Авторизация

РагIаби – къолдаби, рагIаби – хучдул…

 

Бакълъулазул басма – бакълъузазул тарих. «Гумбет» басмаялъ 65 сон тIубаялде

 

РагIаби – къолдаби, рагIаби – хучдул…

 

Бакълъулазул ракьалъул нухмалъулез журналистазе баркала кьуна

 

2017 соналъул 13 январалда  Гумбет районалда тIоритIана Россиялъул печаталъул  къоялда  бан тадбирал. «Гумбет» информациялъул отделалде ва щибаб анкьалъ бахъулеб «Гумбет» газеталъул редакциялде рачIана «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев  ГIабдулахIажи ГIабдулкъадиров, гьесул заместителал  Малик Маликов, АхIмад  Сулайманов.


Россиялъул печаталъул къо журналистаздаги баркун, киназего хIалтIулъ бергьенлъабиги, сахлъиги, рохелги гьарун, «Гумбет район» муниципалияб районалъул бетIерасул ишал тIуразарулев ГIабдулахIажи ГIабдулкъадировас  абуна жамгIияталъул гIумруялъулъ халкъияб информациялъул алатаз  кIвар бугеб бакI кколилан.


«Дагъистаналда  кидаго къимат гьабула хIакъикъияб рагIул. МагIаруласул  рагIул ритIухълъиялъул хIакъалъулъ  гIемерал  биценал руго, Кавказалъул цIех - рех гьабулез  тIадчIей гьабула  гьелда. ГьабсагIатги журналистасул хIалтIуда  бараб  гIемераб  иш буго, рагIи хIалтIизабизе рес буго лъикIлъиялъеги квешлъиялъеги.  Ургъун, борцун-къотIун, ритIухъаб къагIидаялда  хъваялде кIвар кьун хIалтIулел руго районалъул журналистал. Гумбет районалъул халкъиял информациялъул алатазул нухмалъулевлъун ХIамзат ГIизудинов вачIаралдаса районалъул информациялъул политика цIигьабуна, бугеб хIалалъ, хехго лъугьа-бахъинал къватIире кьола. ГIадамаз лъикIаб къимат  кьолеб буго «Гумбет» газеталда рахъарал материалазе. Районалъул хIакъалъулъ гIемер информация букIуна кIиго сайталда ва машгьурал социалиял гьиназда. Районалъул СМИяз кIудияб хIалтIи гьабулеб буго экстремизмалъул, терроризмалъул идеологиялда данде рагъ баялъе. Районалъул сайтал цIигьарула ва республикаялда лъикIазда гьоркьор рехсола», - ян абуна ГIабдулахIажи  ГIабдулкъадировас.


Россиялъул печаталъул къо баркун кIалъай  гьабуна  районалъул администрациялъул бетIерасул заместитель АхIмад Сулаймановасги.

«Гумбет»  информациялъул отделалъул  нухмалъулев, Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул член ХIамзат ГIизудиновас журналистазул хIажалъабазде кIвар кьуралъухъ баркала загьир гьабуна районалъул нухмалъулезе ва бицана Россиялъул печаталъул къоялъул байрам кIодо гьабиялъул тарихалъул хIакъалъулъ, хIасилал гьаруна 2016  соналъ СМИяз бахъараб хIаракатчилъиялъул.


Сайтазда ва социалиял гьиназда бакълъулазул районалъул хIакъалъулъ информация лъеялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъе гIоло  районалъул нухмалъулесул рахъалдасан  баркалаялъулал  кагътал щвана «Гумбет» газеталъул бетIерав редактор ХIамзат ГIизудиновасе , районалъул администрациялъул аппараталъул нухмалъулесул заместитель  ГIабдурахIман Дайтмирзаевасе ва администрациялъул бетIерав специалист  МухIамадхIабиб  МухIамадовасе.


2013 соналдаса  информациялъулаб «Гумбет» отделалъ  чIезабун буго журналистазе кьолеб Инхоса ГIали-хIажиясул цIаралда бугеб щибаб сонилаб премия. Отделалъул нухмалъулев ХIамзат ГIизудиновас, 2016 соналъул хIасилазда рекъон, гьеб премия кьуна «Гумбет» газеталъул жавабияй секретарь  Къурмагъиз ХIадисовалъе («ТIадегIанаб махщалие, хIалтIуде жавабчилъиялда балагьиялъе гIоло» номинациялда), фотомухбир   Гебек Гебековасе («Дизайналъулаб махщалие, суратал рахъиялъулъ лъураб кIудияб бутIаялъе ва Гумбет районалъул цебетIей загьир гьабиялъулъ жигараб гIахьаллъиялъе гIоло»  номинациялда) ва дизайнер  ГIабдулхIамид  ГIабдулкъадировасе («ХIалтIудехун ракIбацIцIадаб бербалагьиялъе, лъикIаб махщалие гIоло» номинациялда).


ХадурагIи


Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МухIамадил руго гьадинал мухъал: «РагIаби – магIаби, рагIаби – кучIдул, РагIаби – къолдаби, рагIаби – хучдул», - абун. «РагIуцаги чIвала чIегIерав тушман», - абун хъвана ГIумар-хIажи Шахтамановас. «Дуниял цIунулеб рагIи» балагьулев вукIана Расул ХIамзатов. Гьесул «ХъахIал къункъраби» лъугьана гьединаб инсаният инсанлъиялде ахIулеб рагIилъун. Тавпикъ кьеги нилъее киназего рагIи абизе, рагIи кьезе ва рагIи кквезе. Информациялъул «Гумбет» идараялъул ва «Гумбет» басмаялъул хIалтIухъабаз хадубккунги хIаракат бахъизе буго бакълъулазул рагIи республикаялда, улкаялда ва дунялалда рагIизабизе. Нижер макъалаби цIалулел басмаялъул гьудулзабаздеги хитIаб гьабулеб буго нужерго суалал редакциялдасанги рорхеян, нижехъе хъвадареян, нилъер гIумру жеги лъикIлъизабиялъе цадахъ, гъеж гурун, хIалтIи гьабуни, мекъи ккеларилан.




Автор: Информациялъул «Гумбет» гIуцIи

Баяналъул кьучI: Казият "Гумбет". Бакълъул мухъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +131
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook