Авторизация

«БухIаниги щиб, ле, Аргъвани росу, Лъабкъого багьадур цо къоялъ чIвараб»


Шамил имам гьавуралдаса - 220 сон


«БухIаниги щиб, ле, Аргъвани росу, 

Лъабкъого багьадур цо къоялъ чIвараб»

 

ЛъикIаб къо букIана араб шамат къо. Радалго АхIулгохIил ахада гьудулзабигун дандчIвана. Бахъараб хвалчен гIадин, данде вахъун гьениве щун ватана Гьарадерихъа ХIамзат! МухIамадрасул ГIумаровги цеве гьавун, цадахъ Унсоколоса махщелцояй, «Ахихан» казияталъул редактор Саният КъебедмухIамадовагун, Дагъистаналъул зияратги бана гьениб. Гьениса ХIамзат ГIизудиновас рачана, гIаздал гъалай ккарал мугIруз сверун ккураб, бакълъулазул ГьацIакъалиян абулеб цо хIикматаб авлахъалде. Гьеб гIатIилъухъ имам Шамил гьавуралдаса 220 сон тIубай кIодо гьабун тIобитIараб тадбиралъул мухIканал баянал дица кьеларо, амма бихьа-рагIаралъул бицинчIого ракIги букIинаро.


Гумбет районалъул нухмалъулез гIуцIараб гьеб тадбиралде ахIун рукIана Дагъистаналъул киналго мухъаздаса ва Северияб Кавказалъул республикабаздаса вакилзаби.


ГьацIакъали гIатIилъи 

 

Пикрабиги ракIги гьалдолеб мехалъ, сундасан байбихьун гьеб загьир гьабилебали лъаларогоги хутIула дун. Диего гьабураб асар цIалдолезухъеги кьун бажаруларо.


МагIаруллъиялдаго къанагIатаб кIудияб гIатIилъилъи буго Басрияб ва ЦIияб Аргъвани росабазда гьоркьоб. Гьенире рахунаго, нухда батулеб ЦIияб Аргъвани росдал къватIахъан унагоги ккола гIатIиракьалда ругин.


Кванил нигIматазул остолал гIуцIулел руччаби, машинаби, чуял. Чухъаби ретIаралги тадбиралъул гIаламат бахъарал кепкаби лъуралги бихьинал. Оц жанибе гьунел хьагазухъ белъун, гьарзаго цебе лъолеб гьан, тIолеб гьагIу, тIибитIараб нигIмат..

Радалго, гьенире щун рахъиналде рачана кваназе.


ТIоцебе щвараб бакIалда суалалги гIемер рижула, гIадамалги лъазе бокьула. Кванде квер щолеб букIинчIо, сверухъ ралагьулаго.

-Гьаб гIатIилъи сундуе хIалтIизабулеб, ясал?

-Гьадинал тадбиразеха, - ян релъулаго жаваб кьуна эргъвендерил ясаз.

РекьичIого рехун тарал ракьал магIарухъ къанагIатаб жо гурелъул, хабар халат гьабичIого тана.

-Валлагьги, дир яс, комбайналъ бачIин бакIарулел хурзал рукIана гьанир, - ян абуна цо цIикIкIарай гIаданалъ.

 –Гьанже хъутабазда хъарпуз бекьула нижеца,- ян елъулаго цогидалъги тIаде жубана.

 –ГIурусазул аскарал рещтIун рукIун руго доб мехалъ гьаб гIатIилъухъ,-инги абун, халат бахъараб Кавказалъул рагъул соназ Аргъванир рукIарал бахIарчиял ва вахIшиял лъугьа-бахъинал ракIалде щвезаруна лъабабилей чIужугIаданалъ.

ЦIакъ тIадегIанаб даражаялда къачIараб кIудияб сцена хIадурун бугоан бакълъулаз тадбиралъе. СанагIаталда, гIодор халичабиги тIамун, руччабазе хасгьабун хIадурараб бакIалдаса тадбиралъул  хьибил гурони бихьизе ресги букIинчIо. Сцена ва тадбир бихьулеб гьечIин абураб гIарзги цониги рагIичIо. Кутакалда берцин бихьана, дирго ракьцоязеги хасиятаб, эргъвендерил руччабазул намус, сабру, адаб, гьоболасул гьабулеб хIурмат.


«Щиб, кин, квананищ, хIажатаб жо бугищ?- ин иргадал аскIоре хьвадана Гумбет районалдаса гьудул-гьалмагълъи.

Исламияб, тарихияб, ватIанбокьиялъул, спорталъул, адабияталъул ва маданияталъул  темабазда хIадурараб тадбиралъул бечедаб программа бихьана кIиазаргоялдасаги цIикIкIун чиясда. КIалъазе рахъарал республикаялъул машгьурал исламиял церехъабаз, жалго бакълъулаз магIу къулчIулаго ракIалде щвезарулел рукIана бакълъулазул ракьалда букIараб кIудияб рагъул хIужаби. Гьез данделъарал ахIулел рукIана цебесеб тарих жакъасеб гIелалда лъазабиялде кIвар кьезе, гьединго бицана, бида рецIцIулаго умумуз цIунараб, бацIцIадаб исламалъул нухдасан таризе бегьунгутIиялъул. Гьенирго рукIана маданияталъул хIаракатчагIаз хIадурараб, кIудияв имам ракIалде щвезавулел церерахъинал. Тириял чуязда рекIун, зикруги бачунаго, бачIунеб муридзабазул къокъа, къокъадул бетIералда имам - басрияб Аргъвани росдал рахъалдаса гьеб къокъа баккидал, бадиб магIу хуличIев чи хутIун ватиларо.


 -Рахъа, ясал, кваназе,- ян бахъана нахъеги нижеде ахIи.

 -Тадбиралъухъ балагьизе теларищ?

-Теларо, нилъее гьаниб гьабунщинаб дугIаялъул баракат щвани гIола!

Узухъда, разилъана, разияб гьумералъул аргъваниселъ къотIараб хIукмуялда.

Кваний гуребги, как базеги кинабго санагIалъи рекъезабун букIана, бихьуда гъветI гьечIеб гьеб авлахъалда. 


 ГIолохъабазул гури бакIарарал чанго батIияб спорталъул хIаялги унел рукIана сверухъ, амма руччабазул рекъараб къокъа балагьун чIун букIана рукIана чуял риччаялъул къецал байбихьиялъухъ.


«Чачаналъа рачIарал цIакъал чуял рагIула гьанир, гьез цогидазе бергьенлъи биччаладай», -ян вас-васдилел эргъвендерил ясалги, «мукъсанлъуге, ясал, бергьенлъи бакълъулаз босулин», - абун таваккалалда дунги, нижер хабаралъул кеп щун сверухъ ругелги рукIана. Бергьанаха бакълъулал! Хадусеб бакIалде рачIана Чачан республикаялдаса чотIахъаби.

ХIамзатица цевехъанлъиги гьабун, ГьацIакъалиса ниж рахъана, гучаб ХIариб мегIералъул ахада, кьурул каранлъ бугеб, Шамил имамасул нус-нус муридзаби шагьидлъараб, басрияб Аргъвани росулъе. Рихьана 600 мурид вукъарал хобал. НекIсияб гьеб росулъ  чIунтарал ригьзал гIемер ругониги, ралел руго цIиял минабиги, нухда данчIварал харабаз гьалбадерие бицунеб буго росдал тарихги.

Пикру гьабизецин захIматаб вахIщилъи бихьараб, бицаде хутIараб бахIарчилъиялъул нугIлъул бугеб росу! РекIел хIал цадахъ ругел гьудулзабазда лъазе теларин, басриял къадазде, чIунтарал минабазе, чармил кьуру бикIун гьабураб сухъмахъалде юссуней йикIана дун.


   Нахъеги тIадюссун абила, бахIарчиял умумузул наслу-эргъвендерил жамагIаталъ, Гумбет районалъул нухмалъулез кIудияб хIурматалда, гьарзаяб нигIматгун къабул гьаруна рикIкIен гIемерал гьалбал. Гьединалго сахаватал рукIана районалъул нухмалъулез къецазда бергьаразе, спорталъул багьадурзабазе кьолел сайгъаталги.

 


Автор: ПатIимат ГьитIинова

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +28
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook