Авторизация

ЦIулда росу

ЦIулда росу буго Къарал-гIоралъул квегIаб рагIалдаса 500 метралъ тIадегIан. Цебе Къарахъ бодулъе унаан, гьабсагIат ккола ЧIарада мухъалъул росулъун.Росдал цIар лъугьун бугин абула «цIул» абураб рагIудаса, гьелде тIаде бакIалъул супикс «-да» жубан. Бицуна некIсияб заманалда гьенир сверухъ ризал рохьал рукIанин ва гьединлъидал росдал гIадамазул аслияб пишалъунги букIанин цIулал устарлъи.
ГIадамазул къадар. 1828-б соналда ЦIулда 181 цIараки букIун буго (Хрисанф), амма 1830-л соназул ахиралде 150 цIараки ва 2 си бихьизабулеб буго (Мочульский).
«Капуразул хIабахъ» (хабалахъ) абураб бакIалда археологазда ратун руго IX-XIV гI. хутIелал – щегI ва гь.ц. Гьеб бакI ккола ЦIулдаса Гьонлъоб колоде унеб нухлул бащдаб манзилалда, нухалъул тIасаб рахъалда, лъарахъа 30 галиялъ тIадегIан.
Росулъ буго 6 кьибил:
1). Тамарилал (Тамар абураб цIаралдаса бачIараб; гIадамазул къадаралъул рахъалъ 3-б гьеб кьибил буго кьолболаб, некIо заманалдасаго ЦIулда чIун букIараб тухум. ХутIарал тIаде рачIарал ккола; гьезул гIемер гIалимзаби рахъана. Гьезда гьоркьоса ккола Къарахъа МухIамадтIагьирги);
2). Гелчилал (Гелач абурав чиясул цIар щвараб; гIадамазул къадар – 4-б; гьез гIумру гьабулеб букIана Гьиндиб ва ГIорхъануб кулабахъ);
3). Оцилал (Бищун кIудияб тухум; оц хъун жамагIаталде гъорлъе лъугьарал рукIиналъ щванила цIар. Гьез гIумру гьабулеб букIана БецIгIурухъ колода);
4). ХIайдарбегилал (2-б кIудияб тухум; гьезул чIей букIана Гъогъода колода);
5). ГIокьилал (5-б тухум; гIоркь рагIудаса лъугьанила цIар);
6). ГIалилал (Бищун гьитIинаб тухум; гьел гочанила МачIчIуб колодаса).
Росу бикьулаан щуго бутIабазде – «гъоркьехунал» абун лъалаан ГIуртIа (КIвекьабазухъ, ТIутIраб рохенал; «Тамарилал» тухумалъул рукъзал рукIараб бакI) ва «Росухъ» (Оцилал) авалал, «тIадехунал» абулаан «КIкIалануб» (бикьула ТIаса- ва ГъоркьакIкIалануб ва «ГьинтIа» рохеназде. Аслияб къагIидаялъ гьенир руго Гелчилал тухумалъул рукъзал) ва ТIалабазда (ХIайдарбегилал, ГIокьилал) авалазда. ГодекIаналда (гьаниб «ГулекIалда») рукIана ГIалилазул рукъзал. ЦIи рарал рукъзал ва школалдаса гIуна цIияб цебехун хурзал рукIараб «ХъутуртIа» авал.
ЦIулдагун цо жамагIаталде гъорлъе уна 1,5 км-алъ гьелдаса рикIкIад бугеб Гьонлъоб росдал агьлуги. НахъалъагIан гьезул ракьал рикьичIого рукIана. Гьонлъор рукIана цIулдасезул рукъзалги, ракьалги. Бицуна гьенир 2 тухум бугилан абун, амма гьезул цIарал ракIалда гьечIо. Дир хIисабалда гьел руго цо цIулдаса чагIазул колодаса лъугьараб росу, гьезие гьеб тасдикъ гьабизе бокьичIониги. ГьабсагIат гьениб буго 8 цIараки.
Кулал: 1. МачIчIуб (Оцилал, ГIалилал), 2. Гъогъода (ХIайдарбегилал, Тамарилал), 3. Гьиндиб (Гелчилал). Хасало гIи букIунаан ГIорхъануб, гьенир ругел нохъабазда жаниб къан.
ЦIулдасез хур бекьун, гIи хьихьун, цIулал алатал гьарун гьабулаан бетIербахъи. Гелчилал тухумалъул чагIи ЦIоралдеги хьвадулел рукIун руго.
Бищун некIсияб мажгит букIун буго ТIалабазда абураб, росдада тIад бугеб авалалда. КIиабилеб мажгит бан буго ТIасакIкIалануб авалалда. Рохьаз сверун ккураб бакI букIана гьеб, мажгитги цIа ккун бухIана.  Лъабабилеб мажгит 1689-б соналда бан буго гьанже бугеб росдал годекIаниб.
ЦIулдасезул гьабсагIат буго 400-гIанасеб цIараки: МахIачхъалаялда – 170, росулъ – 60-65, Гъизляралда – 45-50, Баракаталда (Ленинкент)  – 10, Шамхалалда – 10, Алмалоялда – 40, Шурагьиб – 5, Кочубеялда – 5, ЦIуриб – 5, гъутаналда – 5. Жеги 1933 соналда Гъарачаялде гочана 4 вац, ва гьездаса ккарал 30 хъизан руго Гъарачай-Чергес республикалъул Марух, Учкекен росабалъ ва Кисловодск шагьаралда.  Бицарал чагIи: Халикъова Аминат (1916 с.гь.), ГIабдулаева ПатIимат (1941 с.гь.), Тамирбудаев Тамимуда (1960 с.гь.).

Автор: Маркъо Шунилазул

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook