Авторизация

Эбел

                                             Э Б Е Л…

Дир лъимерлъиги, дир гIакълу мукъсанаб гIолохъанлъиги, дир тIурачIел анищалги, дир рокьиги, дир магIуги, къваридго, макьу щоларого рогьарал халатал сардалги – кинабго хутIулеб буго гьаниб, эбел, дур хабада бижараб хариде тIинкIулел, дир магIил гаразулъ…

Гьаб, гIундул гъугълъулеб сихIкъотIиялдаги, пашманго шуршудулел тIанхаздаги, къо-мех лъикI гьабулеб гIадин, хIеренго женжедулеб гьородаги, гIемер рикIкIад гьечIого чил-чилиялда чвахулеб лъаралдаги, зодир, цо рахъалдехун роржун унел накIкIаздаги, магъилъ, сундулниги ургъел-гъвел гьечIого кваналеб рехьедалдаги – киназдаго лъалеб бугин ккола мун ракьалда гьечIейлъи…

Гьаб росдал къулгIадухъе унеб нухги, дуца рекьарал, чIарарал, рецарал хурзалги, дуца хIамида лъолеб букIараб, гьанже тIокъоде рехун бугеб кьилиги, рогьалилъ кидалдай нуцIа рагьилаян, дур хIатIил сасихъ ралагьун чIолел рукIарал гIанкIу-хIелкалги, щвараб бачIиналъ дуца хъизанго хьихьулеб рукIарал бахчабиги, лъицаниги гьанже жанибе хIетIе чIоларел бокьалги, гьоралги, лъим цIолеб букIараб гIеретIги, махIтIи балеб букIараб таргьаги, дур гIедераб квералде ругьунлъараб харицелгун-рухьенги – гьел киналго дуе хиянатлъиларилан, нижедеги руссинчIого, нижги рекIее гIечIого, нижер хинлъиги бокьичIого, нижер тIалабги щвечIого – дуе ритIухълъиги цIунун, бесдаллъиги хIехьон, руцIцIухIун гIодулел руго…

Дол, мун хварал цIорорал, пашманал, ниж цо гъваридаб кIкIалахъе рортулел ругин ва рортун тIиналдего щолелги гьечIин ккарал хасалил къоялги, чанго къоялъ заниялде тIаде къулун, гьеб бикIулаго, гьурмада хIурги чIван, кьерги босун, гIодобе къулараб бетIерги тIаде борхуларого, хабалазулъа рокъове вачIине бокьуларого, квачаялъухъги кванихъги тIалабги гьабичIого вукIарав вацги,  дида кIочене гьечIо киданиги. Дол къояз дида якъинго бичIчIана: нижер аваданлъиги, нижер рохелалги, нижер гIолохъанлъиги, нижер гIумруялда жаниб цо бакI кквезе рукIарал анищалги, ккаралщинал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ эбелалда бицине букIараб гъираги – гьеб кинабго эбелалда цадахъ ракьулъе араблъи…

Шагьаралдаса лъимал рачIанщинахъе, щибаб сордойил нижехъе ракIарулел рукIарал мадугьалзабиги, цо богое квен гьабун кванаралго, гьебсагIатго цоги богалде гъира-цIаялда квен гьабизе ралел нижги; къасиги къадги къазего къалареб телевизорги, гьенир унел передачабиги кинобиги нижеца ирга бан, магIарул мацIалде руссинарун, харабазе рицунел; махсарабиги, релъиги, ракIрагьарал харбалги: букIаралъулги, бугелъул, букIине бегьулелъулги – гьеб кинабго лъугIана, къотIана эбел хварайго… Дида ккола киналго мадугьалзаби – кIудиял хараби, гIемер унтизе ва хвезе лъугьанин гьелдаса нахъеян. 

ГIор бахъун цояб рахъалда, хьонлъуда, борхалъиялда бугеб «КIичIида» хурире ниж унаго, гъоркьа тIаде рилълъунаго, эбелги нижги хIохь бахъизе кидаго лъалхъулаан цо кIудияб гамачIги бугеб борхалъиялда, хурире щвезе гIемер манзил хутIичIеб бакIалда. Щибаб нухалда, дое цееги ялагьун, гьей юцIцIухIун чIолаан. Дица доб мехалда гьелъул кIварго гьабулеб букIинчIо, щайзе эбел гьеб ганчIихъ лъалхъулеяли, хадуб дида бичIчIана гьеб… Гьениса ралагьараб мехалда, гIор бахъун доб цояб рахъалда ругел хобал цере лъун рихьулаан, цIакъго цебе лъун бихьулан гьениб, халатаб инсул заниги... Гьеле гьениеха, юцIцIухIунги чIун, пашманал, нур ссунел бераз, эбел ялагьулейги йикIарай…

Гьаюраб къоялдаса нахъего, гьелъулъ букIараб пашманлъиялъ, гIажаиблъулаан дун. Дида гьанже бичIчIулеб буго гьелъул тIубараб гIумруялъго сундулго ва лъилго къо–лъикI гьабулеб гьурмал пашманлъи… Долда лъалаан гIумру лъугIулеблъиги, киналго хвезе ругеблъиги… Дида доб мехалда жеги гьеб тIубан бичIчIулеб букIинчIо: хвел букIана цIакъго рикIкIад, жеги тIубараб гIумру букIана цебе…

Дир хирияй, хIеренай, сабурай, сахаватай, пашманай, яцIцIадай, дир яхIалъул хIуби, дир цIодорай, сихIирлъи киданиги рекIелъ рекIинчIей, цониги как течIей, цониги кIал течIей, кьижун йихьичIей, кваналей йихьичIей, дур хинлъиги канлъиги кигIан кьуниги нижее гIечIей, гIагарай эбел!..

Мунагьал чураяв инсуца абулаан, велъулаго: гьай цоги гьадигIангосей ракьулъеги йигилан… Гьелъулъ букIана кIудияб магIна: гьел рукIана бищун тIадегIанал реццалъул рагIаби. Нижер хъизаналдаги, гIагарлъиялдаги, мадугьаллъиялдаги цIакъ лъикI лъала гьел рагIабазул магIна…

Ниж гьанже къанагIатги щола росулъе, ракI цIаларо гьенибе, хварав гIагарав чиясул зигараялъеги ва щибаб соналъ кIалбиччанкъо гьабизеги. Росулъе щваралго ниж, эбел гьечIеб рокъоре инеги гIедегIичIого, цин хабаде уна, эбел-инсуеги гIагаразеги саламги кьезе, гьезда нижго рихьизеги…

 

Пат1имат Г1абдурах1манова


Автор: Пат1имат Г1абдурах1манова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook