Авторизация

УхIли школалъул угьди

ЦIех-рехчагIаз гIайибиял чIезарила


2017 соналъул 24 маялда федералиял телеканалда бихьизабураб Лаваша мухъалъул УхIли росдал школалда хурхараб информациялда тIасан цIех-рехчагIаз халгьаби байбихьун буго. Цебеккун «Миллат» газеталъ хъван букIана  УхIли росдал школалда бугеб хIалалъул.  Гьелдаса хадуб цогидал сурсатазги борхана гьеб тема. 


 ЦIех-рехалъул комитеталъул вакил Расул Темирбековас баян гьабухъе,  цIех-рех тIобитIизе буго лъималазда, мугIалимабазда, улбузда ва  хIакимзабазда гъорлъ. Гьелъул хIасилалда гьабизе бугин процессуалияб хIукмуян лъазабуна Темирбековас. Абизе ккола, телеканалалъ бихьизабуралда рекъон, араб соналъ гьеб школалда  цо цIалдохъан хвеялда хIинкъи букIун буго, информатикаялъул кабинеталда къед биххун бачIун. Цебеккун Роспотребнадзоралъ школалъул цо бутIа къан букIана, гьеб мина жанир рукIине хIинкъи бугеблъун чIезабун.


Автор: Алиса Алдашева

Баяналъул кьучI: Казият "Миллат". МахIачхъала

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook