Авторизация

ЦIоралъул магIарулал

ЦIоралъул магIарулал «БагIараб байрахъалъул» редакциялде ЦIоралдаса Мамад АхIмадовас, ЦIумада районалдаса Ибрагьим Юсуповас ва цогидазги кагътал рачIана цIоралда ругел магIарулазул гIумруялъул тарихалъул бицеян. Гъоркьехун бахъулеб буго гьелъие жаваблъун кколеб, тарихиял гIелмабазул кандидат Д. Атаевасул макъала.


Азарбижаналъул хьуналгун (севералъулгун) бакътIерхьул рахалда Алазан гIоралдаса Кавказалъул мугIрузул кIудияб балалде щвезегIан магIарулазул чанго росу буго. Гьездасан машгьурал руго ЧIарахъ, Билкан, Хъабахъчули, КIатIихъ росаби. Гьединго магIарулал руго Закатала шагьараздаги гьоркьохъеб хIисабалда Азербайджаналда ругел магIарулазул къадар гIага-шагарго 50 азарго чиясде бахуна. Гьезул мацI дагьаб сверараб буго магIарул бол мацIалдаса. ГIелмуялда абула магIарул мацIалъул закаталазул диалект абун. Гьеб диалект гIагараб  буго гьидерил ва къаралазул кIалъаялда.


Закаталаялъул ракь гIадамазе гIумру ва яшав гьабизе цIакъго лъикIаб буго. Гьениб бокьараб пихъ ва тIощел бижула. Гьеб гуребги гьайбатал рохьазда батула женшень, хъазанлихъ гIинтIи (дунялалдаго къанагIатаб, жиндаса гIажаибаб берцинаб махI бугеб нах бахулеб тIегь) ва цогидалги къиматал хъурдул.


ЦIоралъул магIарулал Кидаха рачIарал гьенире магIарулал ва щиб бицен бугеб некIсиял тIахьазда гьезул хIакъалъулъ?

Цересел ва цо-цо гьанжесел гуржиязул гIалимзабаз хъвалеб буго гьел гIадамал ЧIарахъе цIакъго нахъа рачIанилан. Гьез абулеб буго XVI-XVIII веказда къажараз ва турказ Гуржиялде тIаде кутакал гьужумал гьарун Алазан гIоралда рукIарал бакIал чIунтIизарун халкъ бихахочизе гьабунилан. Гьелъ рес кьунила магIарулазул цо-цо къукъаялде Кавказалъул балги бегун, бакъде (югалде) рачIун рахъал рахъизе.


НекIсиял хъвай-хъвагIаязухъ ва Закаталаялъул магIарулазул биценаз, гьединго археологиялъулал цIех-рехаз бихьизабулеб буго гьеб мекъияб букIин. Масала, XIV векалда вукIарав «Тарихи Дагъистан» абулеб тIехь жинца хъварав МухIамад-Рапи абулев гIалимчияс баян гьабулеб буго XIV гIасруялдаго Кавказалъул кIудияб балалъул бакъдал (югалъул) рахъалда магIарул росаби рукIанилан.


МагIарулаз чIарахъазде ва билканазде гъолодиселин абула. Гьеб цIар «Гъвел», «Гъвалде» абулел рагIабаздасан бачIарабги буго. Ругизеги закаталаялъул магIарулал Кавказалъул кIудияб балалъул бакъдал (югалъул) гъулдузда руго. Гъолода абулеб росо гьабсагIат чIунтун буго. Гьеб букIана гьанжесел магIарулазул росабаздасан дагьаб тIадегIан. 1964 соналъ гьабураб археологиялъул цIех-рехазул хIасилалда баянлъана Гъолода росу Х гIасруялдасаго нахъе бижараб росу букIин ва гьенир ратарал археологиялъул хутIелаз бицунеб буго гьезулги магIарулазул аслиял мухъаздаги букIараб маданият цого тайпаялъул букIин.


Нилъеда лъала гьоркьохъел гIасрабазда магIарухъ ва сверухъ ругел ракьазда гIуцIун букIана Сарир абулеб щулияб хIукумат. ГIарабиязул тарихчагIазул тIахьазда рекъон, Арраналда (Хьунал Азарбижан) букIараб кIиазарго росдал бащдалдаса цIикIараб къадар Сариралъул пачаясул квершаликь букIун буго. Гьел росабазул чангоязда, гьай-гьай, магIарулал рукIине ккола ва гьезда гъорлъе Закаталаялъул магIарул росабиги ине ккола.


ЦIоралъул магIарулал Азарбижаналда магIарулал ругел росаби цIунизе гьабураб кIудияб галам букIун буго. Гьеб 30 километр халалъи бугеб галам жакъа къоялде щвезегIанцин нахъе цIунун хутIун буго. Галамалъул борхалъи 2 метр, гIеблъи I,5 метра буго. МагIарулазул биценалда рекъон гьеб бан буго Пари абурай пачаялъ гъажараздаса цIунизелъун. ЦIарги гьелда «Парил жубар» буго. Цо-цо азарбижаналъул тарихчагIаз, масала, Е. Пахомовас рикIкIунеб буго гьеб галам Дагъистаналъул халкъалдаса цIунизелъун бараб бугилан. Амма Закаталаялда гьарурал цIех-рехазул хIасилалда якъинго баянлъана къед бан букIин бакъдаса (югалдаса) рачIунел тушбабаздаса цIунизелъун. Гьединал къадал ва галам гьоркьохъел векалда Дагъистан цIунизе киса кирего гьарун рукIана.


Тарихалда жаниб чIарахъез чанги кIвар цIикIарал хIалтIаби ва бахIарчиял гьунарал гьаруна. Цо заманаялъ гьезие магъало кьолаан Шамахалъул ва Шаки ханзабаз. Хасго чIарахъел машгьурлъана Надиршагь Кавказалде вачIараб мехалъ, XVIII гIасруялъул 40-абилел соназда гьез рагъул кор боркьана «ТIолго дуниял гьар-гьазабулев» къажаразул шагьасул аскаралде данде. Гьеб букIана Кавказалъул халкъаз къажаразде данде гьарулел рагъазул тIоцебесеб багъа-бачари.


ЧIарахъез ва гъолодисез щущахъ рихизаруна Надирил вац Ибрагьим-ханасул гIемерал боял. Гьелдаса хадуб Надирица Закаталаялъул ракьалде рещтIизаруна жиндирго аслиял боял. КигIан гьез халкъалда зулмаби гьаруниги (гьез жидецаго чIварал гIадамазул бутIрузул сиял рана) гьезда кIвечIо гьел магIарулал чучизаризе. Закаталаялъул лебаллъиялъул хIакъалъулъ чанго магIарул нексиял кучIдузулъ бицун буго. Масала «Боде гъара балел гъолодисел» абураб кочIолъ руго гьадинал рагIаби:

Агъалдаса чакма билъ чапизегIан,

ЧотIасан рагъана дол гъолодисел,

Черхалдаса ярагъ цIед биинегIан,

ЦIадулъги рагъана чIарлъул бахIарзал.

ХIукуматалъул гIуцIиялда чIарахъезул рукIана ханзаби, бегзаби гьечIеб жамагIат. Аслиял ишал ва кIвар бугел суалал гIумруялде рахъинаризе гьезул рукIана хасал ришарал гIадамал – чIухIби. Амма гьел чIухIби бечедал ва чIухIарал кьибилалдасан рищулаан. Гьезухъ рукIана гIемерал ракьал ва лагъзал. XIX векалда жалго эркен гьариялъе гIоло пачаясул колонизаторазде данде магIарулаз гьарурал рагъазулъги чIарахъез цIикIараб гIахьаллъи ва гьунарал рихьизаруна. Амма чIухIбуца (росабазул бутIруз) ва бечедал гIадамаз пачаясул рахъ ккуна ва гьелъие кумекги гьабуна.


Гьединал руго ЦIоралда ругел магIарулазул хIакъалъулъ биценал.


Автор: Дибир Атаев

Баяналъул кьучI: БагIараб байрахъ. 15.01.1966 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +20
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook