Авторизация

Суратаздаса нилъ нечараб заман

      Суратаздаса нилъ нечараб заман.. 

           Чамалиго соналъ данде кIутIун редакциялъул нахъа-рокъобе бараб архивалъул ва цогидаб къайи-цIаялъул халгьабулаго тIадеккана, мугъалде руссинарун лъурал, цереккун магIарул казияталъул нухмалъуда рукIарал миллатцоязул суратал. Художникас махщалида рахъарал гьел гьадигIан кIваргьечIого бокIнилъе ран ратиялдаги гIажаиблъана, гIажаиблъизе жого хутIичIеб хиса-басиязул заман гьаб бугониги. Балъго гьабун щай, дунго намуслъана суратаздасан дихъ благьарал гьел гIадамаздаса. ГIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ цебего нилъер халкъалъе гьаб казият гIуцIарав МахIач Дахадаевасул ва гIемерал соназ гьалъие нухмалъи гьабурав  ХIажи ГIариповасулги суратал, хIуралдаса рацIцIа-ракун  дирго хIалтIул кабинеталъул къеда рана.  Намусалда кьабулеб цIал киннигин дуго гьел дида дандритIун. МахIачил берзул ишан бугоан рикIкIаде буссун:   «хадубги щибдай гьаб дир халкъалъ жиндирго миллияб басмаялда гьабила»- ян абулеб гIадин; ГIарипов ХIажи бадиве вуссун: «жакъа щибха дуца гьабулеб бугеб?  - ин, сурав босулев киннигин суал кьолев. ГIариповасда бадие юссинеги кIоларого,  «доб заманалъ миллаталъе гьаб казият гIуцIулезда гьоркьойго йикIарайанищ дун, миллиябщиналъул ургъелго гьечIелаздаса гьаб  цIунулезулъ ятIичIого»-ян,  цо чараго хвараб гIадаб жаваб буго дирги.

      ГIумруялъул 95 сон тIубалаан исана ХIажжи ГIариповас. КIикъогоялдасаги цIикIкIун соназ Дагъистаналъул информациялъул алатазул нухмалъуда хIалтIарав гьесул бажариялъулги, гьес хъварал анцI-анцI очерказул ва тIахьазул жакъа гьаниб бицинаро, хадуб хIатIидго кьела.  Гьес хъвана жиндир заманалъул бахIарзазул, рагъда хадусеб гIумруялъул,  хIалтIана доб заманаялъул низамалъ тIалаб гьабухъе, хасал пикрабигун данде чIезеги рес букIинчIо лъиего, кигIан гьунар бугесеги.

Улкаги биххун рагIуй эркенлъи щведал гьунар бугел магIарул гIолохъабазе бокьана, жидерго бажари-жанги кьун,  цIияб заманалда рекъон «БагIараб байрахъ» гIуцIизе. Гьеб пикру загьир гьабулаго ГъазимухIамад ГъалбацIовас хъвана 1991 соналъ къватIибе биччараб» Сабаб» журналалда:

 «.. Киналго магIарулаз, багьаялъухъ балагьичIого газета хъвазе ккани:

    ТIоцебесеб иргаялда, хIалтIудаса нахъе ине ккола гьелъул редактор ГIарипов ХIажи. МагIарулаз кьела гьесие ракІ–ракIалъулаб баркала гьанжелъагIан газета бачаралъухъ, цадахъ хIалтIарал гьалмагъзабазеги кьела. Газеталъе, нилъер заманалда, нухмалъи гьабизе ккола батIияб пикруялъ, чIаголъиялъ, гьанжелъагIан гьабичIеб къагIидаялъ.. 

КIиабилеб иргаялда: нахъе ине ккола ГIарипов ХIажилгун пикру данде кколевщинав журналист. Гьел квешал рукIун гуро – гьанжелъагIан «КПСС» – илан абураб рагIиялдасан байбихьун гурого цониги макъала хъвачIого.. 

   Газеталда цIикIкIинаризе ккола гIолохъаби.. Газеталъул редакция гьабсагIат цIияб цIаралъе ургъулел руго, амма дун хIинкъун вуго «БагIараб байрахъги» нахъе бахъун «БилбагIараб байрахъ» лъечIониян – букIаралдаса квеш гьабизе лъала нилъеда.. 

Цойгиги, тIарамагъадисеб. Газета кьучIдасанго хисизе ккани, къваригIуна гьунар. Амма, гьеб Аллагьас кьолеб жо бугоха..» 

     ГIарипов  магIарул газеталъул нухмалъудаса нахъе ана жиндиего бокьун, 62 сонил ригьалда. ХIалтIи бажаричIогоги гуро, бетIерав редакторасул хъулухъ бокьарал цIикIкIунел рукIин бичIчIун, заманалда рекъон гьарудизе гьезие ресги кьун. Редактор хисаниги, цIар хисаниги рази вукIинчIо ГъалбацIов  казияталдаса. Гьесулъ букIана гьалдолеб гьунар. Гьеб «гьалдей»  «ХIакъикъаталъул»  нухмалъулезе хIажатго гьечIин рикIкIунаан  ГъалбацIовас гуребги. Амма абизе кIоларо гьунаралъе роржен гьаниб кьолебго букIинчIиланги. Гъурщал дагьал ругониги, гьоболги гIемераб, гIумруги гьалдолеб заман гIезегIан букIана редакциялда.         

Квешлъи рекIелъ цIуничIо

    ТIадруссинин ГIариповасде. Жиндир гIакъиллъиялъ, сабруялъ, цокIалаб магIнаяб гIамалалъ гIадамазда гьоркьоб къадру-къимат щулалъарав чи вукIана гьев. Лъаларев рекIеда ватизавун, гIолилазе малъа-хъваял гьарулев вукIунаан ХIажи хIалхьиялде ун хадувги.

      ГIарипов хисун  Камалов редакторлъун вачIарал къояз гьадин хъвалеб буго газеталда, жиндир  мунагьал чураяв, МухIамад-султIан Шахтамановас:

    «..ЛъугIана цIияв редактор вищиялъул данделъи. Киналго разиго ругоан дагIба-хабар ккечIого, ракълилаб куцалда, берцинго гьеб иналдасаги тIадецуй гьабичIого коллективалъе вокьарав гьалмагъ вищизе учредителаз рес кьеялдасаги.

ЦIияв редакторлъун ккарав Камалов ГIалида ракI-ракIалъгоги баркун киналго къватIире рахъана, гIемерал соназ редакциялъе нухмалъи гьабурав ХIажи ГIарипов хIурматалда тIовитIизе..

     «Комсомолец Дагестана» газеталъул редакторлъунги, Гостелерадиокомитеталъул, председателасул заместительлъунги хIалтIарав, гIурус мацIалда хъвадарулев ГIарипов тIоцеве «БагIараб байрахъалде» вачIараб мехалда ракIалдеги кколаан, хIатта нахъасан цо-цо рагIабигицин рехулаан, гьанже магIарул газеталъул редакторасда магIарул мацI малъизе ккелилан. Амма, ниж рекIеда ратилелдего бихьана, гьеб рахъалъги гьес бокьарасе «дарс» кьезе кIолеб букIин.

  Бахиллъулаан хIалтIуе гьесул бугеб хIикматаб бажариялда, къо хIехьеялда, свак гьечIолъиялда..

    ХI. ГIариповасул хасияталъул гьеб къвакIиги, рагIи бадибе абулеб къагIидаги, тIоцебесеб иргаялда жиндехунго хадуб цогидаздехун бугеб тIалабчилъиги цо-цо гьеб лъикI бичIчIуларез гьесул согIлъилъун толеб букIана. «Гьуинав» вукIинчIо гьев щибаб къоялъ цадахъ газета гьабизе кколев жавабияв секретарь - диеги..

   Амма дида бищунго ХIажил бихьинаблъун бихьараб хасият, гьес киданиги жиндие гьабураб квешлъи рекIелъ цIуничIо ва рецIел босизе лъугьинчIо. РухIдаллъулаан гьесул сабруялдаги, цо хIал ккун чIеялдаги. Критикаялъул бералдалъун ралагьани ХIажилги жеги гIезегIан гIунгутIаби рукIана. Гьевги инсан вугелъул. Амма сахаватав, намус-яхI бугев, хIалихьалъи рекIелъе биччаларев магIарулав гьев вукIин киназего хIакъаб жо букIана..»

       Къокъаб каламалъул, гIакъилав инсан

     Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъана МухIамад ГIабдулхIалимовас «Гьудуллъи» журналалда бахъараб макъалаялда гьадин ракIалдещвезавулев вуго ХIажи ГIарипов:

 « Гьев вукIана гъваридаб лъаялъул, къокъаб каламалъул, гIакъилав инсан. Я хIалтIулъ, я щивгIаги чиясда аскIоб жинде кинабгIаги гIайиб ккезе биччангутIизе яхI бахъулаан гьес. Гьеб букIана гьесул кIудияб бахIарчилъи.. 

   Халатал, чIамучIал макъалаби газеталда лъезе толароан. Гьес гьел  авторазухъе, цо-чанго  нухалдаги тIадруссинарулаан:  «цоги нухалда цIале», «кIвар кьун цIалеянги» абун..

 Узухъда, гьеб гьесие бигьаго букIинчIо. Гьес рикIкIунаан редакциялъул киналго хIалтIухъаби, живго гIадин, жавабчилъиялда хIалтIизе кколилан..

   ГIарипов ХIажи вукIинчIо политикаялда гьоркьове лъугьунев, гIадамазул пикру хIабургъинабулев хIаракатчи. Амма, балъголъи лъалев чиясда гIадин цебеккунго бичIчIулаан гьесда дунялалъул политикаялъ рачунеб бакI..» 

      Гьанжеялдаса къоло ункъго соналъ цебе хъвараб «Лъица гIезавулев президент?»  макъалаялда Россиялъул цIияв бетIерасул рахъалъ жиндирго пикраби гьадин загьир гьарулел руго ГIариповас:

«.. КъахIиса ГьитIихIмадибир вукIана цIаларав, цIодорав гIакъил. Гьес абулаан бицунелъухъги гIенекке, гIамалалъухъги балагьеян. Путиниеги лъикI букIинаан, улка чIунтизабуразухъ гIенекканиги, гьезул сурукъаб гIамал-хасияталда тIасан галиги тIамун, инагьдилел ругел гIадамаздехун вуссани. Гьеб мехалъ гьев лъугьинаан, олигархаз, гьезул телевидениялъ гьавурав гурев, тIолабго халкъалъ гIезавурав, Ельцинидаса тIуванго батIияв президентлъун..»    («ХIакъикъат» 3 февраль 2000 сон.)

    Метериселъул ургъел гьабун кьолеб пикруялъул гъварилъи гуребги, ГIариповасул асарал цIалулаго бихьула   бекIкIун мухIкан гьабураб болмацIалъул рагIул камиллъиги.

   «Телаандай бекьичIого къали хьалебниги хур?» макъалаялда редакциялде магIарухъа рачIарал кагътазул обзор гьабун бугоан ГIариповас. Гьенирго мисалал рачунел руган  бачIин кьоледахъ ракьал хIалтIизарулезулги:

     «..ГIемераз абулеб буго магIарухъ ругел ракьазда къадарго гурони жо бижуларилан, кигIан хъулухъ гьабуниги гьез хайирги кьоларилан..Умумуца абалаан Аллагьасеги хур рак чIвараб бокьулила», «квер ракул цIечIесул кIал нахул цIоларила»- ян. АнцI-анцI соназ ракул горо щвечIеб хуралъ цIун кьелищ? Кьеларо.. 

   КIочон толеб буго: гьеб ракьалъ хьихьун рукIана магIарулал,  гьеб ракьалда хьихьун букIана, гьанже магIишатазул ва гIадамазул бугелдаса гIемерго цIикIкIараб гIи-бицIи..

    Дир хIисабалда магIарухъ ракьал рехунтеялъе аслияб гIилла гьез бачIин кьунгутIи яги гIалхул болъоназ тунгутIи гуро.  Аслияб гIилла буго пачалихъалъ магIарулал, ракъун течIого, чадидалъун хьезари. Цо-кIиго соналъ гьеб чед гьечIого хутIани, телаандай магIарулас бекьичIого цо къали хьалебниги хур? РакIчIун абизе кIола-теларон..» ( «БагIараб байрахъ» I988 с. )   

      ГIурдаллъарал хурзаздаса, нусидаса цIикIкIун соназ архивалда сокIкIарал авар казияталъул тIогьиллъарал тIанчаздаса, къедаса балагьарал къадруял миллатцоязул суратаздаса нечараб заман буго нилъей щун.

ПатIимат ГьитIинова

 


Автор: Пат1имат Гьит1инова

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook