Авторизация

ХIарисан гIумрудул нух бахъи


Бакълъулазул басма – бакълъулазул тарих


«Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялде


Бакълъулазул гIумрудул матIу


Гумбет районалда газета къватIибе биччазе байбихьаралдаса 65 сон тIубаялда хурхун, церегосел газетаздаса цо-цо кIвар бугел къокъал материалал рахъизе байбихьун буго нижеца. Жакъасеб номералда лъолел руго, районалъул газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе биччалаго, редакторлъун хIалтIарав ЦIумада районалъул Лъондодаса АсхIаб Кировасдасан байбихьун, гьесда хадусел цо-цо редакторзабазул, гьезул захIматалъулаб хIаракатчилъиялъул хIакъалъулъ баянал. Гьединал  къокъал баянал райгазеталда киналго редакторзабазул хIакъалъулъ рахъизе руго.


Редколлегия

 

АсхIаб Киров


«Гумбеталъул колхозчи» газеталъул тIоцевесев редактор


Гумбет районалда газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе ана 1952 соналъул тIоцебесеб январалда. Гьелъул редакторлъун вукIана ЦIумада районалъул Лъондода росулъа АсхIаб Киров.


АсхIаб вукIана редакциялда хIалтIул хIалбихьи щварав чи. ЦIумада районалъул Лъондода росдал Советалда секретарасул хъулухъалдаса гьев вачана гьеб районалъул газеталъул редакциялда корректорлъун, хадув литературияв хIалтIухъанлъун. КIудияб ВатIанияб рагъул кор боркьараб 1942 соналда тIамуна ЦIумада районалъул «Колхозчи» газеталъул редакторлъун.


Бажари бугев гIуцIарухъан хIисабалда АсхIаб Гумбеталде витIана ва «Гумбеталъул колхозчи» газеталъул редакторлъун хIалтIана 1952 соналдаса 1955 соналъул октябралде щвезегIан. МагIаруласда рекъараб хьвада-чIвадиялдалъун, ритIухълъиялъе гIоло къеркьеялдалъун, хIалтIуде ва гIадамазде бугеб рокьиялдалъун, жиндирго хIакъалъулъ лъикIаб пикру тана гьес Гумбет районалда. 1955 соналъул октябрь моцIалда гьев Гумбеталдаса  гIагараб ЦIумада  районалде ана ва, 1966 соналда мустахIикъаб хIухьбахъиялде инегIан, гьесул гIумру бухьараб букIана гьеб мухъалъул газетагун.


МухIамадзагьид ГIабдулатIипов


БетIерав редактор - «Кавказ цIуниялъе гIоло»  медалалъул кавалер


1957 соналъул октябрь моцIалдаса 1960 соналъул июнь моцIалде щвезегIан «Гумбеталъул колхозчи» газеталъул редакторлъун хIалтIана ТIад Инхо росулъа МухIамадзагьид ГIабдулатIипов.


ТIад Инхо, Гъоркь Инхо школазда цIалана МухIамадзагьид. 1953 соналда лъугIизабуна Дагъистаналъул областалъулаб кIиго сонилаб партшкола.


ГIемерал хъулухъазда хIалтIана гьев ва кибго бажари бихьизабуна. Цадахъ хIалтIулезе гIакълу кьолев, яхI-намус бугев, гIуцIарухъанлъиялъулаб хIалтIи махщалида бачунев чи вукIана ГIабдулатIипов. Гьев хIалтIана гIагараб ТIад Инхо, гьединго ЦIунди-Щабдухъ росабазул колхозазул бухгалтерлъун, партиялъул Гумбет райкомалъул инструкторлъун, Гъоркь Инхо, ТIад Инхо школазда учительлъун ва цогидалги бакIазда.


ГIабдулатIиповасе щвана «КIудияб ВатIанияб рагъул соназда багьадураб захIматалъе гIоло», «Кавказ цIуниялъе гIоло» медалал ва цогидал шапакъатал.


Аралда таманча речIчIани…


ХIарисан  гIумрудул нух бахъи


Щиб хъвалеб букIараб 1953 – 1956 соназда «Гумбеталъул колхозчи» газеталда


ГIолохъанав врач


    ГIемер заман гьечIо гIолохъанав врач Рашид ГIумаханов нилъер районалде вачIаралдаса нахъе. Гьев вачIинегIан больницаялда унтарал гIадамал сахлъизариялъе гьабулеб хъулухъ гIей гьечIеб букIана. Унтарал гIадамазе операциял гьарун сахгьари гIуцIун букIинчIо.


    ГIумахановасул хIаракаталдалъун больницаялъул рукъзал берцинго къачIана. Унтарал гIадамал сахгьариялъе гьабулеб хъулухъ лъикIлъизабуна, ва, гьел операциял гьарун, сахгьари гIуцIана. 11 моцIалда жаниб 37 чиясе гьарурал операцияздаса хадуб киналго сахлъана.


А. ГIалиев


Спорталъе - цIияб байдан


    Данухъ анкьгосонил школалда учительзабазул ва цIалдохъабазул къуваталдалъун 24 марталдаса тIоцебесеб апрелалде щвезегIан школалда 10  метр гIеблъи ва 50 метр халалъиялда бугеб спорталъулаб байдан гьабуна. ТIоцебесеб маялде щвезегIан гьеб байдан дагьабги гIатIид гьабизе тIадеги босун буго.


ГI. МухIамадов


Росулъе лъим бахъана


  Гумбет районалъул ТIад Инхо росулъе лъим гьечIолъиялдалъун, росдал гIадамазе хIажатазе ва боцIуе гьекъезеги лъел рахъалъан кIудияб къварилъи букIана.


   Гьеб къварилъи хIисабалдеги босун, Молотовасул цIаралда бугеб колхозалъул правлениялъ хIукму гьабуна росулъе гIадамазе цIезе ва боцIуе гьекъезе лъим бахъизе. Гьеб хIалтIи жигарчилъиялда гьабуна колхозалъул председатель М-с. ГIамирудиновас, байбихьул парторганизациялъул секретарь М. ГIалиевас, росдал советалъул секретарь М. СагIидовас ва колхозчи М. ГIабдукъадировас.


    Гьанже росулъе бачIунеб буго цIикIкIараб къадаралда  лъикIаб лъим. Гьелъ рес кьолеб буго, гIадамазе цIезе ва боцIуца гьекъезе гуребги, колхозалъулгун колхозчагIазул ахал лъалъазеги.


М. ГIабасов


Районазда гьоркьосеб цIияб нух рагьана


    1951 соналда Гумбет райисполкомалъулгин КПССалъул райкомалъул бюроялъ хIукму гьабун букIана нилъер  районалда ХIаригабурлъи магIардасан Казбек районалде машина хьвадулеб шагьранух бахъизе.


    Гьеб нух бахъизегIан нилъер районалдасан хъутабазде колхозалъул машинаби хьвадизе кколаан, Буйнакскиялдасан сверун, кIиго сордо-къоялдаса цIикIкIун заман нухабги бан, гьединго цIикIкIараб захIмалъи букIана цогидаб транспорт хьвадиялъе ва хъутаналдаса тIощел ва цоги хIажатаб къайи баччиялъеги.


   Гьеб нух бахъиялъул кIвар буголъи жидеда бичIчIарал нилъер районалъул захIматчагIи цIикIкIараб гъирачилъиялда хIалтIана гьеб нух бахъиялда тIад ва гьеб бахъун рагIалде бахъинабуна. Гьеб цIияб нухдасан 28 сентябралъ тIоцебе хъутаналдасан магIарухъе бачIана Тельманил цIаралда бугеб колхозалъул автомашина. Гьеб хъарпузазул цIун бачIунеб машинаялъ Хасавюрталдасан нилъер районалде щвезе нухаб бараб заман ккола 4 сагIатгин 30 минут.


   ЦIияб нух рагьи ккола нилъер районалъул  колхозчагIазе ва гьединго Болъихъ, ГIахьвахъ, ЦIумада, Хунзахъ районазул колхозчагIиги гъутабазде нахъе хьвадиялъе ва къайи баччиялъе цIакъго цIикIкIараб бигьалъилъун.


М. МухIамадов


Клуб балеб буго


   Гумбет районалъул Гъоркь Инхо росулъ Сталинил цIаралда бугеб росдал магIишаталъул артелалъул членаз клуб балеб буго. Клуб баялъе нухмалъи гьабулеб буго коммунист М. Идрисовас.


   Клуб балез тIаде босун буго гьеб къокъал болжалазда бан лъугIизабизе.


М. ГIалиев


Автор: ХIадурана Къурмагъиз ХIадисовалъ

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +94
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook