Авторизация

Щиб хъвалеб букIараб 1952 соналда «Гумбеталъул колхозчи» газеталда


Къалам, дуца щуре щакъиялдехун


Бакълъулазул басмаялъ 65 сон тIубаялде


Щиб хъвалеб букIараб 1952 соналда  «Гумбеталъул колхозчи» газеталда

 

ЦIияб пекарня


    ЗахIматчагIазул тIалаб тIубазаби мурадалда, гьаб ахирияб заманалда Гумбет райпоялъ Гъоркь Инхо цIияб пекарня рагьун буго.

  Гьелъ хъулухъ гьабулеб буго, гIицIго инхдерил гIадамазе гуребги, сверухъ ругел росабазеги.

   КватIичIого, гьениб столоваяги рагьизе буго.


М. Сайгиднуров


Учительзабазе  - рукъзал


   Аргъвани росулъ учительзабазе цIиял рукъзал ран лъугIизаруна. Гьел рукъзал рохьун, къачIан руго ва гьениб хъарщиги кьабулеб буго. ЦIибараб анлъабго рукъ 1952-1953 цIалул соналда пайда босизе кьезе буго.


М. Абакардибир

 

Пионеразул хIухьбахъиялъул лагерь


     ЛъугIана 1951-1952 цIалул сон. ХIухьбахъиялде ана нилъер районалъул школазул анцI-анцI цIалдохъаби.

   Школа къан хадуб лъималазул лъикIаб хIухьбахъи гIуцIи мурадалда 25 июналъ нилъер районалда рагьизе буго пионеразул лагерь. Гьениве ине вуго школазда лъикI цIаларав 30 пионер. Пионеразул лагерь букIинесеб бакI тIабигIияб рахъалъ цIакъ санагIат бугеб бакI буго. Гьеб буго Гъадари росдада аскIоб бугеб гIурччинаб мегIер. Гьенир руго батIи-батIиял хурдул, тIугьдул, бацIцIадаб, гьогьомараб гьава ва гь. ц.

Муса Расулов

 

АнцIазарго кирпич къотIана


   ЛъаратIа Орджоникидзел цIаралда бугеб кIодо гьабураб росдал магIишаталъул артелалъул  гъутаналда РурухIма ХIайбулаевас анцIазарго кирпич къотIана.

    Колхозалъ гьал. ХIайбулаевас къотIараб кирпичалдасан гIи-боцIуе хасалоялде хинал минаби раялъе пайда босулеб буго.


Гъ. ХIарисов


Автор: ХIадурана Къурмагъиз ХIадисовалъ

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +154
  • Нравится
Оставить комментарий
Бат1алъи бугоха доб заманаялъ хъвалаан г1иц1го росарал бергьенлъабазул,гьабуна,т1убазабуна,рагьана,босана,бана,жакъа щиб хъвалеб бугеб нужедаго бихьулеб бугоха... blush 
eldar suguri,

Советияб гIуцIиялъул заманалда «Критика гьабуна, хIасил щиб ккараб?» абураб рубрика букIунаан казият-журналазда. Гьединал критикиял макъалабаздаса хадуб  чангиял хъулухъаздасаги  рахъулаан. Амма гьединаб критика, гIисинал хъулухъчагIазе гурони, кIудиял тахбакIал ккуразе гIемер гьабулароан.
Кин букIаниги, заманалъул ва гIумрудул матIу буго басма. Казияталъул цересел номераздасан бихьулеб буго доб мехалъул гьумер.

Hamzatavari,Районалъул маштаб босаниги,киг1ан рек1екълъаниги абизе ккола бит1араб,доб заманалда газета ц1аларав чиясул гьеб ц1алун хадуб кинаб ниятха бук1араб?Дир х1исабалда жигарго х1алт1изе!Гьанжеин абуни...
Замана ва бакI  рихьизарула басмабаз. МагIарулазул районал руго Европаялъул чанги пачалихъаздаса кIудиял. Къалмиде босизе жо гIемер букIуна цо росулъцин. Аслияб жо буго суалал лъезе, рорхизе ва тIанчиде рикьизе лъай, халкъалъулгун хурхен тIунгутIи. Миллаталъул гIумруялъул бакьулъ вукIине ккола хъвадарулев чи.
Разияв вуго!



  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook