Авторизация

Исламсор росу

Исламсор росдал батIияб цIар букIун буго «ГьитIинаб Истанбул», гьанжейин абуни гьелда цIар лъун буго «Ташлыгюней» –  магIарул мацIалда – «ГанчIил бакълъи», ай «ганчIаз цIураб бакъде балагьараб лабаллъи». Исламсоралъул тIоцебесеб бутIаялъул («ислам-») магIна бичIчIаниги, «-сор» абураб турк рагIул магIна ккола «агьлу». Исламсор – «исламалъул агьлу».

Исламсор росу ккола Туркиялъ бищун бакъбаккул Хъарс вилаяталъул Сарикъамиш мухъалда бугеб росу. Хъарс шагьаралдаса гьанибе 43 километралъул нух буго (балагье картаялде).

ГIамирхан МухIамаддадаевас хъвалеб буго гьеб росу магIарулаз 1870-л соназда бан букIанин абун. Амма харабазул биценазда ва цогидал баяназда рекъон, нижеда чIезабизе кIвана гьеб 1865-б соналда бан букIараблъи. Анкараялда нижеда дандчIварав Исакъ Догъаница бицахъе гьеб букIанила чIобогояб, ахIун тараб бакI. Сверухъ гочарулел курдазул къавмал рукIаниги, гьез магIарулазе квал-квал гьабизе кIвечIо, гьезукьа хIинкъулел рукIиналъ. ГъоркьегIан нижеда бихьулеб буго, гьенир ругезда гьоркьор гIезегIан ГIандиса магIарулал рукIин. Гьел баяналги хIисабалде рсоун, турказул архиваздеги раккани, нилъер пикру чIезе буго, Исламсоралда бищун цере магIарулал щун рукIин 1865-б соналъул маялда Чачаналъа гочарал цо чанго нусго гьезул хъизаналгун цадахъ. Чачанал гIемерисел ун руго цогидал вилаятазде, амма цо чанго гIандисел ва цогидал гьезда аскIор рукIун, гьезда цадахъ къватIире рахъарал магIарулал чIун руго гьенирго, ва кьучI лъун буго Исламсор росдае. Бищун цере гочарал чагIи чIезе ккана росу бараб бакIалда аскIор рукIарал «казармабазда», нахъа гьениса лъугьана гьанже Исламсор росу бугеб бакIалде.

Росдал кIудияз бицухъе, Исламсор росдал кьуч лъурал чагIи ккола хадусел магIарулал: Бахтай, ГIалибулат, Шапи, ГIумарбег, ХIажи-Юсуп, Халит ва МухIамад. Нижеда Анкара шагьаралда ватарав Исакъ Догъанил эмен МухIамад (1905-1963 сс.) гьавуна Исламсор росулъ, гьесул эмен Бахтай (хвана 1920-л соназда) – гочана 1865-б соналда МагIарухъа, ГIанди росулъа. КIиго чIужуялдаса (ХIурияги Аминатги) гьесие гьаруна 7 лъимер. Аминатил – ГIалибег, Рамазан (тIагIун вуго), Меседо, Баху. ХIуриял лъимал – МухIамад, ПатIимат ва Абакар (хвана, лъимал гьаричIого). МухIамадил вуго кIиго вас – ГIисакъ ва Абубакар. ГIисакъил 3 вас: Бунйамин (вас Огъузхан ва 4 яс), Сулайман (васал МухIамад ва Шамил), Мурад (1 яс) ва 4 яс (Мелек, Халисат, Дилек, Рисалат). Гьесул вац Абубакарил вуго цо вас – Бахтай (1 яс). МухIамадил вац ГIалибегил вугоан цо вас – ХIусен, ва гьесулги кIиго вас – Нури ва Багьавудин. МухIамадил наслуялъул памилия ккана Догъан, гьесул вац ГIалибегил – Акйол.

Росу кIиго нухалъ гIурусал тIаде кIанцIун бухIун букIана (1877-78 соналъул рагъда ва 1915-18 соназул рагъда). Гьеб кIиябго нухалъ Исламсоралъул магIарулал гьениса чанго соналъ нахъе ине ккана Мушалдаги цодагьаб мехалъ чIун (Авран росдал магIарулазда аскIор), Кагьраман-Мараш вилаяталъул Гексун мухъалъул магIарул Ортатепе (ГьоркьогохI) росулъ. Гьениб 3 сон бан букIана магIарулаз, амма турказ Хъарс кодоб босидал, нахъеги жидерго росулъе гочун рукIана. Анатолиялда рагъулел аскаразул кIудияв – Гъази АхIмад Мухтар-пашаца хъвавухъе 1877-б соналъул 28 апрелалда Сарикъамиш мухъалда чIарал магIарулазул (дагъистаниязул) 500 рекIарав чи вачун вукIанила ГIусманиязул армиялде. 1877-б августалда Хъарс шагьаралда аскIор рагъазда гIахьаллъана гьел. Амма гIемер чIечIого гIурусал магIарул росбазде тIаде щолеб мехалъ, гьел рокъоре риччан тун руго ва гьебго соналда гьениса гочине ккун руго.

1897-б соналда Хъарс вилаяталда 448 магIарулав вукIана. 1985-б соналда росулъ 720 чи вукIана (курдал), 1990 – 684, 2000 – 374, 2012 – 222 чи.

Исламсор росулъ рукIун руго хадусел памилияби: Догъан (ГIанди), Акйол (ГIанди), Гюнеш (Сугъралъ), Караагъач (Сугъралъ),  Челик (Хъваршини), Сагъыр (МелъелтIа), Озер (Гъадири; гьаниб абула: «Кадирасурел»), Авар (?), Татар (?), Йилмаз (Сивасалдаса магIарулал), Онуктав (?). Гьал рукIине ккола ЦIиликь, Хунзахъ ва Гъадири росулъа чагIи.

Аслиял хиса-басиял росулъ байбихьун руго 1940-л соназда. 1944-б соналда зулмуги гьабун рагьун буго мактаб, исламияб мадрасаги къан. Гьелде щвезегIан Хъарсалдаса вачIарав Гъумекиса ходжа-МухIамадица исламиял дарсал ва гIараб мац малъулеб букIун буго. Гьеб мактаб лъугIун хадур байбихьана тIадегIанаб лъай щвезе шагьаразде гочине. Бигьа-гьабун 1960-л соназда гьединан шагьаразде гочунел чагIи гIемерлъун руго. 1970-б соналда росулъ букIун буго 45 рукъ, амма гьебго заманаялъ гьанире гочине байбихьун руго курдал, шагьаразде гочарал магIарулазухъа балъго рукъзал росун. Вехь хIисабалда вачIарав курдасда цадахъ рачIине байбихьун буго гьесул гIагарал. 1975-б соналда Исакъ Догъаница бицухъе гьенире гочарал курдаз, сверухъ жидер миллатцоялги рукIин хIисабалде босун, бетIер борхизе байбихьун буго. Гьесул дандиясул васас – магIарулас вагъизе ккун чIван вуго курдав. Гьеб сабаблъун ахIи-хIур бахъун буго сверухъ ругел курдаз, азаргогIанасев чи лъугьун вуго къавмалъул свериялда жидеца рецIел босичIого теларин. Гьедин нахъе гочине ккун вуго гьениса Исакъ Догъан Анкараялде. Исакъица бицуна гьел ун хадур, жеги чанго соналъ, гьенир хутIун рукIанила 3 хъизан. ГI. МухIамаддадаевас хъвавухъе 1990-л соназда гьенир 5 хъизан магIарулазул хутIун бугила, амма хIакъикъаталда гьенир дагьал чагIи хутIун рукIана. Нахъа гьелги гочине ккана. ГьабсагIат росулъ цо гурони магIарул гIадан хутIун гьечIо – Сугъралъа гочарал Караагъач хъизаналъул Севги абурай гIадан, гьей туркасухъ йикIиналъ.

ГьабсагIат Исламсоралдаса магIарулал руго чанги шагьаразда: Истанбулалда – 25 цI. (гьезул хIакъикъаталда 40 хъизан буго, гьел кIодолъун рикьиялъ), Анкараялда – 19 цI., Анталиялда – 15 цI., Маниса (Тургъутлу) – 12 цI., Измиралда – 4 цI., Измиталда (Гельджук – 4 цI. ва Карамурсал – 3 цI.) – 7 цI., Аданаялда – 2 цI., Эрзурумалда – 2 цI., Мерсиналда – 2 цI., Кагьраман-Марашалда – 2 цI. Хъарс шагьаралда магIарулазул 20 цIараки буго.

Бицана Исакъ Догъаница (1932 с.гь.), Анкараялда гIумру гьабулев (рокъосеб телепон – 3522214).


Автор: Маркъо Шунилазул

Баяналъул кьучI: Журнал "МагIарухъ". №1. 2014 сон

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook