Авторизация

Гьаб цо боголил как дир кватIиладай?



Къалам, дуца щуре щакъиялдехун…

Гьаб цо боголил как дир кватIиладай?


ХIамзатил Расулил хIакъалъулъ пикраби ва ракIалдещвеял


Исана ХIамзатил Расул гьавуралдаса 95 тIубала. Расул ХIамзатов. ХIамзатил Расул. Гьеб цIар абидал, цо улка цебе бачIуна. ЦIадастан. Бергьун ракI цIалеб, беричаб, гьайбатаб улка.


УргъичIого бачIа гьеб, бадибе магIу гIадин…


МагIарулазе, Дагъистаналъе чара гьечIого хIажатав инсан вуго Расул. Гьев вуго дунялалъулго халкъияв шагIир. ГIадатияб халкъалъе гIадатиявлъун лъугьана гьев. Гьединлъидалин гьесде гIадатияб куцалда ва къокъго, инсул цIарцин рехсечIого, гIемерисеб мехалда Расулилан абун толеб.


Дица кечI гьабуларо, дица кечI ургъуларо,

УргъичIого, бачIа гьеб, бадибе магIу гIадин, –


гьедин хъвана Расулица. Гьеб кIиго мухъ ккола литератураялъул, поэзиялъул, творчествоялъул гьумер, сурат, кьучI, формула. Гьересиял, хIалгьабун лъугьинарурал мухъазул кучIдул, поэмаби, къисаби лъугьунаро. РакI ва гьунар жанир лъурал асаразул асар тIадегIанаб букIуна.


Расул ХIамзатовасул асарал руго ракIалъ хъварал, жаниб гьалдолеб гIумру бугел, цIалдолезда кIочон толарел. Гьесул гIумруги букIана гьединаб – унго-унгояб, гвангъараб, гьелчолеб ралъад гIадаб. Расулил гIумру ана киналго дунялалъул, улкаялъул, Дагъистаналъул ва магIарул халкъалъул лъугьа-бахъиназда бакьулъ. Гьев рикIкIине бегьула XX гIасруялъул унго-унгояв вакиллъун.


СССРалъул заманалда пачалихъалда бугеб цIогьалъулги хъвана Расулица, ритIухълъи гьечIолъиялъулги хъвана. Цоги хъвадарухъабазда кIвечIел темабазда кверги бана гьес. КIудияб мегIер гIадин, кьуричIого, къадруго эхетун буго Расул ХIамзатовасул литературияб ирс.

ХIамзатил Расулица рекIелъан биччачIеб дунялалъул унти, гIузру, суал, масъала хутIун батиларин ккола. Атомалъул гIасруялъул васас, гьес хъвана гьеб атомалъул бомбаялъ ва цоги вах\шияб ярагъалъ инсанияталъе кьолеб бугеб хIинкъиялъулги, политиказул хIалихьалъиялъ халкъазе кьолеб бугеб гIакъубаялъулги.


МагIарул росдал гIумруялдаса байбихьун, дунялалъулго, космосалъул даражаялде щвезегIан, Расулица кьолочIеб тема къанагIат буго. Гьес жиндир поэтикияб диваналде цIана тIолабго дунял-гIалам, гьес ахIи бана, яхI борчIизабизе кколилан ва гIадамазулъ гIаданлъи цIилъизабизе хIажат бугилан.


Расул ХIамзатовасул кIудияб, бечедаб, гIемаррахъазулаб ва гIемержанразулаб литературияб хазинаялда жаниб цохIониги чIамучIаб мухъ батуларо. Гьесул руго бергьун гъваридал, пикру кIудиял, чIагоял сипатаздалъун рессарал поэзия ва проза.


Кубаялъул тетрадь, Бейруталдасан кагъат…


Расул ХIамзатов, цого шагIир ва хъвадарухъан гуревги, ккола кIудияв пачалихъияв ва маданияв хIаракатчиги. СССРалъул ТIадегIанаб Советалъул Президиумалъул член, анцI-анцI жамгIиял идарабазул вакил Расул ХIамзатов гIумруялъ вукIана гIадамазул ургъалида, гьезул суалал тIуралев, гьезие кумек гьабулев. Амма бищун аслияб хъулухъ гьес гьабуна адабияталъе, кIудияб искусствоялъе, художественнияб рагIуе.


Нилъеда ХIамзатил Расул вихьула Япониялдаги, гьеб улкаялда атомалъул гьужумалъул хIасилалда  хварал лъималазул рухIелалъ «ХъахIал къункъраби» абураб хадубккун машгьурлъараб кечI хъвалевги, Бейруталъул кьвагьи бахъарал къватIазухъан къаламцояв Чингиз Айтматовасухъе поэтикияб, пашманаб ругьел битIулевги, Латиназул Америкаялъул инкъилабазул байрахъал Фидель Кастрода ва Эрнесто Че Геварада аскIов гIодов чIун, гьезул гъуждузде магIарул буртина рехулевги, Индиялъул нухмалъулей Индира Гандилгун пачалихъиял гара-чIварияздаги…


Расул ХIамзатов лъугьана дунялалъулго вакиллъун, гIаламатлъун, таватурлъун. Нилъее, магIарулазе, гьес тараб аслияб жо ккола, авар мацIалъул цIар цIуни ва нилъер халкъ дунялалдаго машгьур гьаби. Расул ХIамзатов вуго цо чи. Амма гьев Чи гьечIевани, цIакъго загIиплъилаан ва мискинлъилаан нилъер миллат. ГIемерлъаги нилъее гьунарал ва лъикIлъи тIаса унгеги нилъер халкъалда.


Мун вакил гьавуна мугIрул улкаялъ

ГIаламат вукIине гьелъул даималъ


Расул ХIамзатовасул хIакъалъулъ ракIалдещвеязул бицани, гьел щивасул батIи-батIиял руго. Диеги рес ккана гьев къанагIатав инсангун гIодов чIезе, гьесулгун гара-чIвариял гьаризе, гьесда дандчIвазе. Бадиве кIанцIун, Расулил адаб тун, гьесул заман хвезабун, шагIирасулгун дандчIваял ралагьизе лъугьинчIо дун. ЦIадаса ХIамзатил ва Расулил хъизаналъул гьарадирил гIадамаздехун бугеб хасаб бербалагьиги лъалаан дида. 1922-1923 соназда ЦIадаса ХIамзатица дибирлъи гьабуна нижер Бакьулъ Гьарадирихъ росулъ. Гьеб хIужаялъ жеги гIагар гьавуна диеги цоги гьарадирие Расул. ГьабсагIат Бакьулъ Гьарадирихъ аслияб къватIалъе Расул ХIамзатовасул цIарги кьун буго.


ХIамзатил Расулилгун тIоцебесеб дандчIвай ккана гьеб заманалде диргун гьудуллъи бижарав магIарулазул цоги машгьурав шагIир, дол соназда Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул авар секциялъул нухмалъулевлъун хIалтIулев вукIарав МухIамад АхIмадовасул хIаракаталдалъун.


КучIдул хъвалев гIолохъанчи вачIун вугин союзалдеян абун, Расул ХIамзатовасул кабинеталде ракIарана. Чанго магIарул хъвадарухъан данделъараб бакIалда гьенир дирго цодагьал мухъал цIалана. Хъвазе бегьулищ дицаян гьикъидал, ХIамзатовас жаваб кьуна хъвазе кколилан.


Хадуб Расулилгун хабар-кIалалда лъикIаланго заман бана. Гьес ракIалде щвезабуна Гьарадирихъ росу, жиндирго умумузул гьалбал, жив гьенив гьавунилан абуна ва кидаго гьениве щвезе анищ букIаниланги бицана.

Гьеб букIана 2002 соналъул хасалихълъи, 17 сентябрь. ЛъагIалидасан Расул камуна. Гьеб лъугьа-бахъиналъ къварид гьавурав дица хъван рукIана гьадинал рагIаби:

                                  I

Доб кIочон толареб хаслихълъидул къо,

«Къо лъикI, Расул!», – илан къварид Дагъистан.

Доб кIочон толареб хаслихълъидул къо,

«Къо лъикI, сахав вас!» – ин гIодулеб ВатIан.


ГIурус театр цIун Поэтасухъе

Ахирисеб нухалъ къокъунеб гIалам.

МагIулъун щущалеб буго сверухъе

Цере рахъаразул пашманаб калам.


Керен-ракI ссудулеб панаяб бакъан,

«ХъахIал кьункърабазе» Яница хъвараб.

Мали гъежда лъуна халкъалъ, ракIбакъван,

ХIакъикъияб ХIикмат жинда хIалхьараб.


Хьолбохъ эхетарай цо берцинай яс

«Расул, нух битIаги!», – абун гIодана.

ВатIаналъул чIухIи дагъистанияз

Таргъу мегIералъул каранлъ букъана.


Улкаялъ ритIарал тIугьдузул гораз

Гвангъизе гьабуна хабал цIияб ракь.

Кьижана ХIамзатов азарил соназ

ГIазизаб тIалъидал зобалазда гьоркь.

                            II

Кьижана ХIамзатов. ХIухьел цIаларо.

ЦIорораб ракьда цун рокьул цIураб ракI.

ТIокIаб киданиги гьеб кIетIеларо,

ЧIваларо кочIоца нахъегIанлъи, рекIкI.


ГIодулел рагIула хъахIал къункъраби,

ХъахIилал зобалахъ магIирукъ гьабун.

Угьдулел рихьула тIогьал, кIкIалаби,

РекIее хирияс жал танин абун.


Асият, Кумари руго чIегIер бан,

Херав магIарулав  – бералги хIачан.

НакIкIул тIагърал рахъун, гIунун чIун мугIрул,

КечI магIулъун лъугьун буго хIанчIазул.


ЧIегIер бан буго халкъ, дунял, тIабигIат,

ТIолазго цоцазда бала зигара.

Амма чIегIер бачIеб хутIана уммат,

ДаличIо байрахъал кирго гIодоре.


Дагъистан кодоб ккун гIезе гьабурав

Гьелъул эмен индал, кечI ахIулебдай?

Киналго халкъазе гьаб ракь рагьарав

Гьелъул шагIир хведал, бачIеб чIегIер щай?...

                               IV

Расул... Щив гьев? Вакил! КочIол цIураб зоб,

Азарил гIасрабаз цо кьолев гений.

Рокьул Америка рагьарав Колумб,

Гьайбатлъидул космос квегъарав Юрий.


Мун вакил гьавуна мугIрул улкаялъ

ГIаламат вукIине гьелъул даималъ.

Дуца гьелъий кьуна аслияб магIдан,

«Дир Дагъистан», – илан карандаги хъван.


Мун вакил гьавуна СССРалъ

Ракьалда кIалъазе жиндирго рахъалъ.

Бищунго кIудияб пачалихъалъул

Руль ккуразда гьоркъов – ХIамзатил Расул.


Мун вакил гьавуна, халкъаз цIар щурун,

Хиросимаялъул цIумур бухизе.

“Ysla de muxeres” ракь гьабугеян,

Гьаб гIумру цIунеян гIакIа ахIизе.


Мун вакил гьавуна, Бичас амру кьун,

Инсанасул рекIелъ лъикIлъи бекьизе.

КIудияб, даимаб РагIиги абун,

Мун ана, бакъги кьун бецIлъукь ругезе.

                            V

Ана Расул. Къалам гIодой къулана,

МагIида магIарул пандур гIодана.

Пашманаб гIаздаца бацана Парнас,

Бадиб магIу ххулун хугIана Пегас.


Пулеб буго гьури. Хварал, чIагоял

Руго эхетун чIун Расулил зонохъ.

МугIрузул тIогьаца угьула цIаял,

ЦIакъ квешаб къварилъи рещтIанин рагьдухъ.


Кверкьовуда буго кочIол дуниял,

Каламалъ рухI гъолел РагIул судиял:

Шекспир, Гете, Бальзак, беццав грекав,

Пушкингун Лермонтов, Толстойгун Чехов.


Араб гIасруялъул шагIирин абун

Рималъ Расулида тIогьол таж лъуна.

Петраркагун Данте – гьелго тажалгун,

Гьелгун ХIамзатовги парахалъана.


Ана Расул. Хадуб гIодана гIумру,

ГIодана ритIухълъи, гIодана шигIру.

Ракьулъ вукъун вуго, къанал тIадги чIван,

Ракьул шар кинигин кIудияв инсан.


ЦIиял, батIиял, жеги гъваридал ва хIикматал кьерал загьирлъана ХIамзатил Расулил асаразулъ XX векалъул 80-абилел ва 90-абилел соназда ва XXI гIасруялъул байбихьуда, кIиго къарнуялъул, кIиго азарго соналъул гIорхъода.


Свери лъугIилалде лъутулеб щунгъар,

Лъугьараб щиб дуе, къоабилеб век?

Къо ун бахъиналде бачIараб сордо,

Салам, накIкIилъ бугеб рикIкIадисеб цIва.


…Дун жеги дидаго гурхIарав гуро,

Гьанже гурхIун вуго – гуккараб божи,

Роржарал соназде семулев гуро,

Гьаб цо боголил как дир кватIиладай?


…Хинаялъ белъараб багIараб магжилъ

Гьанже щибаб сардилъ цеве чIола гьев 


ХIамзатил Расулил адабияб ирсалда жаниб саламатаб бутIа ккола тарихияб темаялъ, КIудияб Кавказалъул рагъул хIакъалъулъ хъварал кучIдуз, назмабаз, поэмабаз ва цоги асараз. ГIолохъанаб заманалда гьеб темаялда хъвадарулаго, ккараб гъалатIалдаса пашманлъун, «Дир ракI мугIрузда буго» абураб поэмаялда 1956 соналда ХIамзатовас гьадинал мухъал тун руго:


Буго дир каранда кутакаб ругъун –

КигIан мех баниги, гьеб лъилъиларо.

…ГьитIинго рагIараб магIарул чIухIи,

БахIарчилъиялъул мисалги цIарги, –

ЦIигьулдерил тIохахъ къаси рицунел

Къисабалъ, маргьабалъ вукIунаан гьев.


…ХъахIаб чалмаялъулъ, чергесаб ратIлилъ,

Чарамул хвалчада квегIаб кверги лъун,

Херав имамасул гIагараб сурат

Сонаца букIана нижер рокъоб бан.


ХъахIаб къададасан къадруяб гьумер

Къойил дун ворчIигун, балагьулаан.

Хадуб кIочонареб цо рогьалида

Рагъде тIовитIана гьес дир кIиго вац.


Гьесул танкабазе, квердаса рахъун,

Курхьаби, баргъичал кьуна ясаца.

Кьалда дир мугIрузул гIолохъабазда

ГIемерав ракIалде вачIана Шамил.


КIудияв багьадур! Гьесул хIакъалъулъ

Чан хIайранаб назму хъвараб инсуца!

Амма ахирияб гьесде гьабураб

Поэма бахъичIо, нахъе бачIана.


…Гьеб хабар бачIиндал, унтана эмен,

Ургъалабаз къвал бан, къварилъиялъ цIун.

Къанщана гъос берал ахираб нухалъ,

Имам сверухъ кивго какулеб мехалъ.


Дирги гIайиб ккана, унтула керен,

Какана дицаги, уян ккун, Шамил:

 - Англичаназул гьудул вугилан,

Гьайбатал мугIрузул тушман вугилан.


…Хинаялъ белъараб багIараб магжилъ

Гьанже щибаб сардилъ цеве чIола гьев –

Цин АхIулгохIалъул гучав рагъухъан,

Цин Гъуниб бакIалда кIудияв асир.


Хунжрузул, хучдузул анцIила ичIго

Унтарал ругъналги рихьизе гьарун,

Гьезухъ валагьула гIемераб мехалъ,

ГIайиб бугев дида абула гьадин:


– АнцIила ичIабго ругънада тIаде

Къоабилеб ругъун дуца лъунилан.

Къоло щуго соналъ рагъ гьабуниги,

Гьанже дуца гIадин, дун лъукъичIилан.


… ХIажимурад гIадин, тIаса лъугьаян,

ТIадвуссун вачIунев вуго гьесухъе.

Гучав имамасул чармилав наиб,

Чияр хьуцIилъе ккун, чIвана доб мехалъ.


Дир щибдай букIинеб? Шамилихъе дун

БатIияб чода тIад вуго вачIунев.

БатIияб мех буго, цIияб нух буго,

Бокьун гьечIо дие хьуцIилъе ккезе.


…Амма гьари буго, мугIрул гIадамал,

Дир гIайибалдаса нуж тIаса лъугьа!

Огь, тIадегIанаб халкъ, васас гуккарав

Эмен кинигин, мун дихъ балагьуге.


ГIицIал тIулбуздаги тIугьдул раккула,

ГIумрудул сонаца ругънал седола.

Дир унтараб керен ахIдолеб буго:

Бокьулин кьварараб Шамилил халкъан!


ЦIадул вулкан гIадинаб АхIулгохIалъул сурат…


«Къолохъанасул бетIер къотIараб ханжар» абураб поэмаги ккола гIемерал мацIазде буссинабураб ва машгьурлъи щвараб асар:


МагIарухъ аби буго

АхIулгохIалде щвечIев

Аварав гьев жегиги

ТIубан аварав гурин.


Цогиги бицен буго

ГIешдерил Щулалъул гохI

Щущалареб си бугин

Лебаллъи-гьунаралъул.


…АхIулгохI босиялъул

Хасаб медаль букIана

Жеги гьеб босилалде

Сардарас хIадур гьабун.


Амма мугIрул гъулдузда

Гъаримал чурхдул хутIун,

Чан азар медаль кьураб

ГIодулел къоролахъе.


Яги къварид хутIарал

Мискинал бесдалахъе…

Москваялда гьудулас

Гьезул цояб дий кьуна:


«Дагъистаналъул кIкIалахъ

Къалъуда бакъукь чIварав

Дир кьолбол солдатасул

Сайгъат бугин гьабилан».


Медалалъухъ валагьун,

Берзукь цIилъун бачIана

ЦIадул вулкан гIадинаб

АхIулгохIалъул сурат…


Расул ХIамзатовасул тарихиял поэмабазда жаниб нилъеда бихьулеб буго заманги, бакIги, багьадурзабиги, хIалуцараб гIумрудул кьабиги. ШагIирас нилъее рагьулеб буго 1839 соналъул бухIараб риидал гIарададул чIей гьечIеб цIадакь гъазават гьабулел рукIарал магIарулазул сипат-сурат.


КIудияб Кавказалъул рагъул темабазда хъварал Расулил чIахIиял асарал рахъана советияб заманалдаги, гьелдаса хадубги. Тарихиял асарал къватIире рачIана 1981 соналда ункъазарго тиражгун биччараб «МагIарул къиса» абураб тIехьалдаги, хадусел соназда рахъарал «Щуго си», «Киниги гъанситоги» ва цогидал мажмугIаздаги.


«ХIажимурадил бетIер» абураб кочIолъ руго гьадинал мухъал:


КъотIараб бетIералъухъ

Валагьун вуго жакъа –

Бида босараб тIалъи

ТIамулеб буго цебе.

Рихьула дида кIкIуйдулъ

МагIарул жаназаби,

КIкIалабахъе льугьунел

Лъукъ-лъукъарал муридал.


КъотIараб бетIералъухъ

Валагьун вуго къварид –

Огь, гьадинаб хазина

Хвалчабакье кин ккараб?

Дида кIалъалеб буго

ХIажимурадил бетIер,

ВатIаналде нух къосун,

Къисмат гьадинаб кканин.


Расул ХIамзатовасул буго кIудияб ва дунял асир гьабураб творчество. Гьесул асаразул цо-цоязул хIакъалъулъ бицен гьабуна гьаб макъалаялда. ШагIирасул жиндирго рагIабаздалъун лъугIизе толеб буго гьаб цIех-рех: – Дун вукIана чанги батIи-батIияв, хутIила ракIазулъ цохIо хIажатав; цогиял нусгояз хисизе гьечIев, дицаго бакараб дирго чирахъгун. Гьединавлъун хутIана ХIамзатил Расул миллионазул ракIазулъ.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +95
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook