Авторизация

ЦIадулъе нарт тIолелги гьеб свинабулелги



Анкьил кор  

  

ЦIадулъе нарт тIолелги гьеб свинабулелги


Дунялалъул сиясат ва Дагъистан


Араб анкьалда дуниялалъго гьоркьоб лъун бицараб хIужа ккана СШАялъул бетIер Дональд Трампица Иерусалим ГIизраилалъул тахшагьарлъун лъазаби. Нилъер динцоял бусурбаби, Палестинаялъул гIадамал, хIангутIилъун ва ООНалъ гьеб шагьар гIаммаблъун бихьизабураб хIукму хвезабилъун рикIкIана гьеб иш гIемерисез. Рагъ-кьал цIигьаби, ссун унеб цIадулъе нарт тIей кколин гьеб лъугьа-бахъинилан абулеб буго цIех-рехчагIаз.


2017 соналъул 14 декабралда, «Миллат» газеталъул иргадулаб номер хIадурулел ниж рукIаго, Россиялъул бетIер Владимир Путиница санайил тIобитIулеб, гIадамазулгун чIагояб эфиралъул гара-чIвари гьабуна. Чанго сагIаталъ халат бахъараб гьеб тадбиралда президентлъиялде кандидатура лъурай Ксения Собчакица Путинида гьикъана, Россиялда тIалъи хисизе кколарищилан. Пачалихъ щущазарулел майданалги анцI-анцI саакашвилиялги россиялъулаз къабул гьаруларилан жаваб кьуна Путиница.


 Шамалъул рагъалъе ахир лъунин лъазабуна Россиялъул нухмалъулез. Шамалъул ракьалдаса (Сириялдаса) тIадбуссана гьеб улкаялъул бетIер Башар Асадил гьариялдалъун гьенибе бачун букIараб аскаралъул лъабилъа кIиго бутIа. Цоги рагъухъабазда цадахъ Россиялде тIадруссана Шамалда рекъел гьабизе ун рукIарал дагъистаниялги. Гьез хъулухъ гьабуна полициялда. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьезда дандчIвай гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевас. Гьединго гьесул гIахьаллъиялдалъун 11 декабралда МахIачхъалаялъул Гьудуллъиялъул ахалъе Фазу ГIалиевалъул цIар кьуна ва гьелъие мемориал рагьана.


Иерусалималъул къисмат


Дунялалъул гIемерал пачалихъаз разигьечIолъи загьир гьабуна СШАялъул президент Дональд Трампица 6 декабралда ГIизраилалъул тахшагьар Иерусалим кколилан лъазабиялдаса. Гьеб политикаялъ дунял парахалъияде ва ракълиде бачунарин, гьелъул гIаксалда, питна-кьалалде, биял тIеялде бачунин абулеб буго Россиялъул экспертазги.


НекIсиял греказул биценазда буго Троя шагьар бахъиялъул рагъ багъариялъе гIиллалъун гIеч кканилан. Гьединаб кьалул гIеч буго гIемерал соназ Иерусалим шагьар. Хъанчилазги бахъун букIана гьеб. СалахIудин Аюбица эркен гьабуна. Хадуб ГIусманиязул империялда жаниб, ракълилаб гIумруялда букIана. ГIизраил абураб улка гIуцIаралдаса гьенир тунка-гIусиял гьоркьор къотIулел гьечIо.


Шамалъул гьури ва Дамаскалъул чаран


2017 соналъул 11 декабралда Россиялъул президент Владимир Путин воржана Шамалде. Россиялъул Хмеймим абураб авиабазаялда рагъухъабазулгун дандчIвай гьабуна гьес. Сириялда терроризм къезабунин ва граждан рагъалъе ахир лъезе кIванин абуна президентас. Гьелдаса хадув гьев воржана Мисриялде ва Турциялде, гьел улкабазул нухмалъулезулгунги гара-чIвариял гьаруна. СШАялъ цо рахъ ккведал, гIарабазул ва тIолалго бусурбабазул пачалихъал Америкаялъул сиясаталда рекъолел гьечIо ва гьеб ахIвал-хIалалда Россиялъулгун гьоркьорлъаби щула гьарулел руго. СССРалъул заманалда букIинчIеб асар бугин жакъасеб Россиялъул ГIагараб Бакъбаккудаян хъвалеб буго Европаялъул ва Америкаялъул прессаялъ.


1999 соналъул дарсал…


2017 соналъул 12 декабралда Дагъистаналде тIадбуссана Россиялъул Югалъулаб рагъулаб округалъул 58-абилеб армиялъул 136-абилеб лъелаб бригадаялъул кьалулаб полициялъул батальон. Гьел полициялъулазда дандчIвай гьабуна Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевас ва гьел рагъухъабазул гIага-божараз.


«Гьаниб, Дагъистаналъул ракьалда, цIакъго ричIчIула нужеца Сириялда гьабураб хIалтIул хIасилал, - ян абуна Владимир Васильевас, - Гьаниб 1999 соналда халкъазда гьоркьосеб терорризмалъ Дагъистаналъул къвакIиялъул хIалбихьана, гIемермиллатазул республикаялъул халкъ террористазда данде бахъана. Нилъеда цадахъ жакъа гьанир руго терроралъул хIасилалда гIага-божарал камурал гIадамал. ГIагараб Бакъбаккуда Россиялъ билълъанхъизабулеб политика ритIухъаб буго. Гьединлъидал, нилъер улкаялъул гьудулзаби, союзникал гIемерлъулелги руго. Баркала загьир гьабула Сирия ракълилаб гIумруялде бачиналда гъорлъ бутIа лъурал нуж киназего».


Дагъистаниязул дугIаби


Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги.

«Сирия нилъее ккола вацлъиялъулаб бусурбабазул улка. Гьенир гIумру гьабун руго цересел гIасрабаздаго Россиялдаса гьенире гочарал гIадамазул ирсилал. Жакъа Сириялда рагъ лъугIиялъ, хьул буго ахиркъадги гьеб улкаялда нилъ киналго ралагьун чIун рукIарал рекъелги парахалъиги рещтIинилан. Чанго соналъ Шамалъе рекъел гьарулеб букIана дагъистанияз дугIабазулъ ТIадегIанав Аллагьасда», - ян абуна АхIмад-хIажи ГIабдулаевас аэропорталда гьабураб кIалъаялда.


Шамалда хъулухъ гьабурал дагъистаниязул батIи-батIиял ракIалдещвеял руго гьеб улкаялда гьабураб хIалтIул хIакъалъулъ. ЛъикIал харжалги кьолел рукIун руго гьезие. Амма халкъазда гьоркьосел рагъухъабазул къокъабазе жидее кьолелдаса чанцIулго цIикIкIун щолаанин гIарациланги бицуна гьез. Щибаб операция Россиялъул офицерзабазул нухмалъиялда гъоркь тIобитIанила, Сириялъул ГIарабазул Республикаялъул армиялда рагъ къотIизабизе кIвезе букIинчIила, Россиялъул авиациялъ ва флоталъ босанила бергьенлъийилан абулеб буго гьез.


Деерфул ва цоги магIарул мугьажирзабазул ирсилазул росаби руго Шамалда. Гьениб багъарараб граждан рагъул хIасилалда къварилъи ккун букIана гьеб росдаеги. Гьелъул хIакъалъулъ «Миллаталъ» чанцIулго хъванги букIана.


Цоги генерал ва цIияв вакил


Араб анкьалда Гъизилюрт мухъалъул ЦIобокьа ГIабдулхIаким ХIажиев генерал-майорлъун вахъана ва Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуразарулев Владимир Васильевас, Дагъистаналъул централияб округалъул бетIер Шамил Зайналов хисун, гьеб хъулухъалда ГIабидин Хъарчигъаев тана. Цоги кIудияб хиса-баси букIинчIо. Нухазда кколел авариял камунги хутIичIо. ХIурматиял дагъистаниял, сабру – алжаналъул кIул, сабру – цебе, ццин – нахъе! ХIаракат бахъе цогидазул хIакъ нужедаго тIаде кколареб гIумру гьабизе. Сапаралги, нухалги, къоялги ритIаги!


Автор: ГIизудинил ХIамзат

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +30
  • Нравится
ЧИТАЙТЕ ТАКЖЕ:
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook