Авторизация

ГIободаса ШагIбан-къади

Абизе бегьула ГIобода росу гIуцIун букIанин гIадамасул яшавалъе лъикIго рес бугеб бакIалда.

РухIияб цебетIейги якъинго загьирлъун букIана гьениб. ГIобода росулъ хIуригат бахъилелде цебе киса-кирего рагIарал анцI-анцI гIалимзаби, устар, къадизаби, кечI гьабиялъе гьунар бугел чагIи дагьал рукIинчIо.

Гьезда гьоркьов XVII – абилеб гIасруялда Дагъистаналдаго ва гьеб тун къватIивехунги машгьурал гIараб гIалимзабазул цояв ккола ГIободаса ШагIбан Къади. Дагъистаналда гIараб гIелмуги, Аваристаналда хъвай-хъвагIай гIуцIиги, хъвай-цIали цебетIезабиги ШагIбанил жигаралда гIемер эхеде борхун букIана. Амма жакъа къоялде щвезегIан гьесул хIакъалъулъ хъвараб я тIехь яги гъваридаб гIелмияб макъала гьечIо. Гьелъие чанго гIилла букIана. Гьанжеги гьеб гьедин танани нилъеде кIудияб гIайиб гьабизе буго.

ГIиллабазул бицунагун абизе мустахIикъаб буго: жакъа гIадии ракIалда буго лъеберабилел соназ ГIобода мажгиталъул кIудияб библиотека щущахъ биххизабураб къо. Цо бутIа гьелъул бухIана, цогидаб бутIа ракьулъ букътана, жинда жаниб гIемерал Дагъистаналъул гIалимзаби цIалараб мажгит, биххизабуна. Чан батIи-батIиял гIелмиял тIахьал, асарал, кагътал, росдалги-тIалъиялъулги тарихяб хъвай-хъвагIайха гьелда гьоркьоб тIагIун батилеб? Гьезда гьоркьор рукIине ккола ШагIбан Къадилги гIеIмерал документал.

Нилъер талихI буго ГIободаса ШагIбан кутакалда машгьурав гIалимчи вукIин, гье¬сул гIелму тIолго Дагъистаналдаго т1ибитIараб букIин. Гьеле гьелъ рес кьуна гьесул хIакъалъулъ, дагьаб бугониги, хъвазе. Амма гьеб, нижер хIисабалда, бигьаяб иш гуро: гьесул хIалтIабазе тIубараб къимат кьезе кканани, ратизе ккола гьес хъварал тIахьал, кагътал, документал, лъазе ккола гъваридго исламияб гIелму ва гIараб мацI. ГIемерал соназ хIалтIизе ккола документазда тIад. РакI чIола, гьеб кинабго тIубазабизе рачIунел гIелазе лъкIал шартIал тIаде щун ругилан. Гьеб киналъего гIоло, гьаб макъалаялда цебе ннжеца лъуна гьитIинабго масъала: къокъго машгьурав гIалимчиясул, ГIободаоа ШагIбанил гIумруялъул ва гьесул гIелмуялъул бицине.

ШагIбан Къади гьавуна 1017 (1608—1609) абилеб саналъ ва хвана 1078 (1667 – 1668) абилеб соналъ. Гье динаб хъвай-хъвагIай батун буго живго ШагIбаница хъвараб «Хибар-фи-л-фикх» абураб тIохьода гьоркьоб бугеб цо тIанчида. Гьеб тIехьги цIунун буго Кьохьа СултIан МахIамадил библиотекаялда.

ШагIбан цIализе цIакъго гьитIинаб гIумруялда лъугьана, цин инсул рокъов, гьелдаса хадув мажгиталъув. Гьелъие кIудияб квербакъи ккана гьесул эмен ИсмагIил живгоги цIаларав, росдал къадилъиялде вахарав чи вукIиналъ. Байбихьул лъай щвезе жиндирго росулъ гьесие гIолел ресал рукIун ратизе руго. Гьелъие нугIлъи гьабула Дагъистаналъул гIелмияб централда цебе бугеб Историялъулги, мацIазулги ва литератураялъулги Институталда цIунун ругел гIезегIанго документаз. Гьезие къимат кьолагун, профессор А. Р. ШихсагIидовас хъвалеб бугб гьадин: «Институталъул Бакъбаккул фондалда данде гьарун руго ГIободаса ШагIбанил цо-цо тIахьал, кагътал ва цогидалти документал. ТIахьал хъвай, гьезул копияби рахъи гIатIидго тIибитIун букIана доб заманаялъ Дагъистаналъул цо чанго росулъ ва гьезда гьоркьоб ГIободаги», – ян. Гьел шартIаз рес кьун батизе ккола ШагIбаниеги гIараб гIелмуялде гъорлъе ваккун тIоцересел галаби тIамизе.

Цебе заманаяль гIелму цIалулезул букIана гьадинаб гIадат: росулъ цIалиялъе ругел ресал лъугIарабго гIелмуялъе гьунар бугес ралагьулаан жиндиего цогидал мугIалимзаби ва гьез гIумру гьабулел росабалъе ун дагьабги гъварид гьабулан жиндирго лъай. Гьедин гьабуна ШагIбаницаги. Гьунар бугезин абуни, гьелдаги гIей гьабичIого, дагьалги гъваридал мугIалимзаби ралагьулаан ва унаан Дагъистан тун къватIирехунцин.

Дагъистаналъул гIалимзабазул тIоцересезда гъорлъ ШагIбан Къади жиндирго гIелму гъварид гьабизе ана ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабазде: гьев щвана Египеталде, Йеменалде, Сириялде ГIемерал соназ цIалана машгьурал гIарабазул гIалимзабазул нухмалъиялда гъоркь: гъваридго лъазаруна гIараб ва парс мацIал, бусурбабазул гIелму, хасго шаргIияб право, логика, математика, астрономия ва гь. ц. 1639 абилеб соналъ гьев вуссана ватIаналде. ГIарабистаналъул улкабазде нух бахъи ва гьениб рухIалда барахщичIагун гIелмуялда тIад хIалтIиги рикIкIине ккола ШабгIан Къадил кIудияб бахIарчилъилъун, доб заманаялъул ресазда рекъон.

Дагъистаналде ШагIбан Къади вуссана машгьурав гIалимчи хIисабалда ва гьес жигаралда байбихьана жин¬дирго ватIаналда гIелму ва льай тIибитIизабизе. Гьес гьелъие, хIисаб гьабураб мехалъ, бищунго цебесеб шартIлъун рикIкIун батизе ккола тIадегIанаб гIараб школа рагьи. Ккезеги ШагIбан ккола Аваристаналдаго тIоцебе Мадраса рагьарав гIа-лим. ГIараб мацI букIана гьениб хъвай-цIалиялъул мацIлъунги.

ГIободаса ШагIбанил Мад¬раса букIана цо чанго цIар рагIарал Дагъистаналъул ГIалимзбазе тIоцебесеб Академиялъун, живго ШагIбан рикIкIунаан гьезул тIоцовесев учительлъун. Босизин цохIо мисал: ГIагараб ва Гьоркьохъеб Бакъбаккул улкабаздаго машгьурав Къудукьа Мусал МухIамадги цIалана ШагIбан Къадил школалда. Гьебги лъугIизабун, жиндирго учителасул нухги тIаса бищун, гьевги уна лъай гъварид гьабизе Сириялде ва Йеменалде. Мусал МахIамад хвана Сириялда ва гьев вукъана Аллепо шагьаралда.

ГIемерал соназ нилъер литератураялда Дагъистаналда рагьун рукIарал гIараб школал рикIкIунаан щибго жидедаса мунпагIалъи цIалулезе гьечIел школаллъун. Гьеб гьереси букIин нилъее якъинаб буго. Мадрасаялда цIалулез динияб гIелмуялда цадахьго, гъваридго лъазарулаан гIараб мацIалъул грамматика, дунялалдаго тIибитIараб гIараб мацI, шаргIияб право, логика (мантика), география, астрономия, матема¬тика, философия, гIараб философия, кIалъаялъе ва бахIсалъе махщел, шигIру гьабиялъул, рукIа-рахъиналъул, гIадамасул санитарияб гигиеналъул, хьвада-чIвадиялъул нухал ва гь. ц. ШагIбан Къадил хIаракаталда, жигарчилъиялда рагьараб гIараб школалъ кIудияб бакI ккола 17 абилеб гIасруялда ва хадубги Дагъистанадда рухIияб (динияб) интеллигенциялъул лъикIаланго къокъа гIуцIиялъулъ. Гьелдаго цадахъ ГIободаса ШагIбан Къади вукIана Авар ханлъиялъул кIудияв хIаракатчилъунги. Гье¬лъие нугIлъи гьабула Аваразул хан ГIамир ХIамзаца ШагIбан жиндирго бетIарав къадилъун (вазир-министр) вачиналъ. Гьеб хъулухъ гьабулагун ШагIбан Къадица кIудияб кIвар кьуна ханасул иш шаргIияб нухалде бачиналъе, росабазда ва тухумазда гьоркьоб маслигIат, тадбир чIезабиялъе, рекъелалъул нухал ратиялъе. Масала: цIунун хутIун руго гьеб мурадалда гьесул квералъ хъварал къотIиял ГIахьалчIи, Гьандихъ, Бакълъухъ, КъахIиб, Гьоориб, ГIобода гьоркьорлъабазул ва жанисел низамазул хIакъалъулъ. Гьединго цIунун хутIун руго цогидалги гьесул квералъ хъварал тарих хъвалезе кьочIое росизе бегьулел хъвай-хъвагIаял ва батIи-батIиял документал.

Амма гьеб хъулухъ ШагIбан Къадица тезе ккана жиндирго пикру ва намусги ханзабазул политикаялде дандеккечIолъиялдалъун. Жив хундерил ханасул хъулухъалдаса нахъе иналъе гIиллаби рехсараб ШабгIан Къадил ханасде хъвараб кагъат буго жеги цIунун. Гьелда бихьизабун буго лъабго аслияб гIилла: мухьдае букIараб къотIи ханас тIубазабичIолъи, гьесул тIалабалда рекъон ханас жиндирго лагъзал эркен гьаричIолъи, Гуржиялде гьарулел рукIарал чабхъенал къотIизаризе ханас инкар гьаби. Бищунго кIудияб гIилла букIун батизе ккола гьаб хадусеб: ШагIбан Къади вукIана шаргIияб нухалъул хIаракагчи, ханзабазе гьеб данде кколароан, гьезие бигьаяб букIана гIадатазда рекъон гIадамазда жидерго кверщел щула гьабизе. Масала: шаргIалъ гьукъула гIадамал лагъзаллъун кквезе, гIадаталъин абуни гьеб биччала. Гьел рехсарал пикрабаз нугIлъи гьабула ГIободаса ШагIбан Къади жиндир заманалъул ритIухълъиялъул хIаракатчи вукIиналъе.

ГIободаса ШагIбан Къадил цIар гIатIидго тIибитIия лъе бищун аслияб гIилла букIана гьев гъваридав гIалим чи вукIин. Гьесул руто гIемерал гIелмиял хIалтIаби. КIудияб кIвар ШагIбан Къадица кьолеб букIун буго шаргIияб право лъазабиялде. Гьелъул хIакъалъулъ гьес хъвана нилъеда лъалел гьал хадур рехсарал тIахьал: «Шарх мисабих», «Минахин ал-Касидин фи-шарх Мин-хадж ал-абидин», «Хибар фил-фикх», «Мафатих шархал¬масабих», «Вафи- ал-Мурад». Гьесул рукIине ккола цогидалги тIахьал. РакIчIола гьел балъго хутIунгутIиялда. Гьезие букIине кколеб къимат кьезе кIвезе буго гъваридго гIараб гIелму цIаларав чиясда. РукIина гьединал гIалимзаби.

Амма жакъа нилъеда якъинго абизе кIола: ШагIбан Къадил тIахьал Дагъистаналда киса-кирго тIиритIарал рукIанилан, гьел лъалаан Гьоркьохъеб ва ГIагараб Бакъбаккул улкабаздаги. «Правоведениялда (фикх), – ян хъвалеб буго гIарабист М.-С. СагIидовас. – Дагъистаналъул правоведал рукIинчIо такрарчагIилъун. Гьез фикхалъул гIемералго суалазул жидецаго, лъидаго рачIого, гьваридго цIех-рех гьабуна. Гьелъие гIоло гьединал гIалимзабазул тIахьазул цо бутIа забруялда кьабун къватIире риччан рукIана Стам¬булалда, Каиралда ва Маккаялда». ЦохIо гьелъги нугIлъи гьабула ЩагIбан Къадил шаргIияб правоялъул хIалтIабазул бусурбабазул улкабазего кIудияб кIвар букIиналъе ва гьезул гъварилъиялъеги. Цойгиги ШагIбан Къадил хIалтIабазул цIакъго кIудияб кумек букIана Дагъистаналъул рухIияб интеллигенция гIезабиялъе, гIадамазе тарбия кьеялъе, гьел шаргIиял нухалдасая рачиналъеги.

ГIободаса ШагIбан Къади мустахIикъав вуго кIудияб реццалъеги ва тIадегIанаб къиматалъеги тIоцебе магIарул алфавит-гIажам гIуцIарав чи вукIиналъги. ШагIбанида бичIчIун батизе ккола рахьдал мацIалъул кIудияб кIвар букIин рухIияб гIелму тIибитIизабиялъе, гIадан цеветIезавиялъе, гIадамазе тарбия кьеялъе, хъвай-цIали халкъалда гьоркьоб тIибитIизабиялъе. Абизе ккола рахь¬дал мацIалда хъвай-хъвагIай ккола, битIахъего, беццасе канлъилъунги, гIинкъасе рагIилъунги. ШагIбан Къадица гIажам алфавит гIуцIана гIараб алфавиталъул кьучIалда. Гьелда гIажаиблъи гьабизе ккараб бакI гьечIо. ТIолгодунялалдаго миллиял алфавитал гIуцIарал руго цогидал алфавитазул аслуялда. ГIараб мацIалда гьечIел магIарулал гьаркьазе (лъ, хъ, чI, гI, хь, ц ва цогидазеги) гьес ургъана гIадамазе бичIчIизе бигьаяб гIадатаб нух: тIанкIазул, хIуччазул кумекалдалъун лъугьинаруна гьел. Гьедин бижана жакъаги нилъеда кIоченчIеб, 30–абилел соназде щвезегIан нилъер умумузе чирахълъун букIараб хъвай-хьвагIай гIажам.

Цо-цо гIалимзабаз къасдал гьаруна гIажам гIуцIиялъе ШагIбан Къадил хIаракатчилъи гIодобегIан бачине, гьеб XVII– абилеб гIасруялдаса XVIII – абилеб гIасруялде цIазе. Гьеб тIекъаб къасдалда нилъеда рекъезе кIоларо. Узухъда, ШагIбаниде щвезегIанги ратула цо-цо хъвай-хъвагIаял гIараб хIарпазул кумекалдалъун магIарул мацIалъ хъварал, амма гьезда гьоркьор гьечIо гIараб мацIалда гьечIел магIарул мацIалъул хасал гьаркьазе ургъарал ишараби. Гьелъие нугIлъи гьабула жакъа къоялде щвезегIан цIунун хутIарал цо чанго ШагIбан Къадил квералъ магIарул мацIалда гIажамалъ хъварал документаз. Масала: ГIамир ХIамза-нуцалас ПатIимат ва Шахун лагълъиялдаса эркен гьариялъул грамота. ГIахьалчIи, КъахIиб ва Гьоориб рссабазул жамагIатазул къотIиял ва цогидалги документал. ШагIбан Къадил авар ал¬фавит-гIажам гIуцIиялъе ккараб гьунар, гьесул къадру гIодобе бачиналъул ва магIарулал хъвай-хъвагIайги гьечIел гIадамал рукIанилан чIезабиялъул мурадалда батизе ккола, цо-цо автораз хъвалеб буго: гьес магIарул рагIаби Хунзахъ диалекталда гуреб (живгоги гьеб диалекталъул инсан вукIаниги) болмацIалда хъвалел рукIанила. Дир хIисабалда гьес битIун гьабулеб букIун буго, щайгурелъул болмацI букIиндал киналго магIарулазда бичIчIулеб мацI. Гьединлъидал ШагIбан Къадие къимати кьолагун, нилъеда абизе тIадаб буго: гьев ккола авар мацIалъул хъвай-хъвагIаялъе гуребги, магIарулазул литертурияб, киназего гIаммаб мацIалъе кьучI лъуразул цояв. Абизе мустахIикъаб буго: гIаммаб хъвай-хъвагIаялъул мацIалъ кIудияб нух рагьана рикь-рикьарал магIарулазул жамагIатал цолъизариялъе, гьезул гIумру рукIа-рахъин ва адабият цебетIеялъе. Хадусел гIасруязда цогидал гIалимзабазул, хIаракатчагIазул жигаралдалъун, гIажам хъвай-хъвагIай щулалъана, гъварилъана ва тIибитIана.

ШагIбан Къади чIаго вугеб мехалъго машгьурав, къадру бугев гIалим вукIана. Дагъистаналдаго гьесул кIудияб къимат гьабулаан. Гьеб заманалдаго гьесда щайих, «устаз Иртакки. ал-Авари ал-Убуди» – йилан абулаан. Гьев веццун гьарурал назмаби ва шигIрабиги дандчIва¬ла. Масала: Табасаран районалъул Лиджи росулъ батараб тарихалъул хIакъалъулъ бугеб хъвай-хъвагIаялда руго ГIали Багъдадияс ШагIбан Къадиде гьарурал кучIдул.

Живго ГIали вукIун вуго машгьурав гIалимчи ГIободаса ЩагIбанил заманаялъ Тарки рссулъ чIарав гьев вукIун ватизе бегьула ШагIбан Къадил тIоцересел учительзабазул цояв.

Живго ШагIбан Къадицаги гьарулаан назмаби, кучIдул. Шангъодаса И. РапихIажиясул библиотекаялда бугеб «Джавахир ал-Куран Муххамада ал-Газали» абулеб тIохьода гьоркьоб цIунун буго гьесул гьединаб гьунар букIин загьир гьабураб хъвай-хъвагIай. Амма гьесул жалго шигIраби дихъе щвечIо. Гьаб бакIалда гьаризе бокьун буго газета цIалулезда: ШагIбан Къадил хIакъалъулъ нужехъ ва нужеда лъалезухъ кинаб букIаниги хъвай-хъвагIай батани тоге гьеб чIалгIаде бегун, бахъе газеталда, яги битIе гьаб адресалда: МахIачхъала, 26 Бакуялъул ксммиссаразул къватI. 57, кафедра истории, Шигьабудинов.

ШагIбан Къадил лъималги рукIана цIаларал гIадамал. Гараб гIелму щваразда гъорлъ руччаби цIакъго дагь гурони рукIинчо. Дагътстаналда доб заманалъ гьезда гьоркьой рехсезе ккола ШагIбан Къадил яс. Гьесул вас МухIамад эмен хвараб соналъги цIалулев вукIана Хунзахъа Атанасил вас Хотенида цеве, гьес копиял рахъарал чанго тIехьги цIунун хутIун буго. МухIамадилги букIана Мадраса. ШагIбан Къадил васасул вас МухIамадги лъугьана къадру бугев гIалимчилъун 1730 – абилеб сональ, кIудияв эменго гIадин, гьевги вукIана хундерил ханасул къадилъун

ШагIбан Къади гьавуралдаса 383 ва хваралдаса 324 сон ана. Гьев хвана 60 сон бараб мехалъ, амма гIелмуялда рахъ тана гъваридаб. Гьелъие нугIлъи гьабула ункъгогIан гIасруялъ цеве вахъарав ГIободаса ИсмагIилил вас ШагIбанил нилъеда жакъаги бищине кIвеялъ, жакъаги гьесул гIелмуялъул кIвар букIиналъ. Амма букIана заман гьесул цIар бахъизе биччалареб, гьесул хабаде балъгого гурони зияраталъе гIадамазда ине кIолареб. Гьанжеялдаса 2–3 соналъ цебецин ШагIбан Къадил цIар бикIараб мармаралъул хъарщи чIван бугин рагIарал Хунзахъ районалъул хIакимзабаз чабхъен гьабуна ГIобода росулъе, гьел щакдарана гьединав гIалимчи вукIиналда ва росдал хIакимзабигун цадахъ хъарщи къададаса бахъизе буюрухъ кьуна. Замана хисана. Нуж ГIобо¬де лъугьунаго нужеда бати¬зе буго къадада рекъезабураб гьеб мармаралъул ганчIил хъарщи. Божула гьеб даималъго букIиналда ва гьелда релълъарал цогидалги раккиялда.

Автор: МухIамад Шигьабудинов

Баяналъул кьучI: Казият «БагIараб байрахъ». 1991. 25 май. Гь. 11

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook