Авторизация

Баниги щиб, гьудул, АхIулгохIда си, хъалабаз гурелъул иман борцунеб…


КигIан бокьичIониги, магIарулал руго кутакалда хехал, цойги-цойгидал миллатазулъ гIадин, «гIабдал вукIаниги кIваричIин, нижеравго вокьилин», гIунгутIи бацIцIа-бакине лъайги, гъунки-цолъи цIунизе гьунарги сихIирлъиги жиделъ гьечIел чагIи. Гьеб загьирлъана дие араб анкьалъ, Унсоколо мухъалъул АхIулгохIда Кавказалъул рагъул къурбанал ракIалде щвезариялъе бараб хъала-сиялда сверухъ интернеталда лъугьараб ахIи-хIуралъ. Чияр гIундузе, беразе лазаталъе кинниги, цоцазде ран гIицIго жидерабго битIараб бугин чIезабулел рукIана мухбирзаби, тарихчагIи, хIелхIелчагIи, хабарчагIи. 


Араб соналъул  гьабго заманалъ базе байбихьараб гьеб, хIакъикъаталдаги, бихьизе берцинаб, магIнаяб комплексалда жаниб килисаги-хъанчалги мажгит-хIужраги аскIор лъолел ругин биччараб хабаралъ, бусурбанчIужу хIисабалда, дунги кутакалда рекIекълъизаюн, гIодоегIанлъун йикIана. Аллагьасе рецц, исламияблъун рикIкIунеб республикаялда гьеб тохлъи борчIун гьечIо. РекIелъ иманги умумузде адабги бугев цониги гIадилав дагъистанияс цо цIадирабазул роцада лъолеб батиларо, пачаясул буюрухъ тIубазе расги бокьичIого ритIун рачIарал солдатазулги, жинс, гIумрудул ригь, унта-щокълъи цIехечIого гIагараб ракьул гъаталъе гIоло бид рецIцIулаго рагъарал, асирлъуде инарин кьурса гъоркье кIанцIарал умумузул бахIарчилъиги. «АхIичIого рачIаразе цIун кьолезулги» ритIунчагIазулги къуватал, узухъда, ращадал рукIинчIо. Бищун дагьалдасан 15 яргъид гIуцIарав-цо муридасде данде. «Боже, царя храни!» ян сородулеб гьаркьидалъун ахIиял-ракI чIараб, горбониса хъуниги тарулареб, Аллагь цо вукIиналъе нугIлъи гьабулеб шагьадаялда данде. 


Гьединаб букIана хIакъикъат, тарих. Гьеб нилъеца цIуниялъул, яги дол умумузул гIадин нилъерги «рекIелъ ракьа» букIиналъул гIаламатлъун кколаро гьабун бахъараб архитектурияб сиялде лагIдей (щиб хисизе бугеб?). Мун лъицаниги тIамулев гьечIогури бидуца лъалъараб ракьалда хъанчие лагълъи гьабизе, ялъуни хIедучирахъги лъун капурзабазул рухIал алжаналъур ратагиян рехсезе?! Умумузул гIамалазул, Кавказалъул наибзабазулги муридзабазулги къохIехьейгун бихьинчилъиялъул рокъо-рокъоб жидерго лъималазда бицунаго тIобитIизе бегьулеб заман нухда регIулеб буго, речIчIун биччантаниги, дов чорок гьабизе бокьарасде щолареб, амма нилъерго кверазда хутIулеб, хIарщ буциялда. Щаклъи гьечIо дол нилъер умумул гъуризе килищ битIун ритIун рачIарал «цадахъ къан» гурого, гьеб комплекс базе я ихтияр, я сурсат федералияб централъ кьезе букIинчIолъиялда. ШаргIияб гуреб, светияб кверщалида гъоркьлъидалха, чанго батIияб къагIидаялъ жидер тарихалда эркенлъи хириял «гIалхулал» гIабурикIаз бацIилал гажал дунялалдаго рихьизабураб Дагъистан, гьале чанго гIасруялъ бугеб.


Автор: Ф. МухIамадова

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +1
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook