Авторизация

Гьаниса Гьоноде чапар вит1ани...

Гьаниса Гьоноде чапар вит1ани…

                                                              Дир гьудул Мух1амадрасулие

Щиб дида раг1араб, щиб дида лъараб?

Лъарлъун лълъаранибе чваххана чагьир.

 Гьираялда дица къабул гьабуна,

 Къоял ч1вазе т1олеб чогьрол гьалмагьир.

Гьир бак1лъулеб буго дир пикрабазул,

 Зулмуяб заманалъ зар буго букъун.

 Рекъон гьеч1о жакъа гьекъон вук1ине,

Гьукъараб бокьараб кьураб щай дир рак1?

Мат1уялда цеве эхетун вуго:

 Иххал хаселазде сверун рихьула.

Сверун ккун вуго дун квешал гьаркьаца,

Гьаб ракьалъе кьолел кьог1ал  г1азабаз.

 Г1азу балеб буго дир пикрабалъе,

 Балъголъидул болъо бахунеб мехалъ.

 Вахунев вуго дун дирго муг1рузде,

 Маг1арулал ругел борхалъиялде.

Раг1ула Бакълъухъе ах1улеб гьаракь,

 Гьардарав Бет1ергьан, ц1уне гьеб росу.

 Гьениса гьудулас бач1араб кагьат,

 Ругьнада ч1ортолъун ч1ван буго дица:

«Гьаниса Гьоноде чапар вит1ани,

 Чугун, рогьалида нахъ вуссинадай? 

Унтарав гьудулас ах1и банани,

 Ах1мадил Мух1амад рокъов вугодай?» 

Щиб дида раг1араб? Щиб дида лъараб?

Лълъаранибе ине биччач1о пикру.

 Рух1алъул хьухьелалъ хъах1ил зобазда,

Хъах1ал нак1к1ал тана керен бух1арал.

Вахъа сапаралде Мух1амадрасул,

 Росулъа босе дий ях1алъул г1анса.

Г1анси т1аде т1урал т1олго ургьелал,

Гъугьазе гьаризе коч1ол мухъазулъ.

Коч1ол зинаялъул шаг1ир гуро дун,

 Шарг1алъул шиг1рулъун лъугьана г1умру.

 Даимлъиялъул ц1ва, даимаб зодихъ,

Дихъ балагьун гьанже нечезе гьеч1о.

Чапар вит1иларо дица Бакълъухъе,

Бакъуда къвал базе дунго вач1ина.

Дуниялги к1очон, К1удиясул хоб.

Зоб г1адин каранде бачина дица.

«Ц1еч1ел ц1урахинк1ал» г1емераб дунял,

 Г1емеразда гуро бич1ч1араб, лъараб.

Бакълъухъ бакъ букъараб  Гох1деги вахун,

«Гурх1а Бет1ергьанин», - гьабила гьари.

Цинги Сулейманил Мух1амадихъе

 Ях1 борцунеб роцен босизе щвела.

Щвараб г1ор г1адинав маг1аруласухъ,

Маг1у т1урал муг1рул т1аде къулила.

Бах1арчи холаро тушбабаз ч1ванин,

Тушбаби гьев ч1вараб къоялъго хола.

Хвел гьеч1олъиялъул ц1ияб ц1ва тана,

 Ц1ар борхатав васас Дагъистаналда.

 

 «Бице аваразул ахирав шаг1ир

Щиб х1ал дур бугебин?»  -  гьимулаан дов.

Гьими досул г1адаб дида бихьич1о,

 Бихьинал дов г1адал г1емер рижич1о.

Дир расги лъик1аб х1ал гьеч1о, Мух1амад,

Х1алихьалъиялъул ц1уна Дагьистан,

Амма, мун г1адинал васал гьарураб,

Гьеб кидаго ч1аго бук1ине буго.

Дун вач1ине вуго Жабраг1илихъе,

Жаниб жа бук1араб бокалги бекун.

Беканаг1ан кант1и лъалареб бет1ер,

Бет1ергьанасухъе кин босилебин.

Нилъер гьудуллъидул  х1ухьел г1адинав,

Х1амзаев, зобазухъ валагьун ч1ч1ела.

Гьунаралъул ч1ч1ваби звангьезе гьарун,

 Зобалазул ч1умал к1оч1олъги рахчун.

Гьудуллъидул рокъов ункъавго гьудул,

 Ункъабго бок1нида г1одор к1усила.

Ункъабго рахъалда чирахъ бакила,

 Ункъго ицц г1адинан, цадахъ кунч1ила.

Чапар вит1иларо дица Бакълъухъе,

Бакъуда къвал базе дунго вач1ина.

Бакълъухъ бакъ букъараб гох1деги вахун,

«Гурх1а, Бет1ергьанин», - бет1ер къулила.

   Гьаб «Бакълъухъе кагъат» абураб кеч1 Ах1мадовасул цониги т1ехьалда гьеч1о, гьаб буго шаг1ирас гьудуллъиялъул гьа г1адин, рак1 рагьун, къоло цо соналъ цебе росулъ школалда х1алт1улев вугев дихъе бит1ун бач1араб   кагъат. Дихъго ц1унун хут1иялъ къват1ибе бахъич1огоги хут1ун батила.  Гьеб кеч1 дица г1иц1го рисалат г1адин къабул гьабич1о – авторасул жиндирго рек1елъ бугеб ургъелги, каранзул х1алуцинги, заманаялъ лъолел ругъналги загьир гьабулеб, дунял тун арал гьудулзабазухъги г1акъилзабазухъги унтараб рак1алъул къват1ибе биччараб х1ухьелъун бихьана. Жиндирго г1умруялъе суал кьолеб г1адин к1алъалев вуго гьев. Гьеб суал, дандерижи г1адин, доб х1алихьалъиги, зулмуги, ч1вай-хъвайги, хъамалчилъиги г1емерлъараб заманаялъе кьолеб буго шаг1ирас. Гьелдаго цадахъ гьес бихьизабулеб буго жив  вац1ц1адго,   киг1ан гьет1арал нухаз ва гьалагал чаххияз рахъ-рахъалде реханиги,  маг1аруллъи хирияв, росу-ракь бокьулев, рац1ц1адал ицазул чил-чили рек1елъ хъублъизе биччач1ого вугевлъи.

  Чанц1улго щвана Мух1амад Бакълъухъе, гьесие хириял:  Бакълъухъа К1удиясухъе, Сулейманил Мух1амадихъе, Г1абдулгъапурил Мух1амадихъе  ва Жабраг1ил Х1асановасухъе – гьезулгун рек1ел гар-гаралда  вук1ине, гьезул заназухъ г1енеккун ч1езе, г1умруялъул х1исаб гьабун пашманлъизе… .

     Ах1мадов живго лъалелде дида гьесул куч1дул лъалаан. 1985 соналъ армиялде унев чияс дица чанго маг1арул т1ехь босун бук1ана ц1ализе цадахъ. Гьезда гьоркьоб  бук1ана «Заманаялъул балладаби» абулеб Мух1амадил  гьит1инабго т1ехьги. Расулил ва  цоги нилъер маг1арул шаг1ирзабазул асаразде  ругьунлъарав дида гьаб т1ехьалда ругел куч1дул  цо киналиго бат1аго ургъизе т1амулел авар адабияталда рук1инч1ел г1адинал рихьана.  Ругизеги руго гьел, ц1и бахъараб нух г1адин, г1адан жиндего ругьунлъизе т1амулеб х1алалда хъварал. Гьесул цо гъварилъиги, пасих1лъиги, цебе адабияталда бук1инч1еб философияги – кинабго данде гьабун,   гьаркьикъал х1арпаз бакъан бачунеб г1адал    куч1дуз дие бат1ияб асар гьабун бук1ана. Лъарав къоялдаса нахъе жакъа къоялде щвезег1ан, абизе к1вела, Ах1мадовасул г1умру т1олго шиг1руялъе кьураб бугилан.  Гьесдасаги дунялалъулго адабият лъалев, гьелдаго цадахъ маг1арул адабияталъул ва фольклор хирияв, гьелъул къимат гьабулев, щибаб каламалъ пана гьавулев чи дида жеги дандч1вач1о. Гьесие квенги лъимги буго поэзия. Чанги сордо рогьун батулаан ниж, гьудулзаби, г1одор ч1ун, куч1дул ц1алулаго. Г1ажаибаб гьунар буго Мух1амадил  г1адамасе шиг1ру бокьизабизе. Лъик1аб кеч1 гьес къабул гьабула дунялалде  бач1араб лъимер г1адин недегьго, адабалда, рокьиги кьун.

ЩУАБИЛЕБ АПРЕЛЬ

Мух1амад Ах1мадовасе

Жакъа Табукалде ц1ад бана дагьаб, —

Дагъистан кин бугеб ихдалил г1ужалъ.

Г1араб авлахъалде нак1к1 лъолеб бугин,

– Бокьулеб Шурабе щенолеб бугищ?

Щиб х1алалда вугев, дир лъик1ав гьудул,

Лъимал г1олел ругищ, г1умру кин бугеб,

 Гъурбаталда ругел гьудулзабазул,

Гьабуларищ пикру, кин ругояли.

Кинаб асар бугеб авар шаг1ир дур,

Рик1к1адаса щварал нижей ц1ализе,

Ц1ияб г1асруялде нек1сияб сарин,

 Босиларищ цадахъ намус кинигин.

Квеш гьеч1о дунгоги. Квешаб жо буго,

 Лъик1ал лъугьиналде гьаб г1умру лъуг1и.

Ралъдалъе т1инк1араб къат1ра кинигин,

 Кидаяли нилъги т1аг1ине рук1ин.

Азалалда хъвараб къадаралдаса,

Къуркьизе бак1 гьеч1о махлукъаталъе,

 Лъаларо щибниги, гьудул Ах1мадов,

Жакъа Табукалде ц1ад бана дагьаб.

2001 с.

 


Автор: Мух1амадрасул Г1умаров

Баяналъул кьучI: Казият "ХIакъикъат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook