тараб хIужа.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +15
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook