Авторизация

ХIелхIелчагIацагун ришватчагIаца хIулулеб, - къакъалеб къо-лъикI Дагъистан

ХIелхIелчагIацагун ришватчагIаца хIулулеб, - къакъалеб къо-лъикI Дагъистан ХIелхIелчагIи, чIикIарухъаби, цойги цо дир тарбиялъ рагIун абизе кинго ихтияр кьолареб рагIи - гьел киналго руго инсаният бугебгIан мехалъ машгьурлъиялдаса ине рес гьечIел, кидаго гIадамазул гIумру-яшавалда, хъулухъалъулаб туркIиялда хутIизе ругел бищун инжитал гIамалазул цояб жидеда кодосел homo sapiensaзул цо къавм.

Гьеб гIамал нахъегIанаб буго бикъа-хъами, хъачагълъи гьабиялдасацин. Дида сверухъеги гIемерго руго гIадамал, хасго, бихьинал (?!) гьеб нахъегIанаб гIамалалдалъун жидеца бетIербахъи гьабун, ракIалдаго ва мустахIикъал гьечIого хъулухъалъулаб хIокIиде жал рахарал. Жеги хIалбохаяв Шекспирицаго абун буго: «Гаргадан махсароде кколин гъветIалдалъун, пил-гвендалдалъун, ци -матIуялдалъун, гъалбацI - къоралдалъун, инсан - живго вецциялдалъун» - ан. Жакъасел хIакимзаби гьединаллъун ругизеги руго. Жидедаго сверун кIанцIарал, учузал рецц-бакъалъул шигIрабаздалъун жидедехун кIалъарал цере ккола гьез руцIцIунги рукIун жидедаго тIадаб хIалтIи ракIбацIцIадго тIубазабулел ругел, цIодорал – бегIерал цадахъ хIалтIулездаса. ХIелхIелчагIазул бищун къуватаб ярагъ буго – хадуб-цебе сокIкIун реццалъулаб гьоцIо хIакимасул гIинзунибе тIинкIизе лъай ва кIвей.

ЧIараб сагIат гьечIого тIадчи вецци буго тохав хIелхIелчиясул къагIида. ХIалбихьи бугев, эбелав чIикIарухъанас батула батIияб нух –гьев гIиссинккун лъугьуна хIакимасулгун божилъиялъул гьоркьорлъабазде, багьана букIун – гьечIого женкIола гьесул кабинеталъув, шепас гьабулебщиналъе - кIиго сагIтилаб чIамучIаб данделъиялдаса байбихьун, цIекIал габургъанкъал раялде гIунтIун, пинкьал рахъиледухъ, чIвала хъат. «Бадибе туниги цIад балеб бугин абулел рикIкIад гьареян» малъулаан дида мунагьал чураяв инсуца. Гьанже бичIчIана дида гьеб кициялъ бицунеб хьвадиги хIелхIелчагIазул цо хасият букIин. КигIан инжит - къабихI тIадчагIаз гьавуниги подхалимас гьеб хIехьола, щайгурелъул хъулухъалдаса ватIалъани, гьесул гьечIеб лъайгун бажари, битIун хъвай-хъвагIай гьабизе гьунар – кинабго загьирлъула цойгияб пишаялде гьев валаго. Гьединлъидалин ругьунлъун ккараб, бахьинал рагIабаз хIаким чапизавуни гIолеб хьуцI, гьаб – къоркъое ракьалда алжанлъунги кколеб.

Сонцин щив вукIаниги нухмалъулев кIиго чи вакIараралъувги щибаб ракьа-щекI кодобе босун какулев вукIарав, амма жакъа къоялде жиндирго мурад тIубан хъулухъ кодобе кьунилан дов жинца «рукьби чурарав» зобалазде вахинавулев «бихьинчиги» ккола дол хIелхIелчагIазул цойгияб, хIинкъи бугеб тайпа – кIигьумералъулаб нахъасан речIчIулеб гьой гIадаб, бищун инжитаб хасияталъул тайпа. Ту-тун риччизарун, пу-пун ракъвазарун рукIаниги, бетIер пахруго ккола гьез, михъал кьурула, къвалакь кверал чIвала. ГIанграл … Гьединаздаса цIодорлъи гьабизе гIакълу гIунани, хIакимчиясе жиндиего лъикIаб бугоан, амма ракI биинабулел дифирамбабаз гъоркье рехуларев нух бихьизабулев къад кангун ватизе захIмат буго диргун заманцоязе. РакIалде бачIана хIелхIелчилъиялъул чанго мисал, дир яхI-намусалъ кинго къабул гьабулареб, цIакъго хIакъираблъун жиб бихьулеб. Бусурбанаб регионалъул цо бетIерас, абулеб буго гIумруялда жиндие, жиндир халкъалъе щванщинаб лъикIлъи гIицIго улкаялъул нухмалъулесул рахIмат кколин, гьевги жидее тагут (кумир) вугилан.

Астагъфирулагь. Аллагьасул квербакъиялдалъун пуланав чияс гьабунин гуреб, цебе инсанияб шартI рехсон абуни, мунагьалъукье кколеб калам. ГурхIел цIакъав, ЦIоб ГIатIидав, гIицIго Аллагь вукIиналдаса тархъизарулеб къосин. БетIергьанас цIунаги нилъ гьединаб «бусурманлъиялдаса». Ялъуни, цойги саламатаб хъулухъ-пишаялда вугес : «Ккараб бакIалда тIад вугесул сахлъиялдасан истакан борхигIан хIалтIулъ цеве тIолеб жо батичIин жинда» - ян кьураб «гIакълу». ПонцIело кьвагьиялде ккун батичIони пуланасул, хIакимзаби гьесул 3-4 гIаги хиси хIисабалде босун.

ХIелхIелчагIазде тIадчагIазул берал рагьизеян лъугьинги пихъ кьолареб гъветIгIанги пайда гьечIеб иш буго - лъиеха бокьилеб дов кIигьумерчияс дуе хасияталъе хъвалелщинал сипаталги гьереси бугин, мун вохизавулел хинал – беэнал жугьаби пурщулев досдаса, дур тIекъаб-мекъаб жо бадибе къазабулев дунго лъикIав вугин рагIизе?!

Бокьарав, халкъалъул гIумру-яшав лъикIлъи жиндир хъулухъ-пишаялда барав тIадчиясул хIалтIи чIун хутIиялъе гIайибиялги руго гьанир церехун рехсарал.

Масала, нухда гIодобе рехун батараб гамачI нахъе босунилан мун гьанжесев аварагги вугин, дудаса лъикIас гьаб тIалъиялда хIетIги чIечIин щивас ахIулеб бугони, киса ва кин дов хIаким вагьизе вугев чабаххги баччун хъилги тIун гьаб нухалъул шагьра гьабуни, гьесие жеги даража щвезе букIиналде?!

Цоцаз гуккулел хутIун руго нилъ: кьучI гьечIеб рецц-бакъалдалъун, кодоб босизе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гуреб къимат кьеялдалъун, битIараб бахчун, чиналъ кIудиясул гIундузе рагIизе бокьараб абиялдалъун, рекIелъ бугеб загьир гьабизе кIвечIолъиялдалъун. Хвезе кватIани, цойги щибдай бихьила, Аллагь?

Автор: Р. ХIамзатов

оценка новости: 
  • Не нравится
  • +5
  • Нравится
Оставить комментарий


  • ТIасан калам
  • Къоязда
  • ЦIалулеб
ЦIех-рех
Нилъер заманалда магIарул халкъалъул аслияб масъалалъун щиб нужеца рикIкIунеб?
Ниж жамгIиял гьиназда
  •   VK 
  •  Facebook