Авторизация

Макьу кинан щолеб апараглъуда…

Бакълъулазул мугьажирзаби


Макьу кинан щолеб апараглъуда…


Доб Петербургалда пача тIуркIараб…


Макьу кинан щолеб апараглъуда… Исана августалъул ахиралда  жидер унго-унгояб ватIаналде, умумузул ракьалде, тарихияб сверуде щвана бакълъулазул Ингишо росдал мугьажирзабазул ирсилал. Гьеб 22 августалда Ингишоб тIобитIана росдал къоги. Чияр ракьалда яшав гьабизе  ккарал магIарулазе кIудияб асар гьабуна жидерго хIакъикъияб ватIаналъ. Хадубккунги Ингишо росугун хурхенал ва гIага-божилъи щула гьаризе ругилан абуна гьез.


Турциялъул аварав, Ингишоса СагIадуца даран-базар гьабун бетIербахъун буго. Гьес гIуцIараб хасаб фирмаги букIун буго. Гьев цин бича-хисиялде ван вуго. Хадув туризмалъул бутIаялда хIалтIун вуго. Лъабкъойилъа сонал арав СагIадуда гIемераб жо бихьун ва лъан бугоан. КигIан бегIераб суал кьуниги, гьелъие жаваб гьабизеги нахъе къачIо СагIаду.


Ингишо росу хъатиниб лъураб гIадин бихьулеб цо мегIелиялда магIарулазул мугьажирзабазул ирсилазулгун гара-чIвариял гьаруна. СагIадуца ракI пашман гьабун бугоан жакъа бусурбабазул пачалихъазда гIодоре тIолел ругел бияз. ГьитIинаб мехалда гьев цIалун вуго Сириялда, хадуб ГIиракъалда, Багъдадалъул институталда, лъазабун буго гIараб адабият. БацIцIадаб гIараб мацIалда кIалъазе лъалебги бугоан гьесда. Жакъа Шамалда ва ГIиракъалда бугеб рагъул кьогIлъи рекIелъ унтулеб бугоан СагIадуда. Гьениса Турциялде гочун рачIарал гIадамазе кумек гьабун буго магIарулазул мугьажирзабазул ирсилазги. Араб гIасруялъул 90-абилел соназда чанцIулго Дагъистаналде щварал Закарияцаги гьесул хъизан Миясатицаги гьанже Турциялде Шамалъул рагъалдаса гочун рачIаразе къайимлъи гьабулеб бугилан бицана СагIадуца. Гьедин гуребани, цадахъаб сапаралъ умумузул ракьалде щвезе нигат букIанила гьезулги.


Макьу кинан щолеб апараглъуда… Турциялда бугеб сиясияб, политикияб хIалалъе ва тарихалъе къимат кьуна СагIадуца. XX гIасруялда Турциялда кIиго партия, къокъа букIанин тIалъиялда сверухъилан абуна СагIадуца : цоял – фашистал, цогидал – коммунистал. Коммунистаздаса фашисталго лъикIал рукIанин, гьез диналъе квалквалгIаги гьабулароанин бицана гьев магIарулас.


ГIемераб гIакъуба-къварилъи бихьун буго магIарулазда, Турциялде унаго нухдаги, доба магIишат гьабулагоги. ГIемерго лъикIал ракьалги апарагзабазе рихьизарилищха.  Жанир чIезе рукъзал гьечIого, нохъазда яшав гьабун буго байбихьуда, минаби эхетизегIан.


Мугьажирзаби ккола исламалъе гIоло ватIан тарал гIадамал. Имамзабазул нухмалъиялда гъоркь гьабураб КIудияб Кавказалъул рагъдаса хадуб, ислам-диналъе квекIенал гьарулеб капураб тIалъи гьанибе бачIиндал, гIураб ракь рехун тарал бахIарзал кколаан гьел.


Мелигьаги  ккола Ингишоса магьажирзабазул наслуялъул чIужу. Стамбулалда музеялда хIалтIун йиго гьей. СагIаду цевеккун чанцIулго Дагъистаналде ва Ингишо росулъе щун вукIарав ватани,  Мелигьа ва гьезда цадахъ рукIарал анцIидаса цIикIкIун Турциялъул магIарулал тIоцере щун ругоан умумузул ракьалде. Гьезул цояв холодильниказул даран-базаралда Германиялда яшав гьабун вугоан. Ингишо росу бокьулилан немец мацIалда гаргадизеги гьесизавуна нижеца гьев. Хаду-хадувги вачIинила Ингишове, умумузул ватIанги бокьанила, гIагарлъиялъулгун хурхенги щула гьабилилан бицана гьесги.


МагIарулазул мугьажирзабазул къисматалъул тема гIатIидаб буго. Гьелде нилъ жеги гIемер тIадруссина, Аллагьас хъван батани. «Доб Петербургалда пача тIуркIараб, Гъоба Персиялда шагьал сорораб» магIарул миллат тIубанго цоцаздаса тIун ва бикь-бикьун тезе бегьиларо.


03.09.2015 сон


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +206
  • Нравится
Оставить комментарий
Гьел мугьажирзабазул х1акъалъулъ, т1убараб саламатаб т1ехь бахъизе ккун буго цебего!
eldar suguri,eldar suguri,

Нилъер халкъалъе кIвар бугел суалазул цояб ккола Турциялда ругел магIарулазул масъалаги. Гьеб темаялда чанги тIахьал хъван ва рахъун руго. Гьаб суал жеги гъваридго лъазабуни, цIакъго лъикI букIинарищха.

Hamzatavari,
Цитата: Hamzatavari
eldar suguri,eldar suguri,

Нилъер халкъалъе кIвар бугел суалазул цояб ккола Турциялда ругел магIарулазул масъалаги. Гьеб темаялда чанги тIахьал хъван ва рахъун руго. Гьаб суал жеги гъваридго лъазабуни, цIакъго лъикI букIинарищха.

Hamzatavari,

Ассаламу Г1алайкум,Х1амзат,мугьажирзабазул х1акъалъулъ цох1ого цо мустах1икъаб т1ехь дида батана Мух1амад Къебедовас хъвараб "Апарагзаби"абураб т1ехь,цоги ц1алун бук1ана Г1абдула Мух1амадовасул "Дагестанцы в мире"абураб т1ехьги г1урус мац1алда,гьенибги саламатаб бут1а буго Турциялде ккаразул хъвараб.
eldar suguri,eldar suguri,

ГIелмиялги гIелмиял гурелги тIахьал руго.

Hamzatavari,Мисалалъе рехселарищ?
eldar suguri,

ХIамзатил Расулил «Дир Дагъистан» абураб асаралдаги хъван буго Турциялъул аваразул, ГIамирхан МухIамаддадаевасул гIелмияб тIехьалдаги хъван буго, ва гь.ц., ва гь.ц.

ВагIалайкум салам.
Hamzatavari,Дир Дагъистан,г1елмияб т1ехь гуро!
eldar suguri,

ХIамзатил Расулил «Дир Дагъистан» гIелмияб тIехь бугилан хъван гьечIо гьаниб. Амма чанги «гIелмияб» тIехьалдаса камилабги, магIнаябги, къиматабги буго «Дир Дагъистан».



  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook