Авторизация

Авариялъул ханзабазе магъало тIадал росабазул сияхI ва магъалодул къадар

ТIасияб Гьарадерихъ росдал гIадамаз щибаб цIаракиялдаса 2 къали бугIа, 100 гIиялъажобугес бзж (магIна лъачIо) ва кIиго хух, 2 шал, 3 хвалченбухь, щибалъул 3 гъурущбагьа бугеб.

-Гьарадерихъ росдаца 1 къали бугIа, 100 гIиялъажо, бугес 1бзж, кIиго хух, кIигошал, 1 хвалченбухь.

-Гъоркьияб Гьарадерихъ росдацаги гьадабго магъало.

-Игьали росдаца – 25 къали цIолбол сок, Хунзахъ росдал майиндурасе (рагъулминистр гIадав чи, ялъуни бодул цевехъан).

- ТIасиябИнхо – 25 гьегь цIибил.

-Гъоркьияб Инхо – 33 къали цIолбол сок, магъало бакIарулезе хъвезе 1 цIцIеги.

- ЧIикь-6къали цIолобол сок, ялъуни I2 къали цIоросаролъ.

- Кьохъросдла гIадамаз 2,5 къали цIобол сок, гIиял рехъен бугес 2 хух, ялъуни 2 бурутI.

-Килалъез кIиго къали –рикьи ролъулги, кIиго къали мучги.

-Хьндалазул росабаз щибаб рукъалдаса 1 къалигун сахI ролъулги, 2 2 къалимочолги, 3 сон бараб хIелекоги, гIи бугез – бзж-ги, цIани ругез багьаб дегIенги.

-Хьиндалросдал гIадамаз килщил бицалъи, 3 натI халалъи бугел хъахIал, цIвакарал, ритIаралтIилал ва 60 жалобги, цIалкIизеги цIалкIун 6 къали цIулакьодул рохъоги. Гьезгожиб-жиб хъизаналдаса 2 къали ролъ, 1къали муч.

-Хьиндахъа Околазул тухумалъ 40 къали ролъ. Росдал киналго гIадамаз 32 къалихьурдухъ муч, 40 къали ххине хIадурараб бацIцIад гьабураб ролъ, якунж ролъул 4къали, ва 12 къали муч.

-Харахьи росдаца 264 къали бащадаб –ролъ, бащадаб муч. Харикь росдал хьиндалаз 4сахI муч, Херехьдерида тIадлъула ролъги мучги нуцаласул минаялде щвезабизе,жидерго хIамузда нуцаласул хурзабахъе рак щвезабизе. Рекьи байбихьидал гьезда тIадаббуго жидерго хIамулгун, хъапалгун, гIарщ-кваргун рачIине, нуцаласул бокьалракудаса рацIцIад гьаризегIан рокъоре тIадруссине ихтиярги букIунаро.

-ГьамищтIа росдал гIадамаз 30 къали бугIа ва I ратIал маххул.

- ЦIелмесросдаца щибаб рукъалдаса 3 къали ролъул, I0 чахъу къинлъарас цо тIасабищарабхух ва 1 ратIал нах.

-Мущулисез щибаб рукъалъ 1 къали ролъ.

-Бакъда Гьамущисез щибаб рукъалдаса 2 гьегь цIолбол, 1 къали ражи, 1 къали пер,тIолабго росдаца 1 ратIал нах, гIиял рехъен бугес – бзж, цIани ругез – хIоргец.

-Хьонда Гьамущисез щибаб рукъалдаса къали ражи, 1 къали пер, 34 гьегь цIибил, гIиялругез бзж, цIцIани ругез – 1 хIоргец, 1 ратIал нах. КIиябго росдаца киналдаго тIаде40 гьегь цIибил.

- ТIадколосезщибаб рукъалдаса 1къали лаклак, 1 къали пер, 1 гьегь цIибил.

-Мунисез 180 къали лаклак, 40 гьегь цIибил, 3 шал.

Дангизалдабугеб щибаб бокьалдаса 1 шал (сугъур).

-Хонолъи росдаца 4 чахъу ва 4 хух.

-КIеселуросдаца 12 чахъу ва 4 хух.

- Жонсоросдаца щибаб рукъалдаса I1 чахъу ва гIака.

- ГIашиниросдаца щибаб рукъалдаса 1 чахъу.

- ХIаширу,Ламаг-Жари, КIахIачIараб росабазул гIадамаздаги гьебго мгъало.

-Къакъади росдаца 3 чахъуги I цIцIеги.

-Чичиник росдаца 1гIака ва 6 гъурущ.

- ХIалтIиросдаца 100 къали пурчина.

- Гьишаросдаца 60 чахъуги 3 цIцIеги.

-Кванхи росдаца 21 чахъу.

-Гьадири росдаца 50 чахъуги ва багьаб куйги (хIоржо).

-Къиди, Сасикь, Сильди, Гьакъу магIарде битIулеб гIиялъа щибаб росдаца 20чахъуги, 1 кьегIерги.

- СилиГьаквари щибав вехьасда ГьагIмал магIардаса 2 чахъу.

- ТIасиябва Гъоркьияб Хъваршини, Сихал ва БатIалъи росабазул щибалъ 30 чахъу.

-Хушари росдаца 1 оц.

-Метрада росдал гIадамаз 30 къали ролъ, 30 къали бугIа.

- Эчедаросдал гIадамаз 40 чахъу ва 1 хух.

- ЦIумадаросдаца 30 къали бугIа.

- ХулимагIарда боцIи хьихьун Хьари росдал щивав вехьас 5 гъурущ, I чахъу.

- ТIомсодаросдаца 23 гъурущ.

- Ракьу– ГIахьвалаз – 33 гъурущ.

- ГIахьвалаз20 чахъу ва 20 къали пурчIина.

-Бакълъулазул росабаз: ЦIиликь, Сивухъ, ЦIунди, Шабдухъ, Ингишу, ИчичIали,Данухъ, ГIаркьухъ, Аргъвани, ЛъаратIа, МелъелтIа – гIиял ругез, къадаралъухъбалагьичIого щибаб рукъалда I хух, тIолабго росабаз I0 цо лъагIел бараб гIиялъажо,кваназе мегIер ижараялъе босулел Сахъадерица 8 туменги (80 гурущ).

- ХалдиХIариб росдал гIадамаз щибаб рукъалдаса I чахъу.

-Акнадисез, Ангъидасез-щибалъ 2 оц.

-Ришниял росдаца 1 оц ва 12 гъурущ.

-Буртуб росдаца 3 гIиялъажо ва I дегIен.

- ЦIолодаросдаца 70 бзж, I8 гъурущ багьаяб хвалченбухьи, 30 гургинаб чIалу, 3 хIуби , 20къали бугIа.

-Ингердахъазда 46 бзж, 33 хух, 1 лъагIараб дегIен, 50 ялдаса тIаде гIи бугесда ХIорихьлъин бахунезда 2 хух.

- МестIерухъросдада 46 бзж, 1 хух, Къварилъи гIияз бахунезда тIаса бищабараб бзж, тIасабищарабхух ва 20 къали бугIа.

- ТокитIаросдада щибаб рукъалда 1 къали бугIа, 1 чахъу, I хух, кIиго вас вугесда I къалибугIа. Сурхай-хангун (Гъазигъумекдерил хан ГI.ГI.) СултIан-АхIмад-ханас эркенгьаруна магъалоялдаса.

ГьелдатIадеги ЦIолода, Энгердахъ, МестIерухъ, ТIокIитIа росдада тIадаб букIана Тоботабулеб бакIалда хер бецизеги.

-Къванисез 160 къали ролъул.

-Сивухъ росдада 60 ратIал биараб нах ва росдал гIухьбуз 4 хухги.

-Гозолоколосезда 10 гIиялъажо бугес 2 хух.

- ЦIадаросдаца щибаб къинлъараб чахъдадаса I хух, цо чахъу бугониги батIалъи гьечIого.

- ГIебтIадеридагигьебго магъало.

-Кванхидалъ росдаца 90 къали цIам.

-Инхелосезда 40 къали цIолбол сок ва 10 къали цIам.

-Буртабалъе хан вачIунаго 6 дегIен тIадаб букIана Болъихъ росдада.

- МигIарсуросдада 20 къали муч, 30 къали цIолбол сок.

-Гъодоберисез гIи къунцIун хадуб 30 хух.

- ТIандосезда25 чахъу.

-АнсалтIисезда – 25 чахъу.

-Зибирхъалисез – 40 бзж

-Буртиялда 20 чахъу, 2 хух, ялъуни бурутI.

-Хьириб росдада щибаб рукъалда I хух.

- ГIабасузда20 чахъу.

-МаккайичIи, СатIу, Гьинди росабазда 20 чахъу щибалда.

-Лъондохъ росдада I0 чахъу.

-Зикариб росдада – 20 чахъу.

- Хадува Монохъ росабазда 20 чахъу щибалда.

-Щекъери росдада 34 чахъу ва щибаб рукъалдаса тIадеги 2 хухги.

- ХIаруросдада 40 чахъу ва 40 хух.

-Гьакъмада росдада гьебго магъало.

-Лъинду росдада 12 чахъу ва 12 хух.

-Саникъоро росдада 20 чахъу.

-Жалакьури росдал щибаб рукъалда 2 къали бугIа, 10 чахъукъинлъарасда – 2 хух.


Автор: ФатIимат МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +4
  • Нравится
Оставить комментарий
гьаб кисан босараб сиях1 ???????????


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook