Авторизация

Маг1ил горо

МАГ1ИЛ ГОРО

Г1али-Х1ажи Мух1амадов

Роол хинаб къо бук1ана. Х1инкъигьеч1олъи ц1унулезул офицер Ах1мадил къокъа рек1араб газел машина шагьаралъул раг1алда цо-цо, к1и-к1и т1алаялъул рукъзал ругеб, Советияб заманалдаго т1ураб хъил бек-бекараб, машинаби доре-гьанире хьваг1езарулеб къват1ч1ван унеб бук1ана.Т1ад рет1араб чараб рагъулаб рет1ел, машинаялда жаниб бугеб х1алуциналъги, т1ад рет1араб гуллид борлъунареб, бак1аб бронижилеталъги базабураб г1ет1уца бак1-бак1алдаса биччизабун бук1ана. Бадире чвахулел г1ет1ул гарал гьас бак1аб каска-т1агъурги борхинабун, баг1араб лакайдул квердахелал рараб квералъ рац1ц1унел рук1ана. Г1одов ч1арав гьас накабазда лъун бук1ана патроназул магазиналги к1ирек1инарураб, т1асиялде бахинабун х1адурун тараб Калашников тайпаялъул автомат.

    Каранда чунтбузухъ къазарурал автоматалъул магазиназги, бак1-бак1азда дализарурал гранатабазги, мах1алда биццатаб ххамил гьабураб чвантида базабураб таманчаялъги гьав киноялда вук1унев рагъухъан-роботасда релъинавун вук1ана. Х1инкъигьеч1олъиялъул органазул х1алт1ухъабаз бицанихъе, гьанир цо рокъор рахчун рук1ине кколаан лъабго къоялъ цере милициялъул ункъо х1алт1ухъан шагьар бакьулъ ч1варал такъсирчаг1и…

…Каранзул квег1аб рахъалда ч1алида бараб рациялъул хъир-хъири бахъана.

Ах1мадица г1инги кьурун гьелъул гьаракь бахинабуна.

– Киналго къокъаби, г1инт1аме! Ч1езаре машинаби! Нухлул квараниса, г1урччинал каваби ругеб рукъ сверун ккве…Жиб-жиб къокъа цебехун бихьизабухъе х1алт1е. Воре ц1одорлъи гьабе, гъозухъ ярагъ буго! – ян раг1ана командирасул кьварараб буюрухъ. Машина гьеб параялъ ч1ана. Ах1мадица хьолбодехун ц1ан рагьараб нуц1ихъа къват1ире цере-хадур к1анц1ун арал г1олохъаби бак1аб ярагъ чвархъолареб куцалъ, катил рилъинги гьабун г1урччинаб кавуялъул к1ираг1алда къеда хьибилги базабун х1адурго ярагъгун кьералда ч1ана.

– Штурмалъулаб къокъа бигьа гьабун жанире, хут1аралги х1адурун ч1а! – ян раг1ана т1аде г1унт1арав командирасул иргадулаб буюрухъ. Т1оцевесес автоматалъул х1ара тункун рагьараб кавуялда бугеб гьит1инабго нуц1ихъа жанире хехгьабун микьгояв т1ерхьун ана. Азбаралде лъугьаравго Ах1мадил бот1ролъ хурхана «Гьанибни т1убараб Шанхай бихьулин» абураб пикру. Х1акъикъаталдаги гьенир азбар сверун рагъабиги ругел, г1исиналги ч1ах1иялги чаналалиго рукъзал ругоан. Гьадинаб азбаралда х1инкъи ц1ик1-

к1араб бук1уна-- кинаб гордухъа, кинаб нуц1ихъа реч1ч1ун бач1инебали лъаларелъул. Кавуялда дандбит1ун цебе бугоан к1амури гьабун бараб ицц.

Чвал-чвалиялда чвахулеб батараб лъим гьас кранталъул г1инги кьурун ч1езабуна.

Бащдаб саг1атниги бан батила гьазги т1аде рач1аразги квег1идаса байбихьун шибаб рокъоб мух1канго ч1ухь балаго. Кинабгоги гьениб бук1ана щуго бат1ияб рукъ. Цо рукъалда къват1исахун к1улал ран рук1ана. Гьезул мух1канго халги гьабун, ахираб кавуялдаса кваранидехун бугеб нуц1ил к1ираг1алда лъаб-лъаб чи т1епана гьазул.

Рек-рекарал г1ундузул, бицатаб габуралъул цевегосев гугарухъан Х1амзат нуц1ида г1инги ч1ван г1енеккана. «Гъора чаг1и руго» – ян ишаназ бич1ч1изабуна гьас хут1аразда.

– Рокъор чаг1и ругелищ? Ратани цо-цоккун къват1ире рахъа! Милиция! – ян ах1ана борхараб гьаракьалдалъун Х1амзатица. Жаниса сас-мах1 раг1ич1о.

Лъабабилебги нухалъ гьебго жо Х1амзатица ах1игун, жаниб рокъоб нуц1а рагьулеб къири бахъана.

– Кьвагьуге! Ниж къват1ире рахъина! – ян раг1ана ч1ужуг1аданалъул гьаракь.

– Рорхун квералгун рахъа къват1ире! —ян ах1ана командирас къеда гъежги бан нуц1ил хьибилалдаги ч1ун.

– Къват1ире рахъаралго гъоз бокьараб жо гьабизе рес буго, ц1одорго рук1а, г1олохъаби, – ян рациялдаса лъазабуна полковникас.

    К1ирагьулел нуц1бузул цоябги къирун, цере-хадур къват1ире лъугьун рач1ана ч1ег1ераб рат1лил руччаби. Беразе т1еренаб мухъ хут1ун гьезул гьумергицин бахчун бук1ана рет1елго г1адаб лах1ч1ег1ераб хамица. Ццидал ц1урал бералги гьазда реч1изарун хехгьабун кавудухъе унел гьел камандирас ч1езаруна.

– Гъора жанир т1ок1ал чаг1и ругелищ? – ан гьикъана гьас ч1варкьан бадие ялагьун ч1арай жаниц1ураб черхалъул ч1ужуг1аданалда.

– Раккеха жанире, нужее гурищ гьеб лъазе къвариг1ун бугеб, -ин хъач1го жаваб кьуна гьелъ. —Наг1ана батаял капурзаби!

– Йо, ч1ег1ераб нухъа! Бит1араб бице дуца! Ратани къват1ире раче гъол. Нижее гьаниб сверухъе г1адамалги х1инкъизарун ах1и-х1урги, кьвагьа-г1анхъиги, г1ададисел къурбанал къвариг1ун гьеч1о, – ян абуна гьезул ничбахъун бихьинчиясда к1алъай рек1ее г1еч1ев командирас.

– Гьеч1о гъора щалниги. Ч1обогояб рокъоре раккизеги х1инкъунищха нуж ругел? – ин суалгун жаваб кьуна дойго ч1ег1ераб рат1лилалъ...

– Нуж тайпаялда божизе бегьуларблъи лъала нижеда. Амма хадусала къвариг1ел гьеч1еб иш ккани г1айибиялги мунагьалги нуж рук1унеблъи лъайха.

– Г1айибиял ниж рик1к1ун гурищха нужги гьанире рач1арал? Аллагьас гьабила нужее рекъонкколеб тамих1, – ин абуна дойго г1аданалъ. – Бусурбаби абунги ратилаха…

– Къвариг1ел гьеч1еб ч1андаги тун дуца гъора жанир чаг1и ратани къват1ире раче, – ян абуна командирас. Бихьулеб бук1ана гьесул сабру лъуг1улеб бук1ин.

– Гьеч1о гъора щалниги, - янги абун руччабаз кавудахъе нух босана. Командирас ишанги гьабун гъозда хадур к1игоял рит1ун ана къват1ире. Кинго гъозда божизе к1веч1ев гьас «Ахираб нухалда лъазабулеб буго, рокъор чаг1и ратани рорхун кверлгун цо-цоккун къват1ире рахъа»! – ян ах1ана.

Руччабаз къирун тараб нуц1ихъа жаниве валагьарав Ах1мадида къваридабго, цояб кваранидехун цогидаб квег1идехун нуц1биги ругеб, т1уцабго жанах1 бихьулеб бук1ана.

– Жанире! Ц1одорго! – ян буйрухъ кьуна командирас.

Цебесеб кьерда вук1арав Х1амзатица нуц1аги рагьун х1ет1е жанибе бегьулаго т1а-т1алаго к1иго кьвагьи бахъана. Хадув г1унт1ун вач1унев Ах1мадил кодове щапун вач1ана Х1амзат. К1иябго квералъ къвалзукьаги ккун Х1амзат нуц1идаса хьибилалдехун ц1алаго Ах1мадида вихьана жиндирго ригьалъул бихьинчи жанах1алъуса цояб рокъове жаниве т1ерхьун унев. Цо лах1заталъ нахъеги вуссун дов чияс жеги т1а-т1алаго танчидаса кьвагьана. Нуц1ил хьибилалда къелъ реч1ч1арал гулбуз гамач1ги ракьги журарал кескал гьасул гьурмадаги карандаги реч1изаруна.

– Дида щванин ккола! – ян абуна къват1исахун къадал ракьанда вегизавурав

Х1амзатица.

 —Балагье гъов нажасас дир таманча хвезабураб куц. Бронжилеталда т1ад каранда седолеб ч1артикье къазабураб танчил т1агъи хъачагъасул гуллица рич1ч1и лъугьун гъурун бугоан.Гъобаса цо кесек реч1ун нилъалдаса заг1ипго биги бец1ц1улеб бук1ана гьесул.

– Ургъел ккоге, дие расниги ккеч1о, бронижилеталъги танчил т1агъиялъги дун гьаб нухалда хвасар гьавуна, – ян абуна Х1амзатица гьимизе ях1 бахъулаго. Гьасул ахирал раг1аби гучаб, цадахъго лъолеб кьвагьиялъ хъамун ана. Ах1мадил гьалмагъзабаз хъачагъ т1ерхьун араб нуц1ида гулбузул ц1ад базабуна. Цо лах1заталъ кьвагьи сасарабго гьазул гьудулзабаз къирараб нуц1ихъа жанире гранатаби рехана. Цадахъ г1адин рахъарал кьвагьиязулги, жанах1алъул бет1ералда гордуялъул ц1урдул ва жаниб къайи-ц1а гъурулеб сасги жубана. Командирас ах1и бан кьвагьи къот1изабуна. Гьеб лах1заталъ доб рагьараб нуц1ихъа къват1ибе рехун бач1араб граната Ах1мадил х1ат1азда цебесанги гирун дандбит1ун къадал ракьанда лъураб басрияб диваналда кьвагьана ва гьелъул къуваталъ эхедеги рехун диван к1алагъоркье реч1ч1изабуна… Гьелъ Ах1мадил г1ундул гъугълъизаруна. Къеда мугъги цун г1одовги к1усун гьас к1иябго квералъ г1ундул лълъулълъана. Сверухъ бугеб хъуй раг1изе бигьалъи кканиги г1ундузда жаниб къот1и гьеч1еб зун-зуни ч1ун бук1ана. Гьазие ккезехъин бук1араб балагь «къулч1араб» басрияб диван Ах1мадица бехъерхъун нахъа рахчизе квег1енлъи бук1унедухъ нуц1ик1алт1а рекъезабуна.

Нахъойги гьаз лъуна т1а-т1алаго халат бахъараб кьвагьи, гордухъе рехун арал гранатабазул кьвагьиялъ рукъалъул жанисал нуц1би к1алач1ван рагьун рач1ана ва к1к1уйги х1урги жубараб жо гордабахъанги нуц1ихъанги къват1ибе бурун бач1инеб бук1ана. Къадал ракьанда г1одовги к1усун рагьумах1уялдаги къеда гьоркьоб лъугьараб кьват1елалъухъа жаниве валагьарав Ах1мадида чехьат1аде рехарав, каранде далараб мегежалъул, х1алакъабго лага-черхалъул бихьинчи вихьана. Гьесул гьумерги квералги биялъ релъун ругоан ва аск1обго рехун «Стечкин» тайпаялъун таманчаги бугоан.

– Кьвагьи къот1изе те, гъосул иш лъуг1анин ккола! – ян лъазабуна Ах1мадица рациялдаса.

Аск1ове щварав командирас жанире, хут1аралги рукъзабазул халгьабизе ине амру кьуна. Кваранидехун рукъалъул рагьараб нуц1ихъа жанире гьазул ункъояв лъугьана. Кьвагьа-г1анхъиялъул х1асилалда гордалги жаниб бугеб къайи-къоноги гъура-чункараб саламатаб рукъ бук1ана гьеб. Кваранидехун горда цебе бук1ана басрияб маххул хьуриялъул кровать, т1ад т1амураб ургуги юргъанги г1одобе бортун бугоан. Ах1мадицаги гьудулзабазги ц1акъ ц1одорго хал гьабулеб бук1ана г1адан-чи вахчизе бегьулебщинаб бак1алъул.

  Рукъалъул квег1аб рахъалда бук1ана, баг1ар-чараб хамил пардав бигъараб нуц1а. Нуц1ил к1иябго рахъалда ц1одорго, х1адурун ярагъги ккун г1инч1ван ч1ана гьал. Жаниса кинабг1аги сас-мах1 раг1улеб бук1инч1о.

– Цин жанибе граната рехизе ккела. Бихьанищ гъос нилъее гьабураб рек1к1? – ин жанах1алдехун бет1ер хьваг1ана гьалмагъас.

– Гъора херал яги лъимал ратани? – ян шурун абуна Ах1мадица.

– Хералги лъималги ратани шайха гъос къват1ире рит1ич1ел руччабазда цадахъ? Рук1аралани гъоз ах1и-х1ур бахъинабилаан гурищ, – ин абуна гьалмагъас, Ах1мадица бук1ине рес гьеч1еб жо абураб г1адин.

– Жанир чаг1и ратани рорхун квералгун къват1ире рахъа! – ян борхараб гьаракьалъ ах1ана Ах1мадил гьалмагъас. Жаниса кинабг1ги сас раг1ич1о.

   Бигьагьабун нуц1ида бигъараб пардавги борхун жаниве ваккана Ах1мад. Гьит1инабго рукъалъул бусада къайи-къоно бук1ана г1адлу гьеч1ого щущан. Анлъго бер бугеб гьит1инабго гордойин абуни киналго ц1урдулги гъурун, къаданисаги бахъун бусада реч1ч1ун гъура-чункун бук1ана.Гулбуз къадазда г1емерал карт1ал гьарун рук1ана. Кваранидехун къеда цебе лъун бук1ана басриябго, г1урччинаб кьералъул диван. Циндаго Ах1мадил бер щвана диваналдаги къададаги гьоркьоб лъураб, т1ад ххам бигъараб лъимадул киниялде. Цо к1анц1аралъ кинида аск1ове щварав гьас хапараб квералъ гьелдаса пардав нахъе босана.

– Бук1ине рес гьеч1о!- ян ах1ана гьас кинида бущараб лъимер бихьарал беразда божуларого г1адин.—Гьай наг1ана батаял х1арамзадаби! Кин к1вараб гьазда гьадинаб жо гьабизе? Бицани г1адан-инсан божилищ гьаб х1ужжаялда? Лъаг1ел бараб г1адаб лъимер бугоан киниялда бущун. Х1инкъиялъ ц1урал зодикьерал берал ч1варкьан гьасухъ ралагьана. Г1одизе гьаракь бач1унарого, ракъдаллъуде рехараб ччуг1а г1адин гьак1к1адулеб хут1ун бугоан лъимер. Кинидул рущабакьа рорч1арал лъимадул кверал рух1 гьеч1ого г1одоре далун рук1ана. Квег1аб к1аркьада бук1ана саламатаб маг1ил горо. «Цощина лъукъун вугодай ав?» – ан пикраби ххенана Ах1мадил бот1ролъ, щаялиго гьев вас ватиялда рак1ч1ун. Хехгьабун мокъги ккун киниги босун Ах1мад къват1иве г1едег1ана.

– Ц1одорлъи гьабе, Ах1мад, жеги цойги рукъ бугин халгьабич1еб, – ин ах1ана ч1ах1иял галабиги росулаго унев гьасда хадуб гьалмагъас. Къват1иве щварав гьав горда цевеса унаго рокъоб жаниб бахъараб кутакаб кьвагьиялъул къуватаб карачелалъ довехун рехизавуна. Къаданисаги борч1ун гордо гьасул мугъалда реч1ун бач1ана. Гьелъ г1одове вортизавурав Ах1мадица т1асан къвалги бан кини лъимадуе жагъаллъи кколаредухъ жиндаго гъоркье бахчизабизе х1аракат бахъана. Т1аде вахъингун гъурараб ц1ерги, ц1улги, ракьги жубараб г1ала-гъважа гьасдаса г1одобе гъенон ана. «Щайха мун эбелалъ цадахъ къват1иве вачинч1ев? Гъодинай эбелищ йик1уней? Гьал чаг1и дур улбул ратиларо! Щайха х1исаб гьабич1еб дур г1умру къурбан гьабулеб бук1иналъул» - ин живго жиндаго раг1ун к1алъалев вук1ана кавудухъа къват1иве кодоб кинигун унев Ах1мад. «Гьабнухалдаги лъукъич1ого ворч1анадай гьав? Вай гъарин! Гьаб жужах1 дуда бихьизе тарай эбелалда щибан абилеб?»

– Ле, гьанивехун вач1а! – ян ах1улеб раг1ана гьурмада ххураб маскаялдаса гьав щивали лъазе к1веч1ел, автомашинабазда аск1ор рук1арарал милициялъул х1алт1ухъабаз. Ахирал соназда республикаялда ризлъарал вах1шиял такъсирал кир кканиги гьениве вортулев, борхатаб, жанибц1ураб лагаялъул генералги жеги анц1гониги форма рет1арал офицерзабиги ругоан лъебергог1ан галул манзилалъ дорег1ан ч1ун. Кодоб кинигун гьезда аск1ове щварав Ах1мадида газель машинаялъул рагьараб нуц1ихъан рихьана гъора жанир г1одорч1ун, щибго ургъел гьеч1ого гара-ч1варулел ругел дол рокъоса къват1ире рач1арал руччаби. Г1асияб ццидаца гьалаг гьавурав Ах1мад хехгьабун г1одоб киниги лъун рак1алде, рач1аралщинал раг1абиги ах1улаго вортун унев вук1ана руччабазде т1аде. Гьес гьабизесеб бич1ч1арав к1игояс гьокьоре к1анц1ун гьав ч1езавизе ях1 бахъана.

– Г1одовиччай! Дуда гурищ дун! – ан ах1улеб генераласул гьаракьалъ гьав рек1еде вач1инавуна.

– Нуж руччаби гуро! Хъурмалги жидерго т1анч1и ц1унун рух1 кьун къеркьола! Лъил гьав вас? Лъимер щай цадахъ бачинч1еб? Гъора щалго гьеч1ин гурищ нужоца абураб? – ин суалазул ц1ад базабулеб бук1ана жеги т1уван г1одовуссинч1ев Ах1мадица.

– Гьев капурзабазул квердаса шагьидлъизе кколаан…ниж алжаналъуре рачизе, – ян абуна ч1аралъуса ягъарич1ого, ццидал ц1урал бераз гьасухъги ялагьун руччабазул цоялъ,-Аллагьасул наг1ана нужее, гавурал !

Гьелъул раг1абаз ц1орораб лъим т1ураб асар гьабуна Ах1мадие.

– Дуцайищ х1укму гьабулеб щив хвезе кколев, щив алжаналъуве ине кколевали? Мун щайха ч1еч1ей гьавги къват1иве кьун шагьидлъизеги, алжаналде йорч1изеги? Нужеца х1укму гьабуна гьав хвезавизе, амма Аллагьасул х1укму гьале, – ян абуна киниялде кверги бит1ун Ах1мадица.

Кинидул ч1алалги ричун, цояс кодове восарав гьит1ичасул г1одулеб гьаракь бахъана.

– Гъов гулбузул ц1адакь г1одулев вук1инч1о. Гьанжеги г1одулев гуро гъов, нужее наг1ана кьолев вуго! К1очонге нужеда гьал гьаркьал г1умруялъ! – ин ах1ун абуна Ах1мадица.

«Рокъоб кибго хал-шал гьабуна! Цо гурого чи ватич1о. Гьасулги иш лъуг1ун буго» – ян раг1ана гьенир г1емерисезухъ рук1арал рацияздаса полковникасул гьаракь.

– Ма ша Аллагь! Шукру Аллагьасе! Рашид шагьид! – ин ах1ун абуна руччабазул цоялъ рацияздаса лъазаби раг1игун. —Нафисат баркула дуда! Рашид алжаналде ворч1ана, дуе бак1ги х1адурила гъос…

Нафисат рос ч1ванин раг1араб лъазабиялъ расги пашманлъич1ейлъи бихьулеб бук1ана. Гьей машинадул гордухъа къват1ие сих1тун ялагьун ч1ун йик1ана. Г1одулеб лъимер кодобе бачине къасдго гьабич1о гьелъ..

– Гъовги алжаналде унеблъиги лъалеб бихьула дуда. Кутакаб хъулухъ щун бугогури дуе…Сундухъ гъосие алжан? Жакъа жиндирго гьит1инаб лъимада гьагъаб жужах1 бихьизабиялъухъищ? Церехун киданиги берда рихьич1ел, лъаларел, кинабниги квешлъи, зарал жиндие гьабич1ел милициялъул ункъго х1алт1ухъан ч1ваялъухъищ? Гъос ч1варалщиназул г1агарлъиялъулги бесдаллъарал лъималазулги, улбузулги маг1илги хьамиялъулги г1оралъ гъанкъила гъовги гъосда релъарал нужер киналго гьудулзабиги! – ян абуна ццидалаб гьаркьалъ генералас. —Щвезаре гьел малг1унал ккорелъуре!

Бот1родаса бак1аб каскаги гьурмадаса маскаги цадахъ бахъун, къадал ракьанда лъуна Ах1мадица.Г1ет1уца биччарал гьумерги бет1ерги т1аждал чвантиниса босун квербац1алъ бац1ц1ана гьас. Кьвагьи-г1анхъиялъ г1ундузда жаниб базабураб зузуди жеги къот1ун бук1инч1о..

– Мун лъукъунищ, Ах1мад? – ин аск1ове вач1ана гьасул лъалев цо офицер. Жиндир суал бич1ч1ич1ев Ах1мадида бет1ер хьваг1ун ч1алаз рухьарал хьитаздеги асфальталдеги т1инк1араб би бихьизабуна дос. Гьанже гурони халлъич1о гьасда квег1аб г1унк1рукьалдаса гьит1инабго карат1 лъугьун бихъараб ва биялъ биччизабураб гурдил къвал.

– Рукьалъеги килщазеги жагъаллъи ккеч1ин ккола, хут1араб бигьаяб жо,-ин абуна гьас къан-риччан килщазул рагъариялъул халги гьабулаго. – Дида алъул бух1иго лъач1огури, хъалалъе ккараб, т1адагьаб ругъун батила.

– Т1аса куртка бахъе гьалмагъ майор, ругънал халгьабизе ва катан къазе ккола, гурони бидулъе чорклъи ккезе бегьула, – ян абуна аск1ое яч1арай рагъулаб рет1ел рет1арай тохтуралъ.

Расги бокьич1ого автоматалъул магазиналги жеги х1ажатабщинабги лъурал г1исинал чунтби ругеб г1урччинаб хамил гурдил маргъалал рахъизе жувана гьав.

«Г1инт1аме киназго! Машинабазда аск1оре рак1аре! Операция лъуг1ана» – ян раг1ана рациялдасан командирасул гьаракь…

– Гьанже ниж ине кколаха, сестра. Х1алт1уде щвейгун гьабизе тезе бегьиларищ гьебгощинаб х1алт1и? – ян гьикъана гьас командирасул лъазаби раг1идал.

– Ургъел ккоге! Дица хех т1убала гьалъул иш. Нижер машинаялдаги ине бегьилагури доре, – ян кьварараб гьаракьалъ лъазабуна тохтиралъ ва т1ад баг1араб хъанч бахъараб сумкаялъуса дараби росизе жуяна.…


Автор: Г1али -Хажи Мух1амадов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook