Авторизация

Районалъул газета – бищун халкъалде гIагараб информациялъул алат

Районалъул газета – бищун халкъалде гIагараб информациялъул алат Дунялалда кирго руго районазул ва шагьаразул газетал. ХIатта росабазул газеталцин руго. Япония ккола гьабсагIат бищунго цIалдолеб улка. Гьенир къода жанир лъабцIул къватIире рачIунелги руго газетал. Газетал, журналал ва цоги информациялъул алатал гьеб мацIалда гIемерлъанагIан, мацI цебетIола, тIибитIула, бечелъула, машгьурлъула, цIунун хутIула. МагIарул мацIалда рахъулел газет-журналал цIикIкIин ва нилъер мацIалда ругел информациялъул алатал гIемерлъи мурад букIине ккола МагIаруллъиги, магIарул халкъги, мацIги, нилъер тарихги, хасиятги бокьулев унго-унгояв магIаруласул. Гьелдаса батIияб пикру бугев чи миллаталъул ургъел гьечIев чи, халкъалъул хиянатчи ва чIовогояв гьорол чи ккола.

Дагъистан Республикаялъул магIарулазул  регионалияб миллиябгун маданияб автономиялъ (РНКААРД) кIудияб хIалтIи гьабулеб буго нилъер халкъалъул тарих, мацI, маданият ва адабият кIочене тунгутIиялъе, халкъалъул хасиятги, рухIги, яхIги, гIелаз гIелазухъе кьун, даим халкъгун рукIиналъе. Исана апрелалда МагIарул автономиялъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIана МагIарулазул информациялъул алатазул цолъи (Ассоциация аварских СМИ). Гьеб идараялъул мурад буго магIарул мацIалда къватIире риччалел информациялъул алатазул даража борхизаби, авар мацI цIуниялде кIвар кьей, миллияб маданият ва адабият церетIезари. Гьеб гIуцIиялъ кIиго моцIида жаниб гIураб хIалтIиги гьабуна, цере лъурал масъалабиги хIисабалги гIемерал руго. Гьелъул нилъеца жеги мухIканго бицина газеталъул хадусел номераздаги, иншаАллагь.


ГьабсагIаталда магIарулазул райгазетал риччалел руго ункъо ва микьго гьумер бугел. Микьго гьумер бугони, районалъул гIумру гIатIидго ва рагIа-ракьанде щун бихьизабизе рес щола. Ункъо гьумер бугел басмабазги моцIие цо-цониги кIудияб, микьго гьумер бугеб номер биччани, гьениб росабазул ва тухумазул тарихалъул, гIадатиял гIадамазул, гIоларел рахъазул, гIузрабазул бицунеб бугони, лъикIаб букIина. Газеталъул гIатIилъиялъул рахъалъ цебесеб кьерда буго Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи». Гьеб газеталъул номеразда микьго гьумер букIуна. Щибаб моцIалъ цо-цониги кьер бугеб номерги биччала гьез. Басмаялъул бетIерай редактор ПатIимат МухIмадовалъ абулеб буго Хунзахъ районалъул бетIер СагIид Юсуповасда газеталъул кIвар бичIчIулин ва микьго гьумералъеги кьер бугел номеразеги гIураб гIарац бюджеталда лъолилан.


Хунзахъ районалъул нухмалъулел информациялъул политикаялъе риччалел сурсатазда барахщулел гьечIо, гьединлъидал республикаялдаго лъикIаб рахъалъ рехсолебги буго гьеб район. Хундерил хIалбихьиялдаса цоги районазги мисал босани, гьезие жидеего лъикIаб буго.


Районалъул газета – бищун халкъалде гIагараб информациялъул алат Казбек районалъул (нахъбакIазул) «Чапар» газетаги бачIуна микьго гьумералда. Гьеб лъикIаб хIужа буго. Басмаялда рахъулел макъалабазул даражаялъул бицани, гьеб рахъалъ жеги хIалтIи гьабизе ккела. Цоги информациялъул алатаздаса росарал, гIурус мацIалда ругел чанги макъалаби руго гьеб басмаялъул гьурмазда. Масала, Иосиф Сталинил биографиялъ цIезабун бугоан цо тIубараб гьумер. Цо бугони, Сталинил биография лъида лъалареб, кIиабизе бугони, гьеб буго интернеталдаса босараб, гьумер цIезаби гурони, батIияб мурад гьечIеб макъала. Щибаб басмаялъул рукIине ккола жиндирго хаслъи, гIицго гьелъие хасал материалал, жиндирго нух ва хатI. МагIарулазул щибаб росдал буго бечедаб тарих, гьенир руго жидер гIадатияб гIумру бихьизабизе мустахIикъал гIадамал, гьединго руго церечIарал масъалаби, суалал, гIузраби. Гьеб кинабго жанисан бихьулеб матIу ккола районалъул басма.


Росу-ракь тун, къватIир гIумру гьабун ругел районцоязул хIакъалъулъ бицунелги рубрикаби рукIине ккела басмабазул гьурмазда. Нижеца «Гумбет» газеталда рачунел руго «Бакълъулазул мугьажирзаби» ва «МугIрул тун, авлахъазде рахъарал магIарулал» абурал рубрикаби. Гьенир рахъана  Шамил имамасул рагъдаса хадур Турциялде ва ГIагараб Бакъбаккул цогидал улкабазде гочине ккарал мугьажирзабазул ва гьезул ирсилазул къисмат цебечIезабулел макъалаби, гьединго хъутабазда магIарулазул бугеб яшав бихьизабулел репортажал, накъитал, очеркал. Амма гьел рубрикабазда жаниб жеги гIемер ва щвалде щун хIалтIи гьабизе ккола. Гьединаб масъала лъун буго редакциялъ.


Журналистазул хIалтIи лъикIлъизаби мурадалда гьадинал пикраби цереги рахъун рукIана «Гумбет» басмаялда. МагIарул районазул газетазул редакторзабазде ва хIалтIухъабазде хитIаб гьабулеб буго гьаб темаялда хурхун нужерго пикраби загьир гьареян; цоцазул хIалбихьи гIамм гьабун, халкъалъул мурадал тIураялде буссараб нилъер хIалтIи цебе бачине тавпикъ кьеги къаламцоязе.


13.06.2016 с.



Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +408
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook