Авторизация

1967 соналда Гумбет районалда гъорлъе рачIана гьарадирил росаби


 



Тарихалъул тIанчал


1967 соналда Гумбет районалда гъорлъе рачIана гьарадирил росаби


50 соналъ цебе щиб хъвалеб букIараб  «Вождасул васиятал» газеталда

 

Тарихал ва хIужаби


Гумбеталда 1967 соналъ хIалтIулеб буго 6 гьоркьохъеб, 8 микьгосонил, 12 байбихьул школа. Гьениб цIалулеб буго 3336 лъимер. Гьезие лъай-тарбия кьолеб буго 230 учителас, гьездасан 32 чиясул тIадегIанаб, 84 чиясул хасаб гьоркьохъеб, хутIаразул гIаммаб гьоркьохъеб лъай буго.


*    *    *

Цо районалъул культураялъул рукъ, лъималазул отделгун районалъул библиотека, 22 клуб, 13 библиотека, 15 киноустановка буго бакълъулазул росабалъ.


*    *    *

45 койкаялъе бакI бугеб райбольница, кIиго участкаялъулаб больница, кIиго амбулатория, 18 фельдшерлъиялъулаб пункт буго, хIалтIулел руго 10 врач, 60 гьоркьохъеб  хасаб лъаялъул специалистал.


*    *    *

  Районалда 126 чиясул буго тIадегIанаб лъай, гьезда гьоркьой 13 чIужугIаданги йиго. 167 чияс лъай босулеб буго вузазда ва техникумазда, гьездасан 43 чIужугIаданалъ.


*    *    *

Росдал магIишаталъул батIи-батIиял бутIабазда хIалтIулев вуго 60 специалист, гьезда гьоркьов  - 14 агроном, 8 зоотехник, 17 ветеринарияв хIалтIухъан. Колхозазда буго 22 комбайн, 87 трактор, 70 автомашина.


 Колхозазул   буго  6879 чIегIер-хIайван, 61 270 гIи-цIани. Пачалихъалъе колхозаз бичана 416 тонна гьанал, 1096 тонна рахьдал, 78,8 тонна квасул.


Бекьулеб ракьалъул 3274 гектар буго ва гьелъул 70 % хIалтIизабула механизмабаздалъун. Щибаб гектаралдаса бакIарана 20 центнер ролъул, 20-25 центнер цIоросаролъул.


ЦIияб лъим бахъана


  КIудияб къварилъи букIана Сагъри кьодаса Кунзахъе рахунеб хьонлъуда лъим гьечIого. Р. Дарбишовасул жигарчилъиялдалъун километргIанасеб манзиллалда лъим бачине цIиял рахъал рухъана, рогIрал ва боцIуе лъим гьекъезе русби лъуна. ГIадамазеги боцIуеги мугIрул цIорораб лъим чвахулеб буго гьенибе.

 

М. КаримхIажиев


Бакьулъ, ТIаса ва Гъоркьа Гьарадирихъ росаби – Гумбет районалда гъорлъ


1967 соналъул 6 июлалда Дагъистан АССРалъул ТIадегIанаб Советалъул президиумалъ бахъараб Указалдалъун, Хунзахъ районалдаса Гумбет районалда гъорлъе рачIун руго гьарадирил росаби. Росдал советалде гьоркьобе уна Бакьулъ, ТIаса ва Гъоркьа Гьарадирихъ росаби.

 

Хваразе памятник


  Гъоркь Инхо росулъ,  ГIандигIорул рагIалда балеб буго КIудияб ВатIанияб рагъда хваразул хIурматалда памятник.

 

Росабалъе  - тIадегIанаб къуваталъул ток


Гумбеталде  бачунеб буго тIадегIанаб къуваталъул ток. Жигаралда унел руго хIубал эхетизариялъул, кварал цIаялъул хIалтIаби. ХIисабалде босун буго хасел тIаде щвелелде росабалъе гьеб бачIиналъе мухIканаб хIадурлъи гьабизе.


Х. Мирзаев


Рагъда хваразе си


Игьали росулъ бана КIудияб ВатIанияб рагъда хваразе памятник. Гьеб баялда хIаракаталда хIалтIана НасимухIамадов, МуртазагIалиев, СайгидахIмадов. Гьоркьохъеб школалъул цIалдохъабазги гьабуна кумек.


М. ГIалиев

 

 


Бакълъулазул басма – бакълъулазул тарих


«Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялде


«Гумбет» газеталъ 65 сон тIубаялде «Гумбет» басмаялъул бетIерал редакторал

 

МугIалим, журналист, бегавул 


ЛъаратIаса МухIамад Шихмирзаев


Гумбет районалъул ЛъаратIа росулъ 1910 соналда гьавуна МухIамад Шихмирзаев. Гьес захIматалъулаб хIаракатчилъиялде байбихьана гIолеб гIелалъе тарбия-лъай кьеялдасан. ТIадегIанаб лъаялъул мугIалимзаби рукIинчIолъиялъ, араб гIасруялъул лъеберабилел соназ, школазда лъикI  цIаларал гIолилал толаан лъайкьеялда хIалтIизе.


1933 соналъ МухIамад витIана ЦIунди росдал школалде учительлъун, гьенив кIиго соналъги хIалтIун, ЧIиркъатIа школалъул директорлъун тIамуна ва 6 соналъ гьеб захIматаб ва жавабияб иш тIубазабуна. Хадуб, цо соналъ МелъелтIа школалда лъималазе лъайги кьун, 1942-1953 соназда мугIалимлъи гьабуна ЧIиркъатIа школалда. 1954 – 1956 соназда хIалтIана ЛъаратIа школалъул нухмалъулевлъун.


Бажари бугев гIуцIарухъан МухIамад Шихмирзаев 1955 соналъ партиялъул Гумбет райкомалъул бюроялъул хIукмуялдалъун, районалъул «Гумбеталъул колхозчи» газеталъул редакторлъун тIамуна. Редакторлъи гьабуна 1957 соналъул апрель моцIалде щвезегIан.


   Хадув МухIамад вищана ЛъаратIа росдал Советалъул нухмалъулевлъун. 1976 соналде щвезегIан хIалтIана гьенив.


Запятаялъ чи чIвазе рес букIин лъалев редактор


 Гъадариса АхIмаднаби Абубакаров


Гумбет районалъул «Вождасул васиятал» газеталъул редакторлъун 1969 – 1973 соназда хIалтIана Гъадари росулъа тIадегIанаб лъаялъул специалист АхIмаднаби Абубакаров. Редакциялъулги типографиялъулги хIалтIухъабазул тIалаб-агъаз бугев, газета магIнаяблъун, цIалдолезе бокьулеблъун лъугьинабизе хIаракат бахъулев, хIалтIуде гъира-шавкъ цIикIкIарав редактор вукIана АхIмаднаби.


Доб заманалда редакциялда хIалтIулел рукIараз гьанжеги ракIалде щвезабула гьес точкабазул ва запятаязул гурони гъалатIал хIисабалде росуларел рукIараллъи (кколелъур лъечIого хутIун ратани яги кколарелъур лъун ратани).


   Юбилеялъулаб  газета къватIибе биччазе бугин сурат битIеян АхIмаднабиде хабар ккезабидал, гьес бачIана баркалаялъулаб кагъат ва ракI-ракIалъ баркулеб буго газеталъул тIоцебесеб номер биччаралдаса 65 сон тIубаялъул юбилей редакциялъул хIалтIухъабаздаги тIолалго районцояздаги. Гьарулеб буго киназего рохел, талихIалъул цIураб халатаб гIумру, щулияб сахлъи.


Автор: ХIадурана Къурмагъиз ХIадисовалъ

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +122
  • Нравится
Оставить комментарий
Баркула т1адег1анаб байрам!
Баркала. Исана лъагIалица бакълъулазул басмаялда рахъизе руго, газеталъ 65 сон тIубаялда хурхун, тарихиял макъалаби.
Hamzatavari,Ц1акъ лъик1,араб рак1алда щвезабизе ккола!Зарал киданиги бук1унаро,мунпаг1ат гурони!


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook