Авторизация

ХIаригабурлъухъ


   Проза


  ХIаригабурлъухъ 


(гьитIинаб къиса)


«Тимурил бидулаб нух» абураб асаразул рахасалдаса гIекI


ТIоцебесеб гIанси тIей. Пуй-чIвай


ГIазул васикIоясде сверун вахъунев вукIана Чанахъан. Гьарзаго балеб гIазу пулеб гьороца хъамулеб букIана. Ссаназдаса бацIцIад гьабун лъухьун, гIурабазда, сиртазда, хъинсазда гIазул риццатал гIансал гьарулел рукIана гьороца.


Нух батIа бахъизе лъалеб хIал гьечIоан. МегIералъул щоб пуй-чIваялъ цIан битIизабун бугоан. Чанго натIалъ гурони, сверухъ щибго бихьулароан. Хъубухъун лъураб гIодонакIкIалъ бецIлъизабун букIана дунял.


Радал Хасавюрталдаса къватIиве вахъарав Чанахъан къоялъ гьанив нухда хутIана. Гьасул тIадагьаб УАЗ-3151 машинацин чара къосун ккана. ГIарахъмагIарда вехьасда гIадин, гIодобнакIкIалъ  нух къосинабурав ва ккараб мухъ-рахъ бичIчIуларев Чанахъан машинаялъуса къватIиве вахъана.


Гьениб пуй-чIваялъулъ бараб чанго лахIзаталъин гIазул васикIолъун лъугьине дагьав хутIарав нухлулав.


Гьасул бухари-тIагъурги, дубленкаги, хинаб тIужуги, хасалил хьиталги гьороца тIад речIчIулел гIазул хIулабаз рахьхъахIлъун рукIана. ХъахIрасалъ тIубанго кверщел гьабичIеб гьасул тIарцIцIаб мегежги хасалил пуй-чIваялъ гIазухъахIлъизабуна. Чанго дакъикъа иналде Чанахъанил кьунсрузги тIелхазги сверухълъиялъе хасиятаб хъахIаб кьер босана. Жакъа тIабигIаталъ гьаниб, хъахIаб гуреб, батIияб кьер толеб букIинчIо. Гьебго релъадулъ ччун бахъана гьасул машинаги.


Нухлуласда цадахъ рукIана гьесул гIолохъанал лъимал – 21 сон барав  Маххулавги 19 сон барай Меседоги.


Тарихалъул мугIалим Чанахъанасда ракIалде щвана гьаб ХIаригабурлъи мегIералда хурхарал къисаби, бицаби, маргьаби. Хех гьавун машинаялъувеги вахун, гIанси тIунгIаги бачIунгегиян  палгъан ккарав Чанахъан лъималгун ва машинагун цадахъ, анлънусидаса цIикIкIун соналъул манзилги тун, XIV гIасруялде гьабго магIарде ккана.


КIиабилеб гIанси тIей. Тилмач ХIохьолав


– ГIандибги Усишабги гIадамазда тIад лал тIамуралъухъ, гьаб МугIрузул улкаялда вахIшилъаби гьаруралъухъ, жакъа магIарулазул ракьалъ нужедаса рецIел босулеб буго! – ян гьорода данде ахIун биччана Чанахъаница, чахъаби гIадин, ХIаригабурлъухъ гIунулел Рекъав Тимурил боязде вуссун.


ХIикматго ралагьана Чанахъанасухъги лъималазухъги къолдабазулъ, яргъилъ ва гIазу-цIералъулъ тIерхьарал гIадамал. Гьезда гьоркьов вугев тилмач-магIаруласда бичIчIана Чанахъанасул рагIабазул магIна. Амма гьал лъабазулго ретIа-къайги аскIоб бугеб махх-чаранги тилмач ХIохьоласул гIакълуялъ росулел рукIинчIо. Жиндир беразда божуларого, лъикI кIвекIана гьес гьел, ва нахъеги тIаде рачIаразухъ чIваркьун, хаган валагьун хутIана. ШайтIабаца ккурал чагIицин гуродай гьалилан хIисаб гьабуна ХIохьолас. Тилмачгун цадахъ чанго рагъухъанас живго Рекъав Тимурил чIел бугеб бакIалде рачана Чанахъанги лъималги.


Нусал яги цоги бегIерлъи бугищали лъикI хал-шал гьабуна гьазул Бакъбаккул парччахIасул нукарзабаз. Щаклъизе гурони жого букIинчIо гьал лъабазулго сипат-сураталъулъ ва рагъа-ракариялъулъ. Щибали лъалареб къайи-матахIги бугоан гьазухъ. Чанго нукарас рега-ритIана гьазул телепонал. Гьез чи чIваларилан хIукмуги гьабун, тIадруссинаруна бетIергьабазухъе. Лъабалго парччахI вугеб рокъоре лъугьиндал, Маххулас XXI гIасруялде жиндирго гьудуласухъе телепоналъ смс хъвана: «Ниж Рекъав Тимурилгун гара-чIвари гьабихъезин руго», – ян.


Лъабабилеб гIанси тIей. Хонжролги къалмилги тарих


Азияги Европаги мерхьунев вугев Маххул Рекъав цоги бодул церехъабазда ва рагъухъабазда гьоркьов бер речIчIаравго ватIа вахъана Чанахъаницаги лъималазги. Чабхъеназдаги нукарбазаз Тамерланил тах цадахъ босулаан. ЧIухIун гьелда гIодов чIун вугоан вахIшияв азиялъулав. ПарччахIасул меседил тажалда тIад хъубухъун къазабун бугоан кIудияб гIиял тIагъур. Чахъабазул тIахьазул гьабураб тIимугъ ретIун букIана гьесда. Багьаяб къохьол гьарурал чакмабиги ругоан. Къваридабго рокъоб цIа бакун букIаниги, сверухълъиялда гIергIедулеб гьалагаб гIазул пуй-чIваялъ цоцалъа бахъулеб бугилан кколаан ганчIил гьабураб гьеб минацин.


Маххул Рекъасул бадиве валагьана Чанахъан. Инсанасул къотIарал бидурихьазулъа кьабулеб би гIемер бихьарал берал ругоан гьел. РукIкIалабазул цIураб чабхъадуласул гьумералда цебехъанлъи гьабиялде ругьунаб пахруяб асар халлъулеб букIана. ПарччахIасул чIелалъуре лъугьаралщинал гьесие къулулел ругоан, Чанахъанасе ва гьесул лъималазе къулизе бокьичIо. Гъура-чункараб узбек мацIалда тIаде щваразул хIакъалъулъ чанго рагIи абуна Тимуридехун тилмач ХIохьолас. Цинги Тимурица гьадинаб калам гьабуна (тилмачас «гIажаибал лъабгоязе» магIарулалде буссинабуна хадуб гьеб):


– Бащдаб дунялалъул кверщелчи Тимур ибн Тарагай Барлас ккола дун. Меседил Ордаялъул хан Тохтамышица инкар гьабуна дие мутIигIлъизе. Гьев къоселасда бихьана дир бодул гучалда жиндир квер рекIулареблъи. Гьесул мекъи ккарал ишазда нахърилълъаралщинал ва дие мутIигIлъичIел росабиги шагьаралги дица рахъана, рухIана, гьел инкарчагIазда лал тIамуна. Къей лъаларев Тимур ибн Тарагай Барласил шавкат бихьана гьезда. Дица гъурал цIаяз бухIулеб буго нужер МугIрузул улка. ЦIакъго щулиял шагьаралги хъулбиги сихIруялдалъун, махсароде кквеялдалъун росана дица. Биччанте Тохтамышида бихьизе гьесул кIудияб пачалихъ дица щущазабулеб куц, гьесул рахъкколезул гвангварабазул гохIал толел руго дица киса-кирего, гьединго - гьаб МугIрузул улкаялдаги! Дида бахъизе кIолеб букIинчIо Алмахъ шагьар. Гьеб хъалаялъув вукIана анкьго-микьго азарго чи. Гьез щулаго цIунун бугоан жидерго шагьар. Амма дир жасусаз гьеб хъаладул гIадамал къуркьизарулел баянал ралагьана. Гьезие иццул лъим къотIизабизе кIвана. Бащдаб дунялалъул парччахIасе мутIигIлъичIел алмахъалъулазе букIине кколеб тамихI гьабуна дица. Гьезда квер хъваларин ва шагьар биххизабиларин рагIиги кьун букIана хъаладул каваби рагьизе разилъарал алмахъалъулазе. СихIирлъи – бергьенлъиялъул шартI! Дир бахIарчиял рагъухъабаз Алмахъ биххизабуна, гьелъул гIадамал гъурана, цо-цоял лъутунги ана. Тамерланида дандечIезе бегьуларо, гьеб ккола кIудияб такъсир. Гьаб дир чIелалде щварал нужеца дие бетIер къулулеб гьечIо. Дида цебе къулулареб бетIер хатIихалда бала дица, чахъдал кинигин!


– Куцго сахаб гьечIин гьасулин ккана, тIоцебе дуда берчIварабго, дида ракIалде, – ян жаваб гьабуна Чанахъаница (тилмачас хадуб мухIканго таржама гьабуна) Тимурие. – Дуцаги дур бодул церехъабазги МугIрузул улкаялда гьабураб пасалъи, анлънусго сон аниги, кIоченчIо гьаб ракьалъул гIадамазда ва инсанияталъул тарихалда. Гьеб гIасилъиялъул бицун, мактабазда цIиял гIелазе дарсал кьола дица. Самаркандги Бухараги цIигьарун рарав, астроном Улугбекил кIудияв эмен Тимурица дунялалда тараб бидулаб нух! ГьабсагIатги дур гьеб нух бихьизабула МугIрузул улкаялда харабаз гьитIиназда.  Мун бергьинчIо! Мун къуна! Дур лъалкIал руго дандиясде боргьараб беццаб ццидал вахIшиял лъалкIал, Меседил Ордаялъул хан Тохтамышидаса рецIел боси мурадалда тIуна дуца лъималазулги, руччабазулги, харабазулги би, рухIана ва щущазаруна мугIрул халкъазул росабиги шагьаралги. Амма дуца гъураб цIаялъ бухIун лъугIичIо нижер ракь. Дур чабхъадулаз риххизарурал росабиги хъулбиги нижеца цIидасан рана. Мунги дур гIащтIичагIиги гьаниса ана. Гьаб ракьалъул бетIергьаби – ниж –  хутIана. Кьурабазда ахал гьаризеги хъинсазда хурзал рекьизеги мугIрузул халкъазул гурони гьунар гIоларо!


Ункъабилеб гIанси тIей. Улугбекил мугIалим Каримбей


Чанахъанил рагIаби магIарулалдаса узбек мацIалде руссинаруралго, Тамерланил ццин гьалаглъана. XXI гIасруялдаса «гьалбадерил» гарбал къотIизе буюрилин вукIаго, Улугбекил мугIалим, Тимурил мирза, гIакълучи Каримбей вачIана цеве:


 – КIудияв гIамир Тимур ибн Тарагай Барлас! Гьев тарихалъул мугIалимасдаса гIелмияб пайда босизе рес буго нилъее. КигIан кIал хъачIав чи гьев вукIаниги, тарихчи чIвачIого нахъе цIунани, дур пачалихъалъе гьелъул хайир букIина, бетIер чIахъаяв кIудияв гIамир Тимур ибн Тарагай Барлас!


 – Дир беразда цереса нахъе раче! ГIазул пуй-чIваялъ ва тIолел гIансаз аскар гъурулеб мехалъ гьев чIухIарав тарихчиясул хабар камун букIана дие! – илан хъетIана Рекъав.


Тимурил бо лъалхъараб бакIалда букIараб ракьулъ гьабураб цоги рокъоре щвезаруна берал къваридал рагъухъабаз Чанахъанги, Маххулавги, Меседоги. Гьениб Каримбейица Гъиргъизиялъул мугIрузул ва дора дандчIвалел пуй-чIваязулги гьуразулги бицана, амма ХIаригабурлъухъ гIадаб кутакаб кьаби гIазуца Тимурил боялда кибниги щвезабичIилан мукIурлъана гIалимчи-мирза. КигIан кьварарав чи вукIаниги, цIаларал чагIазухъ, махщалилазухъ цо-цо гIенеккулин гIамир Тимур ибн Тарагай Барласилан тIадеги жубана гьес.


– Чанахъан, дица нуж кIудияв гIамир Тимур ибн Тарагай Барласил гучаб пачалихъалъул тахшагьаралде Самаркандалде ахIулел руго, яргъил мацI гуребги, гIелмудул мацIги нижер къираллъиялда тIибитIун бугеб куц бихьизе, – ян кIалъана Каримбей.


– Нужеца гьаб МугIрузул улкаялда бекьулеб зулму бичIчIулеб гьечIо нижеда. Щиб лъалеб, Бухаралде ва Самаркандалде щведал, нужер маданият бичIчIизе рес буго. Рази вуго дун, – илан жаваб гьабуна Чанахъаница.


XXI къарнуялъул магIарул тарихчияс XIV гIасруялъул Бухараялде ва Самаркандалде гьабураб сапаралъул батIа-батIайиса бицуна гьелъул хIакъалъулъ махI чIварал чагIаз. Гьаб къисаялъул авторасда живго Чанахъаница бицана кинабго мухIкан гьабун. Саламатаб даптар цIела, гьеб къалмиде босани. Цогидаб гьитIинаб ялъуни кIудияб къиса бижизе рес буго гьел ракIалдещвеязул кьучIалда.


Каримбей Чанахъан вачараб ракьулъ гьабураб рокъоса къватIиве аравго, жеги кукатлъана гьуриги гIазу-цIералъул пуй-чIвайги. БацIазул руруй кIочон тараб, гIинкълъизабулеб гIадаб кIудияб гьаракь букIана сверухълъиялда боржанхъулеб. Тимурил чанго рагъухъан, гIундул рихъун, гIадаллъун лъугьана. Гьеб ахIиялъул, хъирхъириялъул карачалабаз рих-риххизарулел рукIана бакI-бакIазда тIепун чIарал «бащдаб дунялалъул парччахIасул» бодулал. МугIрул тIогьиса тIун бачIараб иргадулаб гIансиялъ кIкIалал тIинде рачун ана чияр ракьалда зулму бекьарал Гьоркьохъеб Азиялдаса рагъухъаби.


Щуабилеб гIанси тIей. ХIаригабурлъи кIалъана


ХIаригабурлъи гаргадана, кьурабазул ганчIилал заралги рукъун, багъаранхъдана гьеб. Тимурил рагъухъабазул рас бахъун чIана, кьертIуна. Кьураби риххулеб гIадаб гьаракьалъ ХIаригабурлъи мегIер кIалъана:


– Лееее, инсанлъи лъугIарал зулмучагIи! Чорок гьабуге дун, нужер нахъегIанал чурхдул тIаде рахиналдалъун! Гьадин кIорокIула дица нуж! Гьадин гIазу речIчIун чIвала дица нуж! Те дунги гьаб МугIрузул Улкаги магIарулазе! РухIгIан дун хириял гьаб ракьалъул бетIергьабазе! Дир парсазухъ гIиял хьихьула гьез! Дир щобазда хурзал рекьула гьез! Хьитал рахъун, хIатIида гIицIго гурони, хурзабахъе лъугьунаро гьел!  Санайил беэн гьарула хурзал! Толаро гьениб чIар! Дир ругънал сахгьарула гьез – ччукIалабазда гъоркь къадал рала, кьураби кквезе гъутIби чIола! Дир щобазда щущарал гьарчал рищун, гъугъдузул гохIал гьарула! ГанчIил росаби, нухал, сиял эхетула! Дунги гьаб МугIрузул Улкаги магIарулазе, гьаб ракьалъул халкъазе рижарал руго. Гьал халкъал МугIруз кидаго цIунана ва цIунизе руго! Гьез ниж цIунаралгIан мехалъ! Нуж тIубанго гъурун тIагIинаризе бокьун батичIони, рачIарабго бидулаб нухалъ нахъе ххазабе; лъималги, руччабиги, харабиги чIварал бидулал квералги росун, нуж МугIруз тIад хIехьоларо!


Иргадулаб тIун бачIараб гIансиялъ рачун ана Рекъасул таманал бодулал. Живго Тимурги хIалихъе ворчIана нахъе. Щиб лъалеб, гIелмуялде гьоркьо-гьоркьоб гьабулеб сахаб бербалагьиялъ ворчIун ватизеги бегьула.


Азиялдаса вачIарав «бащдаб дунялалъул парччахIасул» аскараз мугъ берцин гьабизегIан ХIаригабурлъухъ пуй-чIвай сасинчIо. Гьел цереса тIагIун хадуб гурони МегIералъул ццин гIодобе буссинчIо. Цинги накIкIазда гьоркьосан мегIер къалъизабуна бакъалъ. Хадуб, гIазу чучлъидал, къватIире рехана тушбабазул жаназаби. Гьездаса бахъараб квешаб махI магIарухъго тIибитIана. МугIрузул улкаялъул бетIергьабаз хех гьабун ракьулъ рукъана бидулал. Кавказалъул ракьалъ бигьаго къулчIана гьел.

Доб 1396 сон ракIалде щведал, гьанжеги согIлъула мех-мехалъ ХIариб мегIер. Гьеб сон гуребги, чанги рихьана гьелда захIматал мехал… Киналго къисаби гуро ХIаригабурлъиялъ цIиял наслабазе рагьулел ругел… Щиб лъалеб, жеги гаргадизе бегьула ХIаригабурлъи. Гаргадизе бегьула МугIрузул улкаялъул щибаб мегIер, кьуру, габурлъи, гамачI, си, сухъмахъ.


2012 -2013 с.с.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +245
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook