Авторизация

ЦIиликь: лъадал гьобо ва комбайн

МагIарулазул росаби. «Миллаталъул» проект

ЦIиликь: лъадал гьобо ва комбайн


Росдал магIишаталда цIияб рухI речIчIиладай?


 «Миллат» басмаялъ чанго соналъ бачунеб буго «МагIарулазул росаби» абураб рубрика. Гьеб проекталда рекъон, нижеца хIаракат бахъула нилъер халкъалъул росабазул тарихалъул ва жакъасеб къоялъул сипат-сурат бахъизе, гIумру-яшав, рукIа-рахъин, демограпиял, жамгIиял, диниял, сиясиял, магIишатиял, маданиял ва цогидалги рахъал рихьизаризе. Араб анкьалда редакциялъул вакилзаби щвана Бакълъулазул мухъалъул ЦIиликь росулъе.


БугIаги «Нива» комбайнги


    Бакълъул районалда  кIвар кьолеб буго росдал магIишат цебетIезабиялде, Дагъистан цебетIеялъул «Хайир бугеб агропромышленнияб комплекс» абураб проект гIумруялде бахъинабиялде. Гьеб программаги тIубазабулаго, районалъул росабалъ гьарулел руго росдал магIишаталъул нигIматал гIезариялъул, рекьулел ракьал цIикIкIинариялъул хIалтIаби.


    2017 соналъул 19 сентябралда Бакълъулазул районалъул администрациялъул вакилзаби щвана ЦIиликь росулъ хIалтIулел фермеразул магIишатазде, лъай-хъвай гьабуна росдал магIишаталъул нигIматал ракIариялъул, рагIи-хер хIадуриялъул ва хаслихълъиялъул цогидал хIалтIаби тIураялъул бугеб хIалалъулгун. Гьеб сапаралъул делегациялда гъорлъ рукIана районалъул экономикаялъул, росдал магIишаталъул ва буголъиялъул гьоркьорлъабазул гIуцIиялъул нухмалъулесул заместитель Ибрагьим Ибрагьимов, информациялъул «Гумбет» идараялъул вакилзаби ва цогидалги.


   ЦIиликь росдал предпринимателаз, ишалъулал гIадамаз, базаргабаз гIураб росу цебетIеялъе лъикIаланго хIалтIи гьабулеб буго. Росуцоязул хIажалъаби тIуразе бизнесмен МухIамадхIажи МухIидиновас «Нива» комбайн босана ва магIарухъе бачIана. Механизмаялъулаб захIматалъул кумекалдалъун бачIин бакIари хехго лъугIизабуна. МухIамадхIажи МухIидиновас абуна комбайналъул хъулухъ росуцоязе чIобого букIине бугилан, магIарухъ гIумру гьабулезе пайдаялъе, хIалтIи бигьа гьабиялъе бачIараб техника кколин гьебилан. ГIицIго комбайн босиялда гIей гьабун гьечIо МухIидиновас. Гьес лъаралда аскIоб, росулъе рачIунеб бакIалда, гьабулеб буго ханжу, хьон (урба) хенезе лъадал гьобоги. МухIамадхIажи МухIидиновас исана жинцагоги бекьана бугIа ва хасалихъе гьелъул бачIин бакIарана. Цебе гIемерал гIадамаз бекьулеб букIараб гьеб тIоролаб культура гIезабеян хитIаб гьабулеб буго гьес цогидаздеги. ТIагIамал хинкIал гьаризе пайда босула гьеб бугIаялъул ханжуялдаса.


Ламадурил 4 тонна ва ДТ трактор


   «Загидова» абураб ОООялъул нухмалъулев Мавлудин ГIусманхIажиев хIалтIулев вуго, хурухъанлъиялда гуревги, боцIухъанлъиялдаги. Гьес гьабсагIат хьихьун буго 30 чIегIерхIайван. ГIезарула багIаргьоло, картошка, ламадур, гьалилал культураби, бугIа, цIоросаролъ, бакъдебусс ва цогидалги нигIматал.  ГIусманхIажиевасул магIишаталда буго ДТ трактор, хер бецулеб  кверзул  машина, юк баччулеб «Газель» ва цогидабги техника. Механизмабазул  кумекалдалъун хIалтIи гIуцIиялъ, фермерасе рес кьолеб буго лъикIаб бачIин бакIаризе. Районалъул ракьалда гуребги, росдал магIишаталъул нигIматал гьес ричула район тун къватIирехунги. Араб соналъ 4 тонна ламадурил бичун буго Хасавюрталда. Цогидал нигIматазулги бачIин квешаб букIун гьечIо. Ракъдаллъани, хурзал лъалъазе цистернаги чIезабун бугоан гьес.


   ГIусманхIажиев вуго анкьгьунарин абизе бегьулев махщалилав. Гьарула мини-станокал, ЦIиликь  школалда лъимал ругьун гьарула технологиязе. Дарсал кьола Гумбеталъул лъималазул творческияб рокъор. Щвана республикаялъулал къецазда дипломал.


ЦIилкьал  – кIиазаридасаги цIикIкIун


   «ЦIиликь росдал гIадамал руго захIмат бокьулел, росдал магIишат цебетIезабиялъулъ кIудияб бутIа лъолел. Гьеб муниципалитеталда цебетIей щун буго гIияхъанлъиялъе. Руго  аза-азар гIиялъажал ругел рехъаби. Гьел рехъабазул бетIергьабазе щола Дагъистан Республикаялъул росдал магIишаталъул министерствоялдаса лемагал ругезе кьолеб субсидия»,  –  ян абуна Бакълъул районалъул администрациялъул экономикаялъул, росдал магIишаталъул ва буголъиялъул гьоркьорлъабазул отделалъул нухмалъулесул заместитель Ибрагьим Ибрагьимовас.


   ЦIиликь росулъ хIалтIулеб буго гьоркьохъеб школа, «Лачен» лъималазул ах, мажгит, СайидмухIаммад-хIажи Абубакаровасул цIаралда бугеб мадраса, спортзал, библиотека, маданиябгун хIухьбахъиялъул центр ва цогидал гIуцIаби.


   ««Сельсовет “Цилитлинский”» росдал поселениялъул 2017 соналъул бюджет буго 2 481 азарго гъурущ. МагIарухъ росулъ гIумру гьабулеб буго 100 хъизаналъ, хъутаналда ЦIияб ЦIиликь 140 цIараки буго. МагIарухъ ракьалда тIадеги, цIилкьадерица ижараялъулаб къагIидаялда хIалтIизабула гочинабун гIи-боцIи хьихьулеб Бабаюрталъул зонаялда: ЦIияб ЦIиликь – 600 гектар, Шава-1 – 363 га, Шава-2 – 970 га, Нарышалда (роолил мучIдул) – 170 га. ЦIияб ЦIиликь росулъги буго гьоркьохъеб школа. Нижер сельсоветалда хъвай-хъвагIай гьабун буго 1570 чиясул. ЦIилкьадерица гIумру гьабулеб буго Хасавюрталда (325 хъизан), МахIачхъалаялда (30 хъизан), Гъизилюрталда (25 хъизан) ва цогидал бакIаздаги», –  ян абуна «Сельсовет “Цилитлинский”» росдал бетIер ГIалихан ДавудхIажиевас. ГIаммго цIилкьадерил къадар кIиазаридасаги цIикIкIунилан бицана росдал бегавулас.


Борхалъи – 3806 натI


   Сахаватлъиялъулаб хIаракатчилъи бугел предпринимателазул, росдал, районалъул ва республикаялъул нухмалъулезул  рахъкквеялдалъун, ралъдал гьумералдаса 1903 метралъул (3806 натIалъул) борхалъуда бугеб ЦIиликь росдал гьумер хисулеб буго, мугIрузда яшав гьабулезул социалияб рахъ цебетIолеб, гьезул захIмат бигьалъулеб буго ва росдал магIишаталъе цIияб цебетIей щолеб буго. Жакъасеб жигаралъул хIасил лъала дагьаб хадуб, сонал сверидал. Росаби чIунтани, МагIаруллъиялдаги зани чIвала. ХIамзатил Расулица хъван букIана:


РачIа занал чIвазе къунел иццазе,

Беццлъулел ракIазе магIарулазул, –  абун. Росабазеги нилъер халкъалъеги занал чIвазе хъван батугеги.


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +49
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook