Авторизация

СагIид-Афанди (къ.с.): «Дир умумулги гьаниса рукIанин абула»

Гьенир гIахьаллъана СагIид-Афандиясул вас, Дагъистаналъул теологияб институталъул ректор ГIабдула-хIажи Ацаев, муфтияталъул мугIрузул районалда вугев вакил ХIасан МухIамадов, районалъул имам МухIамад ХIамзатов, Къелеса гIалимчи ГIусманхIажи ГьитIинамухIамадов, ТIидиса гIалимчи МухIамад ГIабдурахIманов ва цогидал.


  Мажлис рагьана ва нухда бачана районалъул имам М.ХIамзатовас.

ТIоцеве кIалъарав М.ГIабдурахIмановас КIудиясул гIумруялъул мисалаздалъун бицана сунде тIарикъат хIалтIизабиялъ нилъ ахIулелали, кинаб хьвада-чIвади муридасул букIине кколебали. Мажлисалъул гIахьалчагIи ахIана цоцадехун гьуинлъи, вацлъи щула гьабиялде, машаихзабаздехун ва хасго СагIид Афандияс изну кьун тарал устарзабаздехун  рокьи цIикIкIинабиялде, гьел машаихзабаз малъаралда нахърилълъиналде.


  Дагъистаналъул муфтияталъул мугIрузул районалда вугев вакил ХIасан МухIамадовас жиндирго вагIза-насихIат байбихьана СагIид -Афандиясул баракат-шапагIат мажлисалда гIахьаллъаразе ва тIолабго Дагъистаналъего гьариялдалъун. Хадубго гьес баян гьабуна кинал тIабигIатал муридасулъ рукIине кколелали: - Аллагьасе гьабулеб тIагIат-гIибадат букIине ккола инсанасда живго жиндаго гIодовегIанавлъун, Аллагьасдалъун гурони жиндир щибго гьунар-бажари гьечIевлъун вихьун. Гьедин гьечIони , бихьизе гIибадаталъул сурат букIаниги, долда гIибадатин абулеб гьечIо, гьеб сверулеб буго, жиб сабаблъун нилъ мунагьалъулъе кколеб гIасилъиялде. Лагъасдаса мунагь ккейги, Аллагьасул кIудиял хIикматаздасан цояб буго. Щай абуни, мунагьалъулъе ккарав лагъ тавбу гьабун,  ракI бекун доб гIасилъиги тун Аллагьасде вуссине. Гьедин тавбуялдалъун лагъ Аллагьасде вуссиндал, Аллагьас гьесул мунагьал чурулила, хIатта лъикIлъиялдегицин, гIибадатлъун сверизарулила.


Хадубги жиндирго вагIзаялда ХIасаница рицана муридас устарасда аскIор цIунизе кколел адабазул, загьир гьабуна устарасда аскIор рукIун щолелдасаги цIикIкIун баракатги пайдаги рикIкIадги вукIун, устарас малъухъеги хьвадун вугев муридасе щолилан абураб пикруги.

Щивав гIалимчиясул кIалъаялда гьоркьоб районалъул имамас М. ХIамзаевасул тIехьалдасан цIалулел рукIана СагIид Афандиясул гIумруялдасан цо-цо лъугьа-бахъинал.  ХIотода росдал имам МухIамад ГьитIинамухIамадовас цIалулел рукIана, чан нухалъ рагIаниги жанисан гIелму босун хIал кIоларел, устарас назмабаздалъун муридзабазе гьарурал малъа-хъваял, насихIатал.

Къелеса гIалимчи ГIусманхIажи ГьитIинамухIамадовас жиндирго кIалъаялда мажлисалда данделъаразул кIвар буссинабуна районалда тIоритIулел исламиял мажлисазул бугеб кIваралде:


- Нилъеда бихьулеб буго диналда жанир ругел рикьалаби. Муса аварагасул дин гьабулел рикьун руго 71 бутIаялде, ГIиса аварагасул дин гьабулел рикьун руго 72 бутIаялде, нилъер диналъулъги руго гIемерал рикьалаби. Гьезул къадар бахуна 73-де. Рикьалаби гIемерлъиялъ нилъ рачунеб бакI бихьулеб буго, питнабазде, чIвай-хъвеялде ва цогидабги сурукъабщиналде. Нилъее гьаб ва цогидалги мажлисал районалда рикьалаби раккунгутIиялъе сабаблъун руго. ГIалимзабаз хIаракат бахъулеб буго хIакъикъияб диналъул бичIчIи халкъалда жаниб лъезе. Жакъа изну кьун буго бокьухъе дин гьабизе, малъизе, бичIчIизабизе. Дица гIелму тIалаб гьабулеб заманаялъ гьадинал ресал рукIинчIо, гIурул рагIалда гIадамаз тIад какал разе лъурал гамчIалцин нахъе рехун толареб заман букIана. Устарзабазухъе хьвадиги балъго гурони букIинчIо.


 Ниж цо нухалъ зияраталъ щвана Узбекистаналде.Гьеб буго цо заманалда унго-унголъунги исламалъул центрлъун букIараб ракь. Жакъа къоялда гьениб как ахIулеб гьаракьцин рагIуларо. Дин тIубанго гьукъун буго, диналъулъ ккарал рикьалаби сабаблъун халкъалда гьоркьор питнаби гIемерлъизе лъугьун. Жакъа нилъер Дагъистаналъул ракьалда бацIцIадаб дин цIунун хутIиялъе аслияб сабалъун нилъер машаихзаби руго.


Хадубго ГIусман-хIажияс бицана ахирзаманаялда диналъе бищунго хIинкъи цIикIк1араблъун бугеб вагьабияталъул рикьи кисан баккарабали, гьелъул байбихьи лъурав щив вукIаравалиги. Гьединго аварагасул хIадисаздалъун бицана рикьалаби гIемерлъидал, цIикIкIарасеб бутIа бусурбабаз гьабулеб диналда къагIида кквезе ккеялъулги.

 Жиндирго кIалъаялъул ахиралдаги ГIусманхIажияс бицана СагIид-Афандияс Дагъистаналда рекъел цIуниялъе ва дин цIилъиялъе лъураб бергьун кIудияб бутIаялъул.


    -Гьаб район буго гIемерал машаихзаби жанисан рахъараб, цIакъ баракатаб ракь. СагIид Афандияс абулаан жиндир умумулги гьанисан рукIанин абулилан, -ин байбихьана жиндирго кIалъай СагIид Афандиясул вас ГIабдула-хIажица, нилъер районалда рахъанщинал машаихзабазул цIаралги рехсолаго. -Сайпула къадияс хъвалеб буго, Аллагьасе цо лагъ вокьидал гьесулъ цо гьайат, берцинлъи лъолила, гьесдехун гIадамазул рокьиги бижизабулила.  Гьев чи хан гьечIони, ханзаби гьесул рагьде рачIинарулила,гьев чи бечедав гьечIониги бечедалги гьесухъе рачунила,гьев гъачагъ гьечIониги гъачагъалги гьесухъе рачунила абун. Гьелъул магIна буго –лагъ жиндир БетIергьанасе мутIигIлъани, БетIергьанас гьев чиясе нахъияб кинабго махлукъ мутIигI гьабулин абураб.  Гьедин, халкъалъул рекIелъ рокьи лъун букIана Аллагьас СагIид Афандиясдехун, мутIигI гьарун рукIана гьесие цогидаб махлукъги. Гьебги букIана Аллагьас гьесие кьураб карамат.  СагIид Афандиясухъе вачIун вуго цо дарги миллаталъул кIудияв гIалимчи ва абун буго мун устар ватани дида цохIониги дур карамат бихьизабейин абун. КIудияс абун буго: «Дун вуго гIелмуги дагьав, гIумруго вехьлъудаги арав чи. Мун гIадав кIудияв гIалимчи Аллагьас дида цеве вачин- гьеб гIоларищ дуе дидасан карамат?»- абун.


 Нилъер КIудияс кIвар кьолаан лъималазда гIелму малъиялде, гьезда гьитIинго исламалъул берцинлъи бихьизабиялде. Нилъеца гьитIинго лъимералда жаниб бацIцIадаб исламияб дин бокьиги, гIалимзаби рокьиги, аварагасул ирсилал –машаихзабиги рокьиги лъечIони, нилъеда, гьел кIудиял гIедал, гьезда жаниб лъезе кIоларо. Гьезда жаниб цогидаз лъун батула жидерго программа, гьел ккун ратула мекъаб нухде. Гьединлъидал, гъвет1 хьопода букIаго кьурейин абулеб умумузул абиялда нахъги рилълъун, лъималазе гьитIинго тарбия кьеялде буссинабе аслияб кIвар!

Баракатаб мажлисалъе ахир лъуна СагIид-Афандиясе цадахъаб дугIа гьабиялдалъун.  


Автор: МухIамад ГIУМАРАСХIАБОВ

Баяналъул кьучI: Казият "Цолъи". Шамил мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook