Авторизация

Дагъистаналда исламияб тIехьалъул нух

  • 31.10.2016 03:10
  • Дин
  • 1 502
  • 0
 Северияб Кавказалда Каспий ралъдал бакътIерхьудехун буго гьитIинаб ракь Дагъистан абун тарихалда жиндие цIар кьураб. Гьенир гIумру гьабулел руго  буго 30-гоялдасаги цIикIкIун  батIи-батIияб мацI бицунел гIадамаз ва щибаб росдал гIадин руго жиде-жидер низам ва гIадатал. Гьеле гьеб ракьалда 1400 соналдасаги цебе тIоцебе гIадамазда рагIана гIараб калам. Гьеб гIажаибаб калам лъикIги –квешги  киналгогIадин миллатазе кIиабилеб мацIлъунги жидедаго гьоркьоб бицунеб гIаммаб мацIлъунги лъугьана. Гьедин ана  чанги гIасру. Къоабилеб гIасруялъул 20–абилел соназ Совет Союзалда гьоркьобе унеб гьеб ракьалда гIараб мацIги гьелъул кьучIалда гIуцёIараб гIажам хатIги къотIизабуна ва цин латин мацI цинги кириллица  абулеб хъваялде руссана. Гьедин бугониги  жеги мацIги хъвай-хъвагIайги хутIун буго. Гьеб хутIиялъе гIиллаги тIоцебесеб иргаялда бараб буго тIахьал рукIиналда. ТIахьал цIунун ругогIан мехалъ мацIги, гьелъул адабиятги букIине буго.

АлхIамдулиллагь, жакъа нилъее кьун ругел ресал гIелму цIализеги, тIахьал ралагьизеги, бокьараб суалалъе жаваб батизеги. Ахираб анцIила микьгогIан сон буго нилъее гьединаб ихтияр щваралдаса. Гьелдаса цере киналго гIасраби цоялдаса цояб захIматаб, зулмуяб букIана. Нилъер умумуз 600-700 соналъ дунялалъул къоги бихьун данде гьабураб гIелму кьучIдаса биххун халкъалъул рекIелъа бахъизе хIукуматалъ бугеб къуват рехаралги сонал рукIана. Амма, дол умумузул баракаталъги, дозул гьабураб гIамалалъул  ихласалъги халкъалъул рекIелъа ислам инчIо ва цIилъулеб цIилъулеб буго. Бищун кIудияб хазиналъун батана доз нахъе тараб гIелму, гIалимзаби ва тIахьал. КигIан мажгитал къаниги тIубан лъугIизабизе кIвечIо аслу баракатаб дин. Кинабха букIараб Дагъистаналде исламиял тIахьазул нух ва кин гьел нахъе хутIарал. Гьелъул бицине хIалбихьила Аллагьасул кумекалдалъун.

Дагъистаналде  ислам бачIин ва гьаниб гьеб тIибитIи букIана цIакъ захIматаб, халатбахъараб ва хIаталдаса ун захIматаб ишлъун.  Гьеб захIмалъиялъе бищун кIудияб квал-квал гьабулеб букIанин абизе бегьила дол анкьабилеб гIасруялда Дагъистаналда жалго жидедаго чIарал гIезегIан ханлъиял рукIиналъ. Гьелги: Хазаразул каганат, Дербент, Лакия, Табасаран, Гъумукъ, Сарир, Филан, Зирехгеран, Туман, Къарахъ-Уркарах, Хайдакъ ва цогидалги. Гьал ханлъаби рукIана цоцалъ рекъарал, тIаде вачIнев тушманасда данде цадахъ рахъунел, амма жалго жидедаго чIарал. ЦохIо Хазаразул каганат хутIизегIан нахъидал  рукIана цIакъ гьитIинал ракьазда ругел, гIемерисел  цохIо миллаталъул ракьал. Гьел ханлъаби рукIанилан абигицин битIун букIинаро, жидеего хассал гIадаталги рахъарал жамгIиял гIцIцIалаби рукIана. Ислам бачIинги анкьабилеб гIасруялъул бащалъиялдаса анцIила анлъабилеб гIасруялде щвезегIан букIана. Гьебги бикьула  кIиго бутIаялде: тIоцебесеб 7-9 гIасраби, ва кIиабилеб 10 -16 абилел гIасраби.  ТIоцебесеб 100-150 соналда жаниб кIигIан гIарабазда гIакъуба бихьаниги Дагъистаналъул щуйил бутIаялда гурони ислам щулалъун букIинчIо, (Дербент, Табасаран). Нахъаде цIияб дин дагь-дагь ккун  щулалъулеб букIана ва 16 абилеб гIасруялде тIолго Дагъистаналда пачалихъияб, ай киназулго дин лъугьана Ислам.  ТIадехун нилъеца кIийиде бикьиялъе гIилла буго, тIоцебесеб бутIаялда гIарабаз дин рагъаздалъун тIибитIизабулеб букIана, кIиабилеб бутIа абуни, дагIваталъул тIадецуй цIикIкIинабун камил гьабулеб букIин.  Ислам тIибитIиялъе бищун кIудияб квербакъи гьабуна мацIги гьелдаго цадахъ хъвай-хъвагIайги щулалъиялъ.  Гьелъие бищун кIудияб кумек щун буго гIарабазул рагъухъабаздасан гуреб гIадатиял гIадамаздасан. ГIарабазул машгьурав тарихчи Ал –Балзурияс (хв.892с.) жиндирго цIар рагIараб «ФутухIул булдан» абураб тIехьалда хъвалеб буго микьабилеб гIасруялъул тIоцебесеб ункъил бутIаялда гIумаядазул цевехъан Маслама бин ГIабдул маликица  Бабул -абваб шагьаралде Шамалдаса гочинарунила 24 азарго хъизан, мухьги бихьизабун абун. Цойги тарихчи Ал –КъарнатIияс (хв. 1170 с.) жеги мухIкан гьабун буго гьеб хIужа, ва тIаде жубан буго гьел гочарал хъизанал рукIанила Мосулалдаса, Дамаскалдаса, ХIомсалдаса, Тамдоралдаса, ХIалебалдаса ва цогиги Шамалъулги Джазираялъулги бакIаздаса абун. Гьелдса хадубги  халифаталъул бетIерлъун вугев Аль-Мансурица (753-770) анкьазарго махщелчи витIана Дагъистаналде, жидецаги гIезегIан масжидал ва щулалъаби ран дин цIуниялъе квербакъарал.

БакI бакIазда росаби, хъулби ран ва гьенире ракълилал хъизанал рахъинариялъул магIна буго бакIалъулал гIадамал мукIур гьариялъе кIудияб кумек доздасан, ай ракълилал гIадамаздасан щвей хIисабалде боси. Гьеб битIунги куна. Дол гIадамаз цадахъ бачIана хъвай-хъвагIай мацI, адабият, кинабго исламалда борцараб ва щула  гьабураб. ГIараб мацI, гуч ва адабият –гьаб лъабабго къуваталъ кIудияб асар гьабуна дагъистаналъул исламияб гIумруялда. Гьелдаса хадубги анцIила анкьабилеб гIасруялде щвезегIанги батIи-батIиял къокъаби хъизанал рачIнкаан Дагъистаналде. Гьезда гьоркьор рукIана мугIалимзаби, дагIватчагIи, суфиял ва гIадатиял гIарабал. Гьел дагIватчагIи рукIана имам ШафигIил мазгьаб ккурал ва нилъер гьаниб гьезул хIаракаталдалъун шулалъана гьеб.

ШафигIияб мазгьабалъ, тIолго Дагъистаналда тIибитIун бугеб тIарикъаталъ ва Багъдадалъулгун бугеб щулияб бухьеналъ  кIудияб бакI ккуна гьанир тIоритIулел тIахьазул маданияталъулъги. ТIарикъаталъул тIахьазул рахъалъ абуни бищун кIудияб бакI кколеб буго имам Гъазалиясул (хв.1111) тIахьаз. Гьесул тIахьал камураб цониги кIудияб ва гьоркьохъеб мадраса букIинчIин абизе бегьила Дагъистаналда. Дол гьоркьохъел гIасрабаз, Дагъистан гIараб халифаталде гьоркьобе унеб, гьелъул бищун северияб гIорхъабазда бугеб бакI букIана. Халифат биххун хадубги дормил ва цогидалги гьоркьолъаби къотIичIо гIарабустаналъулгун. Гьелъ гьанир киналго жамгIиял гIуцIцIабазул ва  миллатазул хъвай-хъвагIай гIараб хIарпазул кьучIалда бижана. Хъвай-цIали щулалъиялъе аслияб къагIидаялъ хIажат рукIана тIахьал. Гьел гIарабиялъа цо-цо бачIун гьаниб нусха (копия) бахъун тIиритIизаризе лъугьана. Берцинаб хатI бугев чи жамагIаталъго мухь кьун хъвадаризе толаан. Масала, Усиша росдал хабалалъ цо зонода хъван буго: «Шейх ГIабдуллагь-хIажи катиб. Гьас хъвана 99 Къуръаналъул  нусха, ва лъабцIул хIаж борхана» -абун.Бищунго гIемераб къадар хъварал тIахьазул буго Къуранал. Гьеб гIемерал чагIазда малъулеб букIиналъги батила цIикIкIун хъвалеб букIараб. Амма бокьа-бокьарав чи лъугьун хъвазе толароан Къуран. Гьелъие хIажат букIана хасаб  даражаялде бахараб лъай, лъаралда рекъараб гIамал, ва махщел. ГIемер кIудияб кIвар кьолеб букIана берцинго къачIаялдеги. Цо-цо бакIазда цо чияс хъван, цогидас накъищ бахъун къачIалаан. ГIемерисел тIахIал абуни авалалдаса ахиралде щвезегIан цо чияс гьабун батула – берцинго хатI хъвалесе накъищ гьабиги захIматаб жо букIинчIо. ТIоцебе Дагъистаналда гIарабиялъа рачIарал тIахьазул нусха бахъун гурого жалго лъикI рахъун гIалимзабаз тIахьал хъвалел рукIинчIо. Гьеб буго жеги ислам щулалъун камилъун , фатваби рахъизе гIарал гIалимзаби рукIинчIолъи. Гьел гIасрабаз гIемераб кумек щвана гIарабияздаса. Масала Гъази-Гъумекив гIумру гьабун вукIана гIалим АхIмадул Ямани. Гьесул хIаракаталдалъун гIезегIан гIелму цебе тIуна Дагъистаналда.  Гьес жиндицагоги хъван тIахьал. ГIарабиялъ Персиялда ва цоги бакIазда цIалун пагьму бегIерал дагъистанияз цIакъ къокъаб заманалда дунялго хIайранлъулел бергьенлъаби гьаруна гIелмуялда. Масала Дол соназ халифаталъул тахшагьарлъун бугеб Багъдад шагьаралда букIана бищун кIудияб ШафигIияб гIелму малъулеб мадраса»ан-Низамийя» абун цIар бугеб. Гьенир цIалана гIемерад Дагъистаниял. Дол гIасрабаз гьезул цIаралда тIаде «Дарбанди» абураб нисбат жубан батула рижараб ракьалъул хал гьабун. Гьадинаб хъвай-хъвагIай буго нахъе хутIун: «Абу ГIамр ГIусман ибн аль Мусаддад ибн АхIмад ад-Дербенди, Багъдадалъул факъигьлъун машгьурлъарав. Гьев цо заманаялъ Багъдадалда Абу ИсхIакъ шайихасда цеве  фикъгьи цIалулев вукIана, ва хадув вацIцIадав факъигьги вукIана, хадис гIелмуги цIалана. Хвана 500 соналдаса хадув..», ай 1106 соналдаса хадув. Гьевги вуго машгьурав шайих Абу ИсхIакъ аш-Ширази. Гьединго руго живго имам Гъазалиясда (1058-1111)  цере «ан-Низамийя» мадрасалда цIаларал дагъистаниял. (Имам Гъазалияс дора дарсал цIалана 109I-1096 соназ).  
 
ХIаким ибн Ибрагьим ал Лакзи ал-Хунлики ад-Дербенди, «ан-Низамийя» лъугIун хадув кIикъогогIан соналъ Бухараялда гIелму малъулев вукIана. Гьенив хун вуго 1144 абилеб соналъ.
Абу Бакр МухIаммад ибн ГIашир аш-Ширвани ад-Дербенди-вацIцIадав факъигь 11 гIасруялда цIалана «ан-Низамийялда». Абул Валид аль-Хасан ибн Балхи ад-Дербенди, цIалана Багъдадалда, Балхалда, Александриялда, Нишапуралда, Самаркъандалда.(хв.1064с.) Гьев вукIана хадис гIелмуялъул ва иснадалъул бергьарав гIалим.
 
Юсуф ибн альХусайн ибн Давуд Абу Якъуб аль Баби ал-Лакзи, (хв.1089-90 соналдего), хIадис гIелму, тарихлъалев шафигIияб фикъгьиялъул баергьарав факъигь, цIалана Багъдадалда Абул Музаффар ас-Саманиясда цеве. ЦIакъ гIемер буго сияхI гIарабияз гьабураб дора цIалун бегьараб лъай щун мащгьурлъарал Дагъистаниязул.  Багъдадалъул мадрасаби лъугIарал гIемерисел нахъруссун рачIун хIалтIана Дагъистаналда. Гьезулги мутагIилзаби жеги кIудиял гIелмиял борхалъабазде рахана. Масала бищунго машгьураб тIоцебе Дагъистаналда  букIанин абулеб: «РайхIан аль хIакъаикъ ва бустан ад-дакъаикъ»- абураб тIехь хъварав МухIаммад ибн Мусса ад-Дербендияс тIоцебе  хIадис гIелму цIалун  буго  Дербенталда Абул Къасим Варакъада цеве,  жив гIемер соназ Багъдадала цIаларав, шафигIияб фикъгьи – Абул ХIасанул Басриясухъ Дербенталда, ва Абул Къасим аль-ИсмагIилил мутагIил Абу МухIаммад ал-Лакзиясухъ Курахалда.

 Гьединал бергьарал гIалимзабаз щула гьабуна Дагъистаналда исламияб кьучI. Гьезул щивас нахъе тана анцI-анцI гIалим, жидеца бергьун гIемераб хIалтIи Дагъистаналда ислам щулалъиялъе гьабурал.
Киналго гIалимзабазе хасиятаб буго цIалараб тIехь жиндиего букIине тIалаб гьабулеб.  Гьедин щивав цIаларав чияс гъин бихьун, бичун босун Дагъистаналъе нахъе тана бергьун кIудияб гIелмияб библиотека. Дол соназ кIудияб кIвар кьолаан жиндицаго хъвараб тIехь вакъпуде мажгиталъе яги мадрасаялъе бихьизабиялде.  Гьедин кьун киналгIаги мажгитазул бакIарана гIураб къадар тIахьазул бугеб библиотека. БакIалдаса бакIалде хьвадун гIелму цIалулел мутагIилзабазда лъалаан кинаб мажгиталда пуланаб тIехь бугеб ва кигIан заманалъ гьеб  цIалулебали. Додинал къанагIатал тIахьал ругел мадрас-мажгитазда долъул дарс лъолев гIалимги камулароан. Гьеб буго жакъа нилъеца пуланаб росулъ пуланав чиясда цеве цIаланин абиялъул магIнаги. КIвар кьезе ккараб жо буго кигIан гьитIинабги мутагIилзаби цIалулеб росдаца  тIаде босун тIубаалан гьел. Гьезул напакъаялъ тIуран рукIана дол. Гьеб буго гIелму тIолго жамгIияталъул тIалабалда гъоркь тIобитIи. Гьелъин мутагIил абураб цIар борхатаб, къадруяб букIараб. Бокьараб росдаца тIувалаан киса вачIаниги цIалулев чи. Нилъер гIалим дозул гIалим абураб жо букIунароан.

Цо-цо рес бугел, лебалал мутагIилзабаз кинаб бугониги тIехь цIалулаго дандего хъвалеб букIана. Гьелъ кумек гьабулаан гъалатI ккечIого нухса бахъиялъе ва цIалараб жо ракIалда чIеялъе.
 
11-13 абилел гIарабаз гIарабазул пачалихъалда ва Ислам тIибитIарал бакIазда гьоркьоб жеги щулиял бухьенал рукIиналъ исламияб адабият ва маданият тIибитIиялъе кIудияб кумек ккана.
Дагъистаналде гIараб тIехь бачIиналъул чанги нух буго: жалго гIарабиялъ хъварал, Сирия, Иран, Египет, Турция ва Йемен гIадал исламиял хIкуматазда хъварал, ва Гьоркьохъеб Азиялда яги Закавказьялда хъварал. Щибаб тIехьалъул жинди-жиндир нух буго нилъер мугIрузде бачIиналъул.

ТIоцере къватIиса хъван рачIарал тIахьазе хасиятаб буго тIехь хъварасул ва гьеб тIаса хъвараб тIохьода данде ккун гъалатI гьечIолъиялъул хъва-хъвагIай букIин. Гьелъие хасал гIиллабиги рукIун ратила. Жидеда гIелмуялъул кIвар бичIчIарал гIалимзаби гъалатI ккечIого букIине, ва данде кквезе цоги тIехь гьечIеб бакIалде босулеб букIиналъ мухIканлъи тIалаб гьаби кIиябго. Хадусел тIахьазда гьединал хъвай-хъвагIаял ратуларо.

ТIоцебесеб иргаялда Дагъистаналда тIобитIана Къуран. Бищун цIикIкIараб кIвар кьун хъвалеб букIана гьеб ТIадегIанаб Калам. Цо-цо бакIазда берцинго къачIан меседил накъищал гьаруралги рукIана гьел. Масала Зирехгераналда (Кубачи) хъван ругоан Къуранал щибаб аятазда гьоркьоб меседил тIанкIги лъун. Цо гьединаб Къуран хIадурулеб букIун буго бащдаб лъагIалидаса лъагIалиде щвезегIан, жеги цIикIкIунги заманалда.
ГIемерал руго нахIвиялъул (грамматика), лугъаталъул  тIахьал: « Аль-Кафия»- Ибн аль Хаджиб (хв. I248 с.), «Аш-Шафия», «Мукъадиматул адаб», «Аль –Муфассал»- Ибн ГIумар аз-Замахшари, «Мугъриб фил лугъат»- гIараб мацIалъул толковый словарь -Абул ФатахI Насир аль-Мурарризи (II43-I2I3), гьесулго тIехь «МисбахI», Назмуялдалъун лугъаталъул низамалъул хъварав Ибну Маликил «Альфиия», ГIабдуррахIман Джамиясул граматикаялъул ва гIемерал цогидазулги тIахьал.

ШафигIияб мазгьаб тIибитIун букIиналъ бищунго кIвар бугеб тIехьлъун лъугьана « Аль – анвар ли агIмал аль –абрар» - Жамалуддин Юсуф ал Ардабилияс (хв. 1396с.) хъвараб. БатIи-батIиял гIалимзабаз хъван бугоан гоьеб тIехь ва чанги нусха бахъун буго.
 
КIвар бугеб бакI дагъистаналъул тIахьазда гьоркьоб кколеб буго имам Ан-Нававиясул (хв.1278с.), Ибну ХIажар ГIаскъаланиясул (хв. 1449с.), Ибну ХIажар Гьайтамиясул (хв. 1567с.), Джалаладдин МухIаммад аль МахIаллиясул (хв.1459с.), Такъиюддин ГIали Ас-Субкиясул (хв.1370), Джалаладдин Ас-СуютIиясул ва гIемерал бергьарал гIалимзабазул тIахьаз.
 
ГIемер рукIана Къураналъул Тафсиралги, хIадисали хъварал тIахьал. Гьездеги кIудияб кIвар буссинабун букIана гIалимзабаз. Гьелги рукIана батIи-батIиял гIалимзабаз хъварал Масала:АтI- ТIабариясул (хв.923с.) «Тафсирул Къуран», Ал Байдавиясул(хв.1286с.) «Анвар ат-танзил» ва «Тафсир Ал –Джалалайни» - Гьеб буго байбихьудаса «Исраъ» сураталде щвезегIан  Джалаладдин ас-СуютIис, ва хутIараб гьесул мугIалим – Джалаладдин ал-МахIаллияс гьабураб. КIиявго Джалаладдин гIахьаллъиялъ гьелда «Джалалайни» абун цIар тана. Джалаладдин ал-МахIаллияс хъвана имам Нававиясул «Мингьажул тIалибин» абураб тIехьалъе баян, жинда цIарги «ШархI аль-Мингьадж» тараб. Гьеб кIиябго хIалтIи тIолго исламияб дунялалдаго мащгьураб ва жидеде накъллу гьабулеллъун рукIана. Гьелда тIадеги ибну ХIажар Гьайтамияс хъвараб «ТухIфат ал- МухIтаж шархI ал –Мингьаж» абураб тIехьги цIакъ хехго тIибитIун ана Дагъистаналда. Гьеб буго ункъо томалде данде гьабураб хIалтIи.  Цо гьеб тIехьалъул ункъабго том ГIобода росдал мадрасалъе вакъфу гьабун бугоан Къудукьа Мусалас, живго гIолохъанав мехалъ  дова цIалулев вукIиналъул ракIалде щвеялъ, жамагIаталъе баркалаги загьир гьабун.
 
ШаригIаталда цадахъго Дагъистаналда тIибитIун бачIана тIарикъат. Имам Гъазалиясул «ИхIяул гIулуму ддин» абураб бергьараб кIудияб тIехьалъ, ай тIахьаз (4 том) исламияб дин щула гьабиялъе гьабуна гьедигIанго бергьун кIудияб хIалтIи. Имам Гъазалиясул киналго тIахьал цIалулаан Дагъистаналда.
   
Дагьабго рикIкIен гьабун тIубалеб сияхI гьечIо Дагъистаналда ругел тIахьазул. Абизе кола кинаб тIехь исламияб диналда кинав гIалимас хъван батани (хасго шафигIияб мазгьабалда), гьеб гьаниса камун букIинчIин абун. Гьелъин нилъер гIалимзабазукл лъай фатваби кьезе кIолеб борхалъиялде бахараб, гьелъин нилъер гIалимзаби тIолго дуниял жиде мукIурал факъигьалги рахъарал.
 
ТIахьал хъвай цIакъ гъийин бихьулеб, кIвар гьабизе кколеб хIалтIи букIана. Амма, гьелдаго цадахъ цо чиясда гIелму малъиялъухъ, цо тIехь нахъе теялъухъ бугеб кири –даража лъалез дунял рехун тун гьеб тIаса бищана. Аллагь разилъайги гьел киназдасаго. КигIан гIемер дол тIахьал  хвезаризе лъугьун тIагIинаризе яхI бахъулел мунапикъал рукIаниги  жакъаги нахъе цIунун хIутIун буго дол катибазул хIалтIи. КигIан гьитIинаб росдалги мажгиталъуса камун букIинчIо Къуран, ва цогиги фикъгьи, нахIвиялъул тIахьал.

 Цоги исламиял пачалихъазда кIуди-кIудиял шагьаразда гурони букIунароан тIахьал хъвалел бакIал.  Дагъистаналда киналго гIадин жамгIиял гIуцIцIалабазул кIудияблъун бугеб росулъ тIахьазул нухса бахъулеб букIана. Гьел цIакъ гIемер рукIана: Гъумукъ, ГIахъуша, Зирехгеран, Кудали, ГIобода, Ихрек, Ахти, Сугъралъ, Башли, ГIурада, Усиша, Хунзахъ, Эндери, ва гIемерал цогиги.  Дунялалда тIад цоги бакI батиларо гIарабиял гурел миллатаз гIараб мацI гьадин кIвар кьун , тIад чIчIун лъазабураб. Гьаб букIине кола дир пикруялда авалалдасаго баракатта бачIин букIиналъ бугеб цебетIей ва диналде бижараб рокьи.
   
ТIахьал хъваялъул рахъалъ бергьун кIудияб хIалтIи гьабун бугоан Къудукьа Мусалас. Гье хъван батан кинабниги лъабнусго батIияб тIехь. ТIокIабги гIелмуялъул щиб тIехьха хъвазе хутIун букIун батилеб. Гьеб лъабнусабго тIехь Мусалас цохIого цо хъван тун батилищха жинцаго цIаличIого ва цогидазда малъичIого.
 
Дагъистаналъул гIалимзабаз нухса бахъун тIибитIизабиялда къокълъизе биччачIо дагIваталъул иш. Гьез жидецагоги хъвана тIахьал. ГIемерал батIи-батIиял мацIал камилго лъаялъ гьезие рес щвана, кIиго-лъабго, хIатта анкьго мацIалъул къамусал (словарал) гIуцIцIизегицин.

Киналниги гIелмабазул рахъалъ босани гьанир рукIана: фикъгьиялъул, гIакъидаялъул, Къураналъул, тафсиралъул, тажвидалъул, хIадис,  мантIикъ, фалсафил, адабият, шигIру, хIисаб, нужум, лугъат, сулук, тарих, тIибб (медицина), балагъат (риторика) гIелмабазул киналниги гъварилъабазде раккунги гьел цIализе рес кьолел тIахьал.
 
Бищунго кIвар кьезе ккараб суал букIана тIахьал цIуни. ГIемерисел гьел нахъе лъолаан хIеккен бачIунареб хьалалъ кьагъабазда яги санкIазухъ. Дол саназда цIуниялъул суал живго гIалимасе кIвар бугеб букIинчIо, щай абуни   жгьес анкьида, моцIида жаниб цо нухвалъниги тIаде ваккун, цIалун гьеб багъа-башарулаан. ХIинкъи букIана нахъе лъун тарал тIахьазе. Гьелда дандеги букIана цохIо дару – чияхъе цIализе кьей. ХIажат гьечIого, цIализе кьезе барахщун цIунарал тIахьал хIутI-хIапароялъ кваначIого хутIулароан. Чанги гьединан тIагIунги батиларищха  къиматаб тIехь.
 
Гьединаб хIаладла тIаде щвана 18 абилеб гIасру. Гьеб Дагъистаналъул тарихалда бищун бахIарчияб, цере арал, нахъа рачIунел гIасрабазе мисаллъун бугеб гIасру буго. Имам Шамилил гъазаваталъул соназ Дагъистаналъе гIелмуялъе  мукъсанлъи щиб гурин ккараб, тIадеги гIалимзаби цIикIкIана. ТаравихчагIаз чIезабулеб буго, доб гъазават байбихьилелде букIаралдасаги гьелъул ахиралде имаматалда  мадрасабиги, гIелму цIалулелги, хIатта гIалимзабиги цIикIкIун рукIанилан. Имамас цIакъ кIудияб кIвар кьолаан гIелмуялде. ГIелму цебетIезе букIиналъе киналниги шартIалги чIезаризе хIаракат бахъулаан гьес.  Кинабго шаригIаталда борцун гьабулев имамас киса-кибего цадахъ гIелмиял тIахьал чIезарулаан. Гьесул библиотекаялда 900 ялдасаги цIикIкIун тIехь букIана. Калугаялде унелъулги Шамилица тIахьал гъоркь течIо. Гьеб буго нилъее мисал тIахьазул бугеб къадруялъул, гьелъул гьабизе кколеб къиматалъул. Дагь-дагь ккун тIолго дунялалдаго гIадин Дагъистаналдаги гIумру цебе тIолеб букIана, ва 1903 абилеб соналъ Темир-хан Шураб рагьараб басмаханаялда тIоцебесеб тIехь къватIибе биччана.

ТIоцебесеб гIараб мацIалда Дагъистанияс хъвараб тIехь кколеб буго  «РайхIан ал хIакъаикъ ва Бустан ад Дакъаикъ» абураб жибги тарикъаталъул бицунеб ва гьелъул энциклопедиялъун рикIкIунеб. Гьеб буго 11 абилеб гIасруялъул ахиралда 12 абилелъул авалалда Дербенталдаса Абу-бакр МухIаммад бин Мусаца хъвараб. Гьесул тIохьода хъвавухъе тIубараб цIар буго Абу Бакр МухIаммад бин Муса бин ал Фарадж ад Дербенди аш –ШафигIи ас-Суфи. Гьаб цIаралъул хIисаб гьабуни бичIчIизе буго кигIанги кIвар бугеб букIараб шафигIияб мазгьаб ккурав суфияв вукIин бихьизаби.  Гьединал цIарал цоги цоги гIалимзабазулги руго. Гьелъие гIиллаги буго долсаназда Дагъистаналде кутакаб тIадецуй бачIинеб букIана шигIиязул. Гьелъие дандечIчIейлъун букIине хъвалан додин.
 
 Гьелдаса хадуб гIараб мацIалда хъварал тIахьал руго «Тарих Дагъистан» (1465 сон) Хиналугалдаса МахIмудил, «Танбигь фи шархI ал МасабихI», ГIободаса ШагIбан-къадица хъвараб Багъавиясул хIадисазе баян ункъо жилд жиндир бугеб; «ХIашия Къудукъи гIалал Чапардари», «ИстигIара», «ИгIраб ал Умнузадж» Къудукьа Мусалас хъварал мацI малъиялъе тIахьал; «ХIашия Давуд» Усишаса Давудил; ГIаймакиса Абубакарил: «Ажвибатул машгьура», «АгIламу ат-тилмиз би ахIками набиз», «МажмугIу ал-убаш»,  «Къазаал хIаваиж» -магIарул мацIалда, «Базлу ал-фатва  фима гIаммат бигьи балва», «Фазаилул ХIабиб» ва гьелъул шархI «васаилу ал- лабиб», «ХаватIиру ал-лавамигI гIала къасаиди ал-джавамигI», МохIоса Дамаданил нужум, ва хIисаб гIелмуялъул тIахьал, Къарахъа МухIаммад ТIагьирил «Барикъату суюф..» Шамилил гъазаватазул бицунеб, «ШархIул мафруз», «ШархI тафсир ал макъсуд», «Шархул Кафийя» шаргIиял хIукмаби; Аргъваниса Къурабанил «Хашия гIалал Джами» ГIурадаса МуртазагIалил  «Макъис ал масагIил», «РафгI ан-никаб», «Хашият ат-Тафсир»; ХIасан ал Къадариясул «Диван ал Мамнун», «Джираб ал-Мамнун», Доргъелиса Назирил, гIалимзабазул рехсараб тIехь, ЧIохъа МухIаммад ГIалил «Фатави ЧIохъи»; Гъази-Гъумекиса ГIабдурахIманил  ва жеги нус-нус батIияб цIар буго гьел тIахьазул.ГIалимзабаз кIудияб къимат кьола ХIоцоса Нажмудинил гIараб мацIалда хъварал шигIриял асаразе. ХIатта Дамаскалъул профессорас хъван буго гьел назмаби цIалулаго жив чанги нухалъ къамусалде ваккизе кканилан ричIчIуларел рагIаби гьоркьор ратун. ГIалимзабаз гIемерисел тIахьал хъвалел рукIана цоги тIахьазе баян кьун, гьезда тIад хIалтIун, бакI ва заман хал гьабун цIализе бигьалъиялъе гIуцIцIулел.
   
Бищунго гIемерал тIахьал гIараб мацIалда нилъеда тIарикъаталъул устIарзабаз хъван ратулел руго. Гьезие тIоцебесеб гали тIамун гIараб мацIалда тIарикъаталъуль адабазул рехсон тIехь хъвана Джамалудин Гъази-Гъумукъияс, гьеб буго жакъаги гъираялда цIалулеб «Адабул Марзийя», Сайфуллагь къадияс хъван руго «Канзул магIариф»,  «Мавафикъу Ссадати», «Мактубатал», ШугIайб Багинияс хъвана «ТIабакъатул Багинуб..», ХIасан афандиясул цIакъго гIемер руго гIараб мацIалда хъварал тIахьал. Масала: «Буруджул мушаядат..», «Талхисул МагIариф…», «Файзу ррахIман» «Мактубатал» ва гь. ц. Гьесулго маъзун МухIаммад ЯгIсубиясул буго ункъо тIехь гIараб мацIалда хъварал: «Кунузул аман мин фитани заман», « Ажвибатуль ГIасалия ли турагьатиль ГьаракIания», « Аль ажвибатуль багьиягь фи исбати шафагIати хайриль барийя», «Фараидуль вагьбийя фи радди шубугьатиль вагьабийя».

ТIадехун рехсарал тIахьазул гIемерисел жакъа магIарул яги гIурус мацIалде руссинарун цIалдолезе пайда щолеллъун руго. ЯгIсубиясул тIахьал абуни жеги гIараб мацIалданицин кьабгIун тIиритIизарун гьечIо.  Жиндир хIакъалъулъ ХIасан-афандияс «ЦIияб гIоштIоца лъикI къотIулин» абун муридзаби тIуразе амру гьабурав ГIасаса ЯгIсубиясул хIакъалъулъги нилъеда цIакъ къанагIатаб гурони хабар лъаларо. ЦохIого цо кIикъого сон байгун ижазаги гьабун амруги бачIун устIарлъиялъе нух рагьи гьечIищ гьунаралъул тIокIлъи.  Гьал тIахьалги руго гьес доб мехалъго вагьабиязул махI бахъиндал хъварал камилал кьучIал хIалтIаби. Жакъа гьезулъ кIудияб хIажалъи буго нилъее.
 
Щиб тIехь хъваниги щивав шайихасул буго гIалимзабаздаса цо  тIокIлъи. Гьезулъ бессун батула Аллагьасде рокьи, адаб, ва хIилму. Гьеб лъабалъулго кьучIалда хъварал руго киналго тIахьал. Гьезулъ тIарикъат бессун буго исламиял къануназда гъорлъ. Кинаб парз тIубалеб бугониги щиб суннат гьабулеб бугониги, устIарзабаз малъулеб буго гьеб камил гьабиялде нух. Гьабулебщинаб хIалтIи гIицIго Аллагьасе гIоло гьаби, рихьдае жо гьабиялдаса, пахрулъи рекIелъе лъугьиналдаса, гIадан къабихI вихьиялдаса цIуниялде рачуна гьел киназго.  Гьеб гурищ нилъее жакъа бищунго камун бугеб жо. Как букIа, кIал букIа, хIеж букIа кинабго хIалтIуде сверулеб букIун, гьелде гьеб биччангутIизе ахIулел руго устIарзабазул тIахьаз. Гьеб Аллагьасе* гьабулеб гIибадат бугин, гьелъулъ рацIцIалъиги цIунизе кколин буго балеб ахIи. Жалго цере гьечIониги нилъеда аскIор рукIун гьез щибаб нухалъ вагIза гьабулеб буго.
 
МацIги гьелдаго цадахъ динги цебетIеялъе нугIлъи гьабула 20 гIасруялъул авалалда Дагъистаналда гIараб мацIалда «Жаридату Дагъистан» абураб газета къватIибе бачIиналъ. Гьеб газета лъугьана гIалимзабазул бахIсалги фатвабиги къватIире кьолеб годекIанлъун. Кинвго гIадин гIалим дол саназ цеве вахъун вугоан гьенив шагралъул ва цогиги суалазда тIасан пикру загьир гьабизе. АнцIгогIан соналъ МухIамад –Мирза Мавраевасул кумекалдалъун къватIибе араб газеталъул мацI цебе тIеялъе гуребги Дагъистаналъул гIалимзаби цоцазда лъазе рагIиялъе, гьелдалъун гьуинлъиялъеги бергьун кIудияб кумек ккана. Мавраевасул басмаханаялъулги букIана гьедигIанго кIудияб  асар. Гьениб хIадурун къватIибе биччан бугоан нусиялда хадуб жеги букIинчIеб тIехь. Дандего кьабулаан цоги-батIи –батIиял тIахьалги. МухIаммад-Мирзаца басмаханаялда сверухъ гIезабуна унго-унгояб гIелмияб центр, гьелъул хIасилги букIана.
 
МацIалъул рахъалъ бачани, нилъеда гьеб кин гъваридго умумузда лъалеб букIарабали данде кквезе кIола гьалгощинал соназ гIурус мацI малъулеб бугониги гьеб мацIалъ тIахьал хъван бажарулеб гьечIолъиялъухъ балагьун. КигIан кIудияб асар гьабулеб бугониги гьеб мацIалда шигIриял асарал щиб гурин цоги  тIахьал хъвазе захIмалъулеб буго. ГIараб мацI гьедин тIибитIиячлъе цоги гIилла буго, гьелда цадахъ дин букIин, гьелъ гьуинлъана халкъалъе гьеб мацI. Гьал ахирал саназдаги цIилъулеб буго мацI малъи, лъазаби, иншааллагь рахъ\ина цIия-цIиял тIахьал хъвалелги гIалимзаби.

Гьале гьадинаб азарил соналъ халатбахъараб тарих буго Дагъистаналда гIараб тIехьалъул. Нилъеца гIемераб жо билизе тана. Чанги бергьарал, умумуца бугебщинаб боцIи кьунги данде гьарурал тIахьал къимат гьабичIого тана. Чанги тIехь бухIана, кьурса гIодоре рана, ккалаца квине тун хвезе риччана. Гьаб нилъехъ жакъа бугеб гIелмуги, гьаниб бугеб Исламги, гьал гIалимзабиги, шайихзабиги гьел тIахьазулги, гьезул адаб цIунаразулги кумекалдалъун цIунун ругел руго. Цонги тIехь батуларо нилъеда Дагъистаналда гьечIеб. Кирениги инчIони гIунги тIокIаб гIелму малъизе гIалимзабиги руго Аллагьас* нилъее кьун. Аллагьас кумек гьабеги гьеб киналъулго баракат цIунараллъун лъугьун рекъелги маслихIатги букIиналъе. Амин.

Автор: МухIамадрасул ГIумаров

оценка новости: 
  • Не нравится
  • 0
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook