Авторизация

Бакълъулазул росаби. Бакьулъ Гьарадирихъ

Бакьулъ Гьарадирихъ

Автор: Гебек Гумбет

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +64
  • Нравится
Оставить комментарий
Ассаламу гIалайкум, гIагараб Гьарадерихъ
 
Ассаламу гIалайкум,
ГIагараб Гьарадерихъ –
Кьурул хъинсда чIараб цIум,
ЦIорон балагьуге дихъ.
ГьечIо дудаса цIикIкIун
РекIей хирияб бокIон.
Дир анищ, Гьарадерихъ,
Дур роржен буго зодихъ.
Узденал умумузул
Азарил сонил руссен,
Сси бугел наслабазул
Меседил кверзул расен.
Ассаламу гIалайкум,
МугIрул иццазул зумзум,
ТIохмугIрул кьурараб михъ –
Кьварараб Гьарадерихъ.
Гьабе къабул дир чIалгIен,
ГIагараб Гьарадерихъ,
Мун – гIаданлъидул хвалчен
ТIохмегIералъул рачлихъ.
Гьайбатлъидул пачалихъ,
Беричаб Гьарадерихъ –
ТIохмугIрул тIогьол квацIи,
Гьелъул керемалда цIва.
Гьале щолев вуго дун
Духъе цIидасан чIухIун.
ХIалтIул соназ сверарал,
Салам, гIураби, хурзал!
Мех къватIиб бахъунилан,
Гьарадерихъ – дир ватIан.
Шагьаралъ веэдунин,
Гьал щобал кIоченел кин?!
Гьел киналго дир рекIелъ
Даималъего рукъ ккун.
Шагьаралдаги макьилъ
Росулъин вукIунев дун.
Ассаламу гIалайкум,
Гьарадерил жамагIат,
МугIрул цIумазул тухум,
Тари лъалареб уммат!
Лъана росуцоязул
Гьале хинлъи кверазул.
Гьазул сверулъ кинниги
Сасинищ ракI кибниги?
Ассаламу гIалайкум,
ГIагараб Гьарадерихъ –
Кьурул хъинсда чIараб цIум,
ЦIорон балагьуге дихъ.


ЧIахъаги гIагараб тIадмагIаруллъи!

ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
ТIабигIат кьварараб аваразул ракь.
Зодой кIал гъирарал гъваридал кIкIалал,
НакIкIал тIу-тIун ралел тIогьазул хучдул.
ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
МоцIрол, багIарбакъул, цIвабзазул ханлъи.
ЦIадал рахьдал ралеб, гIорал гьацIулаб,
Маргьудул гьайбатлъи насибаб улка.
ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
Мун — тIадбахIарчилъи, тIадбихьинчилъи.
Эркенлъи, ритIухълъи, яхI цIуниялъулъ
ТIолго дунялалда тIад бугеб ТIалъи.
ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
ТIогьал росулеб бис, зоб кодосеб цIум.
Игуасу, Анхел гьитIинал руго
Гьел дур ракI боххулел чвахияздаса.
ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
РухIалъул Эверест, яхIалъул Брест.
Нартаз чIеллъун ккураб хIикматаб бокIон,
ХIакъаб исламалъул къунареб ралъад.
ЧIахъаги гIагараб ТIадмагIаруллъи! —
ЛъикIлъидул рагъухъан, рокьул багьадур,
Гьунарал гьарзаяб гIазизаб ВатIан!..
МугIруз жакъа бутIрул къулун ругел щай?
***
...Гьале дир гъансито - дир Гьарадирихъ,
Дун гIодов чIун вуго кIодогун цадахъ.
Дида кодобе гьалъ Къуръан бегьана,
Мунагьазул гьирал тIадагьлъун ана.
Гьаб гIумрудул бакIлъи, хъублъи дагьлъана,
Дир ракI бацIцIалъана, дунго цIилъана.


ТIоцебесеб гали

Буго гьаб кIудияб дуниялалда
Дий ватIанлъун кьураб тIадегIанаб бакI.
Буго Гьарадирихъ, салам дир дуде,
Дир рекIее - дунял, картаялда - тIанкI.
ТIегьгун заз гьарзаяб гьаб дунялалде
Дун вачIараб рагьу - дир Гьарадирихъ,
ГьоцIо, цIам жубараб гьаб гIумруялда
ТIоцебесеб гали - дир Гьарадирихъ.


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook