Авторизация

Мискин-пакъир Дагъистан…

Цодагьаб цебегIан, цо тIадегIанаб данделъиялда, Москваялдасан нилъее лъай-кьеялул иш рахънибе ккезабизе кумекалъе йитIун ячIарай гIаданиги йигей бакIалда, Кизляралъул лъай кьеялъул Управлениялъул нухмалъулелъ абун буго, гьал рахьдал мацIал нилъее къаригIарал жал гурин, квал-квал гуреб пайдаги гьездасан гьечIин, рачIайин нилъеца гьел яризаризе.

Киналго нухмалъулел гурелъул гIакълу бугелги рукIунел, гьелъ эдин абиялда дагIбаго гьечIо. ДагIба буго киналниги Дагъистаналъул лъайкьеялъул Управлениязул нухмалъулел гьелда тIад рекъеялда, хъат чIвазе ва гьелъул пикрудал рахъги ккун рагIаби рехизе лъугьиналда. Гьеле эзул гIакълуялъул даража! Гьеле гьел чагIазул нухмалъиялда гъоркь руго нилъер лъималазе лъайги тарбияги кьолел ругел учительзаби. Гьеле гьез куцалел руго нилъер лъимал. Жакъа мацI кIоченабила. Метер цIар кIоченабила. Сезе эбел-инсудеги щвела ирга. КIватIичIого ВатIанги бичила чIванчIобого!

Москваялдаса гIурусалъ абун буго нилъер гьайбатазда, законалда рекъон нужерго лъималазда мацIги, тарихги, маданиятги, адабиятги малъизе нужеда тIадаб бугин ва хабар тун хIалтIуде руссайин.

Гьейго Москваялъул вакилалда цо логопедилан йигей куцберциницаги абун буго, гIурус мацI берцинго бицине рахьдал мацIазул квал-квал бугин, гIурус мацIалъ кIалъалеб мехалда гьев кIалъалев чиясул рагIабазул гьаракьалъул батIалъи кколеб бугин, тIагIинарун лъикIин гьел рахьдал мацIалилан. Пикруялъул мукъсанлъи чи тIагIаялъул! Гьелдаги абизе ккун буго дойго гIурусалъ гIантал жал рицунгейин.

Мискин-пакъир Дагъистан ва гьадинал «гIакълудал бутIрузде» ккараб лъай ва тарбия кьеялъул иш!



Автор: Баху Мух1идинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +8
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook