Авторизация

ХIасратай кочIохъан - ГIанхил Марин (1840-1917)

Бицанихъе, ГIанхил Марин гьаюн йиго 1840 абилеб соналда Гъуниб округалъул (гьанже Гъуниб районалъул) Ругъжаб росулъ. Гьелъул эбел-инсуца гIумру гьабулеб букIун буго ругъеждерил «Бокьониб» колохъ. Узухъда, захIмат хирияб хъизаналда гьаюрай ва гIурай ясалъги, цогидал магIарул руччабацаго гIадин, тIуразарулел рукIун ратила цIоросаролъ бухъи, хер хъвай ва Ругъжаб хасго бечедаб бачIин щолеб букIараб ролъул хурзал реци гIадал ва гь. ц. росдал магIишаталъул хIалтIаби.

Маринил умумузул рукъ букIанин абула росдал тIарада «ШибилгIалида иццухъе» гIадамал хьвадулеб нухда. Ва гьеб авалалда йикIиналъ батила яс гIодосанго бугеб тIабигIияб пагьму-гьунаралде тIадеги жеги кIал бегIерайлъун, хабар лъарай-лъун, пасихIайлъун гIун ячIарай.

Росдал харабазул биценалда рекъон, Марин йикIун йиго гьоркьохъеялдаса да­гьаб кIудияб черхалъул, къуватай, дагьайго йиццатккарай, росулъ берцинал ясазда гъорлъ рехсолей гIадан. ЧIегIераб рас, гIатIидаб нодо, чIеМеркIуяб гьумер, кIуди-ял берал – гьединаб жинсалъул гIаданлъун ракIалде щвезаюлей йиго кочIохъан халкъалъ.

Маринида лъалел рукIун руго цIакъго цIикIкIараб къадаралда халкъиял кучIдул, бицен-кициял. Гьайгьай, гьел лъалел рукIиналъ цо къадаралда квербакъун ба­тила гьелъие кучIдул, магIаби гьаризе жийго лъугьиналъе. Гьелъул кечI гьабизе гуребги, ахIизеги бергьараб гьунар букIун буго. ГьанжелъизегIан Мариница тIоцере кучIдулищ гьаризе байбихьарал, ялъуни магIабийищ? – абураб суалалъе жеги кьу-ч!аб жаваб щун гьечIо. Гьеб рахъалъ Маринил гIумруялъулгун творчествоялъул ц!ех-рех гьабурал ва гьабулел гIалимзабазулги цо ккураб пикру ккун гьечIо. Цояз абулеб буго магIабийилан, цогидаз кучIдулилан. Амма Маринил тухумалъул гIада-мазул биценалда рекъон, гьелъ тIоцере кучIдул гьарулел рукIун руго. Гьелги, асли­яб куцалда, рокьул. ХIакъикъаталдаги гьедин букIине ккола, щайгурелъул магIу гьабизе ккани кIудияб пагьму-гьунар, пасихIлъи хIажалъулелъулха.

Жиндирго кучIдузулъ кочIохъаналъ тIалаб гьабулеб букIана мискин халкъалъе, хасго руччабазе, эркенлъи ва ихтиярал бащалъи. Кинабго гьеб букIана доб зама-налъ гIадатияб гуреб жолъун. БацIнIадаб хIасрат, берзул балагьи щивав чIагояв инсанасе хасиятаб жолъун букIин ва гьеб рогьо гуреблъи тасдикъ гьабулеб букIана гьелъул кучIдузулъ. Гьеб бищунго якъинаб куцалда бихьула «Дуда чIор речIчIаяв» абураб кочIол гьал мухъаздасан:

...Рокьи гьабунщинал чороклъанани,

Чурде лъим гIеларо гьаб дунялалда.

Балай гьабунщинал капурлъанани,

Кинабгоги халкъалъ хъанч базе ккела...

Гьединал ругин абизе ккола гьелъул тIолалго рокьул кучIдул.

Узухъда, цебе чIезабизецин захIмат буго доб цебесеб, кьварараб, дин-ислама-лъул тIалабал кьуричIого цIунулел рукIараб заманалда бихьинчиясулги бокьа-бо-кьарасда рорхизе тавакал гIоларел гьел темаби рорхизе кIвезе ккани кинаб къуват къваригIунеб чIужугIаданалъе? Гьей йикIине ккола гIицIго тавакал бугей гурейги. хIинкъи-къай гьечIей, рекIелъ бугеб кIалалъ абулей чIужугIадан. Марин хIакъикъа-талда гьединай йикIннеги йикIана. Щайгурелъул гьелъ хIехьезе кколеб букIараблъи-далха гIадамаз гьелде рехулел рукIарал гIайибалги, рогьоги, жиндехунго бугеб ро-кьукълъиги. Гьеб нилъее баянлъула кочIохъаналъул «Чарчурал гъудузул мугъал рекизе» абураб кочIолъги:

...Гьаб дунял-гIаламалъ гIайиб чIваниги,

ГIураб лага буго, баччила дица.

Халкъул гIаламалъул рогьо хваниги,

Ругьунаб черх бугин хIехьон йикIина!

Марин тIолабго Гъуниб округалдаго байбихьуда гьунар бугей кочIохъан хIиса-балДа лъалей йикIун ятани, магIихъан хIисабалда гьей машгьурлъула цо чIужугIадан хвараб бакIалда гьелъ циндаго гьабун магIу ахIун хадуб.

Кидаха гьелъ магIу гьабизе байбихьараб, щиб Милла гьелъие ккараб? КочIо-хъаналъ тIоцебесеб магIу, нилъеда лъавухъе, гьабун буго Мариница хьихьун гIурав яцалъул вас ЦIоралда чIванилан пашманаб хабар рокъобе бачIиндал. Гьениве гьев иналда цебе Мариница гьесие жиндирго квералъ букъун букIун буго гужгат (кочIохъаналъул лъикIаб гьунар букIун буго ретIел букъизеги, бицуна гьелъ росдае ретIел букъулаанилан); Гьале гьеб:

Гъеж ккун ракьандаса квер къотIайги дир,

Капурзабаз бахде гужгат букъарай.

Керен ссун жаниса ракI бахъаяй дун, –

ГIалхул жундуз квегъде гIалам хьихьарай.

МугIрулъ чIун кваналеб кар багIараб чу –

Кин йикIайин тарай чехьалъул эбел?

Квераз месед хъвалеб хъахIаб итаркIо –

 Хабар битIиларищ ракI чучиялъе?..

Гьелдаго цадахъ, кочIохъан магIаби гьариялде машгъуллъиялъе квер бакъун батила жибго гьеб заманалъул – имам Шамил кверде восун хадуб халкъалъул бу-кIараб захIматаб гIумруялъ. Гьелда тIадеги, гьеб захIматаб, бакIалъулал бечедал чагIазул, гIурусазул чукъбузул зулму хIехьезе захIмалъиялъ 1877 соналда пачаясул хIукуматалде дандечIун цере рахъарал магIарулазул багъа-бачари гIасиго гIодоб къазабиялъги магIарулазе цIакъ квешаб, ракIалдаса ине рес гьечIебгIан захIматаб ва гъваридаб асар гьабуна. Гьеб темаялда хурхарал кучIдул руго доб заманаялъул нугIзаллъун рукIарал тIолалгоязде гIагарун кочIохъаби-поэтазул. Гьайгьай, гьеди­наб заманаялъул ахIвал-хIал хасго гъваридго бичIчIулей поэтессаялъе гьелъ паш­манаб асар гьабичIого букIиналъе рес букIинчIо. Гьеб ритIухъ гьабула доб восста-ниялъул хIакъалъулъ Маринил кечI-магIуялъул мухъазги:

...Квасквасул бусабахъ сукIулел лугбал, –

СукIанищ, ханзаби, Саланир гIодор?

Гъумил къандалъуда къанщулел берал, –

Къанщанищ, нуцаби, хIебтил гулланур?!.

Бицуна Мариница гьеб кечI-магIу Саланур кварида ран гъанкъун гIодор лъу-рал восстаниялъул гIахьалчагIазул жаназабазда сверунги йилълъун гьабун ахIара-билан. Гьенире гIурусаз багъа-бачариялъул бутIрузе гьабулеб тамихI бихьизе хас гьабун щибаб росулъе вакилзаби ритIулел рукIун руго. Гьединан машгьурлъун, Ма­ринил цIар лъазе байбихьула Аваристаналдаго. Гьелдаса нахъе чи хвараб, хасго хIурматиял гIадамазул хвел ккараб бакIалде гьей ячIаян гьарун Маринихъе рачIине байбихьула Сугъралъа, ЧIохъа, Гъуниса, МохIоб-ГIобохъа, СалтIа-Кудалиса, Ба-цIада-Шуланиса ва Авариялъул цогидал бакIаздасаги гIадамал.

Гьение иналде цебе Мариница цIехола хварасул букIараб хIалтIи-хъулухъ, ду-нялалда рарал сонал, гьес рихьизарурал тIокIлъабазул ва хъизан-лъималазул хIа-къалъулъ. Хвел ккараб рокъое щведал бачIинахъего, хварав чиясдехунги юссун, гьа­булеб букIун буго магIу. МагIуялъулъ гьелъ такрар гьарулел рукIун гьечIо жин-цаго цере абурал, ялъуни лъилалиго рагIаби, гIаммал пикраби. Гьединлъидалин "гье­зул цо-цоял нилъехъе щвезегIан цIунун хутIунги ругел.

ГIанхил Мариница гьарурал магIаби гIемер щвечIо нилъехъе, щайгурелъул гьел ракIариялде кIвар кьечIо гIадамаз. РекIелъ цIунун, кIалалъ рикIкIун, цоцахъе кьун нилъехъе щварал гIемерисел магIабазулъ бихьула инсанасе кочIохъаналъ кьо-леб къимат, гьелъ гьев вихьизавулев вукIин унго-унгояв чилъун.-льда

ГIанхил Мариница битIаралда битIараб, тIекъалда тIекъабги абун гьарурал кучIдузул щибаб мухъ, хучдул гIадин, рекIелъ къалел рукIарал росдал ихтияр ко-досел гIадамал лъугьуна гьелъие гьабизесеб гIадлуялда тIад ургъизе. Абула кочIо-хъан гIадлуялде цIаялъе гIиллалъун кканин гьелъ гIандалазул наибасул цIаралда абурал кочIол рагIаби:

ГIурусал хирияв Хуршил МахIама,

Харж кьунищ босилеб дуца ахират?

Хъалаби чIахIияв ЧIохъа Мамалав,

Чу рекIунищ бахлаб сиратIалъул кьо?

Цогидаз гьелъие гIиллалъун кканин бицуна гьебго росулъа машгьурав поэт Эльдарил МухIамад чIахъадерил бечедал гIадамаз загьруги кьун хвезавиялда бан, гьесул хабада гьабураб магIу. Мариница Эльдарилав гьенив вихьизавуна ритIухъ-лъи гьечIолъиялде данде къеркьезе вахъарав бахIарчилъун, амма кин батаниги, якъинаб жо буго росдал, хIатта, ГIандаллъиялъул хIакимзабазе Маринил бегIераб кIал къазабизе, гьей- гIенеккун чIезайизе бокьун букIин. Бицен буго, гьей бечедал, ихтияр кодосел гIадамал какун кучIдул гьарулел, магIабалъ гьезде чIорал рехулел рукIиналъе гIоло, росдал тIарада бугеб хабал кIудияб заниялдаги юхьун, Маринил кIутIби рукъаралин абун. Марин юхьун йикIарайин абулеб зани ругъеждерил ха-балалъ гьанжеги цIунун буго. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Маринил творче­ство лъазабулел гIалимзабазги хъвадарухъабазги. Бицуна, кIутIби рукъараб кунги тIезабун гьелъ нахъеги кечI ахIарабила.

Гьединаб гIадлуялдаса хадубги кочIохъаналъул гьаракь къотIизабизе кIвечIеб ва гьелъ кучIдул гьари тезе гьечIолъи бихьарал росдал ихтиярал кодосел гIадамаз Марин жиндие хирияб росдадаса махIрум гьаюла – гьей, мацIихъанилан бугьтанги лъун, росуги тезабун, Гьидалъе йитIула (гьанже ЛъаратIа районалъул КIособ рос­дал Советалда гъорлъе унеб росу). Гьениб Мариница бан буго лъабго сон. Апараг-лъуда йикIаДго гьениса росдахъги гIагарлъиялъухъги урхъиялъ тIамула Марин рос­дал ясазухъе гIажам мацIалъ кагътал хъвазе. КъватIие йитIаниги, ихтияр кодосез кигIан хIинкъизаюниги, гьенибги Мариница кечI гьаби течIо. Гьидалъа гIагараб ро-сулъе хъван ритIун рачIарал кучIдузулъ бихьизабулеб буго жий росдал гIадама-зухъ урхъун, чIалгIун йикIинги, наибзаби, бегавулзаби сабаблъун жиндирго рукъ-мулк биххиги, амма кин букIаниги, жинда кучIдул гьари тезе ракIалда гьечIилан-ги. Гьале, гьедин росулъе рачIарал кучIдуздасан нилъехъе щваразул цоялдаса му-хъал:

КечI ахIун чIараял чIахIиеги тун,

ЧIалгIун буго дида гьаб исиб' росу.

ЧIегIер боцIи гъеял гъогъоеги тун,

Сурун руго дида исир гIадамал.

Исие анилан басралъулейдай, –

Исибги букIунин меседгин гIарац.

Щобал гирунилан багьа хвелебдай, –

Щобал чIван хьвадулин щобил багIар бакъ!

Гьанже къо бахъанагIан кочIохъаналъул асаразулъ цIикIкIине байбихьула зул-мучагIаздехун рокьукълъияльул бербалагьи. Гьедин дагь-дагьккун гьелъ хъвазе байбихьана сатириял кучIдул. КочIол мацIалдалъун гьелъ гIадамазда бицунеб бу-кIана магIарулазул руччабазул хIажалъабаЗул, захIмалъабазул, рокьуе гьелъие то-леб гьечIеб ихтияралъул хIакъалъулъ, какулел рукIана гьелъие рес кьоларел кьва-рарал гIадатал, бечедал гIадамал, гьезул гIаданлъи гьечIеб хасият...

Машгьурай поэтессаялъул басмаялда рахъарал кучIдул-магIабазул сияхI цIакъ-го гьитIинаб гурони гьечIо. Руго гьелъул жеги рахъичIел, гIадамазда лъалел кучI-дулгун, магIабиги. Амма гьелги жеги тIуран данде ракIарун гьечIо. РакIараралги гьоркьо-гьоркьоса камарал руго. Гьелги рикIкIун, гIаммаб куцалда кодоре шварал

Исиб – къватIиб росу.кучIдулгун магIабазул къадар I0-ялдаса дагьалъ цIикIкIун гурони гьечIо Гьедин-лъидал авар адабият хирнял киназдаго жакъа цебе чIараб масъалалъун буго ни­лъер машгьурай кочIохъан ГIанхил Маринил кодоре щвечIел асарал данде гьари ва ракIари.

Аваразул художник ГI. Хумаевас бахъун буго кочIохъаналъул сурат, поэт ХIа-жи Заловас хъвана «ХIасратай кочIохъан» абураб гьелъул хIакъалъулъ пьеса. Гьеб бихьизабула ЦI. ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул театралъ. Гъуниб районалъул централияб библиотекаялда тIоритIана ГIанхил Маринил творчествоялда тIасан цIалдолезул конференциял ва вечерал...

ГIанхил Маринил асаразе кIудияб къимат кьун буго Дагъистаналъул халкъияв поэт Р. ХIамзатовас, гIалимзаби: М. А. ГIабдулаевас ва Б. МухIамадовас, Дагъ-госуниверситеталъул доцент Б. Исбагьиевалъ, литературиял критикал Н. Капиевалъ ва С. ХIайбулаевас, хъвадарухъаби Дм. Труновас ва Н. Тихоновас, край лъазабу-лев чи Б. ХIажиевас ва анцI-анцI цоги машгьурал гIадамаз. Дмитрий Труновас гьей релълъинаюлей йиго Корсикалъул кочIохъан ва магIихъан Коломбада, На­талья Капиевалъ – Анна Ахматовалда, Марина Цветаевалда, Леся Украинкаялда. Халкъалъ абуни гьелда абуна Аваристаналда кунчIараб цIвайилан. ХIакъикъатал-даги Аваристаналда тIоцее яхъарай кочIохъан-чIужугIадан ГIанхил Марин, унго-унгоги, цIвалъун кунчIана инкъилабалда цебесеб авар поэзиялъул борхалъуда.

Гьал хъвай-хъвагIаял лъугIизе толаго бокьун буго Маринил жиндирго гIумру-ялъул хIакъалъулъ цо-кIиго рагIи тIаде жубазе. Жеги гIолохъанго Марин абун йикIана жидерго тухумалдаса рес бугев цо васасе. Амма кочIохъаналъе гьев къа-буллъуларо ва гьей ригьнаде уна гIадатияв, мискинав МухIамад-ТIамир абурав ва­сасе. Гьезие гьабула кIиго лъимер – вас ГIумар ва яс ГIашат. Марин хун йиго цо кинабалиго унтиги ккун 1917 соналда (цояз абулеб буго гьей жеги 1905 соналдаго хванилан). Гьелъул рос МухIамад-ТIамир хун вуго 1922 соналда. К'иялго рукъун руго ругъеждерил хобалазулъ.

ГIанхил Марин

ДУДА ЧIОР РЕЧIЧIАЯВ

Дуда чIор речIаяб, чIухIараб лачен,

ЧIухIдае мун хьвадун, хьи дие гьечIо.

ЧIорица борлъаяб сурмияб микки,

Дун тун, цогияй ккун, хIакъ батиларищ?

Лочнода чангит бан, чан гьабулелъул,

Чанги рагIи щвана гьал гIадамазе.

Щунгъаруй кIичI битIун, лъабго моцI индал,

Къакъай батIа буго гIолил ясалъул.

Дир багIараб лачен чидаща анин,

Унтараб тIуладе тIамуна загьру.

Гьанже кин букIинеб кереналъул гьан –

Бекараб мугъалда тIухьидул михир.

Мунги чийин абун, чучун йикIана,

Чи гурев жо ватун, тана жахIавго.

Мунги гIаданилан мукIурлъараб кIал,

Дуда кIалъарай дун яхъана кIалухъ.

Маргъалул гъогъолъан борчIараб чIимих, –

Дун руччабаздаса тIаса йищарай.

Жавгьарул кьурулъан бортараб гамачI, –

Дун гьал ясаздаса гIемерго лъикIай.

Дунялгун ландцIара'б ияхI бугей дун,

Мун берцин вихьидал, мукIурлъун кана.

Дун дуе гурони чучун ятани,

Чаргъудуз тIутIуйги маргъалалъул черх.

Дир гурого рокьи ккечIеб'батани,

Дуего гIумру тун, гIажал босила.

Рокьи гьабунщинал чороклъанани,

Чурде лъим гIеларо гьаб дунялалда,

Балай гьабунщинал капурлъанани,

Кинабгоги халкъалъ хъанч базе ккела,

Чарчурал гъудузул мугъал рекизе.

Мунгун дун цадахъал ихдалил къоял,

Рахаги гIарщалде, гIазизав гьудул.

КIиялго кIалъарал хъорщол 'рагъаби,

Нилъей хIалай чIайги хIурулгIинзаби.

Мун борхьица кваяб, кереналъул гьан,

КихIинго букIинчIо рокьи гьечIого.

Ракьулъе роцIцIаял гIаданир .берал,

ГIодор балагьнчIо балай гьечIого.

Ру»хIбахъуда лъалеб хшелалъул кьогIлъи

Дир хиялаздаса цебе мкеладай?

Къоно чIвайгун лъалеб хобалъул бецIлъи,

Унго, гьаб рокьигIан захIмалъиладай?

ХIажизаби унеб хъахIаб кагIба рукъ,

Дицаги квер чIвани, квеш букIинадай?

Къапила ракIунеб меседил гама,

 Дунгк данде хIани, хIакъ букIинадай?

Рорхатал гьундузде гьаваяб Iхъергъу,

Хиял щнбдай бугеб дир вакьулесул?

Хъорщол рагъабазда румаб итаркIо,

РакI лъидадай Iбугеб дир гьалмагъасул?

Воре рокьи тоге, тулакаб хъергъу,

КъотIноб бицен бугин мацIихъабазул.

Биххуге, гьавали, гьабураб къотIи,

Лъилго кIалдир ругин нилъ кIиялгоги.

Нухид берал квина, чудказ хвел квина,

Бек-бекун керен кьун Iкверде вачина.

БацIал гIавусдила, гьаби хIапдела,

Малакьа бахила гважи-дуниял.

Борхатаб кьурулъа чанги гьабила,

Чарчурал гъудузул мугъал рекизе.

Щвараб гIурул бакьулъ урдуги чIвала,

Гьал къватIул хабарал хачадулел тун.

ГIемер къвакъвалуге, къватIул гIанкIаби,

Дун какунищ хъвалел кирго тантарал?

Къадалъ щIик-цIикдуге, цIэхIилал борхьал,

Дир бицунищ инеб рижараб гIумру?

Гьаб дунял-гIаламалъ гIайиб чIваниги,

ГIура'б лата буто, – баччила дица.

Халкъул гIаламалъул рогьо щваниги.

Ругьунаб черх буго, – хIахьон йикIина.

Борхатаб кьададс къокъаб мали чIван,

Къеркьон пайда гьечIо, гIодой йикIина.

Къадал гордабазде ишанал гьарун,

ТIокIай свердиларо дун дуда хадуй.


Автор: МухIамад Абакаров

Баяналъул кьучI: Журнал "Гьудулъи". МахIачхъала

Баяналъул кьучI: 1991 сон. № 4.

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +2
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook