Авторизация

Ва бана гIазу

Ва бана гIазу...Ва бана гIазу къаси сардилъ, чIахIаго, гIедегIун, гьорода данде къеркьолаго, щибаб гIазул хIули рещтIараб бакIалда ругьун лъеледухъ.
Ва гъавуна ханасе вас. Ва гIодана гьев вас. Йохана эбел, хинлъана, букIинесеб кьуна. О! Аллагь! Лъимер гIодана, лъимералда лъалеб букIинчIо къаси сардилъ дунялалде бачIун букIин, амма гIодана лъимер дунялалде бачIараблъи бичIчIун, гIодана лъимер. Ва рагIана эбелалда льимадул гьаракь, гьимана эбел, рагьана эбелалъ свакарал берал ва кIалъана гьадиан:
– Васищ?
Ва кьечIо эбелалъе лъицаниги жаваб. ХIинкъана эбел. РахIат хвана эбелалъул ва кIалъана эбел гьадинан:
– Бихье дида лъимер...
 Ва бихьана эбелалда лъимер. О! Аллагь! Лъимер гьабун буго берал гьечIеб. Берал гьечIо лъимада! ГьечIо берал, ва гьаракь къотIана эбелалъул, кIотун ккана эбел. ГIодилеб – гIодилеб 6укIана лъимер.
Ва бана гIазу...
Ва бана гIазу гьеб сордоялъ чIахIаго, гIедегIун, гьорода данде къеркьелаго, щибаб гIазул хIули рещтIараб бакIалда ругъун лъеледухъ. Ва къотIичIо гIазу лъабго къоялъ, ва къотIичIо гIазу лъабго сордоялъ.
Ва хIинкъана хан жиндирго берал гьечIев васасдаса, ва бичIчIана ханасда цо балагь ккелалде цебе баккараб гIаламат гьаб лъимер букIин. Ва цIакъ хIинкъана хан. Ва кьуна ханас буюрухъ; берал гьечIев вас вугилан бицани, бицарав чиясул бетIер къотIизе, ва бахчана лъимер, лъилниги берчIвалареб бакIалда. ВиччачIо гьелде аскIове эбел тун батIияй чи. Ва гIодана эбел щибаб сордоялъ лъимаде тIаде кьулун.
ЦIар лъуна лъимада ХIикматилан.
Ва йикIана ханасул цо гIолохъанай ясги. Ва букIана гьелда цIар Меседоян. Бокьун букIана Меседое жиндирго вац вихьизе ва кIалъана Меседо инсуда гъадинал рагIабаздалъун:
– Эмен, Аллагъас дуе гIумру халат гъабеяв, йиччай дун дирго вацасда берчIвазе; хIинкъулей йиго дун, сункьаяли лъаларо... Дида хадуб кидаго цо гIажаибаб гьаракь бачIунеб буго, дида хадуб лъугьун буго цо гIажаибаб гьаракь... Нахъ ялагьула, щибниги батуларо... Эмен, бетIерчIахъад, йиччай дун вацасда берчIвазе... ХIинкъулей йиго дун... къойидаса–къойиде кIодолъулеб гьаракьги буго, те дида вац вихьизе...
Ва йиччана ханас яс ХIикматида берчIвазе. Гьаракь кIанцIана Меседол, вац вихьарабго, ва хIинкъана Меседо цIакъ, ва кIалъана Меседо эбелалда гъадинал рагIабаздалъун:
– Эбел, дида гьаналъ бицунеб буго нилъер рокъобе балагь бачIунеб бугилан; эбел, дун нужедаса ятIалъизехъин йиго...
– ЮцIцIа, юцIцIа, дир яс, цIарго бахъуге, дуца бицунеб щиб? Кинаб балагь? ХIикматида балагьилан абизе бегьилищ? Рокъобе балагь бачани, дун росас толейищ? ЦIapгo бахъуге!..
– Эбел, цIаларав чиясухъе а, щайихасухъе а, цIехе, эбел, гьаб щибилан; балъго гьикъе, эбел, инсуда лъазе тоге, эбел... ХIинкъулей йиго дун...
Ва ана эбел щайихасухъе къаси сардилъ, ва букIана гьеб цIорораб сордо. Балъго гьабуна гьеб росасдаса, цIарго бахъичIо гьелъул хIакъалъулъ лъиданиги. БицинчIо лъиданиги Меседоцаги, хIинкъулей йикIана цIакъ Меседо. Ва бачIунеб букIана балагь, ва унтулсб букIана Меседол ракI, ракъвалел рукIинчIо берал.
Валагьана щайих васасухъ ва кьурун къедехун вуссана, гьесул сурукълъи бихьун. Цойгиги нухалъ валагьана щайих васасухъ ва кIалъана эбелалда гьадинан:
– Мухлисат, Аллагьасул лагъ, дир диналъул яц, мун йихьун йиго Аллагьасда ва духъан, дур ургьисан, гьав васасухъан гIадамазде рещтIунеб буго балагь... бачIунеб буго балагь, дир диналъул яц...
– Щиб балагь? Бице, бице! Бице хехлъи гьабун, дун жанисан турулей йигин!...
– ХIинкъулев вуго дун ханасдаса, дир диналъул яц, хIинкъулев вуго, Мухлисат.
– Балъго гьабулеб буго, вай балъгого буго, бице хвезаюге дун...
Ва бицана щайихас Мухлисатида гьадинал рагIабаздалъун:
– Дур васасда, Мухлисат, диналъул яц, мацI лъаларо, лъазеги гьечIо, амма гьесда лъала нилъер киназулго цIарал. ГьабсагIатги кIола гьесда дурги дирги цIар абизе. Амма, ХIикматица лъил бугониги цIар абуни, гьев чи хвезе вуго... ХIикматида киналго цIарал лъала... Амма жиндирго цIар абураблъи чиясда лъани, лъарабго гьесда ХIикмат чIвазе кIвани, гьев чиги чIаго хутIизе вуго, диналъул яц...
Ва мугъ рехана щайихас Мухлисатидехун ва ана щайих горда аскIове, гьенисан къватIиве валагьизелъун. РоцIараб цIорораб сордо буго къватIиб, киса–кибего тIибитIун буго ХIикмат гьавураб мехалъ бараб гIазу. Ва цIидасан вачIана щайих гIунун хутIарай эбелалда аскIове ва кIалъана щайих гIунун хутIарай эбелалда гьадинан:
– ЦIарал рикIкIине гьав васас байбихьизе буго, дир диналъул яц, нужер тIадегIанаб хъизамалъул гIадамаздаса... Tlaca лъугьа, Мухлисат...
Ва къулана щайих гIодове, ва бихьичIо Мухлисатида гьесул гьумер, лъачIо гьимулевищ гьев вукIарав, пашманлъунищ вукIаравали.
Ва тIад юссана эбел, берал гьечIеб лъимерги каранде къан, къаси сардилъ, лъиданиги йихьиларедухъ, ва кьолеб букIинчIо кодоб ккураб лъимаца эбелалъул кереналъе хинлъи. Мухлисатица дагьабги цIакъ каранде къана ХIикмат. ЧIвалеб гьечIо хинлъи. Киса–кибего тIибитIун буго гIазу, цIорон буго сордо, цIорон руго къелъ лъурал ганчIал. Ва руго паркъолел цIваби. Ва ялагьана эбел квегIидехун ва, къел ракьанде, цIорорал ганчIазде лъимерги рехун, тIурана эбел. Ва тIерхьана Мухлисат бецIлъулъе ва йихьичIо гьей лъиданиги, Аллагъасда гурони.
Ва щвана Мухлисат рокъое ва гIодана Мухлисат, рокъое щвараб мехалъ. КIалъачIо эбел лъиданиги, кьижун рукIана киналго, рахана эбелалъ нахъасан нуцIа, рахана эбелалъ нахъасан горду. Ва букIана рокъоб сихIкъотIи. Я гIодой чIун букIинчIо эбелалъе рахIат, я яхъун, букIинчIо эбелалъе рахIат. Рагьана эбелалъ цин горду, рагьана эбелалъ хадуб нуцIа. Ва угьун биччана сардица квач гордухъа жанибе, ва цIуна рукъ цIороялъул ва бахъана гьури. Pyxl  речIчIун, хьвагIана, кьур–кьудана горда нахъа бигъараб ххам, гьороца речIчIизабун, къана нуцIа. Ва гIодоцана рукъ, ва гIодана цIидасан Мухлисат. Я гIодой чIун, букIинчIо эбелалъе рахIат, я яхъун, букIинчIо эбелалъе рахIат. Къана Мухлисатица гьанжеги горду. Ва бахъана нуцIил къир–къири, ва рагьун бачIана нуцIа, ва хIинкъана Мухлисат. Екерана Мухлисат нуцIида аскIое, къана Мухлисатица нуцIа. Ва бахъана къир–къири, ва рагьун бачIана горду, ва хIинкъана Мухлисат. Ва тIурана эбел рокъоса къватIие, ва цIорона эбелалъул гьурмада магIу. Бортун ана гьелъул кIаз, биххун ана гьелъул рас, ва кверал рахъана къадал ракьанде. Ватана ХIикмат лъураб бакIалда, ватичIо ХIикмат гIодилев. Бихьана эбелалда ХIикматида гъоркь гIазу биун букIин, бихьана эбелалда ХIикматида жемараб юргъан биччун букIин ва бичIчIана эбелалда жиндирго лъимер хинаб букIин. Ва къана Мухлисатица каранде лъимер, ва гIодана Мухлисат, ва бигъана ХIикматил берал гъечIеб гъурмада эбелалъул рас.
Рокъое щвараб мехалъ, бущана эбелалъ кинида лъимер. Ва кIикIана эбелалъ кини, ва рогьунеб букIана дунял, ва бакъвалеб букIана Мухлисатил бадиб магIу. Кьижулев вукIана ХIикмат кинида, ва бачIунеб букIана къо дунялалде. Ва бахъана къир–къири нуцIил, ва бачIана нуцIа рагьун, ва хIинкъана Мухлисат, кьурун юссана гьей, вихьичIо Мухлисатида щивниги. Циндаго тIу–тIун рана ХIикматица живго ккун чIезарун рукIарал кинидул гIарщал, тIаде бахъун бачIана лъимер, гьоркье лъугьана лъимер кинидаса ва эхетана эбелалъул накабазда цебе. Ва кьер тIуна эбелалъул, сородана эбел, ва амма кIвечIо кIалъазе, ахIдезе, ягъаризе, тIуризе. Ва бахъана гордол къир–къири, ва рагьун бачIана горду ва багъарахъдана горда нахъа бигъараб ххам. Ва лъуна ХIикматица эбелалъул накуялда гIажаибго pyxl бугеб жиндирго гьитIинабго квер, ва кIалъана ХIикмат, абуна лъимаца цIар:
– Меседо, – ян.
Ва бана гIазу...
Ва бана гIазу циндаго, рогьалил гIужалъ, чIахIаго, гIедегIун, рогьалил гьороде данде къеркьолаго, ракьалда ругъун лъезе бокьараб гIадин. Бана гIазу, ХIикматица «Меседо», – ян абун бахъарабго. «Меседо», – ян абун бахъарабго, лъимер кьурун буссана, квер квалун, киниги балагьун, гьелде тIаде бахана, ва бегана гьениб рахIаталда лъимер, жеги киданиги дунялалде гIазу бачIеб гIадинан.
Ва къакъана эбелалъ жиндирго кверал, ва бахъана гьанжеги нуцIил къир– къири, ва къана гьороца гьеб. Багъарулеб букIинчIо кинида бегараб лъимер, хIохьел цIалеб букIинчIо киниде къуларай эбелалъ. Ва бахъана гордал къир–къири, ва къана горду гьороца. Ялагьана эбел гордухъан, бихьана эбелалда гIазу балеб, ялагьана эбел нуцIихъ, йихьана эбелалда Меседо ячIуней. Кьер тIун буго Меседул, pyxl босун буго Меседул, кIал–мацI ккун буго Меседул. Меседо аскIое гIагарлъанагIан риччулел рукIана эбелалъул берал ва кIалъана эбел гъадинал раг1абаздалъун:
– Меседо, щиб дуе? Куц–мохъалда кьер гуро, кьенсер–бералда цIа гуро... КIалъай, Меседо...
Ва кIалъана Меседо:
– Баба, бице гIазу щай гьадинан циндаго бараб? ГIазу щай бараб, баба?
Ва кьечIо эбелалъ ясалъе жаваб, ва гIодун йиччан тана эбел, ва кутакалда унтана эбелалда ясалъул калам.
Ва кIалъана Меседо:
– Эбел, щаяли лъаларо, нилъ кIияцаго ХIикмат чIвазе ккола... Гурони, баба, гьес нилъ чIвазе руго киналго, дида гьаналъ бицунеб буго... Эбел...
– БетIер сверун буго дур, Меседо... ХIикматица гIадамал чIвалин лъица абураб, кинида бугеб лъимаца гIадан кин чIвалев? ЮцIцIа, цIарбахъад, къватIибе рагIани щибилан абилеб...
– Гуро, эбел, гуро... Дида бихьана, макьилъ бихьана... кIигьуждулъа гIебав, логода ворхатав, я гулица ворлъуларев, я хвалчаца къотIуларев чи вугоан... Щаяли лъаларо, дун гьесда хаду–хадуй уней йигоан; дида, гьесул гIетIул цIураб мугь, гурони бихьулеб бук1инчIо; гIебаб мугь, борхатаб лага, тIад щибниги гьечIеб гIицIаб черх. Гьес данде кара–ккарасда кьабулеб букIана, гьев чиясул хъаталъ, гъотIодаса гIеч гIадин, тIун рехулел рукIана гIадамазул бутIрул... Гьесул гIицIаб черхалдеги рачIунел рукIана тIираби... рукIана бидул лъалкIал... Циндаго гьев лъалхъана, гIенеккана; квер хьвагIичIого, щибниги гьабичIого риччан тана аск1осан унел гIадамал, ва заманалдасан, эбел, кьурун вуссун дихъ валагьана! Эбел! Расул цIун бугоан, эбел, махIу–квачI, керен. Ялагьана гьесул гъурмахъ эбел, эбел, берал гьечIоан гьев чияеда, эбел, дуда бичIчIулеб бугищ? БЕРАЛ ГЬЕЧ1ОАН. Огь! БетIергьан Аллагь... Макьидаса йорчIараб мехалъ, эбел, гьаб гIазу балеб батана...
Ва юцIцIана Меседо циндаго, гьедин абун бахъарабго; бихьана Меседода эбелалъул бадибги магIу букIин, ва гьабуна Меседоца гIажаиблъи:
– Щиб ккараб, эбел? Дуе щиб?
Ва кIалъана эбел гьадинан:
– АскIоегIан ячIа, дир яс, киниялда аскIоегIан къай...
Ва ячIана Меседо киниялда аскIое, ва гIажаиблъи гьабун ялагьана Меседо тIутIун рарал кинидал гIарщазухъ ва кинида вегерав ХIикматихъ; ва чIана Меседо гIенеккун.
Ва кIалъана эбел гьадинин:
– Меседо, гьанже Хiикматида т1ад яччун ч1а… Кваранаб кверги битIун мукъулукъалде ккезабун, тIад яччун чIа... дица рогьалил как бан бахъинегIан...
Ва нахъе кIанцIана Меседо, эбелалъ гьал рагIаби абураб мехалъ, ва хIинкъана Меседо эбелалъукьа цIакъ; бокьун букIана Меседуе къватIие тIурун ине, амма тIуричIо.
Ва кIалъана эбел гьадинан:
– Меседо, малъараб гьабе!..
– Мун гIадаллъунищ, эбел, я дун макьилъищ, эбел?
– Дун гIадаллъунги гуро, мун макьилъги гуро, малъараб гьабе, дуе гIумру бокьун батани...
Ва бигъулеб букIана горда гIазу, ва квачалеб, бецIлъулеб букIана рукъ. Ва бихьулеб букIинчIо лъиданиги, Аллагьасда гуреб, эбелалъулги ясалъулги хIохьел цоцалъ жубалеб букIин, ва лъалеб букIинчIо лъиданиги, Аллагьасда гуреб, Мухлисатил ракIалда щиб бугебали.
Ва кIалъана эбел гьадинан:
– Меседо, дир хирияй яс, дуца эбелалъул гьари къабул гьабулареб батани, гIазу къот1угеянгIаги гьаре Аллагьасда...
– Щай, эбел?
– Меседо, гIазу балебгIан заманалъ гурони, дуе гIумру гьечIо...
– Дица ХIикмат гъанкъани?...
– Дуца ХIикмат гъанкъани, гIазу къотIизе тогеян мун Аллагьасда гьардезе кколаро...
Ва гIенеккун чIана Меседо, ва къулана гьей лъимаде тIаде, ва регьана Меседуца кверал ХIикмат гьанкъизе... Тункана эбелалъ жиндирго яс нахъе, тункана эбелалъ жиндирго яс нахъе, ццидалъ, гIасилъун лъугьун, балеб гIазуялъе квешезе гIадин; кIвечIо эбелалда жиндирго васасде квер бегьизе тезе. БукIинчIо гьединаб лъимер дунялалда лъилниги. Ва букIана квач рокъоб жаниб.
– Эбел, щай дуца дун тункарай? Щай эбел?
Ва кIолеб букIинчIо эбелалда цояб лъимерги чIван, цойгидалъе гIумру кьезе, ва кIалъана эбел гьадинан:
– Меседо, тIаса лъугьа...
– Дуца гурищ дида гьарараб гьанкъеян?..
– Гъанкъе, гьанкъе, гьанкъе... ХIикмат гьанкъичIони, дуе гIумру гьечIо...
Ва яхъана т1аде Меседу, ва къана киниялде аск1оег1ан. Ва рит1ана гьелъ кверал цере Х1икмат гъанкъизе г1оло… Ва гьенжеги нахъе тункана эбелалъ жиндирго яс, нахъе тункана ццидалъ, балеб г1азу жиндаго ч1езабизе к1велеб  г1адин. Ва г1одой ккана Меседу ц1орораб ч1арбида. Ва руц1ц1ун ч1ана к1иялго, ва ралагьана гордухъан.
Ва къат1ана г1азу
Ва къат1ана г1азу эбелалъе квешезе г1адин, къат1ана дагьаб цебег1ан къат1изе бегьулеб бук1нч1еб г1адин. Къат1ана циндаго, циндаго байбихьарабго г1адин.
Угьдана Меседу ч1арбидаги егун, угьдана эбел ясалде т1адеги къалун. Рогьалил как ах1улеб гьаркьил ц1уна дунял, Меседул угьдиялъул ц1уна рукъ. Ва сородана Меседу ч1арбидаги егун, ва квачалъ ккун ч1езаюрай г1адин г1унана, багъарич1о цониги лага. Ва г1унана Меседу ч1арбида т1ад, ва йигъана Мухлисат Месудада т1ад.  
Ва яхъинч1о  т1ок1ай Меседу т1аде, ва къот1ич1о Мухлисатил угьи. Ва бихьулеб бук1нч1о Х1икматида щибниги…

2
Ва лъана шайихасда Меседу хварайлъи, ва рак1бух1ана гьесул балагь бач1унеб бук1ин т1оцебе жиндицаго Мухлисатида бициналдаса. Х1инкъана щайих ханасдаса. Бук1к1ун ана щайихасул рак1 ва рах1ат хвана гьесул, х1инкъана гьев Мухлсатица ханасда бицинилан, х1инкъана,  Мухлисатица балъго гьабилин абун бук1аниги,  рак1бух1ана бищунго цебе ханасда балагь бач1инеб бугилан жиндицаго бицинч1олъиялдаса. «Х1икматида к1ола ханасулги ц1ар рехсезе, гьединги бицана дица Мухлисатида. Х1икматица ханасул ц1ар рехсезе  бугиланги  бицана дица Мухлисатида, гьелъ гьединан бицуна ханасдаги. Гьелда кинаб бугониги шаклъи гьеч1о… Дун цеве ккезе ккола ханасухъе, дицаго бицине ккола гьесда кинабго. Дун цеве ккани ханасул ццидакьа ворч1изеги бугьула. Г1адалаб жо гьабуна дица. Буго гури т1ахьазда х1акъикъатги рит1ухълъиги балагьулев чи г1адамазда гьоркьов бищунго т1алих1 къосарав вугилан… Лъалаан гури дида бит1араб бицине лъиениги бокьулареблъи… Буго цо къуват, гьелъие мут1иг1лъизеги кколла…»
Ва боржун бач1ана щайихасул рокъобе жанибе т1ут1. Ва г1ажаиблъи гьабуна щайихас хасел бакьулъ т1ут1 боржун бач1иналда. Женжедана т1ут1 щайхасул рокъоб жаниб, ва женжедана т1ут1 хъанхъараялъ кквезег1ан. Ва т1ерк1ана т1ут1 хъанхъаралъукьа жибго борч1изе хьулалда, т1ерк1ана т1ут1 т1аде нусиреч бач1инег1ан. Ва ц1уна нусиречалъ т1от1ол ургьимес ва бакъвана т1ут1. Бихьана щайихасда гьеб кинабго ва гьимана щайих.
Ва пикру гьабуна щайихас: « Гьададин гьабизе буго ханасги дие. Т1от1ол  г1айиб гуро хъанхъараялъукье гьеб кке, дирги г1айиб гуро Махлисат дихъе яч1ин. Щайихзаби г1емер руго, амма дица гурони щиб ккезе бугебали бит1ун бицинч1о,  дир бет1ер гурони ханасул хонжрокь гьеч1о. Къуваталда бич1ч1уларо жиндиего данде кколареб жо, къуваталъул ццин бахъуна киг1ан бит1аралдаги, жиндиеего бокьулеб гьеч1они…»
Ва вач1ана щайих хъанхъварялда аск1ове, валгьана бакъвараб т1от1охъ ва т1ут1ун бана щайихас хъанхъра. Ва шурана щайихас:
– TIaca лъугьа, нусиреч, Аллагьас бижараб pyxl...    
Ва гьабуна шайихас гьадинан пикраби: «Буго къуваталдаса бергьине кIолеб къуватги – бетIер. Бугьие бугьа камуларо, бокьараб сихIруялъги, лъикI хIалтIулеб бетIералъги гьоркье рехула гьеб. Гьаб дунялалда бетIер цIунизе ккола ботIроца.
Дунго ина ханасда аскIове ХIикматил хIакъалъулъ бицине. Мухлисатидаса цеве дун щвезе ккола гьеб хабаргун. Нусиречалда кколеб батани, жиндаса къуватаб жо гьечIилан – буго – сихIру, инсанасул пикру. Жанисан цIцIун бакъвазабураб тIотIодаса загIипаб жо гьечIилан кколеб батани буго – бетIер гьечIеб къуват».
Ва щайихасда цебесан бекерун ана кету, бекерун ана кету, ва бана гьелъ нуцIида квачI, ва рагьун бачIана нуцIа, ва гьимана щайих:
– Баркала... гьале гьабсагIат хадув гьела... гьале къватIиве лъугьунев вуго...
Ва лъугьана щайих рокъоса къватIиве ва щвана щайих ханасул дове.
– АссаламугIалайкум, бетIерчIахъад... гIумру кьеги дуеги, тухумалъеги ва дур тухумалда сверухъе ругелщиназеги, ХIикматие хутIизегIан...
Ва валагьана щайихасухъ хан, ва кIалъана щайихасда хан:
– Мун Аллагъас вачарав ватани, вагIалайкум салам, диналъул вац, мун зигара базе вачIарав ватани, щиб цIакъ дур кIалдиб рекъечIеб калам?
– БетIерчIахъадие рекIее гIечIеб батани, дица ХIикматил рахъалъан абураб рагIи, бетIерчIахъадиде цеве къулун гьарулеб буго тIаса лъугьаян, бетIерчIахъадида бичIчIун батичIони, дица абураб рагIул магIна, гIодобе бетIерги къулун гьарулеб буго, бичIчIизабизе ихтияр кьеян.
–  Гьаб балагъалъукье ккун керен бакъварав...
– Гьеб балагьалъукье ккун керен дур бакъвазабуна ХIикматица, бетIерчIахъад...
– БичIчIичIо дида, Аллагьасул лагь...
– ХIикматилан дуца цIар кьураб лъимер букIин, кигIан дуца бахчаниги, бетIерчIахъад, дида лъала, Аллагьасда кинабго бихьула... ХIикматица дур тухумалъеги, инсанияталъеги балагь бачIанилан бицине вачIарав вуго дунги. Цо балагь дуда бихьана. Гьанжесала ХIикматица кинав тIаса вищелевали Аллагьасда лъала. ТIоцебе ХIикматица гьаб улка–ракьалда берцинлъиялъул чIел босарай дур ясалъул цIар абуна, ХIикматица берцинлъи тIаса бищана. Гьанжесала кинаб тIаса бищилеб? Щив тIаса вищилев? Мухлисатилищ? Мунищ? ХIикматица цIар абу–абурав хвезе вуго. Гьединан ана гьаб дунялалдаса Меседо...
Ва гьединан кинабго бицана щайихас ханасда, ва гIенеккана гьесухъ хан цIакъ кIвар кьун, ва гьикъана ханас щайихасда:
– Дуца гьеб кинабго Мухлисатидаги бицарабищ?
Ва гордухъан речIчIун бачIун, рукъ бакьулъги щун, щущан ана бакъул чIор.
– Дица Мухлисатида кинабго бицана, бетIерчIахъад, гIайиб ккун батани, тамихI гьабе, бетIерчIахъад...
Ва кьечIо ханас жаваб. Циндаго рукъ бакьулъ речIчIараб бакъул чIоралда аскIобе бекерун бачIана кету, махI сунтIана гьелъ канлъул, ана тIурун гьеб нуцIида аскIобе, бана нуцIида квачI гьелъ ва рагьун бачIана нуцIа.
Ва абуна щайихас щурун, гьадинан:
– Баркала... гьале гьасабгIат къватIиве лъугьина...
Ва абуна щайихас рагIизабун, гьадинан:
– Дур изну батани, бетIерчIахъад, дун Аллагьасеги дуеги хъулухъ гьабизе ина...
Ва ана щайих ханасул рокъоса къватIиве. Ва ячIана Мухлисат ханасул рокъое. Ва тIадбуссун гордухъа къватIибе ана бакъул чIор, ва, хъухьлъун, циндаго кьерхана дунял.
– БетIерчIахъад, балагь... – илан абулеб букIана Мухлисатица, амма ханас эхеде кверги битIун чIезаюна гьей. Ццин бахъун букIана ханасул.
Ва кIалъана хан, ццин бахъун:
– Мухлисат, нилъер яс хвезе Аллагьас щиб багьана батараб?
– Аллагьасе багьана къваригIунаро, къоял лъугIани...
Ва гIенеккун чIана хан дагьаб мехалъ, ва кьерхун ана дунял дагьабги.
– Меседо хвелалде, щиб paгIи абураб ХIикматица, бице Мухлисат?
– Кинида бугеб лъимер кIалъаларо, бетIерчIахъад.
– Мухлисат, гьереси бицани, Аллагьасул ццин бахъуна...
– Дурго хабалъ мун, дирго хабалъ дун...
– Дуе лъугьараб щиб, Мухлисат? ЩайтIабаца ккунищ, диде бахъараб ццинищ? Ялъуни габуралда тIад бетIер бакIлъунищ?
Ва бачIана бекерун кету, ва женжедана гьеб дагьаб цебегIан бакъул чIор речIчIун букIараб бакIалда, ва ана гьеб бекерун нуцIида аскIобе, ва бана гьелъ нуцIида квачI, ва рагьун бачIана нуц1а, ва амма бихьичIо гьеб Мухлисатида.
– Жакъа лъалареб, метер лъалареб дунял буго, бетIерчIахъад... Меседоги, мунагьал чурад, ана нилъедаса, бугеб лъимерги нилъер лъугьинчIеб буго... дие бокьун буго дуца васигат хъван тезе, бетIерчIахъад...
Ва бахъана ханасул ццин, ва гIурччинлъана хан ццидаца, ва вахъана хан тIаде...
– Гьаниеги ячIун, гьерсал рицарал гIечIого..., – ян абулеб букIана ханас, амма ццидаца гьанкъулев вукIун, кIалъан бажаричIо ханасухъа.
– Дуе битIараб рагIизе бокьун бугеб батани, дица битIарабги бицина, гьересиялъул бакIалда, бетIерчIахъад – илан абуна Мухлисатида. Гьелъул я ццин бахъун букIинчIо, гьелъул я гьаракь хисун букIинчIо.
Ва абуна Мухлисатица гьадинан:
– БитIараб бокьулев чиясда абулеб буго... Ва ахIдана хан:
– Абе!!!
– Кинидаса тIаде вахъун вачIана ХIикмат, кинидаса тIаде вахъун вачIана ХIикмат, кинидул гIарщалги тIутIун ран...
Ва ахIдана хан:
– Бице!!!
Ва абуна Мухлисатица гьадинан:
– Дир накалда лъуна ХIикматица бакIаб жиндирго квер...
Ва ахIдана хан:
– Хехлъи гьабун бице: лъил цIар абураб?! Ва абуна Мухлисатица гьадинан:
– Дур цIар абуна, талихIкъад, дур цIар абуна... Ва бана гIазу...

3
Ва бана гIазу гьеб къоялъ чIахIаго, гIедегIун, гьорода данде къеркьолаго, щибаб гIазул хIули рещтIараб бакIалда ругъун лъеледухъ.
Ва букIинчIо ханасе рахIат, я гIодов чIун букIинчIо ханасе рахIат, я эхетун бук1инч1о рах1ат. Ва хIинкъулев вукIана гьев рокъоб бугеб щибаб тIагIелалъукьа, ва хIинкъулев вукIана гьев жиндицаго гьаракь бахъинабуниги. Ва къатIулеб букIинчIо гIазу.
Ва бачIана боржун рокъобе жанибе тIутI, ва женжедана гьеб горда цебе, ва женжедана хадуб гьеб нусиречалъ бессараб хъанхъраялда аскIоб, ва женжедана гьениб хIутI хъанхъраялъ кквезегIан. Ва ккуна тIутI, бекерун бачIана нусиреч ва, жанисанги цIцIун, бакъвазабуна тIутI.
Ва амма бихьичIо гьеб ханасда.
КъатIулеб букIинчIо гIазу, рахIат букIинчIо ханасе.
Ва гьадинал пикраби гъарулел рукIана ханас: «Щай? Сундухъ? Щай дир цIар абизе кколеб? Дица лъие кинаб хIалихьалъи гъабураб? Дир бечелъи гIадамазухъа бахъараб бугилан, дие тамихI гьабулеб батани, гIадамазе жидеего бокьула гIарац бугеб бакIалде гIарац кьезе: гIадамал гIадалал рукIиналъул жаваб кьезе дитIейищ ккезс кколеб? Г1арац бугелъубе гIарац чвахулеб букIин дир гIайиб кколаро. Дир тIолабго гIумро талихIаб букIанилан бецIун дие кьураб хвел гьаб батани, Аллагъасда кутакалда лъикI лъала гьаб улка–ракьалда дидаса талихI къарав чи вукIинчIевлъи. ГIадамазда ракIалде ккола хинаб ретIелги бугони, лъикIаб квенги бугони, талихIин гьеб кколебилан. Сундухъ дие хвел? Щай, унти гурого, щокълъи гурого, щибниги гьечIого вугев чи хвезе кколев?..»
Я гIодов чIун, букIинчIо ханасе рахIат, я гордохъа къватIиве валагьун, букIинчIо ханасе рахIат. Ва балеб букIана гIазу, ва бецIлъулеб букIана дунял. Ва балеб букIинчIо гIетI квачалев вугев ханасда.
Ва гьединал пикраби гьарулел рукIана ханас: «Дир гIарац буго, гIарац. Гьаб дунялалъул бидурихьалъан хьвадулб би, инсанасул къуват, дунялалъулго pyxl–гIарац, г1арац буго дихъ. ГIарац, кибе араб дур pyxl? Щай мун кагьтиде сверараб?
Щай гьаб гурони гьунар гьечIеб мун дица данде гьабун букIараб? Щай мун къолеб ХIикматикьа?»
Ва паркъун ана ханасда цебесан цо рагIад, ва хIикмалъана хан. Бокьун букIана ханасе ахIдезе, амма кIолеб букIинчIо ханасда ахIдезе. Бокьун букIана ханасе рокъоса къватIиве кIанцIизе, амма кIолеб букIинчIо ханасда рокъоса къватIиве кIанцIизе. Ва бахъана ханасда аскIоб цо хIухьел цIалеб гIадаб гьаракь, ва кьурун вуссана хан, ва бихьана ханасда паркъун унеб добго рагIад.
Ва сородана ханасул гьаракь; гьадинал рагIаби абулеб мехалъ:
– Мун щиб?
Ва рагIана ханасда гьадинаб жаваб:
– ХIакъикъат.
– Дуе щиб бокьараб?
– Дур суалазе жаваб кьезе...
Ва хIинкъана хан дагьавги цIакъ, ва къана хан нахъегIан, ва къана хан нахъегIан, къадада тункизегIан. Валагьана хан мокърукье, бихьичIо ханасда рагIад, бихьана ханасда нусиреч, бихьана ханасда жанисан цIцIун бакъвазабураб тIутI. Ва гьабуна гIажаиблъи ханас жиндирго рокъоб хъанхъра батиялда.
Ва паркъана гьанжеги добго рагIад, ва паркъана добго рагIад чIарбидасан.
– ХIакъикъат, бице щай дун хвезе кколев, сундухъ дидаса рецIел босулеб бугеб?
– Мун вижиялдаса рецIел босулеб буго...
– Дун гIодилаго гьавуна, дие вижизе бокьун букIинчIо...
– Велъулаго хваха гьанже...
– КIоларо...
– КIвелаан, инсан, магIишат гьабулев вукIинчIевани, гIадамазда гьоркьов цIар балагьулев вукIинчIевани, тIадегIанлъи, ханлъи бокьун вукIинчIевани... Аллагъасул рикъзи дуеги камилароан, дуе гьеб гIечIо. Гьаб дунялалда кигIан лъикI инсан ватаниги, гьедигIан захIмалъизе буго добцояб дунялалде инеги...
– ХIакъикъат, алжанищ дие щолеб, жужахIалъувейищ дун кколев?
– Мунагьазда гьикъе. Гьардухъанасда цебе къараб нуцIида гьикъе, дур чорхолъ бугеб чIухIиялда гьикъе, дуца гIодобе тIураб чанил биялда гьикъе. Жаваб кьезе кколареб щибниги гьечIо. Чан нухалъ мун велъун ватаниги, гьебгощинаб нухалъ гIодизе ккола. Жавабалъукьа хIинкъунлъидал, мун гьабсагIат ХIикмат чIвазе ургъулев вугевги...
– Дуда щиб лъалеб?
– Дун ХIакъикъат буго...
Ва рачIана рокъоре жанире рекерун гIадамал, ва щур–щудана цоцазда рокъоре жанире рекерун рачIарал гIадамал:
– Балагье, хан гIадаллъана...
– Балагье, хан живго–жиндаго гаргадилев вуго...
– Балагье, хан тамахлъана... ГIарцуда кумек гьарулев вуго...
Ва валагьана хан гIадамазухъ, ва лъана ханасда гьел киналго жиндирго рагьдателал рукIин. Ва валагьана хан щивасул бадиве, ва кIалъана хан гьадинан:
– Щай нужер берал гьединал хъантIарал ругел? ГIадамал, нужеда щай, бацIазда бидул махI гIадин, дир гIарцул махI чIвараб? Холаро дун, холаро! Лъан букIа, холаро! Щоларо нужер цонигиясухъе дир шагьи. TIaгIa! TIaгIa гьаниса, цо гIадан хутIичIого! Лагьзал руго нуж, лагьзал... Нужее гIарац бегьуларо, нужеда гьеб щибали лъаларо, нужеда гIарац хIехьезе кIоларо. Лагьзадерица гIарац хIехьоларо! Кодоб гIарац кквезе лъалел гIадамазул чорхолъ би батIияб букIуна. TIaгIa гьаниса!
Ва ана гIадамал къватIире, жанире рачIарал гIадинго, хIелхIедилаго. Ва гьимана хан, гьимана хан гьадинаб пикруги бачIун: «Дун хан гуро, дун гьабсагIат щибниги гьабизе кIолареб жаназа буго, гIадамазухъ балагье, дица, жаназаялъ гьаракь гьабураб мехалъ, накабазда чIезе къач1ан. Лагьзадерил ракIазухъ балагье. Гьалищ ал гIадамал? Гьалги ракьалда тунищха, дун хвезе кколев?»
Ва ракIалде ккана ханасда ХIикмат чIвазе.
Ва рукIкIана дунял, ва бецIлъана дунял, бецIлъиялъ тIад баччун гьункизабулеб букIана ракьалда рещтIунеб бугеб гIазу. ГIазуца, жибго ракьалда бегилалде, борлъ–борлъун балеб букIана сордо. КъатIизе ракIалда букIинчIо гIазуда. «Жеги къатIизе ракIалда гьечIо гIазуда», – ян пикру гъабуна ханас, гордохъа къватIивеги валагьун. «КъатIизе заман щолеб буго», – ян пикру гьабуна гIазуца гордухъа къватIибе баккараб ханасул гьумер бихьигун. ХъахIлъун бугоан гьеб, хъачIлъун бугоан гьеб, бакъван бугоан гьеб, нусиречалъухъ букIараб гIадин, берал хутIун ругоан гIицIго гьелда.
Ва ана хан ХIикматихъе, ва ватичIо ХIикматида аскIов щивниги. Лъалхъана хан, гIенеккана хан. Сундулниги ургьел гьечIого цIалеб буго берал гьечIев васас хIохьел. Ва къана хан киниялда аскIове ва нахъе рехана киниялда бараб юргъан. О, Аллагъ, гьадиг1ан сурукъабгийищ дунялалда pyxl бижизе кколеб?! Ва регьана ханас лъимер гъанкъизе кверал, ва тIур–тIудана лъимералда тIад инсул кверал, кIвечIо кверазда кинида бегараб рухIчIаголъиялда хъвазе. ХIинкъана кверал. Ва кIолеб букIинчIо кверазда ХIикматие щибниги гьабичIого тIад руссинеги, ва бичIчIулеб букIана кверазда лъимер гъанкъизе кколеблъиги ва гIагарлъана гьанжесалаги кверал заргIанасеб ботIрода аскIоре, ва ургьел гьечIого цIалеб букIана лъимаца хIухьел. Ва циндаго мугъзада къараб цIорораб маххуца бухIизабуна ханасул мугь, ва рагIана ханасда нахъасан чIужугIаданалъул хIинкъараб гьаракь. Унтизе лъугьана ханасда мугь, кIолеб букIинчIо ханасда нахъ валагьизе, унтизе лъугьана ханасда мугь. Ва кIалъана хан гьадинан:
– Мухлисат, мунищ? Мунищ, Мухлисат?..
Ва кIалъана ханасул мугъзада нахъа эхетарай Мухлисат гьадинан:
– У, дун йиго...
– Мухлисат, щайха дун холарев, щай дун гIодов кколарев?
Ва доегIан къана ханасул мугъзада нахъа эхетарай Мухлисат.
– Щайгурого, жеги гIазу къатIун гьечIого, гIазу къатIичIого мун холаро...
Ва ворхун вачIана хан, ва гьимана хан цIакъ захIматго:
– Мухлисат, дир мугъги магIицайищ биччараб?
– У, бетIерчIахъад...
Ва тартадана хан, кинида аскIоса Мухлисатида аскIове вачIунаго ва кIалъана хан Мухлисатида цевеги эхетун:
– ГIазу къатIулеб гьечIебищали хал гьабе, Мухлисат...
Ва ялагьана Мухлисат гордохъан, ва кIалъана Мухлисат гьадинан:
– ГьечIо...
– ТIарамагьадисеб гьари бугелъул тIубазабе; горда аскIоеги ун хал гьабе, Мухлисат...
Ва ана Мухлисат горда аскIоегIан, ва ялагьана Мухлисат гордухъа къватIие, кIанцIана гьелъул гьаракь ва к Iалъана Мухлисат гьадинан:
– ГIазу къатIана, талихIкъос... Ва кIалъана хан гьадинан:
– Баркала...
Ва тарана хан, ва рехун ана хан нахъехун; ва ккана хан мугъалде, тункана чIарбида мугъзада къан букIараб хонжрол хъахIаб гIоркь, къана гьеб дагьабги гъваридго, ва баккун бачIана гьеб карандасахун.
Ва бихьичIо гьеб лъимералда.

4
Ва бекерун бачIана рогъалилъ рокъобе жанибе кету, ва свери бахъана гьелъ жегиги чIарбиде рехун бугеб ханасул жаназаялда тIад бетараб гьесул биялда квачI хъварабго, ва нахъе кIанцIана кету, ва тIад буссун рокъоса къватIибе тIурун ана кету. Ва бихьинчIо гьеб гьанжеги Мухлисатида, ва йикIана Мухлисат жегиги горда аскIой эхетун, ва йикIана гьей ХIикматихъ ялагьун. Ва багьарахъдана лъимер, ва екерана лъимералда аскIое эбел, кIусана эбел киниялда цее, ва бачIана эбелалъул бадиса магIу ва кIалъана пакъир гьадинан:
– ХIикмат, дир хирач, дир pyxl, Аллагьасе гIоло бегьулеблъун батани – абуге тIокIаб щибниги... ХIикмат, дир лъимер, дир цохIо бугеб лъимер, кIалъаге тIокIав, Аллагьасе гIоло кIалъаге.
Ва тIу–тIун рана ХIикматица гьанжеги живго ккун рукIарал кинидул гIарщал, вахъана ХIикмат тIаде, лъугьана кинидаса гьоркье, ва къана эбелалде аскIовегIан. ХIинкъана цIакъ эбел ва лъуна ХIикматица эбелалъул накалда жиндирго гьитIинаб ва цIакъ бакIаб квер.
– ХIикмат, Аллагьасе гIоло кIалъаге, дир месед, дир хирач, кIалъаге, гьале гIодоб наку чIван гьарулеб буго, Аллагьасе гIоло кIалъаге, кIалъаге, дир месед, – илан гьардана эбел жиндирго лъимада ва йикIана эбел гIодилей.
Ва кIалъана ХIикмат, ва абуна гьес гьадинан:
– Мухлисат...
Ва бана гIазу...
Ва бана гIазу гьеб рогьалилъ, чIахIаго, гIедегIун, гьорода данде къеркьолаго, щибаб гIазул хIули речIчIараб бакIалда ругъун лъеледухъ.
Ва pyxl босун ана Мухлисатил чорхолъа, ва ккана Мухлисат гIодой ва гиргидана гьей чIарбида, гьадин ахIдолаго:
– БетIергьан Аллагь, дида щиб мунагь бугеб? Сундухъ дица гIумру кьезе кколеб? Дица гурищ ХIикматихъ гIолохъанай яс кьурай? Дица гурищ ХIикмат ханасухъе чIвазе течIев? Сундухъ, Бет1ергьан Аллагь, щиб мунагь букIун?...
Ва йикIана Мухлисат гьединан гIодилей, ва циндаго тIаде яхъана гьей, вихьана гьелда ХIикмат жегиги додинго киниялда цеве эхетун. Вачана Мухлисатица вас кодове, ва абуна Мухлисатица гьадинан:
– ХIикмат, щай дуца Мухлисатилан абураб? Дир цIар ккола гьеб... дур эбел ккола дун... дицайин мун гьавурав, дицайин мун цIунарав. Дун щай ХIикмат хвезе кколей... Дуда хвел щибали лъалищ, дир вас?
Я кIалъалев вукIинчIо ХIикмат, я вагъарулев вукIинчIо ХIикмат. Эбелалъ гьев каранде къалевги вукIинчIо, эбелалда гьесдасан хинлъи чIвалебги букIинчIо, эбелалда гьесул бакIлъиги лъалеб букIинчIо. Ва вачана эбелалъ гьев ханасул жаназаялде аскIове ва лъуна гьев эбелалъ чIарбида. ВагъаричIого чIана ХIикмат. Ва босана эбелалъ ХIикматил квер жиндирго кверзукье, ва лъулъазабуна гьеб ханасул надалда, ханасул гьурмада, ва къазабуна лъимадул квер ханасул магжилъ.
– Гьале, гьале дир вас хвел... Гьале дуца чIварав дурго дада, гьале дуца гьабураб хIалтIи... Лъалебищ дуда хвел щиб жояли?..
Ва босана эбелалъ ХIикматил квачI жиндирго хъатикье ва къазабуна гьеб бетараб, цIорораб ханасул бидулъ. Ва гьимана ХIикмат, ва бокьана ХIикматие хвалда квер хъвазе. Бихьана Мухлисатида гьеб гъими, гIасилъана Мухлисат гьеб гьими бихьигун.
Нахъе вачана эбелалъ ХIикмат, нахъе вачана жаназаялда aскloca, горда тIад вегизавун лъуна эбелалъ вас, ва рагьана эбелалъ горду. Ва чIвана гьелъул гьурмада цIорой, ва бакъвазабуна гьелъул гьумер цIороялъ, ва хьвагIелеб букIана горда нахъа бигъараб ххам. Къир–къидана нуцIа, рагьун бачIана нуцIа, ялагьана эбел горде рехараб гIицIаб лъимадухъ, жийго квачазе лъугьана эбел, гьелъухъ ялагьун. Биунеб букIинчIо лъимаде тIаде ккараб г1азул хIули, биунеб букIана гьороца рокъобе жанибе хъамун бачIараб гIазу. Биччизе лъугьана рукъ, биччулеб букIинчIо Мухлисатил гьумер. Ва тункана Мухлисатица лъимер гордухъа гъоркье, ва къана Мухлисатица гордо. Къир–къири бахъана нуцIил, ва жибго къан ана нуцIа. Эхетун чIана эбел горда цеего, пикру гьабуна эбелалъ жийго хвеялдаса ХIикмат хвей лъикIилан.
Ва паркъана рокъоб жаниб рагIад, ва кIанцIана хIинкъарай эбелалъул гьаракь. Ва паркъана цойгиги нухалъ рагIад, ва сородана эбелалъул гьаракь, гьал рагIаби абулеб мехалъ:
– Гьанив щив вугев? Мун щив?
– ХIакъикъат.
Ва хIинкъана эбел, ва бичIчIичIо эбелалда щив вачIаравали:
– Щиб дуе къваригIараб?
– Мун гордухъа къватIие ялагьизе...
Ва ялагьана эбел гордухъа къватIие: жегиги балеб гIазуги буго, доба горда гьоркь гIазулъ бегун лъимерги буго. Ва рагIана эбелалда ХIакъикъаталъ абулеб:
– Щиб рагIулеб бугеб, Мухлисат...
– ХIикмат кIалъалев вуго...
– Щибилан ХIикматица абураб?
– Щайихасул цIар...
Ва къана Мухлисатица горду, ва тIурана Мухлисат горда acxloca, бичIчIана эбелалда ХIикмат холаревлъи, жиндаго ХIикмат чIвазе кIвечIолъи. Ва бичIчIана Мухлисатида гIазу къатIарабго, жиндаго цадахъ щайихги хвезе вукIин, ва тIокIав ХIикматил балъголъи лъалев чи ракьалда хутIизе гьечIолъи. Ва биччана Мухлисатил гьумер. Ва екерана Мухлисат гьанжеги горда аскIое, рагьана горду, ва бигъана гьанжеги гьурмада гIазуги цIоройги. КIанцIана жийгоги гордухъа къватIие ва хурхана васасда тIад. Къочарана эбел васасул цIорораб гьурмада, каранде къана гIажаибго тIадагълъараб васасул черх, ва кIалъана эбел гьадинан:
– ХIикмат, те дун ракьалда, щай дун чIвалей... ХIикмат, дир хирач...
Ва бихьана Мухлисатида ХIикмат гьимулев, ва гIасилъана Мухлисат гьанжесалаги, ва рехана эбелалъ лъимер гIазулъе, ва жийго харана эбел гордухъе, лъугьана рокъое жание.
Ва кIалъана гьелда ХIакъикъат:
– Мухлисат, гъардоге мун ХIикматида, абуге дун дур эбел йигилан, дица дуе гIемераб лъикIлъи гьабунилан, дуе гlyмру дица кьунилан, эбел йигин жий чIаго тейилан...
– Щай?
– Гьесда щибниги бихьуларого... берал гьечIо ХIикматида. Гьесда лъаларо лъил цIар абулеб бугебали...
Ва гIадаллъана эбел, я екерахъдана гьей рукъ сверун, я ч1чIичIч1идана гьей чIарбида егун. Ва ялагьана Мухлисат ханасул жаназаялъухъ ва кIалъана Мухлисат гьадинан:
– Мун щай гьимуларев, бетIерчIахъад?.. Доле горда гъоркь дур вас гьимулев вуго...
Ва елъанхъана Мухлисат, гIасиял гъаркьалги гъарун, ва елъанхъана Мухлисат, цойгиги нухалъ рагIад паркъизегIан. РагIад паркъарабго, юцIцIана Мухлисат, ва рагIана гьелда ХIакъикъатил гьаракь:
– Мухлисат, якке гордухъа къватIие...
Ва ялагьана Мухлисат гордухъа къватIие: жеги балеб гIазуги буго, жеги пулеб гьуриги буго, амма доба горда гъоркь лъимер гьечIо. Лъимер гьечIо доба гьоркьа бегун, лъимералъул бакIалда гIазу биун хутIараб чIегIерлъи буго.
Ва кIалъана эбел гъадинал рагIабаздалъун:
– Дир лъимер чIегIерлъун буго ва гьанже хинлъун буго...
Ва паркъана рагIад:
– ХинлъичIо дур лъимер, чIегIерлъичIо дур лъимер. Дур лъимер ана...
– Кибе?
– Абадияталъубе...
Ва къир–кьири бахъана нуцIил, ва рагьун бачIана нуцIа ва екерана эбел нуцIа къазе. Къана Мухлисатица нуцIа ва екерана Мухлисат горда аскIое...
Ва къатIана гIазу...
Ва йортун ана Мухлисат горда тIаде, ва йортун ана Мухлисат гордухъа гъоркье, ва ккана гьелъул къаркъала битIун гIазуги биун хутIараб чIегIерлъараб бакIалде.
                                                       
5
Ва бихьичIо гьеб ХIикматида...
Ва рехсолел руго нилъер цIарал берал гьечIеб лъимаца, ва балеб буго гIазу...
Ва балеб буго гIазу къасиги, къадги, рогъалилъги, чIахIаго, гIедегIун, гьорода данде къеркьолаго, щибаб гIазул хIули рещтIараб бакIалда ругъун лъеледухъ...
Ва рехсезе руго цIарал...
Ва базе буго гIазу...
Ва базе буго...

ГъазимухIамад ГъалбацIов

Автор: ГъазимухIамад ГъалбацIов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook